15 октябралда кӏодо гьабула росулъа руччабазул Халкъазда гьоркьосеб къо. Хурзал ракул цӏуни, цагърал богӏол цӏолин абулаан умумуз. Чӏужугӏаданалъул гӏетӏ тӏинкӏичӏони, чӏорого хутӏила гьел. Гьанже хурзал чӏахӏил, цагърал химикатазул ва къватӏисел пачалихъазул нигӏматазул цӏун ругин абуни, дагӏба балев чи нагагьги ккеларо. Гӏолилаз гӏака хьихьулеб гӏадат тун буго, гӏемерисел бокьалги чӏунтулел руго. Рахьдал ва нахул къучӏби ричун росизе ресги букӏаго, захӏматаб хӏалтӏи щайха гьезие тӏаде босун? Амма камун гьечӏо мисалалъе рехсезе мустахӏикъаб яшав гӏуцӏарал ясалги.
Хӏалтӏи батарасда боцӏиги батулеб
Къучӏбузухъе, шушбузухъе тӏун бичулеб, лъабго моцӏалъги цӏекӏлъулареб, химия гъорлъ жубараб «рахьалдаса» инкар гьабулел руччаби дагьал гьечӏо. Гьединазда лъикӏ лъала, захӏмат бихьун гьабураб букӏаниги, нилъерго тӏабигӏаталда гӏезабураб нигӏматалъул пайдагун къимат. Жамгӏиял гьиназда 57000-ялдасаги цӏикӏкӏун чи валагьула Гӏайшат Мухтаровалъ боцӏи хьихьулеб, хур бекьулеб, ай гӏадатияй магӏарулалъ магӏишат гьабулеб къагӏидаялъухъ. Аӏshat_blog абураб цӏаралда гъоркь рагьараб жиндирго гьумералда гьелъ бихьизабулеб буго росдал ва хъутаналъул гӏадатияб гӏумру. Шагьаралда гӏурал, рикӏкӏадаса гурони гӏакабече бихьичӏел ясазеги росулъа шагьаралде гочарал, лъимерлъи хур-ахазда арал руччабазеги цӏакъ интерес буго Гӏайшатица шавкъалда гьабулеб яшав бихьизе.
Гӏолиллъиялъул тӏагӏам босизе ресго щвечӏей
Цудунго росасе кьурай Гӏайшатил тӏоцебесеб ригьин битӏичӏо. Ятӏалъун хадуб, ункъо сон барав васгун, гьей цӏидасан росасе ана. Батӏияб районалдаса, цингӏаги вихьичӏев чиясе унелъул, Гӏайшатица жиндирго къисмат Аллагьасухъе кьуна. Эбелги хун, инсул цӏобалда хутӏараб кӏиго лъимер бугин Багьавудинил абун бицун букӏана гьелда гьалмагъзабаз вукӏинесев росасул хӏакъалъулъ. Сураталда гурони гьел цоцадаги рихьунги рукӏинчӏо. Гӏайшат ккола Лъаратӏа районалдаса. Гьитӏинаб къоялдаса нахъе гьей Терек хъутаналда гӏумру гьабун йикӏана. Гьелъул рос, Чӏарада районалъул Гӏириб росулъа Гӏусманов Багьавудин, Кочубеялда колхозалъул гӏияда вехьлъун хӏалтӏулев вуго. Гӏайшат хъизамалда бищунго кӏудияй йикӏиналъ, хъизамалъулго ургъелги хӏалтӏиги гьелъул гъуждузде бегана. Эбел унтун йикӏиналъ гӏемераб магӏишат гьабизе рес букӏинчӏо, амма бечӏчӏулеб кӏиголъабго гӏака
камун рукӏунароан. Больницаялде эбелги ккун, вацяцалда хадуб хъулухъ гьабизе чи вукӏинчӏолъиялъ, анлъго класс лъугӏун хадуй цӏализеги инчӏо гьей. Эмен республика тун къватӏив хӏалтӏулев вукӏиналъ лъималазда аскӏов гӏемер вукӏунароан. Хадув эменги хун, эбелги унтун, вацгун яцалъе эбеллъиги эменлъиги гьабизе ккана гьелъ. Гӏайшат гӏемер ине ккана бетӏербахъиялъе Краснодаралде, Ростовалде ва цогидал шагьаразде картошка, пер, хъарпуз бекьулел авлахъазда хӏалтӏизе.
