Фильмалъе сценарий хъвана ВГИКалъул щуабилеб курсалъул студентка Анна Вейнертица. Нижергун букӏараб гара-чӏвариялда гьелъ бицана Дагъистаналде ва гьелъул халкъалде бугеб гӏащикъаб рокьиялъ бижизабунин фильм бахъизе пикру.

– «Гьитӏинав Бахал лъугьа-бахъиналъе» дица сценарий хъвана ВГИКалъул тӏоцебесеб курсалда цӏалулеб заманалдаго. Гьабсагӏаталда дун йиго щуабилеб курсалда ва гьеб сценариялда рекъон бахъараб кино гьанжеялдего бихьизабулеб буго кинотеатразда. Гӏажаиблъи гьечӏищ гьеб? Сценарий хъвалаго дун ургъичӏо, кинаб бакӏалда гьеб бахъизе бугебали. Амма бичӏчӏулеб букӏана гьеб Кавказалда бахъизе букӏин. Кинабго тӏубана продюсерас гьеб цӏалидал. Гьесда бичӏчӏана кино Дагъистаналда бахъизе кколеблъи!

Дун гьелдаса цӏакъ йохана. Гьитӏинаб къоялдаса нахъе киокушинкай абулеб каратэялде хьвадулаан. Дир тренер-мугӏалим вукӏана дагъистанияв — Шарип Мазгаров. Нижеда цадахъ цо залалде, тренировкабазде хьвадулаан гьесул яц, вацазул лъимал — Ахӏмад ва Шамил. Москваялде гочарав Эмил Жафаров — цӏар рагӏарав каратэялъул тренер- гьев заманаялъ нижер залалде вачӏана. Дир гьесулгунги лъикӏаб гьоркьоблъи букӏана. Дие бокьулаан дагъистаниязул гӏодоре риччай ва сабураб, бихьинаб гӏамал. Дидехун гьезул букӏараб лъикӏаб бербалагьиги, яцалъул гӏадин гьабулеб тӏалаб-агъазги цӏакъ бокьулаан. Тренерасул гьез гьабулеб адабги букӏана гӏажаибго хӏурматияб, къиматаб ва берцинаб. Дида гьеб кидаго берцин бихьулаан. Гьез бижизабуна дир рекӏелъги Дагъистаналде рокьи.

Дир сценариялъул героясда цӏар буго Баха. Гьесулъ лъуна дица, дидаго лъачӏого, диего рокьулел (доб залалдаса) васазул гӏамал. Амма бер ва гӏакълу цӏодорал продюсерал — Владимир Малышев ва Федор Поповасда, художник Вячеслав Видановасда, режиссер Александр Габилинида бичӏчӏана дир героясулъ тӏолабго Дагъистан букӏин. Тӏоцебе дида Чӏохъ росдал сураталги аслияв герой Гӏамирилги суратал рихьидал бичӏчӏана гьениб цо гӏажаиблъи букӏин. Щайгурелъул гьеб гьумерги, мугӏрулги рукӏана дир пикрабалъ сценарий хъвалаго.

Унго-унгоги гӏажаиблъи гьечӏищха кино бахъи!

Бищунго гӏажаибаб жо, дун жеги Дагъистаналде щвечӏолъи. Дица дирго фильмалда гьеб ракь кӏодо гьабун хъвалеб бугониги, дида жеги гьеб бихьичӏо. Гьединлъидал ракӏалде ккана Дагъистаналдеги щун, «Дагъистан — чӏужугӏаданалъул бераздалъун» абураб видеоблогги бахъизе. Гьеб бакӏалъул гьайбатлъиялъулги гьенир ругел гӏажаибал гӏадамазулги ракьалде щвезе цӏакъ бокьун буго. Гьединго Махӏачхъала ва Дербент бихьизеги бокьилаан. Ракӏчӏун абизе кӏола, гьеб бихьилалдего, сценарий хъвалелъул дир рекӏелъ бижараб Дагъистаналъул асар гьение щун хадуб жеги цӏикӏкӏине бугеблъи, гьенир гӏемерал берцинлъабиги ратизе ругин, жеги киноялъе сценариял хъвазе.

Дагъистаналъул халкъалда абизе бокьун буго: «Россиялъул культураялъе нуж руго багьа гьечӏел, гӏадлу-низам бугел, кӏудияздехун адаб-хӏурмат цӏунарал, гӏакълу камилал, Россиялъе гьечӏого гӏолорел хараби ругеб, тӏину гьечӏеб кӏкӏал кинигин Россиялъе хӏажатаб Дагъистан! Нилъеда тӏадаб буго Дагъистаналъул культураялъулги, Кавказалъул лебалал васазулги, намусал ясазулги, гьезул эбел-инсулги гӏемер бицине.

Ракӏ-ракӏалъго къвалги бан къочула дун нужеда!

