21 октябрь – Дагъистаналъул маданияталъулги мацӏазулги къо

2036 сон, октябрь. Хунзахъ тӏалъиялда цо росулъ.

— Чан сонгӏаги, яц, ватӏаналде щвечӏого бан букӏараб, гьеб хӏалалъ гӏажаиблъи гьабизе? Гьанже ниж гьадин ругоха. 2016 соналъ гьадав хӏалчӏахъад Гӏабдулатӏиповас 21 октябрь Дагъистаналъул маданияталъулги мацӏазулги къолъун букӏине бугилан лъазабуралдаса хиса- басун лъуна кинабго. Гӏажаибго цӏодораб гӏолохъанаб гӏелги букӏун буго нилъер. Аллагьас кантӏизарунги ратиларищха. Бугеб хӏалалъ тани, нилъ лъикӏалде унел гьечӏеблъиги бичӏчӏун, ку- такалда гӏакъилал умумул нилъер рукӏинги хӏисабалде босун, гьез ирсалъе тараб лъикӏабщинаб цӏунизе хӏукму гьабуна гьез. Гьелдаса нахъе, яц, нилъер школазда байбихьул классазда киналго дарсал авар мацӏалда кьола. Школалда дарсал нилъерго мацӏалда ругеб мехалъ, ясли-ахаздаги батӏияб мацӏищха би- цинеб. Гьанже лъималазда школалда дарсал ричӏчӏиларилан ургъел гьечӏелъул, улбулги па- рахат магӏарулалъ кӏалъала. Гӏажаибаб жо – гӏурус мацӏгиха эл лъималазда дагьабги лъикӏ лъан батулеб. Доб телефон, интернет, телевизор, мультик кибего ун гьечӏелъул. Кӏиго-лъабго мацӏ лъалел чагӏи, цо гурони лъаларездаса цӏодорал рукӏунилан гӏалимзабаз абуралда божулароан, берда бихьулеб буго. Гьанжесел цӏалдохъабаз доб ОГЭ-ЕГЭ 80 баллалдаса гӏодобе кьоларо. 100 босулелги санайил камуларо.

— Вай, бетӏергьанчихвад ЕГЭ жеги чӏагойищ, яц, бугеб?

— Доб дуда лъалеб ЕГЭялда релълъараб жоцин хутӏун гьечӏо. Гьанже гьеб буго лъималазул лъайги борцунеб, гьезул напсги гӏодобегӏан гьабулареб, гӏумруялъ гьезие дарс кьолел рукӏарал мугӏалимзабаз школалдаго босулеб экзамен. Чара гьечӏого гьединабго экзамен рахьдал мацӏалъулги кьезе ккола. Гьеб кьоларел, авар мацӏ лъаларел, гьеб лъачӏониги бегьулилан ракӏалде кколел лъималги рукӏунаро, гьединаб мекъаб пикруялъул улбулги тӏагӏана, яц, араб бакӏ лъачӏого. Гьадаб 21 октябралъул баракатха…

— Ракӏалда бугищ, гьитӏинаб мехалъго лъалаан нилъеда гьеб октябрь баракатаб моцӏ букӏин. «Октябрьгӏан берцинаб моцӏги дида лъаларо, Мацӏалда гьоцӏо хъвала гьелъул цӏар бахъарабго», — йилан рукӏунароанищ?

— Унха, йо. Гӏажаибаб жо. Балъго-щайихал рукӏун руго нилъ. Чан гӏажаиблъи гьабизе ккарабгиха аб дунялалда бугеб…

— Жакъа байрамищ гьадаб школалда бугебали, цӏалдохъаби ругоан цоцазда релълъараб, цӏакъ бер- цинаб умумузул ретӏелги ретӏун.

— Кинаб байрам, яц, букӏунеб, гьанже школалъул форма буго гьеб. Байрамкъоялъ дагьалги берцин рукӏуна. Чухъа ретӏингун васазулъ букӏунеб къамартӏиги, хъабалодулъ ясазул недегьлъиги бихьизе лъикӏан дуда…

Хамиз къоялъ дарсаздаса хадур, ретӏун кьер-кьерал хъабалабигун, чӏван симис халатал шалалгун, гӏертӏалги рукьалда ран ясал уна Дорехӏали иццухъе лъел цӏезе. Гьанже гӏадат буго гьединаб. Мугӏалималъ иццухъ ясазе, ретӏа-къаялъул, рукӏа-рахъиналъул, яхӏ-намусалъул, адаб-хӏурматалъул дарсал кьола. Кьурди-хъатги кечӏ-бакъанги камуларо.

