22 октябралда Болъихъ районалъул Рахатӏа росулъ тӏобитӏана гӏажаибго берцинаб тадбир. Нус-нус соназ нилъер умумузги ретӏараб, магӏарулазул тарихалъул чанги рохарабги пашманабги лъугьа-бахъиналъе нугӏлъунги букӏараб буртинадуе сайигъат гьабураб байрам букӏана гьениб. 1924 соналъ гьениб рагьана «8 марталъул» цӏаралда буртаби гьарулеб артель. Кӏватӏичӏого нусго сон бай кӏодо гьабизе хӏадурлъулеб артелалъ бессун, жакъаялде щвезегӏан къачӏан, къватӏибе биччараб буртинадул рикӏкӏен лъалев чи гӏицӏго Аллагь гурони ватиларо. Рахатӏа гьабураб буртина ретӏана Кубаялъул нухмалъулев Фидель Кастроцаги, араб гӏасруялъул 30-абилел соназ аэропланалдаги рекӏун, тӏоцеве мугӏрул габурлъухъ рещтӏарав машгьурав воржухъан Георгий Байдуковасги ва гӏемерал цогидазги.

Цохӏо рохел буго, дида гьеб лъала,

Мун даим хутӏизе буго, Дагъистан.

Ханжарги тӏагъурги магӏидаги бан,

Мун бихьула дида даим чӏагояб;

Доб Петербургалда пача тӏуркӏараб,

Гьундул бусада гъоркь шагьал сорораб.

Магӏарулас жакъа жиндирго тӏохда,

Тӏаргъикьаги бахъун цӏала хъалиян.

Хӏамзатил Расулил «Ханжарги тӏагъурги магӏидаги бан» абурал мухъал цӏалулаго, пикарабалъ гьеб кӏиялдаго аскӏоса баккун бачӏуна чара гьечӏого гьезда аскӏоб букӏине рекъараб цоги сурат. Гьеб буго магӏарул буртина. Буртина кидаго букӏана умумузул сапаралъ рахъунелъул цадахъ босулеб аслияб ретӏеллъун.

Буртина бихьула гӏасрабазул гъатги рагьун, тарихалъул гъварилъуде ваккидал магӏарул чиясда тӏад. Буртина ретӏун гурони цеве чӏезавун бажаруларо доб заманалъги гьанже вугевги вехьги. Магӏарул буртина магӏарул тӏагъур — чанцӏул гьел рагӏаби нилъеда рагӏарал кочӏолъги, харбилъги, халкъиял биценазулъги. Вехьасул буртинаялда гъоркь хинлъун хвалдаса хасарлъана чанги, согӏаб кьиндалил сордоялъ гьабураб загӏипаб кьегӏерги. Буртинаялде гъорлъеги ячун хинлъизаюна чанги магӏарул гӏолилас жиндирго рекӏел гьудул, гьебго буртинаялда гъорлъ, чотӏеги йосун, хъамуна тухум-кьибилалъулгун кьалги ахӏун, рокьи ккарай яс. Буртина букӏана умумузда тӏад кидаго кьалде рахъунелъулги, гьелда тӏадги лъун рачӏунаан къадаралде щварал бихьиналги.

«Рахалазул бечелъи»

Гьединал пикрабигун бухьана сапар Рахатӏе. Анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун сон бана гьеб росулъа дирго гӏелбащадав Казимилгун лъай-хъвай ккаралдаса. Гьесда цадахъ ана дун рахатӏисезул байрамалдеги. Роцӏцӏараб хаслихълъиялъул къо букӏана.

Риидалилгун къо-лъикӏги гьабун хасалилгун дандчӏвай гьабизе хӏадурлъулеб букӏана тӏабигӏат. Меседилаб кьер рехун букӏана хьиндаллъиялъул ахал берцин гьарурал гъутӏбузде.

Бакълъулазул росдае саламги кьун, риидалил цӏадаз гьалаг гьабун букӏараб, гьанже гӏодобе биччараб бакъаналда чвахун унеб Гӏандигӏурул рагӏалккун бугеб хъилтӏураб нухдасан эхеде рачӏунел рукӏана ниж. Церехун рукӏана гӏемерал рагъалги къварилъабиги рихьарал балъхъадерил росаби: Кьокъ, Гӏортӏаколо, Муни.

