СССРалъул Журналистазул союзалъул член Мухӏамад Расуловас данде гьабураб «Магӏарулал годекӏанир» абураб тӏехьалдаса
Херехь рагӏи бегӏерал гӏадамал ругиланги рагӏун, гьел къезаризе пикруялда, вачӏун вуго гӏандадерил лъабгояв. Росу рагӏалде щведал гьезда гӏодулев цо вас данде ккун вуго. — Вуцӏцӏун гӏоде, вас, — ан абун буго гьезул цояс. — Нужго, гӏодорги чӏун, рилълъа, — ян жаваб гьабун буго гьезие васас.
* * *
Росдал годекӏанире щведал, гӏандадарица цо гӏолохъанчиясда гьикъун буго: — Нужер багӏаргьалида накъищ лъица бахъараб? — ан. — Нужер чӏегӏергьалида лахӏ бахарав чияс, — ан жаваб кьун буго гьесги.
* * *
Нилъалзукь квералги чӏван рукӏун руго годекӏанире гӏадамал рачӏинегӏан гӏандал херехь махсаралде кквезе ургъулел. Тӏаде рехун вачӏарав Кортасда гьез цӏехон буго: — Нужер гӏадамал кире арал? — ан. — Нилъалзукь чӏван нужер кверал свакан ратилин, гьезул бакӏалда чӏвазе рахал къотӏизе рохьоре ана, — ян къокъ гьабун буго Кортас хабар.
* * *
Тӏаде вачӏарав гьоболасе хъулухъ гьабизе малъулаго Кортас гӏолохъанай чӏужуялда абун буго: — Дуца бачӏинаго гьесда цебе хъаба цӏун лъим лъе. Гьес гьеб гьекъечӏони – кӏал ккун букӏуна, гьекъани – кванан вачӏун вукӏиналъул гӏаламат ккола. Кӏал ккуравги гӏорцӏаравги чи кваназавуни, нилъее кӏудияб мунагь букӏинарищ?
* * *
Кортасухъе гьоболлъухъ щварай Занкилалъе кваназе жо лъун буго. Гьев махсараде кквезе къваригӏарай Занкилалъ, кваналеб жоялда сверухъ лъугьун гӏемерал тӏутӏал рихьидал, абун буго: — Гьал тӏутӏазе батӏаго кьезе бегьуларищ букӏараб кваназе жо? — ян. — Битӏарабха, Занкилай, — ан Кортас, босун, дандежо доб цояб столалда лъун буго, хинкӏал Зинкилалда цереги тун руго.
* * *
Пер кунев вукӏун вуго Кортав, чваххулаго магӏугун. — Щай гӏодулев? — ан суал кьун буго гьесие. — Вихьуларогойищ? Пер кунеб букӏун, — ан жаваб гьабун буго Кортас. — Кваначӏого теха. — Кинха телеб, — ан абун буго гьес, — дица гьаб богӏохъ хисун босараб бугелъул.
Сурат босана гьаниса: https://welcomedagestan.ru/