Гьидерида хъахӏаб халгӏат ретӏарав чи тӏоцеве вихьана 1927 соналда. Гьев вукӏана гӏолохъанав тохтур, асатӏинав Михаил Никалаевич Багулов. Дол соназда райцентр букӏана Гӏурада росулъ. Хъахӏав пачаясул полковник Дибирасул Мухӏамадил букӏараб кӏитӏалаяб минаялда жаниб районалда тӏоцебе Тӏидиб росулъ Багуловас рагьана 12 койка лъураб больница. Цо чанго соналдасан гьеб гочана Гӏурада росдал Габдану абулеб бакӏалде. ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министрлъун хӏалтӏулев вукӏарав Ибрагьим Ибрагьимовасул жигаралдалъун, сероводород ва сода гъорлъ бугел даруял лъинал ругеб санагӏатаб бакӏин абун, гьениса больница цӏидасан гочана Тӏидиб росдал Горцӏохъ абулеб бакӏалде. Гьениб бана кӏудияб больница ва 2013 соналда, ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министрлъун вукӏарав Танка Ибрагьимовасул хӏаракаталдалъун гьабуна капиталияб ремонт.

Хӏалтӏул хӏасилазул, церечӏарал масъалабазул ва гьаризе ругел хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна Гьидалъ участкаялъулаб больницаялъул бетӏерав тохтурасул ишал тӏуралев Хӏайбула Мухӏамадовасулгун.

— Кинаб даражаялда бугеб больницаялъул материалиябгун техникияб база?

— Больницаялда буго 30 унтарасе вегизе бакӏ, гьездаса 20 койка – сордо-къоялда жаниб регулеб ва анцӏго койка – къад заманалъул стационар. Руго терапевтияб, педиатрияб отделениял, гьединго лъабго койка буго акушер-гинекологияб хӏалтӏуе. Буго УЗИ-аппарат, цифровияб рентген, цаби-гӏусал къачӏалеб кабинет. Гӏунги тӏокӏ буго компьютерияб техника. Амма больницаялда бугеб гӏемерисеб къайи-къоно, алатал руго басралъарал. 2013 соналдаса нахъе цониги цӏияб алат нижер больницаялъе кьечӏо. Чара гьечӏеблъун ккола хехаб кумекалъул автопарк цӏигьаби, гьединго цебего заман щун буго медицинаялъул цӏиял алатаздалъун больница хьезабизе. Къваригӏун руго микроскопал, автоклав, лаборатория, физкабинеталъул аппаратура, гастроскоп, бакӏ-бакӏазде босулеб флюорограф, ростомерал, цӏадираби…

Хехаб кумекалъе хӏажалъулел дараби руго, амма цогидал дарабазул къанагӏалъи буго.

— Бетӏерал тохтурзабазул гӏарз букӏуна медицинаялъул хӏалтӏухъаби гӏолел гьечӏин, ругезулги мукъсанаб гурони лъай-махщел ва хӏалбихьи гьечӏин абун…

— Больницаялда вуго 70 хӏалтӏухъан, гьездаса 56 медицинаялъул хӏалтӏухъан. Къваригӏун вуго неврологиялде гьетӏи бугев терапевт. Нижер гӏолохъанал тохтурзаби ккола УЗИялда хӏалтӏулей Мухӏамадова Альбина ва цаби-гӏусазул тохтур Багъужалов Мухӏамад. Гьел ккола шагьаралъул больницабазда хӏалтӏул хӏалбихьи щварал махщелчагӏи.

Гӏаммаб куцалда абуни, гӏемерисел хӏалтӏухъаби ккола 20-30 соналъул хӏалтӏул хӏалбихьи бугел, хӏалтӏи лъалел, бокьулел ва унтаразул баркалаялъе ва адабалъе мустахӏикъал чагӏи. «Хӏакъикъаталдасанги» баркала кьела акушер-гинеколог Хӏабибулаева Маринае, терапевт Гьитӏиномухӏамадова Патӏиматие ва участокалъул тохтур-терапевт Хӏажиев Мухӏамадие.

— Цохӏо гьидерил росабазул гӏадамазейищ нужеца хъулухъ гьабулеб?

— Нижеца хъулухъ гьабула 4500 чиясе. Гьидерил росабазул гӏадамазе гуребги, нижеца медицинаялъул хъулухъ гьабула больницаялдаса 30 километралъ рикӏкӏад ругел Цӏекӏоб, Лъануб ва Хучада росабазул гӏадамазеги. Нижер жавабчилъиялда буго ункъо амбулатория, щуго ФАП ва лъабго фельдшерасул пункт.

— Кинаб даражаялда гӏуцӏун бугеб диспансеризациялъул хӏалтӏи?

— Нижеца тӏокӏлъиялда тӏубазабуна диспансеризациялъул план. Тӏалабазда рекъон, 40 соналдаса тӏаде арал чагӏазул хал-шал гьабула щибаб соналъ, 18-39 сон базегӏан ругел чагӏазул – лъабго соналда жаниб цо нухалъ; исана гьеб хӏалтӏи тӏубазабуна нусабго проценталъ. Коронавирусалъ унтун рукӏарал чагӏазе щибаб соналъ гьабула диспансеризация.

