Хамизилги дирги лъай-хъвай ккаралдаса гӏурабго заман буго. Ва щибаб дандчӏваялъ цӏи-цӏияй Хамиз рагьула дие.

Тӏоцебесеб иргаялда, бицине бокьун буго Хамиз – учителалъул хӏакъалъулъ.

Хамиз Мухӏамадовна Хъазанбиева ккола Хунзахъ районалъул Бакьайчӏи росулъа. Гӏумру гьабулеб буго Махӏачхъала шагьаралда. Лъугӏизабуна ДГПУ. Хӏалтӏулей йиго Махӏачхъалаялъул № 8 лицеялда.

Суратаз бицина гӏумруялъул тарих

— Дир имгӏал Гӏали Хъазанбиев хӏалтӏулев вукӏана гьеб лицеялъул директорлъун. Эбел-эменги хун дунго хутӏидал, гьев ватана дир хьолбохъ. Ва гьес дун хӏалтӏизе ячана лицеялде. Долдаса нахъе ана 20 сон. Гьел саназул щибаб къоялъ ракӏалде щола дида имгӏал, щайин абуни, сун унеб букӏараб дир къисматалъул бакъ цӏидасанги кунчӏизабизе хӏаракат гьес бахъана, — ян абуна Хамизица.

— Лъималазул рокьуе мустахӏикъаллъун рукӏин бигьаяб пиша гуро, — ян хадубги бицана Хамиз Мухӏамадовнаялъ – дарс кьеялдаса захӏматаб буго учителасе лъимал рокьизе живго ругьун гьави. Жакъа гӏадин ракӏалда буго школалде, учитель хӏисабалда, ячӏараб къо: дихъ балагьун, классалда батараб чамалиго бералъулъ бихьана цо хӏайранаб балагьи.

Жакъа дуе жал рокьизе кколин абулеб букӏана щибаб балагьиялъ.

Долдаса нахъе ана къого сон. Амма историялъул учитель Хамиз Мухӏамадовна ритӏухъайлъун хутӏана доб къоялъ жиндиего бараб гьаялъе.

Цохӏо дарс кьеялда лъугӏуларелъулха учителасул хӏалтӏи. Хамиз Мухӏамадовнаги гьелъул цӏалдохъабиги гӏахьаллъула Тӏолгороссиялъул, Халкъазда гьоркьосел, республикаялда тӏоритӏулел конкурсазда ва ккола цересел бакӏал. Гьел щола республикаялъул ва Россиялъул регионазул батӏи-батӏиял бакӏаздеги. Гьеб киналъего нугӏлъи гьабула щунусгоялдасаги цӏикӏкӏун цохӏо учителалъе ва гьелдасаги цӏикӏкӏараб къадаралъул цӏалдохъабазе щварал дипломаз, грамотабаз, баркалаялъул кагътаз.

Гьале учителалъул школалъулаб ва жамгӏияб хӏаракатчилъиялъул хӏакъалъулъ бицунел суратазул цӏураб цоги папкаги.

— Дир гӏумру берцин гьабулел цӏалдохъаби ккола дие къисматалъул тӏугьдуллъунги. Гьезул гьимиялъулъ батана дида талихӏги. Дир рес ккечӏо учителасул хъвай-хъвагӏаязул тетрадь гьабизеги. Гьединлъидал биччанте гьал суратаз бицине дидаса хадубги дир гӏумруялъул тарихалъул тӏегьан бачӏараб къиса, — ян абуна Хамиз Мухӏамадовнаялъ.

Унго-унголъунги, Хамизие къисматалда кунчӏарал жавгьараллъун руго цӏалдохъаби. Гьелъ кӏудияб хӏаракат бахъулеб буго жакъасел школлъималазда Дагъистаналъул маданиятги, гӏадатал-гӏамалалги, тарихги, адабиятги лъазабизе. Гьединлъидал гьелъул дарсазул гьалбалги ккола шагӏирзаби, хъвадарухъаби, тохтурзаби, Авар театралъул актерал, жамгӏиял хӏаракатчагӏи, ватӏаналъул бахӏарзал, учительзаби, низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъаби ва цогидалги дагъистаниял.

Жакъа учителалъул ракӏбакъвазабун буго школазда рахьдал мацӏазул ва Дагъистаналъул маданият гӏадал дарсазда сверун лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъ. Гьей чанго нухалда щвана республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялде. Цогидалги жамгӏиял хӏаракатчагӏигун цадахъ ахӏи бана гьелъ Россиялъул Пачалихъалъул Думаялдеги.

— Жакъасеб къоялъул къваридаб саринлъун ккола рахьдал мацӏ лъалерел лъимал, гьелде тӏадеги, миллаталъул гӏадатал-гӏамалаздеги квер хьвагӏи гурищ кколеб Дагъистаналъул маданияталъул дарсал школалъул программаялдаса нахъе рахъи. Мацӏги, гӏадаталги, миллаталъул тарихги кӏочарал наслабаз кин цӏунизе бугеб ватӏан? — илан пашманго абуна Россиялъул лъай кьеялъул Хӏурматияй хӏалтӏухъан, лъималазе ракӏ кьурай, гӏумруялъул магӏнаги гьезул талихӏалъулъ бугей Хамиз Мухӏамадовна Хъазанбиевалъ.

