(Байбихьи 37-аб. номералда)

— Мун щай гьев чигун къацандулев? Гьес бикъун буго жиндир чахъу, гьеб нилъер чахъу гуро.

— Гьес абулеб бугогури нилъерал рикъанин, щай гьел гьесул рукӏунел? — ин ццин бахъун кӏалъан вуго лъебелав.

— Гьеб буго гьесул чахъу. Дуе гьес абулеб жо щибизе? Дида мухӏканго лъала гьев чияс бикъараб жо гьев бетӏергьанаб жо букӏин, — ан чӏун вуго кӏудада. Ас бицунеб жо бичӏчӏуларого рукӏун руго дов гӏолохъанчиги хералги.

— Аллагьас рикъзи бикьулеб мехалда нилъее щвараб боцӏуда гъорлъ букӏуна нилъее къисматабги, нилъер гуребги. Гьенир руго цо бутӏа циялъе, цо бацӏазе, гъеду-хӏинчӏалъе, хӏутӏ-хъумуралъе, чакъалазе ва цогидаб рухӏчӏаголъиялъе кколеб. Гьединго руго гӏисинал цӏогьазул бутӏаги, гӏисинал, мукъсанал, хӏинкъарал цӏогьазе кколеб. Гьезул букӏунаро гӏи жидецаго хьихьизе гӏураб гӏакълугун тадбирги, бикъичӏого тезе гӏураб имангун яхӏги. Гьеб буго гьесул ризкъи. Мун щай къацандулев гъосдехун, гъос жиндие къисматаб жо босанин. Нилъер ццин букӏунарогури кьегӏер чӏвазе бачӏунеб чакъалалде. Нилъеца хӏалкӏун цӏунула, амма ццин букӏунаро гьелде. Вилълъа, бахӏарчи, сверун вахъе дуе хутӏа-тараб бугищали, нижер цо бицунеб хабар буго. Дир щибго дагӏба гьечӏо дуца дуе кколеб жо бикъанин, — ян абун буго кӏудадаца цӏогьорасда. Гӏолохъанчи щиб абизе кколебали лъаларого хутӏун вуго, хадув гъулгъудилаго ун вуго гьениса нахъе, хераз релъизе байбихьун буго. Гьелдаса нахъе хераз хасгьабун хӏурмат гьабизе байбихьун буго кӏудадал ва рачӏанщиназе бицунеб букӏун буго «жиндирго чахъу бикъарав» цӏогьорасул.

Гьединал ракӏалдещвеял, харбал рукӏунаан кӏудияв инсул гьалбадерие. Гӏадамал калам тун гӏенеккун рукӏунаан гьес бицунеб хабаралъухъ, гьес гӏадин махщалида бицине лъалев чи дагьал дандчӏванинги рукӏунаан. Живго хутӏараб мехалда кидаго каказда вукӏунаан кӏудияв эмен, дида ракӏалда руго гьесул халатал, чӏегӏераб кьералъул чӏумал, кидаго гьелги сверун, я бакараб цӏадуде, я гордухъан сверухъ мугӏрузде валагьун, хиялалъ вукӏунаан гьев. Цо-цо мехалда кӏудаэбел ялъаргъун махсарабиги рукӏунаан. Цо жо гуржи мацӏалда абун, хадуб пашманаб лугъаталда азербайжан мацӏалдеги вахун, жиндиего ахӏулеб цо кечӏалда релълъараб жо букӏунаан:

«Дагъустан дагъ ериди,

Гуржистан гуль ериди.

Анасы ульмюшь Балакен,

Гызларин бол еридир…»

Мухӏканаб таржама гьал рагӏабазул дида лъаларо, гӏага-шагарго гьадинаб бугин абуна лъалез:

«Дагъистан мугӏруздехун буго,

Гуржистаналда ахал тӏогьолъ руго,

Амма берцинал ясал

Бищунго цӏикӏкӏун

Белоканалда руго», — ян абураб.

