Ахираб 30 соналда жаниб Дагъистаналъул тарихчагӏаздаги тарих бокьулездаги гьоркьоб гӏемераб хабар ккана Шамил имамасул умумузул хӏакъалъулъ, хасго инсулги инсул рахъалъан кӏудияв инсулги бицун. Гьебщинаб заманалда жаниб гьеб суал роцӏинабизеги кӏвечӏо.
Цересел соназдаго гӏурус мацӏалда «Денгау-Магома» (Денгавмухӏамад) абун хъвараб цӏаралдаса босун, араб гӏасруялъул 90-абилел соназда байбихьана «Денгасул Мухӏамад» абун хъвазе. Хадуб гьеб «унти» тӏадбуссун гӏурус хъвай-хъвагӏаяздеги бахана ва хъвазе лъугьана «Мухамад сын Денги» абун. Гьедин гӏун вачӏана тарихалда вукӏинего вукӏинчӏев «имамасул кӏудияв эмен Денга(в)».
Кигӏан гӏемер такрар гьабуниги, я тарихчагӏазда, я тарих бокьулезда, я гӏадатиял гӏадамазда эхебе инчӏо вукӏинчӏин Шамил имамасул Денгавин абурав кӏудияв эменилан абураб хӏужа. Гьелъул гӏаксалда, тарих цӏи гьабиялъул жигарал «хӏаракатчагӏи» гъираялда тӏаделъана «Шамил имамасул кӏудияв эмен Денга(в)» жиде-жидер мухъ-ракьалдаса вукӏанин бихьизабизе. Хӏехьезе бегьулареб куцалда хӏабургъинабуна гьел хӏаракатчагӏаз имамасул тарихалъул тӏанчал. «Денгасул Мухӏамад» абун Шамилил инсул цӏар рехсеялъул «унти» щвечӏого хутӏичӏо имамасул ватӏанлъун кколеб Генуб росулъеги.
Шамил имамасул 200 сон тӏубаялъул тадбирал тӏоритӏулеб заманалда, 1997 соналда, цебе букӏараб, гендерил чӏегӏераб къанил гьабураб, гӏадатияб зани хисун буго росдал администрациялъул хӏаракаталдалъун. Некӏсияб зонода тӏад щибго хъвай-хъвагӏай букӏинчӏо. Лавашдерил хъахӏаб къанил гьабураб цӏияб зонода Шамилил инсул цӏар хъван букӏана «Денгасул Мухӏамад» абун. Гӏарабалъ хъвараб рахъалдайин абуни, «Мухӏаммад ибну Денгав» абунги хъван, гьеб жеги «мухӏкан» гьабун букӏана, «вас» абураб рагӏиги тӏаде жубан. Долдаса хадуб, кигӏан бицаниги, гӏемерал соназ хисизабичӏого хутӏун букӏана цӏияб зонода гьабураб мекъаб хъвай-хъвагӏай. Гьедин ана 25 сон ва гьебщинаб заманалда жаниб гьеб зоноцаги гуккана тарих цӏехон Генуре щварал гьалбалги жалго геналги.
Исана, Шамил гьавуралдаса 225 сон тӏубаялъул хӏурматалда гьаризесел тадбиразда гьоркьоб, нижеца хӏисабалде босун букӏана имамасул инсул хобалда тӏад битӏараб хъвайхъвагӏай бугеб къоно лъезе. Цӏияб зани гьабуна Сугъралъа Хӏамзалаев Хӏамзалас. Гьелъие хӏалтӏизабураб гамачӏги сугъулдерил кьурабалъа бахъараб буго. Гьеб ишалъе хӏажатал сурсатаздалъун кумек гьабуна Хӏажидадал Хӏажицаги, гьесул вас Расулицаги, вац Муртазагӏалицаги. Зани хисиялъе хӏалтӏи ва хӏажатаб квербакъи гьабуна Гӏабдулаев Мухӏамадсултаницаги, Гӏабдулаев Шамсудиницаги, Хӏамзатов Хӏамзатицаги, Жабрагӏилов Мухӏамадицаги, Гӏабдулаев Сайгидицаги Камилов Гъазимухӏамадицаги, Патахӏов Мухӏамадицаги, Шамилов Гӏабдулагьицаги. Гьел Шамил имамасул гӏагарлъиялъул чагӏи ккола.
