1969 соналъул багӏарараб риидалил сордо. Авар театралъул бицинегӏан кӏудияб гьечӏеб сцена. Гьеб август моцӏалъул сардаз сверун букӏана 130 соналъ цебе букӏараб гӏешдерил Щулалъул гохӏалде.

Лъукъ-лъукъарал, ракъуца хварал ва къечалъ рухӏарал гӏисинал лъималги каранде къан, руччабаз, гъазаваталда накълулъарал шагьидзабазул жаназабазде тӏадеги къулун, бихъбихъараб ратӏлилъ, бидаги рецӏцӏулаго муридзабаз бачунеб букӏана зикру. Гӏажаибго борхатаб ва кьварараб букӏиналъищали, Шамилил гьаракь батӏа бахъизе лъалеб букӏана зикру бачунезда гъорлъан.

Залалъул сценаялда чӏаго гьабураб, ракӏ гъанцӏулеб Ахӏулгохӏил суратги, рес къотӏарав имамас гъоркьлъалие кьолев вас Жамалудинги, гьесда хадуй инагьдулей, бадиб магӏу бакъварай, гьаракь къурай эбелги, тушманасухъе щвечӏого букӏине цӏакъго жиндие хирияб, щибго гӏайиб гьечӏеб, чӏурканаб, киназего бокьулеб чу чӏвазе витӏулев Салихӏги, чорхол хӏал загӏиплъарал, амма къохӏехьеялъул гӏурхъи гьечӏел шагьидзабаз бачунеб «Лаиллагь илаллагьги». Гьеб бихьарал театралъухъ балагьизе рачӏарал магӏарулазда магӏу кквезе кӏолеб букӏинчӏо.

Байбихьуда бихьиназ квербацӏцӏаз, руччабаз кӏазил гӏинщаз бацӏцӏунеб букӏана магӏу, магӏу бацӏцӏун гьеб хутӏичӏо, гӏодун ругьунлъичӏел бихьиназул цо кинабалиго, къватӏиб загьираб хъумхъуди рагӏулеб букӏана руччабазул магӏил гьаркьида гъорлъан.

Школазда риидалил каникулазул заманги букӏун, Ахӏул- гохӏил хабар рагӏарав гӏемерав чи вакӏарана Авар театралде. Гьел киналго гӏащикълъун рукӏана Шамилихъги ралагьизе, Ахӏулгохӏги бихьизе, бачунеб зикруялъухъги гӏенеккизе.

Рукӏинарелги кинха, чи хваралъуб кверал цере кквезе коммунистал хӏинкъараб, мавлидал ахӏизе гьукъараб, цӏалудаса эркенаб заманалда, Къуръан гӏисинал лъималазда малъунин абун, хабалъе бох бортарал кӏудадаби туснахъ гьарун жанир тӏамулеб, рамазан моцӏалъ цӏалдохъабазда мугӏалимзабаз, дарс байбихьилалде, лъимги гьекъезе кьун кӏал биччазабулеб, ригьин-цӏа гӏолохъабаз комсомолазул вечерги гьабун тӏобитӏулеб, мегеж тезе беццичӏеб, гьекъо- леб жа бочкабаз бичулеб, дунялалдаго кӏудияб улкаялда инсанасул эмен маймалак бугин школазда малъулеб, Аллагь гьечӏин чӏезабураб заманалда. Магӏарулазул театралда Ахӏулгохӏ лъей букӏана Шамил имамас цӏидасан гъазават лъазаби гӏадаб, Дагъистаналъул тарихалда жаниб гуребги, театралияб исскуствоялда жанибги божизе захӏматаб лъугьа-бахъин.

Анлъго нухалъ бихьизабуна Авар театралда «Ахӏулгохӏ» пьеса, амма анкьабилеб нухалъ гьеб гьукъана, ва жакъа къоялде щвезегӏан тӏокӏаб бихьизеги гьабичӏо.

Дагъистаналъул хӏукумат хӏинкъана «Ахӏулгохӏалъ» магӏарулазе гьабураб асаралдаса.

Рачӏаха лъаларезда лъазе букӏинеги, лъалезда ракӏалде щвезабизеги лъица ва кин «Ахӏулгохӏ» пьеса театралда лъурабали. Гьеб хъвана краевед Булач Хӏажиевас гӏурус мацӏалда.