1999 соналъул август моцӏги кӏочон батиларо лъиданиги. Ансалтӏа, Тӏандо, Рахатӏа — цоцазда аскӏор ругел гьеб лъабабаго росдаца къулчӏизе ккана дол балагьалде сверарал къояз босун бачӏараб къварилъиялъул кьогӏлъи. Тӏандо росу доб мехалъ тӏубанго биххизабуна. Гьанже цогидаб бакӏалдеги рахъун цӏияб росу бан буго гьез. Рахатӏе щвелалде нухда батула Цӏияб Тӏандо.

23 соналда жаниб лъалаго хисун буго Рахатӏаги. Чанги цӏиял минаби эхетун ругоан гьенир. Росулъе рачӏунаго тӏоцебе бер речӏчӏулеб бакӏалда эхетун буго бакъуда данде кенчӏолеб мажгит. Цебе букӏаралдасаги жеги берцинлъун ва гӏатӏилъун бугин росуян бицана Казимица. Амма гьеб киналдасаго бищун интерес букӏана жакъа букӏине бугеб тадбиралъул. Сверун маххул хьуриги ккун бацараб спортивияб майданалда жаниб кинабго къачӏан букӏана байрамалъе. Майданалъул бакьулъ гьабураб сценаялда нахъа бан бугеб баннералда, чӏахӏахатӏалъ хъван букӏана «Буртаби — рахалазул бечелъи» абун. Буртаби рукӏана тадбир тобитӏулеб бакӏалда киса-кирего лъун. Гьел ран рукӏана къадада, гьелги ретӏун чабхъад къачӏарал умумул гӏадин эхетун рукӏана рахатӏисезул бихьиназул 50-гӏанасев чи.

Майданалъул цояб рагӏалда рагьун букӏана гьеб къоялъ буртаби гьарулеб гьитӏинабго артель. Микьгогӏанасей чӏужугӏадан жиде-жидер ишалде йиссун йикӏана. Гьениб лъай-хъвай ккана 60-ялдасаги цӏикӏкӏун соналъ артелалда хӏалтӏарай Патӏимат Сайпудиновалъулгун. Гьитӏинай гӏолохъанчӏужу ячӏун йиго гьей тӏоцее гьение хӏалтӏизе. Байбихьуда йикӏун йиго квас чӏвалей гӏаданлъун. Хадуй мун махщалие ругьун гьайизе кколинги абун, хӏалтӏизе йитӏун йиго артелалъул нухмалъулелъ. Гьелдаса нахъе жакъа къоялде щвезегӏан хӏалтӏулейги йиго.

— Гьеб заманалда жаниб дун йищана росдал советалъул депутатлъун, комсомолазул цеехъанлъун, гьединго бригадирлъунги хӏалтӏана, — ян бицана гьелъ.

60-ялдасаги цӏикӏкӏун соналда жаниб чан буртинадай дур кверзукьа араб, гьелъул хӏисабго гьабунищин гьикъидал, гьадин бицана Патӏиматица:

— Валлагь, миллионгӏанасеб буртина ун батила дир кверазукьа. Рогьаралдаса рукӏкӏинегӏан хӏалтӏулаан артелалда. Киданиги хилипилъичӏо дирго махщалие, гӏолохъанлъиги гьалъие кьуна. Гӏумрудул бищун рохаралги пашманалги минутал буртинадуй рикьана. Жакъаги ругьунаб пишаялъе хисичӏого хӏалтӏулей йиго.

— Цохӏо жийго хӏалтӏун чӏечӏо, нижги ругьун гьаруна гьеб махщалие, — ян, нижер хабаралде гъорлъе жуяна Патӏиматил яс Гьидаятги.

— Чачаназул дораса Басаевасулгун Хаттабил къукъа росулъе бачӏараб 1999 соналъ гурони чӏечӏо артелалде хӏалтӏи. Гьеб мехалъ эбелалъ ругьун гьарун, нижецаго байбихьана рокъор буртаби гьаризе. Тӏолабго гӏумру кьуна эбелалъ гьеб хӏалтӏуе. Гьале жакъаги, рогьалил какги бан, хъата-масан артелалдеги йортун, жиндаго тӏадаб хӏалтӏиги тӏубан, жакъасеб тадбиралда гӏахьаллъизе ячӏана ай. Гьединай, кӏудияб яхӏалъул ва сабруялъул эбел йиго дир, — илан, гьелдаса бугеб чӏухӏиги рохелги бахчичӏо Патӏимат Сайпудиновалъул яс Гьидаятица.

