Улбулги лъималги. Киналго гӏадамазул кидагосеб ургъел. Дир имгӏал, инсул вац вукӏана Бисавилан. Нижер Чӏурмутӏалда цохӏо гьев вукӏана доб мехалда Бисав. Фамилияги къокълъизабун, дида Бисавилан абизе байбихьана магӏарул газеталда цадахъ хӏалтӏулез. Гьединго абулаан дида Расул Хӏамзатовасги Гӏадалоцаги. Гьедин санагӏалъиги букӏана.
Дир имгӏал Бисав гӏумруялъ вехьлъун хӏалтӏарав чи вукӏана. Хасало рокъове вачӏингун, тӏубараб моцӏги гьес тӏахьал цӏалулаго ва хъалиян бухӏулаго инабулаан. Хасго гьесие бокьулаан цӏализе магӏарул мацӏалда харбал, кучӏдул, школалда малъулел тарихалъул тӏахьал. Гьесие цӏакъ бокьулаан тарих ва магӏарул поэзия. Школалда цӏалулеб мехалъги гьев вукӏун вуго отличник, Совет хӏукуматалъул заманалъ гьединазда «ударникалин» абулаан. Гьесул эмен, дир кӏудада Салдаса Бисав-Гӏали, 37 сон барав гӏолохъанчи, бакъул унтиялъ хун вуго, лъабго васги цо ясги нахъе тун. Бищун кӏудияв вукӏун вуго цӏалул ударник, дица бицен гьабулев Бисав. Эмен хвеялда бан имгӏал Губур Гӏалигун гӏияде ине ккун вуго, лъимал хьихьизе ва эбелалъе кумек гьабизеян.
Гьесул кумекалдалъул гьитӏинал вацал — дир эменги инсул вац Маламухӏамаги, киналго «щуйил» къиматазда анкьгосонил школаги лъугӏизабун, тӏоцере Чӏурмутӏалдаса шагьаралде цӏализе уна. Цӏалулелги гьел рукӏуна Избергалда букӏараб интернаталда. Гьелдаса хадуб гьел лъугьуна университеталдеги: филологияб факультеталде — эмен, биологияб факультеталде — Маламухӏама. Гьел рукӏана районалда ва росулъ гӏадамаз къадру-къимат гьабулел мугӏалимзаби. Эмен гӏемерал соназ хӏалтӏана школалъул директорлъун, имгӏал — биологиялъул ва географиялъул мугӏалимлъун.
Бисасги, вацал кӏудиял гӏунилан, жиндирго пиша рехун течӏо, батӏияб хӏалтӏи балагьизеги лъугьинчӏо. Гьев магӏардаса вачӏаравго, гьесул рокъобе росуго бакӏарулаан. Дагьа-дагьаб «хъахӏабги» биччан, пандур хъван, кечӏ ахӏун ихтилаталда рукӏунаан. Гьев вукӏана цӏакъ рагӏи бегӏерав, махсарахочӏ гӏемерав чи. Тӏомуралда киназего вокьулаан, гьесул гьудул-гьалмагъ камураб росуги букӏинчӏо, жиндирго рукъги букӏунаан киназего, кидаго рагьун. Нахърателги гьабулароан, метерисеб къоялъулги кӏудияб ургъел букӏунароан, квер биччарав, кутакалда киназего кинабго кьезе бокьулев, сахаватав чи вукӏана Бисав-вац. «Бисаввац» абулаан гьесда киназго Тӏомуралда. Нижер лугъаталда гьеб «вац» абураб рагӏи, кӏудиял чагӏазда адаб гьабун «даци» магӏнаялдаги хӏалтӏизабула.
Гьесул жиндирго рукӏана анкьго васги цо ясги, гьедигӏанго хваниланги абулаан. Цо нухалъ годекӏаниб цояс абун буго: «Гьав Бисасда кьижулеб мехалъ жиндирго лъимал киналго рокъоре рачӏанищ-рачӏинчӏищалигӏаги лъаладай», — илан. Лъимал гьесие цӏакъ рокьулаан, амма гогьдаризе гьарулароан.