«Ахӏулгохӏ» магӏарул мацӏалде буссинабуна машгьурав хъвадарухъан Мухӏамад Сули- мановас.

Шамилимамасулрольхӏана Чӏохъа Гӏарипула Махаевас. Гӏурус солдатазул роль хӏазе, унеб харжалъухъ балагьичӏого, вачана шагьаралда вукӏарав 60 солдат, щивасе цо-цо къоялъ 3 гъурущги кьун. Гьеб букӏана кӏудияб харж, щивасе хас гьабун букъараб хасаб ретӏел малъичӏого.

Театралъул сцена Ахӏулгохӏалъул мажгиталде сверизабун релълъинабун букӏана декора- циялда тӏад хӏалтӏарав художник, гӏурусав Давыд Давыдовас.

Халатаб зикруялъеги цоги хутӏаралъеги бакъан хъван букӏана цӏар рагӏарав Дагъистаналъул композитор Ширвани Чалаевас. Гьеб куцалда бачунеб «Лаиллагьа илаллагь» рагӏарав бусурбанчиясе гьелъ кӏудияб асар гьабулаан, амма гьабсагӏаталдаги гьеб зикру кибниги къватӏибе кьун гьечӏо, бегьилаан гьединаб рес бугес жакъасеб гӏелалда рагӏизеги, кӏудияб гӏелалда ракӏалде щвезеги къватӏибе кьуни, интернеталъул ресалдаса мунпагӏатги босун.

Жидедего гӏайиб гӏунтӏизабиялда хӏинкъараб КПССалъул Обкомалъ (обкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун вукӏана М-С. Гӏумаханов) гьеб лъугьа-бахъиналъул ахиралда цо кьарияб тӏанкӏги лъуна, «Ахӏулгохӏалъ» магӏарулазе гьабураб асар гӏодоцинабизе.

Щугогӏан сагӏаталъ халат бахъараб партиялъул бюроялда «Ахӏулгохӏ» пьеса рикӏкӏана тушманаблъун, чӏегӏераблъун, гӏорхъолъа ун заралияблъун…

Гьелдаги иш лъугӏичӏо — Шамил рикӏкӏана пачаясул зулмуялдаса ватӏан цӏунун гурев, гӏурус халкъалде данде вагъулев вукӏарав имамлъун ва музеялда рукӏаралщинал Шамил имамасулги муридзабазулги сураталцин нахъе рахъана ва рахчана.

Ватана, тӏатана гьеб киналъего гӏайибиявги Дагъистаналъул культураялъул министр, коммунист, цо чанго соналъ цеве КПССалъул об- комалъул вукӏарав секретарь, Хунзахъ районалъул Сивухъа Мухӏамадов Дибир.

Хӏасилул калам, партиялъул судалъул хӏукмуялдалъун, эркен гьавуна Дибир ми- нистрасул хъулухъалдасаги ва зулмуялдалъун бахъана магӏарулазухъа кӏиабилеб нухалъги «Ахӏулгохӏ».

Амма гьелдалъун лъугӏичӏо Дагъистанги Россияги бокьулев, баракатги чорхолъ загьирго камилав, хӏалихьалъиялда цебе бетӏер къуличӏев, къвакӏарав магӏаруласул гӏумрудул нух…

Гьанже киназдаго лъала Ахӏулгохӏалъул, дагъистаниязул ва чачаназул гьитӏинаб хӏежлъун лъугьараб гӏешдерил Щулалъул гохӏалъул къиса. Къанагӏатги жинда релълъараб цоги мисал гьечӏеб бахӏарчилъи магӏарулаз бихьизабураб гьеб тӏабигӏияб хъала лъабго моцӏалъ цӏунана магӏарулаз Шамил имамасул нухмалъиялда гъоркь тӏаса рищарал аскаразул гьужумаздаса.

Магӏарул театралъул коллектив хӏаталдаса ун чӏухӏараб ва гьезул щивас гӏорхъи гьечӏеб ро- халидалъун ракӏалдещвезабулеб лъугьа-бахъинлъун букӏана Ахӏулгохӏалъул ракӏалдещвей цӏилъизабизе, тӏоцебе хӏалбихьи гьабизе щвеялдаса.

Гьелъ магӏарул искусствоялъул тарихалда тана кӏочонареб лъалкӏ.