Жакъа Дагъистаналда церечӏарал аслиял масъалабазул цояб ккола гӏадамал гьекъолеб лъедалъун хьезари. Руго гьелъие хӏалтӏулел пачалихъиял программабиги риччалел сурсаталги.
Амма гӏемерисеб мехалда лъел иш рагӏалде бахъуна жамагӏатазул кумекалдалъун. Хунзахъ районалдаги захӏматаб масъалалъун буго лъел суал.
2020 соналъул январь моцӏалда цӏоройги ккун, росулъе бачӏунеб рогӏороги бихъун, лъабго моцӏалдасаги цӏикӏкӏараб заманалъ лъимги гьечӏого хутӏун букӏана росдал жамагӏат. Гьеб заманалда «САХ Благоустройство» абураб гӏуцӏиялъ баччулеб букӏана росулъе лъим. Амма 1000-ялдасаги цӏикӏкӏун чияс гӏумру гьабулеб росдае гьедин баччараб лъим гӏелищха? Гьелдаса хадусел хаселазги жидецаго къватӏиса баччизе ккун буго гӏадамаз лъим.
2018 соналда районалъул газеталъул журналистаз росабалъе сапарал гьарулелъул, ниж щун рукӏана Харахьи росулъеги. Гьеб мехалдаго росдал жамагӏаталъул вакилзабаз абулеб букӏана жидее лъимги токги хӏажат бугилан. Гьелдаса нахъе ункъо сон аниги, росдал жамагӏат хутӏун буго лъехъ гӏащикълъун. Жидер мурад тӏубазе пачалихъалдасан гьечӏеб кумекги бихьун, херехьдерица хӏукму гьабун буго жидерго къуваталдалъун росулъе цӏияб лъел мухъ бачине. Мочӏохъа гъоркье, кьураби-парсахъан гьеб бачине ният букӏана умумузулго. Нилъерго бераздалъун бихьараб гӏадаб жо букӏунарелъул, гьал къоязда ниж щвана лъим бачунеб бакӏалде. 100 метр халалъуда ругел рогӏрал рахънир лъезе нияталда ратана росдал гӏолохъаби. Жамагӏатчи Мухӏамадов Мухӏамадица бицана лъим бачунаго бугеб захӏмалъиялъул хӏакъалъулъ. Хӏакъикъаталдаги хӏалтӏизеяли киб гурин, хьвадизецин хӏинкъи бугеб бакӏалдасан лъун руго лъел рогӏрал. Кьурулъан лъун буго гӏолохъабаз «Сиратӏалъул кьо» абун цӏар тараб маххул арматурабазул гьабураб нух. Гьеб гьабураб гӏарадерил гӏолохъабазул бахӏарчилъиялъеги ниж мукӏурал руго. Исана риидал байбихьанин хӏалтӏабиян бицана Мухӏамадица. Лъел мухъалъул гӏаммаб халалъи буго 10,4 километр. Жакъа къоялде гьелъул бащдалдаса цӏикӏкӏун манзилалда рогӏрал ракьулъ лъун руго. Гӏемерисеб бакӏалдасан рахъ бахъизе ккун буго газа-белалдалъун. Цо-цо цӏакъго къвакӏараб хъиру бугеб бакӏалда перфораторги хӏалтӏизабула. Жеги лъабгогӏан километралъул манзилалда рахъ бахъизе ккола. Лъим бачунеб буго 90 см. диаметралъул рогӏралги лъун. Гьединаб рогӏороялъул цо метрадул багьа буго 495 гъурущ. Росдал гӏолохъабаз гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго гьениб. Хӏатта, щибаб гӏодобкъоялъ росу тун къватӏир ругелцин рачӏунел руго гӏаммаб субботникалда хӏалтӏизе. Лъим бачун бахъиндал, лъел суал тӏубазе ракӏалда бугин абуна нижеда хӏалтӏухъабаз. Гьединго гьез баркала кьуна лъел мухъ бачиналъулъ гӏарцудалъун бугониги, жидерго къуваталдалъун бугониги гӏахьаллъи гьабулел росдал патриотазе, лъикӏал мадугьалзаби — мачӏхъадерие ва гӏарадерие, цогидалги сахаватчагӏазе.
Лъикӏаб гӏадатлъун лъугьун буго росдал школа лъугӏарал цӏалдохъабаз жидерго цӏаралдасан гьеб хӏалтӏуе бакӏарун гӏарац кьолеб букӏинги.
Мисалалъе, 2005 соналъ школа лъугӏараз босун буго 200 метр рогӏразул. Гьездаса мисалги босун, халкъияб лъел мухъ бачиналъулъ жидерго бутӏаби лъун
буго цогидал выпускниказги.
Гьелъги нугӏлъи гьабула херехьдерил гъункараб жамагӏат букӏиналъе. Исламияб диналда цӏакъго кири кӏудияблъун рикӏкӏуна нухал рахъи, кьоял рай ва лъим бахъи гӏадал жамгӏиял хӏалтӏабазе боцӏи-мал харж гьаби. Гьеб ишалъулъ жидерго бутӏа лъезе бокьараз гӏарац рехизе бегьула гьаб номералъул сбер-картаялде —
2202 2036 7041 5076
(Мухӏамад Гӏабдулаевич).
Киназулго садакъа къабул гьабеги.