Республикаялда буго 6000-ялдасаги цӏикӏкӏун тарихияб объект. Гьезда гъорлъ руго некӏсиял сиялги, рагъулал хъулбиги, басриял мажгитазул хутӏелалги ва цогидабги. Къокъго абуни,
ракӏ тӏаде цӏалел, гӏемерав чиясе интерес бугел тарихиял бакӏал гӏезегӏан руго. Гьел киназдаго сверухъ хӏалтӏи гьабулеб идара ккола ДРялъул Маданияб ирс цӏуниялъул рахъалъ агентство.
Гьелъул нухмалъулев Махӏач Мусаевасул гӏахьаллъигун, 19 октябралда «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏана пресс-конференция. 6000 тарихияб объекталда гьоркьоса 2000-яб гурони гьечӏо федералияб сияхӏалде босараб. Гьединго, Махӏач Мусаевас абухъе, гӏемерал бакӏал рагӏула жеги гьезул, ай агентствоялъул сияхӏалде росичӏелги.
Республикаялъул бечелъилъун рикӏкӏунел гьел бакӏал рикьула лъабго тайпаялде. Гьелги ккола тарихиял назарал (памятникал), ансамблял ва цогидал.
Умумузул щибаб кверагъари бихьулеб хӏалалъ цӏунизе ккола
Жалго назаралги рикьула тарихиял ва архитектуриял тайпабазде. Тарихиялин абун гьезда цӏар чӏваялъе гӏилла ккола кинаб букӏаниги тарихияб лъугьабахъиналъул нугӏзаллъун
гьел рукӏин. Масала, Гъуниб районалъул Къорода росулъ бугеб некӏсияб мажгит. 1832 соналда кӏиабилев имамлъун Гьоцӏалъа Хӏамзат вищана гьенив. Амма гьединаб кӏвар бугеб тарихияб лъугьабахъиналъул нугӏлъун кколеб гьеб мажгиталда сверухъ, гьанже заманалъул шартӏазда рекъон гьарун ругел хӏалтӏабаздаса рази гьечӏолъи загьир гьабуна Махӏач Мусаевас.
Гьединаб тарихияб бакӏалде щведал, гӏажаибаб асар гьабула. Гьениса умумузул гӏетӏулги бихьинчилъиялъулги махӏ чӏвалеб бугин ккола. 300-400 соналъ цебего букӏараб гӏадаб ахӏвал-хӏал гьединал бакӏазда цӏунизе кӏвей буго жакъа бищун кӏудияб масъала. Ругебгӏан мехалъ, бажарарабгӏан заманалда, умумузго ран ратараб хӏалалда гьел бакӏал наслабазе цӏунизе ккола нилъеца. Квеш ккараб жо буго гьезул кӏвар кинавго чиясда бичӏчӏунгутӏи. Мисалалъе, цо некӏсияб магӏарул росулъ хутӏараб, умумузго бан букӏараб некӏсияб мажгиталъул ялъуни рукъалъул, яги сиялъул бетӏергьанлъун ватулев вуго тӏоцебе гьелъие кьучӏ лъурав чиясул анкьабилеб наслуялъул чи. Гьесин абуни, тарихалъеги маданияталъеги кигӏан кӏвар гьелъул бугебали санцин гьабичӏого, жиндиего цӏияб мина базе биххизабулеб буго. Жиндир умумузул бакӏ бугин, бокьараб гьабиларищин кӏалъала.
Гьединал гӏадамалгун хӏалтӏизеги цӏакъ захӏмалъула. Гӏолеб гӏелалъе мисаллъун букӏине, маданияталъул ирс хӏисабалда, цӏунизе хӏажат бугин гьеб бакӏилан абуни, тӏоцебе кьо
леб суал букӏуна жиндие щиб гьелъ кьезе бугебин абураб. Хадубго цун кьола кӏиабилебги суал, ай жиндие щоле-толеб жо букӏунищин абураб, - ан бицана М. Мусаевас.
Хрюг росдал мажгиталъул сиги
Бищун машгьурал бакӏаллъун ругин абизе бегьула Хучниялда бугеб «Анкьго вацасул ва цо яцалъул хъалаги», Гьооргун Къахӏир ругел некӏсиял сиялги. Вачӏанщинав туристги уна
гьезухъ балагьизе. Гьезул кумекалдалъун кисакибего гьезул цӏарги рагӏулелъул, гьел бакӏал рихьизе рачӏунезул къадарги гӏемерлъулелъул, гьел цӏи гьарун къачӏазе ракӏалда бугищ агентствоялдаян Мусаевасда гьикъидал, гьес гьадинаб жаваб кьуна:
- Хучниялда бугеб «Анкьго вацасул ва цо яцалъул хъала» жеги щулаго бугин абизе бегьула. Гӏагараб заманалда хӏалтӏи гьабизе ккараб хӏалалда гьечӏо гьеб. Гьаадерил ва къехӏдерил некӏсиял сиязул бащдал жеги сах-саламатго ругониги, хутӏарал бащдал цӏи гьарун къачӏазе кколеб хӏалалда руго. Нижеда ракӏалда буго некӏсиял сиял ругел росаби музей-заповедникаллъун лъазаризе. Гьедин гьабуни, пайдаги букӏина. Мисалалъе, Гъамсукь росдал хутӏелазухъ балагьизе къойида жанив азарго туристги вачӏуна. Гьезие белтал ричулеб къагӏида гьабизе щай бегьулареб?
М. Мусаевас бицана лезгиязул Хрюг росулъ бугеб мажгиталъул хӏакъалъулъги. 22 метр бугеб си рагӏула гьелъул. Республикаялда руго умумуз рарал мажгитал. Гӏага-шагарго
450 мажгит. Гьездаго гьоркьор руго насраниязул килисабиги. Масала, Кала-Корейшалда буго гьединаб мажгит, Дербенталда буго. Югалъулаб Дагъистаналда гӏемер руго гьединал бакӏал.
Дие асар гьабураб мажгит буго Генуб росулъ. 13 соналъ цеве щун вукӏана гьениве. Кавказалъул имамзабаз жаниб какги бараб, 250 сонги балеб мажгит ккола гьеб. Гьениб жакъаги бессун бугин ккола дол гьалдолел къоязул бухӏиги асарги. Нилъер умумузул чӏухӏиги, къвакӏиги, яхӏалъул борхалъиги гьелда жаниса тӏагӏинчӏого бугин ккола. Гьалдаса хадубги наслабазе, умумузго ран рукӏараб къагӏидаялъ, гьезулго архитектурияб хаслъигун ва берцинлъигун цӏунизе лъикӏан гьел, - ин бицана Махӏач Мусаевас.
Кала-Корейшалъул киналго ресал ругин гьеб дунялалъулго кӏвар бугеб тарихияб бакӏ хӏисабалда ЮНЕСКОялъул сияхӏалде босизеянги абуна гьес. Гьабсагӏаталда гьеб сияхӏалда
буго гӏицӏго Дербенталъул Нарын-Хъала.
Сурат босана гьаб сайталдаса —
https://extraguide.ru