Дагьалъ цебе «Ахӏулгохӏ» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъул хӏаракаталдалъун рекӏаразул къокъаялъ, Шамил имамасул нухккун, сапар гьабуна Ахӏулгохӏдаса чачаназул Даргъоре щвезегӏан. Гьал къоязда нижехъе гьоболлъухъ рачӏун рукӏана гьеб къокъаялъул вакилзаби.

Тадбиралъул мурадалъул бицунаго, «Ахӏулгохӏ» жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Гъайирбег Гӏабдулаевас гьадин абуна:

«Шамил имам гьавуралдаса 225 сон тӏубаялъул хӏурматалда, нижер жамгӏияб гӏуцӏиялъ тӏоритӏана батӏи-батӏиял тадбирал. Хӏисабалде босун букӏана «Ахӏулгохӏ-Даргъо» абураб рекӏаразул сапарги. Гьеб мурадгун нижеца хитӏаб гьабуна республикаялъул батӏи-батӏиял идарабаздеги росабазул жамагӏатаздеги. Сапаралъул аслияб мурад букӏана дагъистанияздаги чачаназдаги гьоркьосел бухьенал щулалъизари, умумузул гӏаммаб тарих ракӏалде щвезаби, ай гьудуллъиялъул кьо щулалъизаби. Мадугьалихъ бугеб республикаялде гьабулеб бугелъул сапар, къваригӏун букӏана

пачалихъиял идарабазул квербакъи. Гьеб рахъалъ кӏудияб кумек гьабуна ДРялъул Миллияб политикаялъулги диниял ишазулги министерствоялъ. Гьелъул кумекалдалъун мухӏкан гьаруна сапарчагӏи рещтӏунел бакӏал, дандрана дандчӏваял гӏуцӏиялъул рахъалъ пикраби, хӏадурана сапаралъул план», — ан.

«Ахӏулгохӏ-Даргъо» сапар байбихьана 10 октябралда, Ахӏулгохӏдасан. Гьенир ракӏарун рукӏана имамги вокьулел, тарих лъазабизе гъираги бугел гӏадамал, щвана Унсоколо районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовги. Гьениб зияратги гьабун, данделъиялъул гӏахьалчагӏазул гьара-рахьи къабул гьабеян Аллагьасде аманатги гьабун, сапарчагӏи ана Гум-

бет районалде. Чӏиркъатӏасан Лъанлъари ва гьенисанги — Аргъванире. Гьениб бана тӏоцебесеб сордо. «Нижгун дандчӏвазе гьениве вачӏана Гумбет районалъул бетӏер Гъалип Гъалипов, гьесул заместителал ва районалъул администрациялъул цогидал вакилзабиги. Росдал жамагӏаталъ лъикӏаб гьоболлъи гьабуна нижее. Кӏудияб баркала буго Аргъвани

росдал жамагӏаталъе», — ян абуна Гъ. Гӏабдулаевас.

Гьенир ругел гъазизабазул хобазде зияраталги гьарун, рекӏаразул къокъа багъарана Данухъе. Гьенибги буго Гьитӏин абурав наибасул зиярат. Сапарчагӏигун дандчӏваялъе цӏакъ хӏадурун ратана данхъал.

«Данухъ росулъ хутӏун руго дагьалго гӏадамал, гӏемерисел гочун руго шагьаразде. Хасавюрталдаги цогидал бакӏаздаги ругел гӏадамалги ракӏарун, кӏудияб мажлис гӏуцӏана гьез ро-

сулъ. Сайгъатал кьун, гьарзаяб гьоболлъи гьабун, нечезаруна ниж гьез», — ан ракӏалде щвезабуна Гъайирбегица.

Гьенисан къокъа багъарана Казбек районалъул Алмахъалде – гьениб базе кколаан кӏиабилеб сордо. Гьел рачӏана къокъаялде дандего. Гьеб бакӏалда буго, Чачаналъе унаго, имам Шамилица сордо бараб бакӏ. Гьениб бакӏарун бугоан алмахъазул жамагӏат, хӏадурун квен-тӏехгун. Алмахъалда сордоги бан, рилълъана Чачаналъул гӏорхъодехун.

«Нижеда ракӏалда букӏана къадекак Байтеркалда базе. Гьеб ккола нилъерги дозулги гӏахьалаб бакӏ. Доба гьоркьоб, ай Цӏияб Лак районалда, буго Мажгар абураб кули. Нижеде данде гьениве щвезегӏан вачӏана районалъул бетӏер. Цо рохьил рацӏцӏалъиялда букӏана гӏуцӏун дандчӏвайги. Гьевги дунги аслияб къокъаялдаса цере-цере унел рукӏана. Гъутӏби ругеб бакӏалде щведал, дица абуна, цогидал хадур гъезегӏан гьанир лъалхъилин абун. Гьениб батана кӏиго гьитӏинабги цо кӏудиябги лъабго зани. Гьезухъ халгьабун рукӏаго, тӏаде вачӏана мадугьалихъ росулъа Зиявудин абурав чачанав. Гьес бицана Дагъистаналдаса инсулги васазулги занал руго гьелин абун», — ан бицана

«Ахӏулгохӏалъул» нухмалъулес.