Гьебго къоялъ васазул чуял тӏамиги букӏуна Гӏалагӏарт май- даналда. Чухъаги ретӏун, рачелги борчун, чоде вас вахунаго эбелалъул ракӏ киндай тварххелеб букӏунебилан йикӏуна дун кидаго. Дирго ясал гурони гьечӏелъул. Парпазабулаго хъахӏаб шалгун, баччун гӏеретӏгун, Дорехӏалиса тӏаде яс ячӏунаго дирго букӏунеб гӏадин букӏунеб батиларищха…

— Вай, гьебищ, яц, доб букӏараб. Росулъеги щун машинаялъуса гъоркье рещтӏана… Доре- хӏалисахун буго цо гӏажаибго берцинаб ясазул тӏел бачӏинеб. Кьер-кьерал хъабалабиги руго, хъахӏал шалалгун гормендабиги руго, паркъелел гӏертӏалги руго…

Гьезухъ ялагьун хаган йикӏаго, гинчадерил рахъалдасан бугоха рекӏаразул тӏел бачӏунеб. Вай, цо гьезул ратӏлил берцинлъи, чакмабазул цӏваки, чорхол рекъей. Чуялгиха ккун чӏезаризе кӏоларого… Кино бахъулел чагӏигӏаги рачӏун ратилин йикӏана.

Цо нухалъ бихьунилан гьадин асар гьабулеб, щибаб анкьил гӏадаталъ гӏадамазул пикруго хи- сизабун батила умумуз нилъее ирсалъе тараб рухӏияб бечелъиялде.

— Бугоха, яц. Гьанже нилъер чагӏаз байрамалде яги берталъе нилъерго миллияб ретӏел гурони ретӏунаро. Кечӏ-бакъанги кьурди-хъатги цин нилъерго букӏуна, хадуб цогидазулги биччала. Данде кквезе жоги къваригӏунелъулха…

Гьеб бицуней йиго мун, Гьанже щар чӏвалеб дадги давагьинги кьечӏого яс рукъалде кьоларо. Гьелдаго цадахъ тӏанса-салмагги, гӏеретӏ-гулгунги… Тӏубанго гьечӏониги, цо рукъгӏаги умумузул къагӏидаялъ къачӏачӏеб минаги букӏунаро.

— Дун бахӏараб заманаялъ, цониги чиясул рокъоб гӏеретӏ яги дад бихьани, дозул рокъоб музей буги- лан абулаан.

— Къанагӏатаб жо музей букӏинарищха. Гьанжени гьеб музей гуро. Гьанже гӏумруги яшавги буго гьадинаб: нилъер умумузул букӏарабги цӏунараб, цӏиябги ккураб. Тӏанса-салмагазул артелалда 120 чи хӏалтӏулев вуго, театрал рихьизарулел, жамагӏаталъе тарбия кьолел клубалъул чагӏи руго, кинабалиго федералияб проектилан, росабалъ нухал, паркал, хӏорал къачӏалел бега- вулзаби руго, жамагӏат битӏараб

нухде ккезабулел дибирзаби руго, къватӏахъ игӏланал магӏарулги гӏурусги мацӏазда чӏван руго. Гӏолохъаби росулъго чӏолел руго, доб цӏар рагӏараб гьобоги хӏалтӏулеб буго. Колхозалъул хурзабахъ бугӏа-ролъ барщун буго, картошка бакӏаризе росуго бахъун буго, росдал хьагазда гъоркьа цӏа камураб къо гьечӏо, росулъ, Чӏанкӏал цӏаралда, фонтангун парк бан буго. Гӏодоб ккураб плитаялъухъ ралагьидал, давагьинин ккун, тӏаса хьитал рахъизе гьесула гӏемерисел…

Гьеб кинабго буго гьадаб 20 соналъ цебе 21 октябралъ лъазабураб Дагъистаналъул мада- нияталъулги рахьдал мацӏазулги къоялъул къуват. Кидагӏаги, яц, доб бугеб, цӏакъ хӏурматалда тӏобитӏулин гьеб байрам Тӏалъиялъго.

— Цо-кӏиго къоялдасан.

— Вууу гьай, ана дун хӏадуризе! Вацап группаялдасан лъазабизе ккола киназдаго, коралги ракун, росдаего метер гьуинал чадал режеян. Мунги байрамкъоялъ Чӏанкӏал паркалде ячӏа. Кӏудияб хъазниб гьабураб пулавги кваназе, гьуинал чадалгун гӏечул компотги гьекъезе, гьант битӏун магӏарул мацӏалъухъги гӏенеккизе. Бахъухъги букӏинарищха… Гьеб мехалъ бихьила дуда нилъер умумул кинал чагӏи рукӏаралали. Дида букӏине буго гӏурччинаб къатӏипадул хъабалоги, симис халатаб хъахӏаб хараги. Нагагь дуда дун лъачӏонигиян бицун толеб буго.

— Дитӏа?!

— Мун гьаб нухалъ туристилан тела.

Сурат босана гьаниса: https://gazetaingush.ru