Фидель Кастрое сордо биххун къачӏараб сайгъат

Ниж гара-чӏварулеб ругебгӏан заманалда жаниб буртина гьабулеб куцалъул хӏакъалъулъ цоги журналистасе бицуней цо ригь арай чӏужугӏаданалда бер чӏвана. Гьей ятана рахатӏисезул жамагӏатчӏужу Гӏайшат Гӏубайдулаева. Квас самиялдаса байбихьун, лъугӏизегӏан буртина гьабиялъул тӏолабго тартиб мухкӏанго баян гьабуна гьелъ диеги. Самизеги самун, ххамида тӏад тӏибитӏула квас, хадуб тӏаде бухӏараб лъимги щван, ххамгун цадахъ гурула гьеб. Хадуб столалда тӏадеги босун, кӏиго чӏужугӏаданалъ тӏаделъун зурула гьеб гури. Халатккун заманалъ руччабазул къвакӏарал квераз гирулеб гьелъухъги валагьун, богорокъор коронибе рехилалде чед гурулей богогьаналда релълъун рихьана дида гьел. Гьедин, квераз зурун, цоцалъ квасги жубан лъугьараб буртина босула цогидаб столалде ва цӏакъго тӏаде гурун бачӏараб рас нахъе инегӏан хъвагӏала. Хадуб цӏвак-цӏвакиялда бугеб гьеб босула лъелъ ччузе, гьениса нахъеги босун, гъорлъа лъим бецӏцӏезегӏан кӏобокӏула. Гьел киналго «технологияздаса» хадуб буртина уна рукъарухъабахъе. Гьез жаниб ххамги ккун, кӏигъуждулъа бакӏалги къачӏан лъугӏараб буртинаялъул жанисеб рахъалда куналъ угьула рахатӏисезул мугьру. Берцинаб накъищги тӏад угьун къачӏан лъугӏараб буртина уна жиндирго бетӏергьанасухъе. Гьеб кинабго хӏалтӏи дирго берда цебе ана араб шамат къоялъ. Палхӏасил, цо буртина гьабизе балеб буго ункъо сагӏат.

Цӏакъ хабар гьуинай гӏадан ятана рахатӏисезул жамагӏатчӏужу Гӏайшат Гӏубайдулаева.

— Дир эбелги, гьелъул эбелги, киналго дир яцалги – тухумалда ругел киналго руччаби, дун хутӏизегӏан, хӏалтӏана артелалда.

— Мун кин хутӏарай гьелъие ругьун гьайичӏого?

— Аллагьасхӏаги лъаларо (елъулаго). Яцалги, эбелги, кӏодоэбелги хӏалтӏарал гӏелин гьениран тун батилаха дица. Амма дунго хӏалтӏичӏониги кидаго хирияб букӏана дие артель. Нижер рахатӏисезул чӏухӏилъун буго гьебги гьениб гьабулеб буртинаги.

Гӏайшатица лъай-хъвай гьабуна дир 30 соналъ артелалъе нухмалъи гьабурай Патӏимат Ражабдибировалъулгун. Гӏунтӏун гӏансагун ячӏана гьей тадбиралда гӏахьаллъизе. Бищунго цӏикӏкӏун соназ буртабазул артелалъе нухмалъи гьабурай гӏадан хӏисабалда кӏалъазе рагӏиги кьуна гьелъие.

Анцӏго минуталдасаги цӏикӏкӏун заманалъ кӏалъаниги чӏамучӏаб, гъорлъа рагӏи рехизе бегьулеб калам букӏинчӏо гьелъул. Бицана тӏоцее жийго артелалде хӏалтӏизе ячӏараб куцалъул, гьенир хӏалтӏарал гӏадамазул.