Ахирисеб зонода хъвайхъвагӏай гьабун буго лъабго батӏияб мацӏалда: гӏараб, магӏарул ва гӏурус. Зонода рехсарал гӏадамазул мунагьал чуриялъе, гъоркь гӏаммаб дугӏаги хъван буго. Гӏага-шагарго бихьизабун буго имамасул эмен хвараб сонги. Палхӏасил, зонода гьанже буго гьадинаб магӏнаялъул хъвай-хъвагӏай: «Генуса Гӏалил вас Мухӏамад (Денгав), имам Шамилил эмен (…-1827/1828)». Гьеб хъвай-хъвагӏай босараб буго живго Шамил имамасул рагӏабаздаса. Гӏицӏго скобкабахъ бихьизабураб «Денгав» абураб тӏокӏцӏар (кӏиабилеб цӏар) буго биценазул ва цоги хъвайхъвагӏаязул кьучӏалда гьенибе тӏаде жубараб рагӏи.
Я инсул, я эбелалъул рахъалдасан Шамилил вукӏинчӏо Денгавин абурав кӏудияв эмен. Денгав букӏана имамасул инсуде росуцояз ахӏулеб цӏар. Жиндирго цӏарги (Мухӏамад) ахӏичӏого, гьесде тӏокӏцӏар (Денгав) ахӏиялъе гӏиллалъун Мухӏамадин абураб цого цӏар бугел гӏадамал росулъ гӏемерал рукӏин кколаанин батана умумулъан бачӏараб гендерил бицен. Доб заманалъул гьединал гӏадамазул щивасда хӏакъикъаталдаги тӏокӏцӏар букӏараблъи бихьизабулел хӏужаби дандчӏвала гендерил тарихалда. Масала, Гъазимухӏамад имамасул эмен Мухӏамадида гендерица «Гьидалав» абураб тӏокӏцӏар ахӏулеб букӏун буго. Тӏоцевесев имамасул хӏакъалъулъ тарихияб къиса хъварав гӏалимчи Генуса Хӏасаниласул асаралда жаниб цониги нухалъ дандчӏваларо имамасул инсул хӏакъикъияб цӏар хъвараб бакӏ, гьениб кибго буго «Гьидалав» абураб тӏокӏцӏар хӏалтӏизабун.
Шамилил инсул инсуда цӏар букӏана Гӏали. Гьеб цӏар кьун букӏана вукӏинесев имамасеги тӏоцебе. Хадуб, гьев унтидал, цӏар хисана Шамилгӏали абун, амма гьесда цӏияб цӏар рекӏинчӏо, къокъго, гендерица ахӏизе лъугьараб куцалъ гурони, ай Гӏалиги тӏаде жубачӏого. Гьеб цӏаралда гъоркь щвана Гӏалил Мухӏамадил (Денгасул) васасе машгьурлъи. Гьеб цӏияб цӏаралда гъоркь хутӏана гьев тарихалдаги.
Шамил имамасул кӏудияв эмен Гӏалиги гьесул васалги рукӏана гӏалимзаби. Денгасул (Гӏалил Мухӏамадил) хӏакъалъулъ нилъеда хъван батула гьев вукӏанин къебед, цӏцӏанавехь ва гь.ц. Вукӏанин абула Мухӏамад батӏибатӏиял махщелал кодосев чи, амма Генуса узденчи хӏисабалда гьев, тӏоцебесеб иргаялда, ахихъанлъун вукӏана. Гьеб хӏужаялда тарихчагӏаз тӏадчӏей гьабичӏого хутӏун буго, амма доб заманалъул далилал руго гьесулги гьесул умумузулги лъикӏал ахал рукӏинги, цоги ракьазул бетӏергьабилъун гьел рукӏинги, пихъ бичизе гьел хьвадиги, пихъилгун цӏолбол ракъварал нигӏматал, гьоцӏо, чагъир ва цогидабги гьез гьабулеб букӏинги бихьизабулел. Жеги руго Генуб росулъ Шамилил умумузул рукӏаралин абулел ахалги, генул гъутӏбиги, цогидал бакӏалги.
