Исана 28 сентябралда 22 сон бала гӏалим, факъигь Кьохъа Султӏанмухӏамад-хӏажи (1907 -2000) ахираталъул рокъове аралдаса. Гьев вукӏана жиндир тӏолабго гӏумру гӏелму цӏалиялде ва гьеб малъиялъе назру гьабурав чи.

Гӏалимчи, факъигь, жакъа Дагъистаналда ругел гӏемерал гӏалимзабазулги мугӏалим Султӏанмухӏамадхӏажи гьавуна Кьохъ росулъ. Гьесул инсуда цӏар букӏана Хӏажияв Дибир. Султӏанмухӏамад, гьитӏинго вукӏаго эменги хун, бесдаллъана. Гьелдаса хадуб эбелалъ кьуна лъималазе тарбия. Тӏоцебе гӏелмуялъул дарсал гьесие цӏалана кӏудияв вац (доб заманалда машгьурав гӏалимчи) Мухӏамадица. Эбелалъул аманаталда рекъон ва гьелъ кьураб кӏваралъ Султӏанмухӏамадица гӏелму цӏалиялъул нухда гали лъуна. Доб заманалда магӏаруллъиялда билълъараб къагӏидаялда Султӏанмухӏамадги росулъа росулъе ун батӏи-батӏиял гӏалимзабазда цеве цӏалана. Гьел ккола Гӏоротӏаса Сулайман, Гьандихъа Гьитӏиномухӏаммад, Болъихъа Муртазагӏали-къади, Ансалтӏаса Гӏисалав, Чачаналъе гочарав Тӏандоса Нурмухӏаммад – живги «Ибну Хӏажаразе» баян хъварав Кьорошиса Халилил мутагӏил, Гьигьалъа Хӏусайнияв – свалат-салам лъеяв Аварагасул наслуялъул чи, Дагъистаналда машгьурав гӏалимчи Хъазанищалдаса Абу Супян, Салтӏаса Узун-хӏажиясул мутагӏил, Макка-Мадинаялда цӏаларав, Салтӏаса Кьохъе гочарав Ахӏмадхӏажи, Кьохъа Гӏумар-дибир. Гьел гурелги гӏемерал росабалъе щун вуго гьев гӏелму тӏалаб гьабулаго.

Живго Султӏанмухӏамадхӏажиги кколев вуго Дагъистаналъул бергьарал гӏалимзабазул наслуялъул чи. Гьесул тӏоцеве рехсолев кӏудияв эмен ккола Кьохъа Салман (Кабир). Гьев вукӏун вуго Ширваналда ва Персиялда гӏелму цӏаларав чи. Гьенив цӏалулаго, Салманица хъвараб тӏехьги буго нахъе цӏунун. Салманил вас Гӏали вукӏун вуго гӏалимчи — Гӏободаса Шагӏбан-къадил мугӏалим. Гӏалил вукӏун вуго кӏиго вас — Гӏабдулкъадир ва Салман. Салман цӏалана Гӏобода, Шагӏбан-къадиясда цеве. Гьесдаго цадахъ Гӏобода цӏалулел рукӏана нахъа жидер гӏелмуялъ Дагъистан цӏезабурал Къудукьа Мусалав ва Мохӏоса Дамадан. Шагӏбан-къадиясул яс Патӏиматги йикӏун йиго бергьараб гӏелму бугей гӏадан. Гьей кьола Кьохъа Салмание росасе. Гьев кколев вуго Султӏанмухӏамад-хӏажиясул щуабилев кӏудияв эмен. Салманил вац Гӏабдулкъадирги вукӏана гӏелму-лъай бугев чи. Гьев хӏалтӏун вуго Кӏаратӏа ва Хуштада къадилъун. Гӏабдулкъадирилги вукӏана Салман абун цӏар бугев вас – заманалда рекъараб гӏелму бугев гӏалим.

Султӏанмухӏамад-хӏажияс гӏелму цӏалун буго гӏумруялъул 42 соналде вахинегӏан хъизан-рукъалде вуссинчӏого ва щибго дунялалъул магӏишаталде кӏвар кьечӏого. Кигӏан захӏмалъаниги, цӏалиги рехун тун гьечӏо. Гьесул эбел цӏакъ кьварарай гӏадан йикӏун йиго ва гӏелмуялъул хиралъи лъан васасда лъазабун буго, жий хун йигилан рагӏаниги, мун дарсги гьоркьоб къотӏизабун нахъе вачӏунгейилан.

