Тӏобитӏанаха иргадулаб конференция. Конкурс, гургинаб стол, сессия, семинар, сваказегӏан тӏоритӏана дуниял чӏухӏарал нилъер шагӏирзаби кӏодо гьарун ясли-ахазда, школазда, щибаб вузалда, киналго идарабазда, шагьаразда, районазда, росабалъ юбилеязда хурхун тадбирал. Абуна, ахӏана, бицана, хъвана гьезул кӏодолъиялъул, гӏакъиллъиялъул, гьезул асаразул гъварилъиялъул, кӏалдиб гьеб мацӏалъул гьуинлъиялъул, пасихӏлъиялъул, гӏолеб гӏелалъе тарбия кьеялъе гьел асаразул бугеб кӏваралъул… Лъугӏана! Рагӏа-ракьан гьечӏеб ралъдал карачел гӏадин, нилъеде тӏаде гьулчун рачӏарал байрамал лъугӏана. Ралъад нахъе ана. Щибха хутӏараб?
Хутӏана бакъуца бухӏараб, кьватӏ-кьватӏараб ракъдаллъи ва довго хурив довго Муса. Анкьие кьураб добго цо сагӏаталъ лъималазда рахьдал мацӏ малъулел мугӏалимзаби. Тӏубараб классалъе бихьизе щвараб цо-кӏиго цӏалул тӏехьалде къулун цӏалдохъаби. Къваригӏарал жал гуро гьел нужер рахьдал мацӏал, ЕГЭ кьуни гӏун бугилан гьуя бачунел завучал. Зарал жиндие гьечӏони, сундулго кӏвар гьечӏилан директорзаби. Нилъ нахъе ккарал чагӏийищила рахьдал мацӏалда гаргадизейилан бегавулзаби. Бицинарила, валлагь, магӏарулалъ, аб жидер хӏалтӏи хӏакимзабазда бихьизе ва бичӏчӏизе кколарищилан районазул нухмалъулел. Кибниги бицунареб ва къваригӏунареб мацӏ жидер лъималазе щайила, жидеца ингилисгун китай мацӏ лъазабилилан улбул… Огь, бухӏаяб дуниял!
…Лъиеха Расулицаги Фазуцаги тараб, дунялалда гъар-гъар базабураб жидерго шигӏру?! Гьадинаб бечедаб, гӏакъилаб, гъваридаб адабияталда малги бан, сундул кьучӏалдаха нилъеца гӏун бачӏунеб гӏелалъе тарбия кьезе бугеб? Тарбияго кьечӏого, дунялалъул гьураз рахъ-рахъалде хъамулелищ тезе ругел нилъеца наслаби?
Гьеб адабият къваригӏунебго батичӏони, гьаб хӏалалъ шагӏирзабазул юбилеял гьариялъул магӏна щиб? Магӏарул мацӏалде данде хӏалтӏи гьабулеб районалда Расулги, Фазуги, цогидалги кӏодо гьариялдаса кӏудияб кӏигьумерчилъи бихьанищ нужеда? Юбилеялъул бакӏалда киналго тадбирал магӏарул мацӏалда рачине хӏукму гьабуни, Расулил рухӏниги бохилаан. Рахьдал мацӏалъе кьурал сагӏталги тӏаса рахъун, Фазул юбилей тӏобитӏулеб школалъул директорасда ракӏалда щибдай букӏунеб? Шагӏиралъул хӏурматалдайилан щуго сагӏат щай анкьие кьолареб рахьдал мацӏ лъазабизе? Гьеб гурищ Фазуе сайигъат?
Москваялъ юбилеялде биччараб гӏарцухъ Расулил рахьдал мацӏ гурищ кӏодо гьабизе кколеб букӏараб? Киналниги Дагъистаналъул халкъазул мацӏаздаги, адабиятаздаги, маданиятаздаги гурищ квер чӏвазе кколеб букӏараб? Гьеб гӏарцул гьитӏинаб бутӏа гӏолаан Дагъистаналъул киналго цӏалдохъабазе тӏахьал ва мугӏалимзабазе къваригӏанщинаб чӏезабизе.
Унгоги нилъ Расулилги Фазулги хӏурматалда тадбирал тӏоритӏулел чагӏи ратании, рачӏа рахьдал мацӏазе кумек гьабизе, магӏарул районазда байбихьул классазда дарсал авар мацӏазда кьезе, гьезие цӏалул тӏахьал чӏезаризе, рес бугеб щинаб бакӏалда магӏарул мацӏ бицине, шагӏирзабаз, хъвадарухъабаз, тарихчагӏаз, гӏалимзабаз нахъе тараб рухӏияб бечелъиялдаса пайда босизе. Гурони, ахиралдаги нилъ хутӏизе руго бакъуца бухӏараб, кьватӏ-кьватӏараб ракьалда, бекараб хӏарччда нахъа, Муса хуриса вуссиналъухъ ралагьун.
Кӏигьумерчилъи буго кутакалда сурараб пиша.