Дагьал церегӏан къоязда ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас бицана 2021 соналда республикаялда 9133 хъизан биххун бугин. 2020 соналдайин абуни биххун букӏана 5302 хъизан. Гьеб лъикӏаб гуреб хӏужаялъул хӏисабги гьабизе кколин абуна гьес. Премьер-министрасул пикруялда рекъон, хъизамал риххи Дагъистаналъул халкъазе хасиятаб гуреб иш ккола. Цебе гьеб рикӏкӏунаан рогьолъунцин. Жакъа хъизамалъулаб институталдехун гӏолохъанаб гӏелалъул батӏияб бербалагьи лъугьун бугин абуна гьес.
Дагъстаталъул баяназда рекъон, 2022 соналъул анлъго моцӏида жаниб ратӏалъарал хъизамазул къадар 205 проценталъ цӏикӏкӏана, гъоркьиса гьебго заманалде дандеккун.
Исана бащдаб лъагӏалида жаниб 6664 хъизан биххун буго. Гӏуцӏун буго 4195 хъизан. Цӏигӏуцӏулел хъизамазул къадар 37 проценталъ дагьлъун буго гъоркьиса гьебго заманалде дандеккун.
Гьел баяналги хӏисабалде росун, нижеца цӏех-рех гьабуна республикаялъул ЗАГСалъул управлениялда. Гьениб бицана гӏилла жидедаги лъаларин, амма тӏадаб хӏалтӏи гьабичӏого толарин.
ЗАГСалъул идараялдаги радалго чанго чи вугоан ратӏалъиялъе хӏажалъулел документал гьаризе иргаялда чӏун. Гьезда гьоркьоса кӏигояз бицана хъизангун ратӏалъиялъе гӏиллаги. Щивасулги бугоан жиндиего хасиятаб къварилъи, хӏехьезе кӏоларебин абулеб гӏилла.
Мухӏамад, 32 сон, лъабго лъимадул эмен: «Дун хъизангун ватӏалъиялъе гӏилла буго гьелъие бугебгӏан магӏишат гӏолеб гьечӏолъи, сундаго рекъонгутӏи. Гьелъул эбелги мех-мехалъ нижеда гьоркьое лъугьуна, гъалмагъир гьабула. Кин бицаниги, гӏемерисел ясал руго сабру гьечӏел, бугелда гӏей гьабуларел, цоцазулгун къец бан бечелъи бокьулел, жидее бокьухъе росал рукӏаян чӏолел. Гьезда лъалеб гьечӏо Аллагьасе щукру гьабизе. Дун хӏалтӏулев вукӏана мебель гьабулеб бакӏалда, гьениса бачӏараб харжги гӏолароан гьелъие. Лъималазе гӏоло анцӏго соналъ хӏехьана гьелъул гӏамал. Гьале тӏокӏалъ хӏехьезе кӏвечӏого цӏарги тӏамуна, ратӏалъиялъе документал хӏадурулев вуго».
Мадина, 30 сон, кӏиго лъимадул эбел: «Бащдаб лъагӏелалъ цере ратӏалъана ниж. Кигӏан захӏматго букӏаниги, дида ракӏалда букӏинчӏо ятӏалъизе. Микьго сон бана нижеца цадахъ. Цо къоялъ хӏалтӏун, анкьица гьекъолдулев, кеп кьабулев вукӏана гьев. Лъималазулги щибго ургъел букӏинчӏо. Дунин абуни кӏиго хӏалтӏиги тӏаде босун, цояб лъимер яслиялде, цогидаб школалде бачун екерахъдулей хутӏун йикӏана. Загӏиплъун руго гьанже бихьинал. Загӏипаллъунги гьел нилъеца, ай улбуз ва лъудбуз гьарулел руго, гьезда захӏмалъи бихьизе течӏого, гьез гьабизе кколеб хӏалтӏиги нилъедаго тӏаде босун».
ЗАГСалъул идараялда рукӏаралгун гара-чӏварулаго, аскӏое ячӏарай цо гӏурусалъ абуна, бегьулеб батани, жинцаги абилин цо чанго рагӏиян.
Марина, 60 сон: «Нужер руччаби цӏакъ талихӏаллъун рикӏкӏуна дица. Нижер, гӏурусазул ясал, 16-18 сон барабго рокъоса уна. Жидецаго гьабизе ккола магӏишат, ралагьизе ккола росалги. Официалияб къагӏидаялъ росасе инегӏанги кӏиго-лъабго батӏияв бихьинчигун данделъула. Битӏккани ЗАГСалде уна, ккечӏони — мадарав чи данделъизегӏан хутӏула. Гӏемерисеб мехалда кодор лъималгун хутӏула гӏолохъанал ясал. Нужер ясалин абуни, рос валагьизе кирегӏаги рахъине кколаро. Хъизамалъул яги тухумалъул кӏудияз кинабго тӏубала, абурасул квешаб яги лъикӏаб рахъги цебеккунго лъазабула. Росасе унелъулги кинабго хӏажатабщинаб къайи босула гьезие эбел-инсуца. Гӏемерисел рачуна хӏадураб минаялъуре. Рокъорги рукӏун, росасе квен гьаби ва лъимал гьари гуреб руччабаздаса тӏалаб гьабулеб жоги букӏунаро. Нижер руччабиян абуни росасе ун хадур, гьевгун цадахъ хӏалтӏула, квартираги гӏемерисез ипотекаялъ босула. Нижер руччабазе бугеб захӏматалъухъ ралагьизе бегьилаан нужер гӏолохъанал ясал. Гьеб мехалъгӏаги жидерго къисматалдаса рохилаан гьел».
