Гумбет районалдаса жидеего бокьун кӏиго мугӏалим хӏалтӏизе ана Запорожский областалъул Мелитополь шагьаралде.

Гьезул цояй, Аргъвани росдал школалда гӏурус мацӏалъул ва литератураялъул мугӏалимлъун хӏалтӏулей йикӏарай Заира Пахрудиновалъулгун бухьен гьабуна нижеца.

— Дун йикӏана «Каскад» абураб лъималзул лагералда хӏалтӏулей. Августалда, гьений хӏалтӏулеб заманалда, Ватцапалда бугеб учительзабазул къокъаялде рехун бачӏана республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ гьабураб лъазаби. Украинаялде хӏалтӏизе ине бокьарав чи ватани, гьес гьаб таблица цӏезабеян абураб. Гӏемер ургъичӏого цӏезабуна дицаги гьеб ва министерствоялде битӏана. Чанго къоялдасан ахӏун бачӏана мун хӏадур йигищин къватӏие яхъинейин абун. Тӏубанго ракӏчӏун йикӏинчӏониги, йигин, жакъа бокьанигиян жаваб кьуна дицаги. Бахчиларо, диеги ургъел букӏана, лъалаан доба рагъ букӏинги, лъалеб букӏана кие дун уней йигеялиги. Амма дица таваккал тӏамуна. Лъабго лъималги руго дир, херай эбелгийиго. Гьелдаги лъалаан доба рагъ букӏин. Дун дое инехъин йикӏин лъайдал, ургъел чӏван лъугьинарищха гьейги. Эбелалъул вацасда кӏвана гьей мукӏур гьайизе.

29 сентябралда рахъана ниж Махӏачхъалаялдаса къватӏире. Дунги малъун жеги лъабго чӏужугӏаданги чанго бихьинчиги вукӏана нижер. 30 сентябралда гӏорхъоде щведал, доб рахъалда ругел, риххун, тӏатӏала ккарал чӏвадназухъги балагьун, цадахъ рукӏарал бихьиназ абуна, нужее жеги кватӏун гьечӏин инкар гьабизе, нахъруссине рес бугилан. Амма нужее ккараб ккелинги абун, таваккалги тӏамун, ана ниж Запорожский областалде.

Ургъел букӏана киндай нижеда дандчӏвай гьабила, щибдай ккелаян абураб. Рокъор тарал гӏагаразулги букӏинарищха гьединабго ургъел. Амма цӏакъ лъикӏ къабул гьаруна ниж гьезул Лъай кьеялъул департаменталъ.

Цебесеб къоялъ гӏорхъоде щведал, эбелалдеги кӏалъан, дица абуна: «Гьанже бухьенги къотӏулин, щолелъуе щварайго дунго кӏалъалин, ургъел гьабуге», - ян.

Нахъисеб къоялъ, департаменталда йикӏаго, кӏалъана эбелалъухъе. Дун гьание щваралдаса нахъе аскӏобго гӏадин рагӏулеб букӏана кьвагьулеб гӏарададул сасги. Расги лъикӏаб хӏал букӏинчӏо. «Дие щай букӏараб гьание ячӏин?» абураб суал чанго нухалъ кьуна диего. Амма гӏадан сундего ругьунлъулелъул, дунги ругьунлъун ккана.

Мелитополь шагьаралъул школалъул коллективалъ дун лъикӏ къабул гьаюна, лъималги диде хехго ругьунлъана. Мугӏалимзабазул къоялде гӏемерал сайгъаталги рачӏана. Жидеда нужер «Лезгинка» кьурди малъейиланги рачӏуна аскӏоре.

Гьединал, ракӏжубарал чагӏи руго школлъималги учительзабиги.

Захӏмалъаби дандчӏвагоги хутӏичӏо. Школалъул гӏемераб программа тӏагӏун батана бада-гъудур ккаралдаса. Амма цоцалъ рекъон хӏалтӏун, ракӏалги бащад гьарун рукӏиналъ нижеда захӏмалъаби къезаризе кӏвана», - ян бицана Заира Пахрудиновалъ.

Аргъваниса Заира гьение ун йикӏин лъайдал, Мелитополь шагьаралде вачӏун вуго гьелъулго росуцояв, гӏурус мацӏалъул ва литератураялъул мугӏалим Загьирбег Салимовги.