Диспансеризациялъ тӏатинаруна бищунго тӏиритӏарал рекӏел ва бидурихьазул унтаби, рак унти (Гьидалъ вуго 76 гьединав унтарав), гьединго рукьбузулгун рищалабазул унтаби рукӏин. Соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб буго ракалъ унтулезул къадар, гӏолохъанлъулел руго тӏадехун рехсарал унтаби. Гӏилла – химия гъорлъ бугеб квен, гӏемер кванай, рагъа-рачари дагьлъи ва квешаб экология.

— Чан лъимер гьабулеб участокалда лъагӏалида жаниб ва гьезул сахлъи кинаб бугеб?

— Лъагӏалида жаниб участкаялда гьабула 10-15 лъимер. Соналдаса соналде дагьлъулеб буго росабалъ гӏадамазул къадар, херлъулеб буго халкъ, гьелдаго цадахъ дагьлъулеб буго гьарулел лъималазул къадарги.

Участокалда буго 960 лъимер, гьезул сахлъиялда хадуб халккола лъабго тохтур-педиатрас. Аслияб куцалда тӏатунел руго гьезул хӏухьел цӏалел лугбузул ва ургьисалабазул унтаби. Гьелъие бугеб гӏиллалъун дица рикӏкӏуна лъималазул сахлъиялда хадуб эбел-инсул тӏаса-масагояб бербалагьи букӏин.

— Сунца квалквал гьабулеб бугеб нужер хӏалтӏуе?

— Медицинаялъул хӏалтӏухъабазда дица тӏадаблъун гьабун буго, унтараздехун жидерго эбел-инсудехунго гӏадаб бербалагьи букӏине ккей. Жакъа гьеб рахъ цӏакъ лъикӏ буго гьаниб. Унтараздехун нижер хӏалтӏухъабазул бугеб хӏурматияб бербалагьиялъул бицунеб рагӏун, гьанире рачӏуна сах гьаризе Лъаратӏа ва Гӏахьвахъ районазул, Бежтӏа участокалъул росабалъа унтаралги.

— Росабазул администрациязул букӏунищ нужее гьабулеб кумек?

— Букӏунаро, киданиги цӏехоларо нужее къваригӏараб, камураб жо бугищ абун.

— Щиб батӏияб-цӏияб жо больницаялда гьабизе бокьун бугеб?

— Планал гӏемерлъун, гӏарац дагьлъун букӏиналъул буго кӏудияб квалквал.

Лъел буго къварилъи, бокьун буго километралъул манзилалда цӏияб лъел мухъ бачине. Хьул буго гьидерил росабазул бутӏруз гьелъие кумек гьабиялде.

Лицензия гьечӏин абун, 2013 соналдаса нахъе хӏалтӏулеб гьечӏо гьаниб бугеб сероводородалъул лъим. Гьениб хӏалтӏи гьабун бахъунеб буго, лъел тӏокъо гьабун, лъим бухӏизабулеб бройлер лъун, бокьун буго рукьби, рищалаби унтарал чагӏи сахгьаризе байбихьизе. Гьаб Талгиялда бугелдаса къураб гьечӏо. 1964 соналда Тӏидиса Гӏанчӏо Хӏажихӏмад абулев чияс, кипятильникалъ хинлъизабулаан гьеб лъим ва радал анцӏго тӏубараб мехалъ рачӏунаан рукьби унтарал херал чагӏи лъелъ регизе. Сахлъун, гьенирго гӏунсбиги тун, рокъореги унаан.

Больницаялъул ракьалда бугеб сода гъорлъ бугеб лъеца сах гьарула чехь-бакьазул унтаби, хасго ракӏ цӏерхӏей (изжога). Къваригӏун буго, хинлъизеги гьабун, гьеб лъим унтараз гьекъолеб къагӏида букӏинабизе.

Киналго сурсаталги росун, ччукӏун унеб бугеб больницаялъул кӏкӏалал рагӏалдисеб рахъ щула гьабизе тӏаде босун буго Хӏотода росулъа инженер Гӏабдулаев Мухӏамадица. Нижер коллективалъул рахъалъан гьесие баркалаги буго.

Камуларо ток ун, хӏалтӏи чӏун кколел лъугьа-бахъиналги. Нижеца валагьулев вуго больницаялъе электрогенератор босулев ва тӏорччоца бакулеб котельная токалде бачине кумек гьабулев спонсор.

— Ниж ккола ФОМСалъул гӏарцуда бадире балагьарал чагӏи. Гьелъ бихьизабураб план тӏубачӏони, нижее мукъсанаб гурони гӏарац бачӏунаро.

ДРялъул Хӏукуматалъул хӏукмуялда рекъон, 2019 соналъул тӏоцебесеб ноябралда районазул киналго участкоявиял больницаби цолъизаруна районазул больницабигун. Гьеб тадбиралъ нижер хӏалтӏуе гӏемерал квалквалал гьаруна: харжал дагьлъана (тохтурасул гьоркьохъеб харж букӏана 44, медсестраялъул — 22, санитаркаялъул — 17 азарго гъурущ. Жакъа гьел харжал кӏиго нухалъ дагьлъана). Щиб къваригӏаниги кьеян гьарун, ине ккола ЦРБялде, нижер гӏарацги уна гъобего. Бокьилаан гӏарцулаб сурсатгӏаги нижерго ихтияралда букӏунеб къагӏида гьабуни.

Нури Нуриев