Советазул хӏукуматалъ диналда данде рагъ гьабулел соназдаги Султӏанмухӏамадхӏажияс гӏелму малъи гьоркьоб къотӏизе течӏо. Гьес жиндирго рокъоб балъго гӏелму малъулел мутагӏилзабазе ресал гьарун рукӏана. Росдае шаргӏалда рекъараб хӏалалъ рукӏине нухал малъулел рукӏана. Гьеб гьесухъа гӏемерисеб нухалъ бажаризеги бажарана. Масала, колхоз гьабун киналго ракьал цере кковухъе рикьулеб мехалъ, гьесул малъиялда рекъон, хиса-басун щивасухъе жинди-жиндир хур-ах щолеб хӏал гьабуна. Гьелъ цониги хурул гӏорхъаби хвечӏого колхозал риххараб мехалда миркалъул бетӏергьаби разиго хутӏана. Цӏакъ кӏвар кьун гьаруна гьес жамгӏиял хӏалтӏабиги. Гьесул тӏадчӏеялдалъун ва жигаралдалъун росулъе кӏиго бакӏалдасан лъим бачана, кьо ва больница бана, мажгит рагьана, мадраса бана.

1990-абилел соназул авалалдаго гьес росдае имамлъи гьабун, къватӏиса ругониги, гӏалимзабиги кумекалъе рачун, росулъ гьитӏинав-кӏудияв, руччаби-лъималазда битӏун Къуръан цӏализе ва как базе малъана.

Гьев кидаго вукӏана росдае гӏакълучилъун. Гӏицӏго Кьохъа гӏадамазе гуревги, тӏолго магӏаруллъиялъего машгьурлъана шаргӏалъул хӏукмаби къотӏулев къади хӏисабалда. Кинаб бугониги захӏматаб суал гьикъун гьесухъе цӏакъ гӏемерал гӏадамал рачӏунаан. Хӏатта жалго гӏалимзабиги хӏажатал рукӏана Султӏанмухӏамадиде. Гьесул рагӏухъ гӏенеккулаан, гьесул хӏукму лъицаго хвезабулароан. Чачан рахъалдасан Дагъистаналде тӏаде хъачагъал кӏанцӏун рагъ байбихьараб мехалъ гьес цӏакъ кӏудияб хӏалтӏи гьабуна рекъел цӏуниялъе ва рагъ къотӏизабиялъе. Гьесухъе чанги нухалъ рачӏун рукӏун руго дол питна бекьулел гӏадамал гъазават гьабизе ккун бугин, гьелъие фатва кьейилан. Гьес, гӏелмуялъул кьучӏал далилаздалъун, гъазаваталъе цониги шартӏ гьечӏин абун баяналги кьун, нахъчӏван руго.

Гьесухъ гӏелму цӏаларал гӏемерал гӏалимзаби жакъа жалгоги дин тӏибитӏизабулел руго. Гьезда гьоркьоса кӏигояв вахъана шаргӏиял гӏелмабазул доктораллъун: Кьохъа Сагитав ва Гъодобериса Ахӏмад. Гьесул машгьурал мутагӏилзаби руго Мигӏарсоса Тӏагьа, Буртунаялдаса Анварбег, Килалъа Гӏумарасхӏаб, Гӏободаса Мангуев Мухӏамад, Рахатӏаса Гӏисалав, Муниса Бадрудин, Кьохъа Ахӏмад (ясалъул вас) ва гӏемерал цогидалги. Султӏанмухӏамадхӏажияс нахъе тун буго цӏакъ къиматал тӏахьал данде гьарураб библиотека. Гьелъул жеги сияхӏ гьабун лъугӏун гьечӏо. Гьесул мутагӏилзабаз дагьаб цебе данде гьабун къватӏибе биччана мугӏалимасул хӏакъалъулъ жидерго ва росуцоязул ракӏалдещвеязул тӏехьги.

Мухӏамадрасул Гӏумаров