Тӏаде щолеб бугеб учителасул байрамги баркулаго, гьарула гьелъие творческияб хӏалтӏулъ дагьалги чӏахӏиял бергьенлъаби.

— Дир гӏумруялъул аслияб магӏналъун жакъа дие ккола дир цӏалдохъаби.

Дица малъаралъул, бицаралъул цо дагьабниги пайда гьезие батани ва гӏумруялъул сухъмахъаздасан таричӏого ине гьезухъа бажарани, гьеб букӏинаан дие кӏудияб рохеллъун, — илан бицана Хамиз Мухӏамадовнаялъ.

Дица гӏумру тела гӏадада инчӏин…

Гьалеха цогидай, батӏияй Хамиз.

Лъималазе хӏеренай, гьимун, елъун гурони гьезда кӏалъаларей, ккаралъуй кьварарай учитель Хамиз Мухӏамадовна, дарсалги лъугӏун, къалъудаса хадуй лъугьуна батӏияйлъун.

Республикаялъул жамгӏияб гӏумруялда гьелчолеб бугеб цо карачелалъул бетӏергьан йиго Хамиз. Къойилго гьалдолеб букӏуна гьелъул гӏумру. Гьелъул заман гӏолеб буго рахьдал мацӏалги маданиятги цӏунейилан ахӏи базеги, рагъул ветераназухъе щвезеги, шагьаралда рацӏцӏалъи цӏунизе хӏалтӏи гьабизеги, волонтеразул кьеразулъги гьей. Гьединго Хамиз ккола «Поддержка курса главы РД» ДРООялъул правлениялъул председательги. Дагъистаналда бугеб «Кӏудияб Бергьенлъи» гӏуцӏиялъул координаторги. Бергьенлъиялъул волонтерги йиго Хамиз, Республикаялда бугеб Херазул советалъул членги ккола гьей. Жеги гӏумруялъул сонал 50-ялдегицин рахун гьечӏониги, гьелъул гьабулеб хӏалтӏуде бугеб жавабчилъиги бихьун, йосана гьей гьеб советалдеги.

Гӏадамазул гӏемерал къваригӏелал тӏурана ва тӏуралел руго Хамизица жакъаги. Рагъул ветеранасда аскӏоб чӏун бахъараб цо сураталъегицин гьелъ бицунеб букӏараб недегьаб мацӏ.

Кинха рухӏдаллъиларей гьединай чӏужугӏаданалда. Гьадиназда абулеб батила къуватай чӏужугӏаданилан.

Гьедин дица абураб мехалда, гьей пикрабалъе ккана:

— Дица хӏаракат бахъулеб буго ритӏухъайлъун, гӏадамазе пайда цӏикӏкӏарайлъун йикӏине ва хутӏизе. Гьеб кинабго дие ирсалъе тун батана кӏудияв инсуцаги, дирго эбел-инсуцаги ва Дагъистаналъул тарихалда жиндирго цӏарги лъалкӏги тарай, диеги жиндир цӏар кьун бугей багӏарай партизан Хамиз Хъазанбиевалъ. Дир хӏисабалда, чӏужугӏадан чӏужугӏаданлъун хутӏула, гьелъулъ хӏеренлъи цӏикӏкӏун бугони. Диеги бокьун букӏана гьеле гьединайлъун хутӏизе. Амма лъедезе ккана къисматалъул карачелазде данде. Сверухъе бакӏаризе лъугьараб ритӏухълъи гьечӏолъиялъ бер бахъизе байбихьидал, дида бичӏчӏана дирго гӏодое йиччаялъ дун гъанкъун лъезе йикӏин. Ва байбихьана дир гӏамалалъ жинцаго къисматалъул къебелъухъ жибго лъадаризе. Гьелъго батила дилъ цо дагьалъ цӏикӏкӏараб согӏлъиги, къвакӏиги, кьвариги — руччабазулги бихьиназулги ишал цадахъ дицаго тӏуразе ккеялъ.

Исана дие рес щвана гӏумраялде ине. Гьеб ккана бищунго дун йохараб хӏужаги. Дица дирго гӏумру рикӏкӏина гӏадада инчӏеблъун, гӏадамазе лъикӏлъи гьабун дихъа бажарани ва гьеб лъикӏлъиялъ дагьабгӏаги лъикӏаб рахъалдехун гьезул гӏумру хисани. Гьедин гурищ кочӏолъги ахӏулеб.

Лъугӏана Хамизилгун букӏараб гара-чӏвари. Цӏидасанги байбихьана гӏумруялъул цохӏо къоялъулгицин тарих – гьей гӏедегӏун уней йиго жиндирго къисматалъул къалъараб къисаялде данде.

Шамай Хъазанбиева