Гьел рагӏабалъ гьечӏо абизе гӏураб я пасихӏлъи, я гӏакъиллъи, я гъваридаб магӏна. Гьел жинцаго жиндиего херав чияс магӏарухъ ахӏулел мухъаз ва бакъназ гьесухъе бачӏунеб букӏана жиндирго гӏолохъанлъи. Тӏоцебе гьеб кечӏ ахӏулеб рагӏараб бакӏ, Цӏор, жеги гӏолохъанав, чӏагояв живго, цониги гьайбатай гӏанчӏай гӏолилай Белоканалъул базарчӏван уней. Гьеб букӏана жиндир гӏолохъанлъиялъул ракӏалдещвеязул дандерижи, ахирисел къоял рикӏкӏунев, кӏодолъарав херав чиясул. Гьединго рукӏана пашманал лугъатал ва рагӏаби гуржи мацӏалда, гьесул бакъан, гьесул как, гьесул дугӏа, гьесул калам, кинабго бачӏуна цебе, квачараб хасалил гӏазул бураналъул ва гьорол сасида гъоркь, цӏадухъ бакараб печалъул гьургьуриялда ва къеда сагӏтил кӏутӏиялда гъоркь. Цӏакъго пашманаб лугъат цӏикӏкӏинчӏого букӏине цо-цо мехалда кӏудада сихӏкъотӏигун гуржи кечӏги хвезабун кӏудаэбелалде вуссунаан:

— Валлагь гьай гъарини (гъари — херай абураб магӏнаялда чӏурмутӏалъул лугъаталда) махӏрум гьаюна Бетӏергьанас мацӏаздаса, гьадаб росдал лъар бахун добехун алъ чухӏулеб жо дунялалда бичӏчӏуларо. Дун вуго эркенго падар, хъазахъ, авар мацӏазда хункар-пашазабигун кӏалъазе кӏолев чи, — ян релъулаан кӏудияв эменги гьесда сверухъ ругелщиналги. Кӏудаэбел семулаан, ягъулаан, гьав чи, 70 сон баниги, кӏудиявго гӏолев гьечӏин.

1983 соналъул ихдаде кӏудада нахъойги унтана. Букӏана квешаб, хӏехьезе кӏолареб унти ва макьу тарал сардал. Районалдаса вертолет ахӏана эбелалъ, хадусеб къоялъ радал квешго гьава-бакъги кьерхун, бачӏине кӏвечӏо. Автомобилалъул нух доб мехалда букӏинчӏо. Аппендецит букӏана гьесул. Хадусеб къоялъул бакъаниде хӏехьезе кӏолареб букӏараб унти сасана ва кӏудада гӏетӏулъ вецӏцӏулев вукӏана. Эбелалъ дунял роцӏцӏунеб буго, радал вертолет бачӏинин абидал, гьес квер хьвагӏана ва абуна:

— Гьанже гьелдаса ана, Гӏайишат, гьадинаб букӏун буго Бетӏергьанасул хӏукму, гьаб унти дагьаб заманалъ араб жо буго, дир беццабакь бихъун буго жаниб, гьанже лъиданиги кӏоларо дун хвасар гьавизе… Хадуй гӏодулей эбелалъеги, гьелъул яцалъе ва гьезул ясазе мухӏканго бицун буго кин живго вукъизе кколев ва лъида тӏад щиб къазе кколеб. 7 апрелалъул рогьалилъ къадаралде щвана кӏудада ва добго къоялъ росдал хабалалъ вукъана. Гьесда цадахъ къаникье ана досул гӏадатлъиги, гӏаданлъиги, махсарабигун кучӏдулги, къисабигун харбалги, гӏемераб гӏакъилаб, досда бихьараб, досда рагӏараб, гьес жинцаго гӏумруялъухъ ва гӏадамазухъ балагьун хӏасил гьабурабщинабги. Хутӏана ракӏалдещвеял. Гьанже кӏикъогогӏан сон сверун хадуб, дун Чӏороде щвараб мехалда бихьула гьесул реххун тараб рукъ ва гьениб горда гъоркь чвахулеб лъарал гьаркьихъе рагӏула дида лъимерлъуда гӏинда кӏутӏараб пашманаб гуржи бакъан яги падар мацӏалда ахӏулеб кечӏ: «Дагъустан… дагъ… дагъ ерди…».

Цо-цо мехалда ккола дов доваго горда гъоркь тӏамураб ургуялдаги вегун, кодор чӏумалгун, ниж жанире лъугьун рачӏиналъухъ валагьун вугин, амма нуцӏида даларал, кьавуялъ кьер хисарал кӏулалги, бакъуца ва цӏадалъ кьер хисараб нуцӏаги бихьарабго, щакъраххуна, бадибе магӏу бачӏуна ва хехго гьениса цо рахъалде ине гӏедегӏула, цощинаб гӏадамазда вихьиладайин. Киназдаго бичӏчӏуларо кӏикъогогӏан сон свераралдаса дур пашманлъи… Исана эбелги ана.

2018 с. Ноябрь. Махӏачхъала.

Мухӏамад Бисавгӏалиев