Дагъистаналъул ясал,
Нужеде дир аманат,
— Улбуца нахъе тарал
Шалазул къимат гьабе.
Фазу Гӏалиева
«Дагъистаналъул васалги ясалги. Жакъа нужеда бараб буго нижер кьералъул къисмат. Хутӏизе бугищ нижер кьер хъахӏаблъун? Хъахӏаб шал – чӏужугӏаданалъул яхӏ-намусалъулги, тӏадегӏанлъиялъулги, борхалъиялъулги гӏаламат. Цӏуне нижер хъахӏаб кьер!»
Гьадинаб букӏана доб къоялда хъахӏал шалазул ахӏи.
Араб анкьалда Махӏачхъалаялъул аслияб майданалда шагьаралъул администрациялъулги авар мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъулги нухмалъиялдалъун тӏобитӏана хъахӏал шалазул парад. Ракӏалде щвезаюна халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиева.
— Фазуе кутакалда бокьулаан ватӏан. Киб рагъул гъугъай бахъаниги, Афгъанистаналде щвезегӏанцин, ана гьей Россиялъул солдатазухъе. Жакъаги ахӏи базе букӏана гьелъ ватӏан цӏунизе рахъайилан. Шагӏиралъул хъахӏал шалаз жакъаги ахӏулел руго нилъ ватӏаналъул парахалъи цӏунизе.
Ватӏаналъе хӏалуцарал гьал къоязги гьелъул цӏаралдасан нилъеде хитӏаб гьабулеб буго хъахӏал шалаз, хадусел гӏелазе улка цӏунейин, нилъехъеги гьадинаб талихӏаблъун бахӏарчиял умумуз кьун букӏарабилан. Ватӏан нилъее байбихьула рахьдал мацӏалдасан. Гьеб гьечӏони, билула Дагъистан. Жакъа нижеца, Дагъистаналъул росабазул ва шагьаразул авар мацӏалъул учительзабаз, хитӏаб гьабулеб буго улбузул хъахӏал шалазул къадру цӏунейилан. Хъахӏаб шал. Хъахӏаб кьер.
Тӏолабго дуниялалъул руччабазул талихӏалъул кьер. Гьеб кьералъул къиса цолъун буго ватӏаналъул къисагун. Жакъасеб парадалъул аслияб мурадги буго – ватӏаналъул парахалъи цӏунун ругел васазде дандчӏвай улбузул хъахӏал шалаз гьаби, — ян абуна тадбир гӏуцӏаразул цояй, республикаялъул авар мацӏалъул учительзабазул цолъиялъул нухмалъулей Баху Мухӏидиновалъ.
Гьенир гӏахьаллъизе рачӏарал учительзабаз ва цӏалдохъабаз чӏван рукӏана хъахӏал шалал. Парадалъул гӏахьалчагӏи щвана шагӏиралъул памятникалъухъе. Цо лахӏзаталда гьеб сверана тӏугьдузул гӏидраялде.
Памятникалда цере кӏалъазе рахъараз рикӏкӏана шагӏиралъул кучӏдул, бицана гьелъул творчествоялъул хӏакъалъулъ.
Цӏидасанги тӏадруссана майданалде. Шагьаралъул юбилеялде хӏадурараб сценаялдасан учительзабаз иргадал цӏалана «Эбелалъул хъахӏаб шал» абураб поэма. Гьединго Фазул кучӏдул цӏалана гӏурус ва Дагъистаналъул цогидалги мацӏазда. Кӏалъазе вахъарав шагьаралъул бетӏер Салман Дадаевас бицана, тахшагьаралъул юбилеялде рачӏунаго, гьарулел ругел хӏалтӏабазулги. Гьес ракӏалде щвезаруна шагьаралъул тарихги гьеб тарих кунчӏун хутӏиялъе цӏарал нахъе тарал гӏадамалги.
Лъугӏана байрам. Амма лъугӏичӏо шагӏиралъул шигӏрабазул ахӏи. Гьезул аслияб буго ватӏан цӏунейилан гьабулеб аманат.
— Магӏарул шал, хъахӏаб шал,
Эбелалъул махӏ бугеб,
Эбелалъул рохелги
Угьдиги симсалъ лъураб.
Цӏуне улбузул парахалъи. Гьелъие рахӏат букӏунаро, ватӏаналда хӏалуцин бугони.
Ш. Хъазанбиева