Журналист Мухӏамад Расуловас данде гьабураб «Магӏарулал годекӏанир» абураб тӏехьалдаса.

** *

Кортас «Жигули» босанила. Гьебги бачун шагьар сверулев вукӏанила. Рокъове вуссинегӏан гьесул машинаялъул цояб хьибилалда живго гӏадав жигуличияс машина «къочизабунила». Нахъисеб къоялъ цогияс цояб рахъги гьелдаго релълъинабунила. Гьедин щибаб къоялъ цо-цониги гӏуж машинаялдаса камун Кортав къавулъе вуссунароанила. Гьеб хӏисабалда анила лъикӏаланго заман.

— Гьадинаб чухӏ-чухӏараб машинаялда шагьаралде вахъинегӏагийищ нечоларев, кидагӏаги дуца гьалъул куц-мухъ бачӏинабизе бугеб? — ан гьикъун буго цояс.

Кортасги жаваб гьабун буго:

— Гьаб тункулелги гьалда тункулелги машинаби лъугӏараб мехалда цойидасанго къачӏазе тун буго!

** *

Цо къоялъ бакъалда гӏодов чӏарав Кортасда тӏаде вачӏун вуго, квартӏа-хъалахъгун, жидерго росулъа цо шофер.

— Квартӏа-хъалахъгун щиб гьабизехъин вугев? — ан цӏехон буго Кортас.

— Херал чагӏи рухӏизе кор гьабизе унев вуго, — ян жаваб кьун буго гьес.

Гьеб рекӏее гӏечӏев Кортасги щибго ургъичӏого абун буго:

— Корокье цӏатаридае шоферзаби рехизеги кӏочон тоге абун лъазабун теха гӏадамазда.

** *

Аскӏов рекӏарав Кортасда шоферас лъазабун буго дуца кваранаб рахъалдасан машина бачӏунеб мехалда жинда лъазабейилан. Цо сверудасан Кортав рекӏараб рахъалдасан бачӏун машинаялда автобус кьабун буго. Шофер жиндихъго квеш валагьидал, Кортас абун буго:

— Гьаб автобус буго, дуцайин абуни дида машина бачӏунеб мехалда лъазабеян абун букӏана, — ян.

** *

— Гьай машааллагь, — ан абун буго Кортас, гьекъон рачӏиндал, лъудбузул зартлъиялъул бицунеб цо компаниялда, къватӏиб гьекъараб гӏаракъиялъул кьогӏлъи рокъов щвезегӏан лъалеб букӏарабани, гьеб гьекъезе лъилго хиял лъелароан. Чӏалукь хӏуби гӏадин рукъ бакьулъ чӏарай чӏужуялъе кьезе ккола хӏисаб – Аллагьасе рецц, хъван кьезе ккунгутӏигӏаги.

Бицине ккола: щай кватӏарав, кив вукӏарав, щивгун гьекъарав, лъил гьекъараб? Кигӏан гьекъарабали, щукру Тӏадегӏанасе, бицине кколаро – грамм гьекъон букӏаниги, литр рехун бугониги, министргун гьекъон ватаниги, махӏ чӏваралдаса, сурав цого буго. Талихӏ – тамихӏ тамахаб букӏуна… дирго гӏарцухъ гьекъон ватичӏониха…