Чӏурмуталда халатал хасалил сардаз гьабизе жо тӏагӏарал чагӏаз, рекӏелгъеялъе, кеп-гӏоркьалъе ургъарал цо-цо гӏадатал рукӏана. Гьединал гӏадатаздасан цояблъун ккола «гвеш къачарал» (абуледухъ литературияб мацӏалде буссинабуни – квеш къачӏарал) – хохорал магӏнаялда. Щибаб росулъ гьеб гӏадаталъул жиде-жидер хаслъаби руго. Нижер росулъ хасалил сардаз рокъо-рокъоре рачӏунел ратани, Къамилухъ ва Гъенеколоб гьез бертабалъ гӏадамазе рекӏелгъей гьабула. Гьурмада маскагун ва хасаб ретӏелгун гьел бахӏаразда цадахъ рахъуна кьурдул горсверуде. Цӏарги буго гьениб гьезда батӏияб — «гьенгеруял» – рекъал абураб магӏна батилин ккола.
— Дида гьезул магӏнаго батилин кколаро, гьадинго ракӏ гъоларел чагӏаз ургъарал жал ратила…, — ян абуна дица инсуда, кинаб букӏаниги хабар гьес бицинародаян.
— Гьадинго щибниги букӏунаро. Гӏадатазул магӏна букӏинчӏебани, наслабаз наслабахъе кьун, гьел нилъехъе щолароан. Батула гьениб цо нилъ хадур гӏунтӏулареб бахчараб магӏна. Гьеб балагьи буго этнографазулги историказулги хӏалтӏи. Нилъер, гъоркьилял Чӏурмутӏалъул росабалъги букӏана гьеб гӏадат, рахъунаан нилъер «гвеш къачарал» бахӏаралгун кьурдизе. Нилъераз гьанже тун бугоха, Къамилухъ жеги цӏунун буго, — ян абуна инсуца ва хадубго цун:
— Мун Гъенеколоб яги Къамилухъ берталъ вукӏанищ? — илан цӏехана.
— Къамилухъ вукӏана цо нухалъ. Дида гьениб «гардан чӏвай» (хонжроца гьанал кусок къотӏулеб) гӏадат бихьана, — ян жаваб кьуна дица. Ва гьеб ракӏалдещвеязул сураталъ чанго гӏасруялъул гъварилъуде, некӏо заманалде вачун вукӏана дун тӏоцебе Къамилухъ «гардан чӏвай» бихьарабго.
Зурма-къолол гьаракь. Бахӏарасул рахъалдаса цо залимав чи вачӏана цеве, гъежда кӏудияб куялъул къулагӏиги лъун. Гьеб букӏуна бахӏаралъул рахъалдаса рачӏарал чагӏазе сайгъат. Бахӏаралъул рахъалдаса бищунго къуватав гӏолохъанчияс, цо кьабараб ханжаралъ гьеб къулагӏиялъул лагъигьодидаса цебехун хутӏараб габуралъул рахъ тӏезабизе кколаан. Гьеб кинабго унеб букӏана гӏадаталда рекъон бачунеб зурма-къолол бакъаналда гъоркь. Гӏезегӏан махщел, къуват ва сихӏирлъи хӏалтӏизабизе ккола, букӏине кколеб къагӏидаялъ гьеб габур тӏезабизе ккани. Кьабулесул масъала буго цо ханжар кьабун габур тӏезаби, къулагӏи ккурасул масъала буго, кьабулаго гӏодобе биччан, кодобе босун, щиб гьабунги кьаби тамах гьабун, гьеб тӏечӏого хутӏи. Гьитӏинабниги гъалатӏ къулагӏи ккурав чиясул ккани, къотӏун уна габуралъул рахъалдаса гьан, гьеб буго бахӏарасул рахъ къураб ва бахӏаралъул рахъалдаса рачӏараз тӏалаб гьарурал шартӏал тӏуразе ккей, гьезие хӏурмат гьабизе тӏамулеб къагӏида. Къулагӏи кквезе ва ханжар кьабулев гуккизе махщел бугев чи бахӏарасул рахъалдаса ккани, тӏубан къотӏичӏого хутӏула. Гьеб буго бахӏарсул рахъ бергьиналъул гӏаламат.