Анищ буго киноактерлъун вахъине

Дагьаб цебегӏан Гъуниб районалъул Чӏохъ росулъе рачӏун рукӏана Россиялъул халкъияв артист ва режиссер Александр Галибинил кинофильмалда аслияб роль хӏарай Авар театралъул хӏалтӏухъан, республикаялъул мустахӏикъай ва халкъияй артистка Хӏамзатова Зайнаб. Гьелъул васасул лъимадул роль хӏана 8 сон барав, №13 школалъул тӏоцебесеб классалъул цӏалдохъан Гӏамир Мухӏамадовас.

Фильмалъул бицунаго, гьадин абуна З. Хӏамзатовалъ:

— Кинофильм бахъизе гьезда кин ракӏалде ккарабали лъаларо, режиссералгун, сценаристалгун гӏемераб халкъ бачӏана Махӏачхъалаялде. Жидеего данде кколел актерал ралагьизе байбихьана гьез театразде, школазде хьвадун. Дунги ахӏана гьез Гӏурус театралде. Гьенире ахӏаразда малъулеб букӏана щиб гьабизе кколебали, суалал кьолел рукӏана, кинаб бугониги роль хӏазе тӏамуна. Гьеб киналъухъго халги гьабун, жидеего данде кколел ралагьулел рукӏана гьез. Тӏаса рищаразулгун къотӏи-къайги гьабун бицана кире ине ругелали, чан къо базе бугебали.

Кинофильм бахъизе режиссерасда, сценаристасда ва гьел гурел цогидаздаги данде кколеб бакӏ батун буго Чӏохъ росу. Гьениб бугеб гьава-бакъги, рукъзалги, кинабго данде ккун буго. Гьеб бахъизеги тӏаса бищун буго чӏунтараб цо некӏсияб рукъ. Дагьабго релъен-хъвайги гьабун, жидеего данде кковухъе къачӏа-кӏатӏанги бугоан гьез гьеб.

Цинги байбихьана… Рогьалъилъ щугоялда рахъине кколаан тӏаде. Сагӏат анлъгоялда рачӏунаан кӏудиял машинаби «выезд-вниз» абун хъварал. Гьездаги рекӏун унаан кино бахъулеб бакӏалде.

— Баха щивха дуе кколев вукӏарав?

— Гьитӏинав Баха вукӏана дир кӏудияв васасул вас, нижер хъизамалда гьоркьов гӏолев вугев. Гьесда бихьулеб букӏана нижер рокъоб лъугьа-бахъунеб щибаб жо. Дир росги хун, кӏиявго васги хутӏун вугелъул, цояв Москваялда, цогидав гьанив — кинабго жо гьабизе бажаруларев, хадув гъоларев. Росулъ дагьаб жойищха букӏунеб магӏишат данде бачине ккани. Цинги гьав Баха, щиб нижеца цоцалъ бицунеб бугониги, гьоркьове жувазе бокьун, кумек гьабизе къваригӏун вукӏунаан. Цӏакъ гӏакъилав, цӏодорав, щиб гьабунги гьабизе бокьулев вас вукӏана.

— Гьеб фильмалдалъун щиб бихьизабизе бокьун букӏараб режиссерасе?

— Дида ккола, гьесие бокьун букӏун батилин нилъер рокъоб букӏунеб хъизамазул гӏолеб-гӏолареб рахъ, щиб кколев рукъалъул аслияв бетӏер, цоцазулгун гьоркьоблъи бихьизабизе. Мискинал ругониги, цоцаздехун хъизамалъул бугеб адаб, рокьи, эбелалъул гьабулеб хӏурмат. Гьеб кинофильмалъухъ балагьаразда бичӏчӏизе буго кинабго.

Режиссерас абулеб букӏана, жив цӏакъ хӏинкъун вукӏанила фильм бетӏералде бахъиладайин абун. Амма бажаридал, гьесул букӏараб рохелха. Жив кутакалда рази хутӏанила ва кӏудияб асар гьабунила ракӏ лъикӏал, гӏадан хириял, гьобол къабул гьавулел гӏадамаздасаян вукӏунаан. Бетӏер гӏодобе къулун хӏурмат гьабулила жинца гьаб мугӏрул халкъалъулин абулаан.

Баха – Мухӏамадов Гӏамир. Гьавуна ва гӏуна Махӏачхъала шагьаралда. Цӏалулев вуго №13 школа-гимназиялъул тӏоцебесеб классалда. Гӏамир вуго шагьаралда гӏурав, магӏарул миллаталъул вас. Гьесул эмен ккола Чӏарада районалдаса, эбел — Юждагъалдаса лезги миллаталъул гӏадан.

Гӏамир школалде гуребги хьвадулев вуго театралияб студиялде, лъазабулеб буго гитара хъвазе, футбол хӏазе, кьурдизе, гимнастика.

«Бахал» эбел Миланае суалал:

— Милана, Гӏамир щай гьез тӏаса вищарав ва кин гьезда гьев ватарав кинофильмалда роль хӏазе вачине?