— Кӏиго эбел буго буртинадул. Кьучӏ гьелъие лъуна Гӏандиб, гьабизе байбихьана Рахатӏа. Гьединаб бечедаб кӏудияб тарих буго буртинадул. Нусго соналде гӏагарлъулеб буго росулъ тӏоцебе артель рагьаралдаса. Гьеб заманалда жаниб Рахатӏа гьабураб буртина щвечӏеб бакӏ хутӏичӏо дунялалда. Дун чӏухӏула гьединаб кӏудияб тарих бугеб артелалъул хӏалтӏуда гьоркьоб бутӏа лъезе щвеялдаса. 30 соналъ нухмалъи гьабуна дица гьелъие. Гьел рукӏана унго-унгоги талихӏал сонал. Дида аскӏор рукӏана гьабулеб хӏалтӏуде рокьиги бугел, захӏматги хириял гӏадамал. Гьезие мисаллъун йикӏине хӏаракат бахъана дица лъеберабго соналъ. Жакъа дие баркала кьезе бокьун буго дунгун цадахъ гъежгурун хӏалтӏарал росуцоязе. Гьезул цо-цоял жакъа чӏаго гьечӏо, доб мехалъ бахӏарго рукӏарал херлъана, дунги гӏанситӏе ккана. Амма жакъа дие нух буго гӏумрудул сонал гӏадада инчӏин абизе. Гьеб буго бищун кӏудияб рохел.

Жеги чанги берцинал рагӏаби абуна Патӏимат Ражабдибировалъ. Бицана Рахатӏа гьабураб буртина, 1960-абилел соназ Расул Хӏамзатовас Кубаялъул вукӏарав нухмалъулев Фидель Кастрое сайгъат гьабиялъул хӏакъалъулъги. Хӏамзатил Расул гьениве унев вукӏин лъайдал, сордо биххун хӏадурун буго доб мехалъ артелалда хӏалтӏулей йикӏарай Исраилова Хадижатица буртина. Нусиде сонал гӏагарлъулей чӏужу хванин гьей дагьай цеегӏанин бицана рахатӏисез. Буртина кьолаго Фидель Кастроде Расулица гьабураб кечӏ Рахатӏа букӏараб тадбиралда рикӏкӏана Хадижат Исраиловалъул ясалъул, ясалъул, ясалъул ясалъ.

Жеги цебеккун киданиги буртина бихьун букӏинчӏев Ф. Кастроца Расулида гьикъула гьалда маргъалал щай гьечӏелин абун. Буртинаялда маргъал рахалебги, маргъал ричӏулебги гӏадат гьечӏин магӏарулазул. Пиридул хехлъиялда гъуждуздаса гьебги рехун, буртинаялда гъоркь борчун бугеб ханжарги лъалиниса бахъун, тушманасул бетӏер къотӏун рехулин гьезин жаваб кьун буго Расулица Ф. Кастрое.

Рахатӏисезул лъетӏа хӏалтӏулеб гьобо

Къадикакалги ран гьалбал кваназе рачана тадбиралъул аслияй хӏаракатчӏужу Патӏимат Мухӏамадзагьидовалъ. Буртабазул байрам тӏобитӏиялъе кьучӏ лъурай, кинабго ишалъе цеехъанлъи гьабурай гӏадан ккола гьей. Гьединго гьаний рехсечӏого гӏоларо Рахатӏа буртабазул кружокалъул нухмалъулей Патӏимат Мухӏамадоваги. Шамат къоялъ букӏараб тадбир берцинго нуха регӏизе П. Мухӏамадзагьидовалда цадахъ гъежгурун хӏалтӏарай гӏадан йиго гьейги.

Хадуб букӏана Рахатӏа росдал басрияб авалалъулгун лъай-хъвай. Росу рагӏалда гӏадин бугеб лъел гьобо. Умумузул заманалдаго бан букӏараб гьеб гьанже цӏигьабун къачӏан буго Рахатӏаса Гъайирбегов Гъайирбегица. Гьесул вас Нурмухӏамад ватана нижеда гьабихъ. Кӏиго рокъоб ххенолеб бугоан хьон. Лъагӏалица чӏечӏого хӏалтӏизабулеб буго Нурмухӏамдица гьобо. Москваялде гӏунтӏун бичизе унеб буго гьениб ххенараб хьон. Бищун рагӏалда бугеб рокъоб бугоан кӏиго цӏогь, киса-кибего букӏана рацӏцӏа-ракъалъи. Гьабида цебе гьабун бугеб хӏорихъ лъедолел рукӏана хъазал. Гьабихъе лъим бачӏунеб рахъги бугоан берцинго къачӏан. Бербахилаб хӏалалда гӏуцӏун бугоан кинабго хӏалтӏи. Гьелъ асар гьабичӏого хутӏичӏо нижееги.

Нурмухӏамадица кьураб хьодул тӏагӏамалъул хӏалги бихьун, бакъаникакалги ран, нухда рахъана.

Къо-лъикӏ некӏсияб магӏарул росу.