Байбихьудасаго Багьавудинил лъимал Гӏайшатиде ругьунлъана, эбелин абуна. Багьавудиние цоги васги гьавуна Гӏайшатица. Гьанже талихӏал эбел-эменгун, талихӏаб хъизамалда ункъо вас гӏолев вуго. Гӏайшатилги эмен гьитӏинго хваралъул, гьелда цӏакъ лъикӏ бичӏчӏана лъималазул рекӏел хӏал. Гӏайшатица жийго талихӏай эбеллъун ва лъадилъун рикӏкӏуна. Ва гьеб талихӏ жеги гьарзалъилин, росгун цадахъ хӏежалде ине бугеб анищ тӏубаниян абула гьелъ.
Хӏалтӏи гьечӏони, тӏегьлъун ечӏала
Блогерлъиялде, ай жиндирго гӏумру социалияб гьиналдаса гӏадамазда бихьизабизе, жиндаго лъалел пайдаял жал цогидаздаги рихьизаризе Гӏайшатица гъоркьиса байбихьана.
«Кочубеялда ракъдаллъи букӏана, гӏемерисел боцӏиги бачун мугӏрузде яги цогидал хъутабазде унел рукӏана. Дунги ана боцӏиги бачун эбелалда аскӏое, бетӏергьанчийин абуни магӏарухъе ана гӏиги бачун. 10-ялдасаги цӏикӏкӏун гӏакаги, гьединго оцалги хьихьула дица. Гьениб дицаго боцӏи хьихьулаго бахъараб кӏиголъабго видео лъун букӏана. Гӏемерисезе цӏакъ интерес ккана гьелъул. Дие кидаго бокьулаан видео, суратал рахъизе, гьел гьудул-гьалмагъзабазухъе ритӏизе. Дица рахъулел видеоязухъ гӏемерал гӏадамалги ралагьилин, гьелъул кумекалдалъун гӏарацги щвелин абураб пикруцин букӏинчӏо. Росдал гӏумруялъухъ ралагьизе цӏакъ бокьулеб буго гӏадамазе. Гӏемерал сообщениял хъван рачӏуна. Азарго чиясда гьоркьоса цо-кӏигояз цӏехола дуца гьединаб захӏматаб, бихьиназул хӏалтӏи щай гьабулебин, росас щай гьабуларебин абун. Чанго нухалда бицунги букӏана дица гьезда, рос
ги хӏалхьиялда тун гьабулеб гьечӏин дица гьеб хӏалтӏиян. Дир рос ккола вехь, гьеб цӏакъ захӏматаб хӏалтӏи буго. Цӏадакьги, гӏазукьги, лъелгоги гӏияда вукӏаго, гьесда гӏезегӏан гӏакъуба бихьула. Россиялъул телевидениялдаса рачӏун, передачагицин бахъун букӏана гьезул хӏалтӏул хӏакъалъулъ.
Цо-цояз цӏехола шагьаралда гӏумру гьабизе бокьиларищан. Лъималазе букӏинеян абун шагьаралда мина бан буго нижеца. Гьениб гӏумру гьабизе бокьилин ракӏалдего кколаро. Цоги бакӏалде гӏумру гьабизе гочине ккани, дун росулъего ина. Боцӏи-панз хьихьизеги хур-хералъул хӏалтӏи гьабизеги бокьула, гьеб гьечӏого чӏезеги кӏоларо. Шагьаралде яхъани, ракъдаллъуда тӏегь гӏадин, ечӏалин дунилан ккола ракӏалде. Интернеталдасан дирго хӏалтӏи бихьизабулеблъи росасдаги лъала. Дица рахъарал видеоязухъги валагьула гьев. Дица щибгӏаги бегьулареб жо гьабулеб гьечӏелъул, гьес дир блогерлъиги гьукъуларо. Хӏатта блогалъул кумекалдалъун, реклама лъуралъухъ дагьа-макъал гъурщалги
щола дие», - ян бицана ракӏги рагьарай, яшавги берцинай Гӏайшатица.