Ахихъанлъиялда хадусеб иргаялда вукӏана Шамилил эмен гӏалимлъунги, къебедлъунги ва цоги махщелазул чилъунги. Гьел баянал цоги тарихчагӏазги гӏемер рехсола. Гьаниб рехсон тела Денгас бищун ахиралда гьабизе лъугьараб ишлъун гьабигьанлъи букӏинги. Аваргӏурул рагӏалда букӏана гьезие вакьад Пирбудагъидасан ирсалъе хутӏараб ва хадуб «Денгасул гьобо» абун гендерица рехсезе лъугьараб Имамасул инсул хоб Ахираб 30 соналда жаниб Дагъистаналъул тарихчагӏаздаги тарих бокьулездаги гьоркьоб гӏемераб хабар ккана Шамил имамасул умумузул хӏакъалъулъ, хасго инсулги инсул рахъалъан кӏудияв инсулги бицун. Гьебщинаб заманалда жаниб гьеб суал роцӏинабизеги кӏвечӏо. Цересел соназдаго гӏурус мацӏалда «Денгау-Магома» (Денгавмухӏамад) абун хъвараб цӏаралдаса босун, араб гӏасруялъул 90-абилел соназда байбихьана «Денгасул Мухӏамад» абун хъвазе. Хадуб гьеб «унти» тӏадбуссун гӏурус хъвай-хъвагӏаяздеги бахана ва хъвазе лъугьана «Мухамад сын Денги» абун. Гьедин гӏун вачӏана тарихалда вукӏинего вукӏинчӏев «имамасул кӏудияв эмен Денга(в)». Шамил имамасул 200 сон тӏубаялъул тадбирал тӏоритӏулеб заманалда, цебе букӏараб, гендерил чӏегӏераб къанил гьабураб, гӏадатияб зани хисун буго. Некӏсияб зонода тӏад щибго хъвай-хъвагӏай букӏинчӏо. 13 №39, рузман 2022 с. 30 сентябрь Тарихиял хӏужаби гьобо. Гьеб жиндир заманалда машгьураб гьобо 40-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ цебе абадиялъего ана Чӏикӏаб ГЭСалъул хӏорил тӏинде.
Цо-цо авторазги гьез хъваралъул асаралда гъоркь гаргадулел гӏадамазги Шамилил эмен вихьизавула гьекъолдухъан вукӏарав гӏадин ва гьекъон, мехтун, гъалмагъир бекьулев вукӏин гуреб иш гьесул букӏинчӏеб гӏадин. Кинабха букӏараб хӏакъикъат? Тӏоцебе абуни, Мухӏамад (Денгав) вукӏана гӏалимчи, мажгиталда какалги ралев, лъималги цӏализарулев. Кидаго гьекъон-мехтун вукӏунев чи гьединавлъун вукӏине рес гьечӏо. Кӏиабизе, доб заманалда цӏолбол ахаздалъун бечедал хьиндалазда гьоркьоб цӏолбол чагъир гьекъей гӏадатияб ишлъун букӏана. Къанагӏатаб лъугьа-бахъинлъун кколароан гӏалимзабаз чагъир гьекъейги. Мисалалъе рехсезе бегьила Гьаракӏуниса Сагӏид, амма гьесда, кӏудияв гӏалимин гурони, гьекъолдухъанин лъицаго абуларо. Лъабабизе, Шамилил эмен гьекъолев вукӏанин рикӏкӏине бегьулеб заманги цӏакъ дагьаб букӏана. Гьес гьекъеялъул бицен баккараб заман ккола Шамилица тӏадчӏун гӏелму тӏалаб гьабизе лъугьараб мех. Балугълъиялде вас вахаравго тун буго гьес шаргӏалда рекъолареб гьеб пиша. Цинги хвезегӏан, 15-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ, бацӏцӏадаб шаригӏаталда хьвадулев гӏалимлъунги хутӏана.
Щайха Гъазимухӏамад имамасул эмен Гьидалавги Шамил имамасул эмен Денгавги гьекъолел чагӏи рукӏанин бицунеб батараб? Щайгурого, дагьабгицин гьезул гьекъел васазе бегьулареб букӏун. Рукӏинесел имамзабаз, жеги мутагӏилзабилъун ругеб мехалдаго, байбихьун букӏана гьекъел-мехтелалде данде рагъ. Гъазимухӏамадиеги Шамилиеги къабуллъуларого букӏана гьезулги гьекъел. Гьелда данде къеркьейги гьез жиде-жидер рокъосан байбихьун букӏана. Гӏицӏго цоги гьекъолезе мисаллъун букӏиналъе тӏибитӏизабураблъун бихьизе ккола нилъеда Денгасул гӏумруялдаса гьеб рахъалда тӏадчӏей гьаби.
Мухӏамаднаби Ибрагьимов.
(Гьеб киналъулгоги ва цоги, тарихалда жанир жеги рукӏалиде ккечӏого хутӏун ругел цо-цо рахъазул хӏакъалъулъги гӏемерал пайдаял ва цӏиял баянал цӏализе бегьула кватӏичӏого басмаялда бахъизе бугеб М.-Н. Ибрагьимовасул «Имам Шамиль: страницы биографии и критика современных попыток её фальсификации» абураб тӏехьалдаса).