Цӏикӏкӏарасеб къадаралда бусурбабаз гӏумру гьабулеб республика букӏинги хӏисабалде босун, официалияб къагӏидаялъ гурелги, цӏар тӏамиялдалъунги риххизе рес буго хъизамал. Гьелъул пикру гьабуни, официалияб статистикаялде тӏаде жеги цӏикӏкӏун ратизеги бегьула ратӏалъулел. Гьединго ЗАГС гьабичӏого, магьари лъун хъизамал гӏуцӏаразул къадарги цӏикӏкӏун батизе рес буго.
Республикаялда хъизамал риххиялъул хӏужаби цӏикӏкӏиналда бан, Махӏачхъалаялъул Кӏудияб мажгиталъул имам Мухӏамад-Тӏагьир Ахӏмадовас гьадин бицана:
— Дида ракӏалде ккола, ратӏалъулел хъизамазул къадар цӏикӏкӏиналъе гӏилла бугин хъизамалъул институт загӏиплъи. Эбел-инсуца кколеб хӏалалда лъимал куцалел гьечӏо хъизамалъул къимат гьабизе. Кӏудияб гӏолеб лъимада къанагӏат гурони малъуларо хъизамалда гьоркьоб сабру гьабизе кколеблъи, кинаб бербалагьи букӏине кколеб рос-лъадуда гьоркьобали. Хъизамалъулъ дандчӏвазе рес бугел захӏмалъабазул бицунеб гьечӏо, ругьун гьарулел гьечӏо сабру гьабизе. Хъизамалда жаниб сабруги адабги жидецаго гьабулеб бугониги, лъимал куцалел гьечӏо гьелде. Щаклъи гьечӏо, жиндилъ хъизамалъул гӏадатиял масабазул магӏна хисизабурал, Бакътӏерхьул улкабазул маданият ва рукӏа-рахъиналъул къагӏидабазул пропагандаялъги гьанжесел гӏолилазул гӏакълуялъе асар гьабулеб букӏин.
— Хъизамалда ругел захӏмалъабазул бицун ва цӏар тӏамиялъул хӏакъалъулъ суалалгун гӏемер рачӏунищ нужехъе? Бихьиналищ, руччабищ цӏикӏкӏун рачӏунел?
— Хъизамазда гьоркьор захӏмалъаби кидаго рукӏана. Жакъа къоялдаги гӏадамал гӏемер рачӏуна имамзабазухъе кумек гьарун, гӏемерисеб мехалда хъизамалда гьоркьор бичӏчӏунгутӏиял, суалал ругони. Нижехъе вачӏарав щивасда гьезул ихтиярал ва цоцазда цебе бугеб жавабчилъи бичӏчӏизабулаго, нижеца тӏоцебесеб иргаялда хӏаракат бахъула хъизан цӏунизе ва рос-лъадуда гьоркьоб бухьен щулалъизабизе. Гӏемерисеб мехалда хъизамалъул захӏмалъабазул бицун руччаби рачӏуна, бихьиналги камуларо.
— Ахираб заманалда, руччабаз цӏикӏкӏун кӏвар кьезе байбихьана лъай тӏалаб гьабиялде, жидерго ихтиярал лъазариялде. Гьеб рахъалъ нижее кумек гьабула муфтияталъул Лъай кьеялъул ва Фатвабазул отделаз. Гьелъухъ гьезие кӏудияб баркалаги буго. Гьанже руччабазда лъалел руго жидерго ихтиярал ва кинал ахӏвал-хӏалазулъ цӏар тӏамизе тӏалаб гьабизе бегьулебали. Ратӏалъулел хъизамазул къадар цӏикӏкӏиналъе гьелъги кинабгӏаги асар гьабулищ?
— Ахираб заманалда хъизамалъул захӏмалъаби тӏуразе руччаби имамзабазухъе хьвадулел руго ва абизе бегьула гьедин рачӏунезул къадар цӏикӏкӏунебги бугин. Исламалда рекъон, чӏужугӏаданалъул ихтияр буго магьари биххи тӏалаб гьабизе. Масала, росас хьихьулей гьечӏони, сахлъиялъе зарал гьабулеб бугони.
П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА
Хадурагӏи
Гӏадатиял гӏадамазда гьоркьоб цӏех-рех гьабидал, рос-лъади ратӏалъиялъе батӏи-батӏиял багьанаби рачунел руго. Гьезул цояб ккола 2021 соналъул апрель моцӏалда РФялда тӏубараб гуреб хъизамалдаса 8-16 сон барал лъималазе пособие кьезе байбихьи. Цо-цо хъизамаз ургъунго, гьеб пособие щвезе гӏололъун ЗАГС хвезабулеб бугин абурал харбалги раккун рукӏана гъоркьиса. Гьеб пикруги битӏараб батизе бегьула, амма мажгиталъул имамас бицунелъулги хӏисаб гьабуни, официалияб къагӏидаялъ гуребги цӏар тӏамун ратӏалъулезулги къадар цӏикӏкӏунеб букӏин бихьулеб буго