Сапаралъул иргадулаб рещтӏен гьабизе, ай лъабабилеб сордо базе кколаан Беной-Веденоялда. Рекӏарал гьенире щвелалде рачӏун ратана Байгӏали абурав чи (росдал бетӏер) ва цогидал гӏадамал. Гьез хӏадурун бугоан сапарчагӏазе рега-рахъине бакӏги, чуязе кӏалцӏи-херги, кинабго хӏажатабщинабги. Радал гьенисан рилълъана Даргъоре. Чачаназул гӏорхъодаса байбихьун, кире аниги, рекӏаразул къокъаялда цадахъ рукӏана низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъаби. Гьез гьел цӏунулел рукӏана нухда сунцаниги квалквал-квекӏен гьабиялъукьа.

Даргъоре щолеб бакӏалда буго Воронцовасе бараб кӏудияб памятник. Цадахъ рукӏана Ведено районалъул администрациялъул вакилзабиги. Гьеб сапаралъул гӏахьалчагӏазе кьуна «Ахӏулгохӏ» абураб ДРООялъул сертификатал. Рекӏаразда гьоркьоса бищун гьитӏинав чотӏахъанасе – Шамил районалъул Къахӏиса 14 сон барав Мухӏамадие кьуна Шамил имамасул хӏурматалъул гӏаламатги.

Хадур рилълъана Даргъоре. Гьениве вачӏана районалъул бетӏерасул заместитель ва цӏехана щиб мурад бугебан, программа киб бугин абун. Нижер мурад букӏана зияраталги гьарун, росдал жамагӏатгун дандчӏвазе ва, Аргъваниса вачӏун, гьенив чӏарав Хӏусенихъеги щвезе. Ниж ана Гӏабдурахӏман-хӏажиясул хабаде зияраталъе. Гьениса тӏад руссана нижее чӏезе бихьизабураб бакӏалде. Гьениб букӏана мажгитги. Гьеб бакӏалда хӏадурун батана нижее квен-тӏехги. Администрациялъул вакилзабаз нижее гьукъизе лъугьана сурат яги видео бахъизе. Бичӏчӏизабунаха гьезда цоги нухалда нижер сапаралъул мурад: гьудуллъи-вацлъи щула гьаби.

Абуна, рес кьеян жамагӏатгун дандчӏвазеги. Лъазабуна, гьелъие санагӏат гьабичӏони, гьабсагӏатго сапаралъ рахъине ругиланги. Тӏад ругелгун гӏакълуги дандбан, бакӏарана ахирги жамагӏат – чӏахӏиялги гӏисиналги. Мажгиталда жанир ахӏана мавлидал – нижецаги дозги. Гьаруна кӏалъаял. Бицана имамасул хӏакъалъулъ. Цӏакъ лъикӏаб, гьудуллъи гъункизаби-

ялъе пайдаяб дандчӏвай лъугьана. Бищун гьитӏинав чотӏахъан Мухӏамадил лъай-хъвай гьабуна гӏелцоял васазулгун ва къотӏи ккана гьудуллъи-вацлъи гьоркьоб къотӏунгутӏизе.

Сапаралде рахъиналдего, нижеца чачаназухъе битӏун букӏана нижер мурадги гьаризехъин ругел тадбиралги рехсон хӏадурараб видео-ролик. Гьез гьеб бихьизабун бугоан респу-

бликаялъул телевидениялдасан. Гьединлъидалги батила, чачаназул щибаб росулъ ратулаан гӏемерал гӏадамал, нижеда дандчӏвазе, ниж рихьизе гъирагун ракӏарун.

«Гӏемерал сапаразда вукӏарав чи вуго дун. Къватӏиве вахъараб мехалда лъала гӏадамасул хӏал. Амма гьал рекӏаразул гӏадинаб сабурлъиги, берцинаб гӏамалги, ракӏа-рахариги бугел чагӏи гӏемер дандчӏвачӏо дида. Дун бахиллъун хутӏана гьезда. Цогӏаги нухалъ тохаб рагӏи борчӏичӏо гьезухъа, адаб тараб иш гьабичӏо. Бищунго гӏажаиблъизавуна тарихалде бугеб гьезул рокьиялъ. Нижер росдал чигойищ вукӏинчӏев Кавказалъул рагъулъ? Шамил имамасул къокъадулъ бищунго гӏемераб хӏаракат гьабураб жамагӏат кинаб? Гьел ва цогидал суалал кьолаан гьез дие, сапаралда рукӏаго», — ян бицана Казбек районалдаса Мухӏамад-Апанди Дадаевас.

Гьалбадерида гьоркьов бищун кӏудияв сапарчи вукӏана лъабкъоялда анцӏилъе вахарав Данухъа Сагӏидбег Ахъаев. Гьесги цогидал гӏахьалчагӏазги цокӏалго загьир гьабуна гьадинаб пикру: нилъер тарих кӏочене бегьуларо; гьеб лъазабизе хӏаракат бахъизе ккола; хасго кӏудияб гӏелалда тӏадаб буго гьеб гӏолилазда малъизе, росуцоязулги ракьцоязулги бахӏарчилъиялъулги къохӏехьеялъулги хӏакъалъулъ гьезда бицине.