Ихдал гӏиял рехъабигун росулъе вачӏунаго, гьев гӏурул рагӏалда росдал лъималаз сверун кколаан. Хулжазда жаниса къватӏибеги бахъун, конфетазул цӏураб ящик бихъулаан гьезда цебе ва, рачӏа киналго кваназейиланги абун, харде тӏаде ралаан конфетал. Цинги, жиндие цӏакъ «интерес» бугила кигӏан конфетал гьез кунелилан, велъулаго, гьезухъ валагьун вукӏунаан. Лъимал, конфеталги кун, лъарахъе унаан лъим гьекъезе, тӏадруссунги рачӏун дагьалги кунаан.
Бисас кинабго жо гьабулаан букӏине кколелдаса дагьаб тӏокӏборчӏун. Гьекъезе байбихьани — росуго ахӏун, анкьица лъугӏулареб сухӏмат букӏунаан. Гьеб чӏалгӏарабго гьев гӏигун мугӏрузде унаан ва гӏемераб мехалъ вачӏунароан. Гьесул жиндирго лъималги, ниж — вацасул лъималги цӏакъ ралагьун рукӏунаан гьев вачӏиналъухъ. Вачӏунаан ва гьесул гьаракьалъ цӏолаан тӏубараб азбар-къоного.
— Гьал щиб къамуял? – илан цӏацӏалаан гьес рас бищунго рас бахарасул.
— Векерея, доб дир машинка босун вачӏая, — йилан витӏулаан гьес жиндирго кӏудияв вас ва байбихьулаан азбаралъуб жиндирго лъималазул, нижер ва ичӏго-анцӏго росдал лъималазулги рас къунцӏизе. Къунцӏун бахъингун, гъванщилъ хъатги кӏутӏун валагьизавулаан, хадусев чӏезавулаан гьесул бакӏида. Киназулго рас къунцӏун бахъингун, киналго гьудул-гьалмагъзабиги ахӏун, байбихьулаан гьеб лъугьа-бахъин чуриялъул сухӏмат.
Цо нухалъ дир инсуца абула гьесда:
— Мун кӏудияв вацги вуго, дуе гӏакълаби кьезе дир ихтиярги гьечӏо, кьуниги дуца гьебги босиларо, амма цо суал бугоха дуе. Дур вуго анкьго вас, кӏигояв кватӏичӏого армиялде ина, цогидалги кӏудиял гӏолел руго. Гьел гӏейгун гьезие бертаби гьаризе ккола, мина-рукъ хӏажалъула, дуца нахъе лъолеб жоги бихьулеб гьечӏо дида… Гьеб кин бичӏчӏилебали лъаларого вуго, — ян.
— Дица дир лъималазда щиб гьабизе бугебиланищ мун, — илан абула гьес гӏедегӏичӏого, хъалиянги кьурулаго. — Цо пикру буго дир. Бищун гьитӏинас 17 сон барабго, гьел киналгоги рачун, дун ине вуго Махӏачхъалаялъул вокзалалде. Микьго билетги босун ниж рекӏине руго Москваялде унеб поездалда, — йилан рукъ цӏураб кӏкӏуй рехула Бисав-вацас къватӏибе.
— Москваялдегӏаги нуж щай? — илан гьикъула гьесул пикруялда хадув гъезе кӏоларого вугев инсуца.
— Москваялда буго нилъер пачалихъалъул бищунго кӏудияб вокзал. Белорусский вокзал абула гьелда. Поездалдаса гъоркьеги лъугьун, дица чемоданалъуса къватӏибе бахъизе буго СССРалъул карта, перроналда гьебги тӏибитӏун абизе буго лъималазда: «Гьалеха, дир лъимал, нужеда цебе буго рагӏа-ракьан гьечӏеб кӏудияб пачалихъ ва гьеб пачалихъалъул бокьараб бакӏалде уна гьаб вокзалалдаса поезд. Белталги росе, а анкьабго рахъалде. Щвараб бакӏалда нужеего бетӏербахъиги гьабе», — йилан. Бетӏерги бугев, хӏатӏалги ругев, квералги ругев чиясда гьадигӏан кӏудияб ва бечедаб улкаялда гӏумру гьабун бажаричӏони, гӏодовги речӏчӏун хвайилан абе. Гьеб дир гӏайиб гуро, — йиланги абун, бухӏунхутӏ печалъубе рехула Бисас.
