«Гьудулзабазулгун накъит» абураб проект хӏалтӏизабизе байбихьана редакциялъ. Нижерго студиялда гьабураб щибаб гарачӏвари газеталдасан цӏализе гуребги, гьелъул видео «Хӏакъикъаталъул» сайталдасан, Телеграм-каналалдасан бихьизеги рес буго нужер (hakikat.info, hakikat_gazeta).
Жакъасев гьоболлъун нижер гъанситохъ вуго Мухӏамад Бисавгӏалиев.
- Мухӏамад, тӏоцебесеб иргаялда, баркула театралъул 88-абилеб сезон рагьи. Гьал къоязда букӏараб «Кьурулъ хутӏарав Гӏали» драмаги цӏакъ бокьана. Гьаб гӏагараб заманалда магӏарулал рохизаризе щиб хӏадурулеб бугеб театралъ?
- Аваразул миллияб театралъ исанасеб сезон дагьаб цудунго рагьана. Хӏисабалде босун буго магӏарухъе гастролал гьаризе. Хунзахъа байбихьизе руго театралъул сапарал. Театралдаса рикӏкӏадаздаги бигьаго бичӏчӏулеб гӏадатияб асарги бихьизабун байбихьана исанасеб хӏалтӏул сон. «Росулъ ккараб кепаб иш» буго хъвадарухъан, драматург Гӏарип Расуловасул асаралда рекъон лъураб комедия. Гьеб бачӏинахъего лъикӏ къабул гьабуна халкъалъ. Дица кидаго абулаан, театр букӏине бегьуларин гӏицӏго релъарохизе унеб, рекӏелгъеялъулаб бакӏлъунилан. Хӏукуматалъ театралъе гӏарац биччалеб буго гьениб чиясе тарбия кьезе, сурараб сурун, гьунар, берцинлъи, кӏодолъи бихьизабизе, гьелдаса наслабаз мисал босизе. Гьеб масъала букӏиналда бан, бищун некӏсияблъун магӏарулаз рикӏкӏунеб «Кьурулъ хутӏарав Гӏали» баллада, драмаги гьабун, бачун буго нижеца репертуаралде. Хӏусен Казиевас цӏакъ берцинаб мацӏалъул текст хӏадурун лъуна гьеб сценаялда. Гьебго заманалда, театралъ пикру гьабичӏого бегьуларо цӏикӏкӏун зрителал жанире рачиналъул.
Репертуар цӏигьабиялъул бицани, гьаб сезоналъул ахиралде ниж хӏадурун руго Гӏабасил Махӏамадил тарихияб «Саба-Меседо» драма бихьизабизе. Дир бичӏчӏиялда рекъон, гьеб
асар буго магӏарул драматургиялда бищун камилаб. Некӏсияб, пасихӏаб мацӏ ва литературияб рахъалъ камилаб букӏин гуребги, гьениб лъун буго магӏарулазул тарих. Гӏурусазул «Слово о полку Игореве» гӏадин, магӏарул миллаталъул бищун некӏсияб хъвай-хъвагӏай буго Гӏандуникӏ-нуцаласул васият. Тарихалдасан лъала Гӏандуникӏил цо яс йикӏараблъи, хадуб нуцаллъи Булачханихъе щвейги. Гӏабасил Махӏамадил асаралда рекъон, жиндир цохӏо йигей ясалде бугеб рокьиялда тӏалъи босула, Гӏандуникӏ-нуцалас жамгӏияталда цебе жиндирго къадру, цӏар цӏуниялъ. Цоцалъа тӏечӏого нуцаллъиялъул ирс цӏунизелъун, ригьин гьабулаго ханзабазул гурони би жубазе биччалареб гӏадат букӏана. Жиндир вацасул вас Булачхание ине инкар гьабурай яс гӏунизе гӏаздалаб Гӏакаро магӏарде йитӏула Гӏандуникӏица. Архивалда, музеязда лъагӏелалъ хӏалтӏун лъазабуна доб заманалда кинаб ретӏел-хьит, ярагъ, тӏагӏел-гӏучӏ букӏарабали. Ратӏлил модельер Вера Агошкина гӏадал, республикаялда бищунго лъикӏалин рикӏкӏунел стилистал ва цогидал махщелчагӏи рачун руго цӏияб спектаклялъе хӏажатаб хӏадур гьабиялъе. «Саба-Меседо» сценаялда лъеялъе, сундулъго барахщичӏого, хӏажатабщинаб чӏезабун буго. Исанасеб театралияб сезоналъ
«Саба-Меседо» магӏарулазда бихьила.
— Гьеб кӏудияб хӏалтӏи рагӏалде бахъинабизе, гӏемераб гӏарац гуребги, къуватаб творчествоялъул хӏалтӏиги хӏажалъула. Бугищ гьеб рахъалъ ракӏчӏей?
- Махщел камиллъиялъе гӏорхъи гьечӏин абула. «Саба-Меседо» нижеца сценаялда лъолеб буго цӏакъ кӏудияб хӏалтӏи ва гӏемерал харжал тӏад гьарун. Хутӏараб, актеразул гьу
нар камиллъизаби, балагьулезе бокьулеблъун спектакль лъугьинаби – гьеб буго режиссерасул иш, гьесул бихьиялда ва бичӏчӏиялда бараб жо. Режиссер Мухӏамадгӏарип Сурхатиловас «Саба-Меседо» гӏицӏго живго лъикӏав лъугьун гурелъул лъолеб бугеб. Нижеца цадахъ пикру дандбан, жавабчилъиялда хӏалтӏулев вуго гьев. Дагъистаналъул театралиял махщелчагӏазул пикруялда рекъон, цогидал миллиял театразда дандеккун, магӏарул театралъул буго бищунго къуватаб актеразул къокъа. Кӏиабилеб къуватаб
рахъ, нилъер руго жидеца кассаялдеги ун, саялде ун, билетги босун, театралде рачӏунел гӏадамал. Рукӏуна постановкаби киналго шартӏал гӏуцӏун лъурал, амма халкъалъе къабуллъичӏого цо нухалъги бихьизабун тарал. Букӏуна цо-цо гьелъул гӏаксалдаги, гьалъги щиб кьелебин ккаралъги кьвагьи бахъинабула.
