Къого сон ана экстремизмалде ва уголовнияб хъачагълъиялде данде къеркьолеб управлениялъул нухмалъулезул цояв, полковник Гӏакъилов Ахъбердилав чӏваралдаса. Гьесул хӏакъалъулъ гьаб гьитӏинабго макъала хъвалалъул, ракӏалде рачӏана мунагьал чураяв Гъоркьа Бакълъухъа Жабрагӏил Хӏасановасул кочӏолъа гьадинал рагӏаби:

Хутӏуларо нахъе гьадинал чагӏи,

Хола унтичӏого чияр кверакьа.

Толаро ракьалда гьадинал чагӏи,

Рукьбузе гурони щоларо хӏалхьи.

Гьадинал чагӏазе гӏумру кьоларо,

Гӏурдаде уна гьел къо бащалъукьго.

Къватӏибе кӏанцӏула гьалдолеб хъазан,

Хъвала къоноялда къимат тӏокӏаб цӏар…

А. Гӏакъилов гьавуна 1958 соналда Гӏахьвахъ районалъул Лологъонилъ росулъ. Росдал школа лъугӏидал, цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялъул медучилищеялде. Гьенив цӏалулаго жигараб гӏахьаллъи гьабулаан училищеялъул жамгӏияб гӏумруялъулъ. Гьев вукӏана милициялъул оперативияв кумекчилъун. Гьесул анищго букӏана гӏадлу-низам цӏуниялъул органазда хӏалтӏизе. Ва ахир-къадги гьеб мурадги тӏубана. Хӏалтӏана судалъул секретарьлъун, Гӏахьвахъ раймилициялъул паспортазул столалъул начальниклъун. Цӏалана Оренбургалъул Юридикияб институталда ва хӏалтӏана Буйнакск шагьаралъул жанисел ишазул уголовнияб цӏех-рехалъулаб отделалъул начальниклъун.

1998 соналда гьев тӏамуна ДРялъул МВДялъул гӏадамал рикъиялда данде къеркьолеб управлениялъул (УБПЛ) начальниклъун.

2001 соналда тӏамуна ДРялъул МВДялъул терроризмалде ва экстремизмалде данде къеркьолеб управлениялъул начальниклъун (УБТЭ).

— Лъикӏав хӏалтӏухъан гуребги Гӏакъилов вукӏана лъикӏав эменги. Эркенаб заман дагьаб гурони букӏунароан гьесул. Гьебги лъималазе тарбия кьолаго тӏамулаан. Рукъалъ вукӏана гӏагарал чагӏазухъ. Букӏинчӏо живго бетӏергьанаб дачацин. Рокьулаан чуял, спорт, гӏемер цӏалулаан художествияб литература. Гӏакъилов вукӏана гьудулзаби хирияв чи, — ян бицана хасал кӏвар бугел ишазул рахъалъ кӏудияв оперуполномоченийлъун хӏалтӏарав Мухӏамад Жаватхановас.

УОПалъул начальниклъун вукӏарав А-Н. Магьдихӏажиевас гьадин ракӏалде щвезавулев вуго Гӏакъилов:

— Гӏуцӏун гьабулеб такъсирчилъиялде ва ришватчилъиялде данде къеркьеялъул рахъалъ управлениялъул бищунго лъикӏав хӏалтӏухъан вукӏана А. Гӏакъилов. Гьесул хӏаракаталдалъун бащдаб моцӏалдаса цӏикӏкӏараб заманалда жаниб тӏатинабуна Гъизляр, Каспийск, Буйнакск, Махӏачхъала шагьаразда ва Дербент районалда уголовниял ишал гьарураб ришватчилъиялда хурхараб 22 хӏужа. Тамихӏалде цӏаразда гъорлъ вукӏана анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун милициялъул хӏалтӏухъанги.

— Цо нухалда Буйнакск шагьаралда дандчӏвазе кколеб букӏана такъсирчагӏазул кӏиго къокъа. Гьединаб дандчӏвай, гӏемерисеб мехалда, лъугӏулаан чӏвай-хъвеялдалъун. Гьединлъидал, гьеб гьукъиялъе къватӏире рахъине кколел органазул хӏалтӏухъабазе нухмалъи гьабизе тӏадкъан букӏана Гӏакъиловасда. Гӏезегӏан гӏакъилго тӏобитӏараб операциялъул хӏасилалда, кӏвана такъсирчагӏазда гьоркьоб ккезе бегьулеб букӏараб тунка-гӏуси гьукъизе гуребги, гьезул 60 чи кквезеги. Гьезда гьоркьор ратана цӏех-рехалъул органаз ралагьулел рукӏаралги ва кӏиго соналъ цеве туснахъалдаса лъутаравги, — ян бицана МВДялъул анлъабилеб управлениялъул кӏудияв оперуполномоченийлъун хӏалтӏарав Мурад Мукагӏиловас.

— Гӏакъилов вукӏана бажари бугев, иш лъалев, къвакӏарав чи. Гьес бетӏерлъи гьабулеб букӏараб экстремизмалде ва уголовияб хъачагълъиялде данде къеркьолеб управление гӏуцӏун букӏана хӏалбихьиялъе, Дагъистаналда букӏараб хӏалуцараб ахӏвал-хӏалги хӏисабалде босун. Цогидал регионазда букӏинчӏеб гьеб гӏуцӏиялъ лъикӏаб хӏасилги кьуна. Амма гьеб, тӏоцебесеб иргаялда, бараб букӏана гьелъул нухмалъулесул бажариялда.

Ахъбердилав вукӏана аваданав чи. Гьесие хасиятал рахъаллъун кколаан гӏадатлъи, хӏалтӏулъ тӏадегӏанаб жавабчилъи. МВДялъул министрлъун вукӏарав Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьировасги кидаго лъикӏаб къимат кьолаан гьесие, — ян бицана полковник Гӏабдулатӏип Гӏабдулатӏиповас.

Хӏалтӏулъ бихьизабураб бахӏарчилъиялъе ва тӏокӏлъабазе гӏоло гьев мустахӏикълъана гӏемерал шапакъатазе. Щвана гьесие кӏиго Бихьинчилъиялъул орден, «Ватӏаналда цере гьарурал хъулухъазе гӏоло» орденалъул кӏиабилеб даражаялъул медаль, гӏемерал грамотаби, хасаб цӏар тӏад хъвараб ярагъ. Гьесул цӏар кьун буго Лологъонилъ росдал школалъе, бюстал лъун руго Къамиш-хъутаналъул гимназиялда ва росдал школалда.

Кӏудиябросулъа Муртазагӏалиевалъ Гӏакъилов чӏвайдал гьабураб назмуялда руго гьадинал рагӏаби:

Зиргъун роцӏараб къо, къалъараб заман,

Къалъуда кваназе рокъове унев.

Лъаларо, щиб ккараб, щай мун тохлъарав,

Тушманасде данде кватӏун кин ккарав?

Чанги захӏмат-кьалда чучичӏеб дур черх

Цохӏо-цо гуллие чучилароан.

Гьебги лъан рачӏана дол дуде данде,

Аскаралъе гӏураб гулла-хер босун.

Дур чӏухӏараб гьумер, дур гьайбатаб черх,

Жегиги хъачагъал хӏинкъулел дукьа.

Хутӏараб замана сородилаго

Ине бугеб гьезул гьаб дунялалда.

Цохӏо эбел-инсуй, вацал-яцазе,

Хъизан-лъималазе камун хутӏичӏо.

Мун камуна тӏолго Дагъистаналъе,

Мун камуна дурго гьудулзабазе.