— Гьев гьениве ккей бараб буго кастинг-директорасда ва режиссерасда. Анна Вейнертица жиндирго сценарий кьуна гьезухъе. Нилъер республикаялда кастинг гьабидал, гьенив бергьана Гӏамир. Рукӏана гӏемерал лъимал. Гьесул кинабго гӏамал-хасият, къаркъала данде ккана гьезие, хасго гьесул недегьго гьимулел чӏегӏерал берал.

Рехсараб фильмалда Бахае бокьулаан чӏахӏиязулгун гьудуллъи ккун, гьезухъ гӏенеккизе, пайдаяб жо лъазабизе. Гьес кутакалда кумек гьабулаан инсуе. Гьесие хасго бокьулаан хӏайваназулгун, гӏанкӏу-хӏелекодулгун, кутулгун гьудуллъи кквезе. Гьесул лъикӏаб гьудуллъи букӏана бачилгунги. Гьебгун гаргадулаан гьев.

— Фильмалдаго гӏадав вугищ Гӏамир гӏумруялдаги?

— Вуго. Гӏамир вуго гӏажаибав, гӏадамалги рокьулев, гӏадамазеги вокьулев, гӏамалги берцинав вас. Режиссерасеги цӏакъ вокьана гьев. Гьес абуна камералъеги вокьанин гьевин абун. Гьев нижер берзукь вукӏине кколин, нуж васги вачун Москваялде гочайин.

— Букӏанищ Гӏамирие роль хӏазе захӏмалъиго ва гьесие бищунго захӏмалъараб щиб букӏараб гьеб фильмалда?

— Гӏамирил букӏана цӏакъ захӏматаб роль. Амма захӏмалъиялъухъ балагьичӏого, режиссерасухъги гӏенеккун, гьес малъухъе гьабуна кинабго. Гьесие бищун захӏмалъараб жо букӏана ахиралда букӏараб сцена. Щайгурелъул гьес къад сагӏат лъабго тӏубаралдаса рогьалил хъахӏлъи рехизегӏан жиндаго тӏадаб хӏалтӏи гьабизе кколаан. Гьев вукӏана чваххун балеб цӏадакь хӏалтӏулев. (Цӏад базабулеб букӏана цӏа свинабулел машинабазул кумекалдалъун). Гьеб букӏана август моцӏалъул 31-абилеб къо, росулъ къасимех, цӏорораб гьури пулеб сордо. Вас вукӏана квачан, цӏоролев. Амма гьес гьеб хӏехьана. Дун хӏинкъун йикӏана гьев унтилилан. Аллагьасе рецц, унтичӏо.

Баха вугоан гӏажаибго рекӏелъе вортулев, ракӏ жубарав, рази-ракияв, жиндирго берцинлъиялде тӏаде гӏамалги берцинав, кидаго гьимулев вас. Бихьулеб букӏана Гӏамирие роль хӏазе бокьулеб букӏинги, вагъа-вашаригицин бугоан гьесул унго-унгояв актерасул гӏадинаб. Дица гьесиеги кьуна чанго суал.

— Гӏамир, роль хӏазе захӏмалъанищ?

— Байбихьудаса цӏакъ захӏмат букӏана, цинги хадуб ругьунлъана.

— Мун щай гьез тӏаса вищарав гьеб роль хӏазе? Дудаго кин кколеб?

— Щайгурелъул гьев вас вукӏун дида релълъарав.

— Дуе бокьанищха роль хӏазе?

— Гьайгьай, бокьана. Дие бокьун буго киноактерлъун вахъине. Батӏи-батӏиял шагьаразде, пачалихъазде ине.

— Разилъанищ дудаса режиссер?

— Ракӏалде ккола разилъун ратилин абун. Щайгурелъул тӏадал масъалаби гьел разияб хӏалалда тӏуразаридалха дица.

— Мун киноялдасан вихьун хадуб щиб гьоркьоблъи букӏараб гьудулзабазулгун, цадахъ цӏалулезулгун?

— Гьел цин дида божуларого рукӏана, мун гурин гъов, цогидав вугин, дуца гьереси бицунеб бугилан абулаан. Хадуб кинабго бичӏчӏидал, диргун гьудуллъи жеги цӏикӏкӏана гьезул. Дир лъикӏал гьудулзаби руго. Фильмалдаса хадур жеги цӏикӏкӏана гьел.

— Тӏоцеве мунго дудаго киноялда роль хӏалев вихьидал, кин букӏараб? Бокьанищ дуе дурго роль?

— Бокьана. Гьеб бихьидал цин дир берал чӏахӏалъана, дун божулевцин вукӏинчӏо. Эбелалъ абуна гьадав вас мун вугин. Цинги божана дунги ва цӏакъ бокьана гьедин вихьизе.

— Дурго анищазул бицани…

— Дир мурад буго киноактерлъун вахъин ва гӏемерал пачалихъазде щвей. Гьединго бокьилаан гӏемерал чагӏазулгун лъай-хъваял гьаризе ва гьудулзабазул къадар цӏикӏкӏине.

— Аллагьас нух битӏаги, дуе, гьитӏинав Баха.