— Исана цӏияб соналде лъураб музыкалияб программаялда бихьана, магӏарул кучӏдул ахӏизе гуребги, миллиял кьурдабазеги актераз бахъулеб хӏаракат. Цебеккун гьединаб гьунар халлъулароан театралда.
— Цӏияб соналъул программаги кӏиабизе бихьизабулаго, миллаталъул махӏ цӏикӏкӏинабиялда тӏад хӏалтӏана ниж. Музыкалияб, хореографиялъул рахъалъ творческияб коллектив цебетӏеялъе цӏияв режиссерас чӏаголъи гьабуна. Байбихьуда актерал рукӏана гьеб бакӏлъи цӏцӏазе бокьуларого. Гьезул гӏарзал режиссерасе загьир гьаридал, музыкалиябгун драмаялъул театралъул актеразул кьурдуе тӏадагьлъиги, бакъан биччазе гьунарги букӏине кколин бичӏчӏизабуна Сурхатиловас. Гьелдаса жалго актерал разиго руго гьанже.
— Гӏицӏго Авар театралъулги бицун, хъвадарулев чи хӏисабалда суалго кьечӏого, мун виччазе рес гьечӏо. «Дир цогидаб кодолъи - кучӏдул, поэмаби. Дир черновикал. Балагьизе Бисавгӏалиевасда гьаре гьенир бегьулел пикраби хутӏун ратани». Гьадин хъван буго Расул Хӏамзатовас жиндирго васияталда. Шагӏирасул 100 сонилаб юбилеялде щибго хӏадуричӏого чӏун ватунгутӏи хӏакъаб буго.
— Расул Хӏамзатовасул васияталда хурхун, кагътиде росун тарал гъосул хъвай-хъвагӏаял дихъе щвечӏолъиялъул бицун нилъеца гьабураб гара-чӏвари «Хӏакъикъаталда» бахъун букӏана, шагӏир камун хадусел соназго. Расулица васияталда рихьизарурал асарал дидаго рекӏехъе лъалаан. Тӏоцебе гъоб васият букӏин лъараб мехалда, пикру букӏана, Расул Хӏамзатовасул асарал гьел рукӏинги чӏезабун, щибаб асаралъул паспортги гьабун (текстологическая экспертизаян абулеб гӏелмияб тӏалаб букӏуна), щибаб асаралъе литературоведческиял баяналги кьун, хасаб тӏехь биччалин.
Гьелдаса гӏемерал соналги ана, гъол текстал дихъе щвечӏо. СССР биххаралдаса переводческияб школа биххун, Расулил ахирал соназул асарал гӏурус ва цогидал переводчиказухъе щвечӏо. Хӏатта, гъов чӏаго вугеб мехалъ бахъараб «Киниги гъанситоги» буссинабун гьечӏо жеги гӏурус мацӏалде. Дир хӏукму ккана, дидаго ракӏалда ругеб къагӏидаялъ, гьагъал, васияталда рехсарал асарал цойиде ракӏарун, гьезул подстрочникал гьаризе. Гӏурус мацӏалъ цӏалулезе гьел асаразулъ Расул рагьиялъе букӏине, профессионалиял переводчиказ хадуб художествиябгун поэтикияб перевод гьабизе бегьилин гьездаса.
Гьабуна дица гьеб тӏехь. Лъабгоункъо батӏиял вариантал рукӏана дол, Расулица дие цӏаларал «Нухалги мехалги», «Чӏегӏераб ящик», «Кавказ», «Патӏимат» асаразул. Гьел киналго
дида ракӏалдасан лъала. Цереккун басмаялда рахъарал гьел асаразулъ гӏезегӏанго гъалатӏал, такрарлъаби руго. Гьел рихьизарунги кьуна баянал. Цоги, жамгӏиял гьиназда, масала, Фейсбукалда хадуб халкколезда бихьун букӏун батила, «Расулихъе кагътал» абураб цо проект букӏана дир доба. Гьагъаб проектги бачана тӏехьалда жанибе. Дица гъосухъе хъвалел кагътазулъ, тӏоцебесеб иргаялда, Расул рагьулев вуго гӏадан хӏисабалдаги, поэт хӏисабалдаги, поэзиялда художник, философ, лирик, гражданин хӏисабалдаги. Дица рехсанщинаб данде бакӏаридал, гӏезегӏан саламатаб тӏехь лъугьана. Басмаялда бахъизе хӏадурун буго. Гьеб ишалъулъ дие гӏакълучилъун вугин абизе бегьула гӏалимчи Гьарадерихъа Мухӏамад Мухӏамадов. Жив мацӏалъул гӏалимчи вугониги, литератураялъул лъикӏаб бичӏчӏи бугев чи вуго гьев. Дицаго хъвалел цоцо жал гьесда дандрала,
мацӏалда хурхарал суалазулъ кумек букӏуна Мухӏамадил рахъалдасан.