Гьел гьитӏинал васаз 17 сон базе дагьаб заман хутӏараб мехалъ, чӏвараб унтиялъ, ракӏалдаго гьечӏого хвана Бисав. Хутӏана гьесул бегӏерал рагӏаби, кепал харбал, лъикӏал мисалал, унго-унгояв узденасул, магӏарул бихьинчиясул хасият, яхӏ бугев, квер гӏатӏидав, лъикӏав чи вукӏанилан гӏадамазул ракӏалдещвеял.
Гьаб щибизе дица бицунеб бугеб? Жакъа ралъдал рагӏалда бугеб ашбазалда гьудулзабигун гӏодов чӏун вукӏана. Цоясул телефоналъул зварзвари бахъана. Чӏужу йигоан гьесухъе кӏалъалей. Гьев тирщун столалда нахъаса вахъун ана ва тӏад вуссинчӏо. Цогияв, нижеда цадахъ гӏодов чӏезейилан вукӏарав, ралъдал рагӏалде свери бахъизе арав чи, довасанго рокъове ун ватана. Дагьаб цебегӏан кӏиабилев вас гьавуна гьесие ва гьесда кколеб буго жив кӏудияб хъизаналъул бетӏергьанилан. Хутӏана дунги Гьочоса Махӏачги. Гьале гьанже кӏалъана Махӏачихъеги. — Дун шагьаралда вуго… Температурайилая??? Борцарабищ? Кигӏан?! Дуца гьесие дару кьурабищ?? Гьале вачӏунев вуго… векерулев вуго… Гьабсагӏат… 15- 20 минуталдасан щвела…
— Киве векерулев вугев? Щибгӏаги ккараб жо? — йилан гьикъана дица гьудуласда.
— Васасул цӏа-кан рагӏула… гьаб буго бищунго хӏинкъи бугеб ригь лъималазул… кӏвар кьечӏого тезе бегьулареб… цаби руго раккулел… кӏиго сон балев жо вуго…
— Щиб баккулеб бугилая???
— Цаби… Цаби руго васасул раккулел, — илан вуго Махӏач вихха-ххочиялъ хӏухьел гӏоларого. Бихьинчиха, магӏарулав, чӏарадисев… викингалила жал… гьединал жалгӏаги рицунарелани гьоркьо-гьоркьор…
— Киназулго руго цабигӏусал… чӏужуялъул руго, лъималазул руго… рукӏине кколезул гьечӏо. Дур гьечӏо, гьадав гӏодор чӏараб бакӏалдаса кӏанцӏун вахъун тӏурун арасул гьечӏо, дов ралъдахъанго рокъове векерарасул гьечӏо. Гьеле гьел цабигӏусал гӏоларого буго тату хун, гьел рукӏаралани, хӏанчӏизе кӏолеб букӏарабани, гьедин рекерахъдизе кколароан нуж. Бихьиназул цаби-гӏусал гьечӏолъи буго нилъер заманалъул бищун кӏудияб масъала. Векере, рокъове виччачӏого хутӏизе гурин, пакъир, — илан пикру гьабуна дица, сунда речӏчӏилевали лъаларого, такси чӏезабулев вугев гьесухъги валагьун.
Бецӏаб паркалдаса рокъовехун валагьун вилълъана дун.
— Хисараб куцха аб дунял… Нилъ киредай унел ругел, киредай щвела, щибдай бихьила, — ян пикрабазда….
Гьаб гьазул гӏамал-хасият шагьаралъул «культурничагӏазул» гӏамал-хасият батилаха, дида — бецӏав магӏаруласда – бичӏчӏуларого бугеб. Гьал «культурнийчагӏазда», руччабаз окультурить гьарурал чагӏаздаги, дов инсуца Белорусский вокзалалда къватӏире риччан тезехъин рукӏараздаги гьоркьоб кӏудияб батӏалъи буго. Доз инсуе гӏологи, Ватӏаналъе гӏологи, къадру цӏуниялъе гӏологи гӏумру кьезе буго. Гьал нилъер «цаби-гӏусал гьечӏез» сундухъ щибдай кьелеб?
Мухӏамад Бисавгӏалиев