Рекӏелгъеялъе ва ихтилат-кепалъе ургъараб жо гьабулаго, мурадалде щвечӏеб рахъалда щай гьеб гьедигӏан цӏакъ квеш букӏунебали бицине къамилухъезда лъачӏо.
Къулагӏидул габур бахӏаралъул чагӏаз тӏезабуни, бахӏарасул чагӏазда гьеб кутакалда квеш букӏуна ва гьезде рагӏад рехула. Бахӏаралъул чагӏазе гьез тӏадегӏанаб адаб-хӏурматги гьабизе ккола ва бертин лъугӏизегӏан гьезул гогьдариги, мекъдариги, барщариги хӏехьон, гьезие бокьанщинаб гьабизе ккола.
Дун вукӏарав берталъ бахӏарай Лъаратӏа-райцентралдаса ячун йикӏана Къамилухъе. Бахӏаралъул чагӏазда тӏоцебе бихьулеб букӏана гьеб гӏадат ва гарбал тӏезариялъул хӏалбихьиги букӏинчӏо гьезул.
Бергьарал къамилухъел баччун къулагӏигун кӏанцӏана горсверуде кьурдизе. Гьеб букӏана балагьарал гӏажаиблъизарулеб сурат. Моцӏрол канлъухъе къалъараб сверухълъи, ракарал цӏаял, жанибе тӏубанго къулагӏи рехулел, кӏудиял, лахӏчӏегӏерал росдал хьагал, махщалида белъараб гьанаде цӏам щвалев богогьан… Цӏаялгун хьагаздаса рикӏкӏада гьечӏого къолохъан ва зурмихъан. Рорхатал васазулги чергесал ясазулги некӏсияб, Чӏурмутӏалда гуреб цойгидаб бакӏалда лъиданиги бихьизе рес гьечӏеб, умумузул кьурди…
Басрияб росдал къваридал къватӏалчӏван сардилъ, берталъа гьоболасул рокъове вачӏунев вукӏана дун. Гвангъараб моцӏроца бакъуца гӏадин къалъизабун букӏана къватӏазул цояб рахъ. Рагӏад рехараб рахъалда цӏакъ бецӏго букӏана. Къамилухъ росу буго кӏиго гӏор жубалеб бакӏалда. Гӏурул сасалъги, рикӏкӏадасан рагӏулеб зурма-къолол гьаракьалъги тӏабигӏаталъул ва гӏумрудул гӏажаибаб орекстр лъугьинабун букӏана. Гьеб цӏакъ цоцалъ рекъон, берцингоги букӏана.
Дица гӏемераб пикру гьабуна гьадаб «гардан чӏвай» (габур тӏезаби) гӏадаталда тӏад. Щиб магӏна гьадалъул букӏине кколеб? Лъица ва щиб мурадгун ургъараб? Къуразда щай доб додигӏан квеш букӏунеб? Гӏемерал суалал хутӏана…
— Хӏинкъи бугеб пишаха доб. Хасго гьекъонги ругони… Гӏадлу гьечӏеб гӏадамазул руккел бакьулъ кодоб ханжаргун чи. Къулагӏи ккурасул квералда яги хӏатӏида ханжар щварал лъугьа-бахъиналги рукӏана гӏезегӏан, — ян бицунеб букӏана чанго соналъ, гӏолохъанаб мехалда Къамилухъ школалъул директорлъун хӏалтӏун вукӏарав инсуца.
— Щиб магӏнаха гьелъул букӏине кколеб? — ян гьикъана дица цо кинаб букӏангиги жаваб щвелародаян.
— Рачӏаха ургъизе. Бахӏарасул чагӏаз бачӏунеб буго цо кьабараб ханжаралъ кинго габур тӏезабун бажаруларебгӏан кӏудияб куй. Гьелъ бахӏаралъул чагӏазда бицунеб буго бахӏарасул рахъ рес бугел, бечедал чагӏи рукӏин. Бахӏаралъул чагӏаз гьеб габур тӏезабуни – гьелъги абулеб буго, нижги гьадингоял чагӏи гурин, бахӏарай бахӏарчилъи-къуват ва къадру-къимат бугеб тухумалъул яс йигин. Дида гьедин бичӏчӏулеб буго, батӏияб магӏнаги батизе бегьула ,- ян абулеб буго инсуца.
Гьедин батизеги бегьула, батичӏого букӏине бегьулаян пикрабалъ вуго дунги.
Сурат босана гьаниса: http://salataviya.ru