Ваче дун, йокьулей, ваче дун, ваче
Гьаб гьерсил дунял тун даим рикӏкӏаде.
Бакӏал ургъелазул гъогъол гохӏилъа
Рухӏ кӏалзухъ букӏаго, ваче дун, ваче.
Ваче дун, ваче дун, ваче дун, дуца
Чудказ балкан гӏадин тӏетӏезе тоге,
Тӏогьол байдабазде, Гӏободе ваче,
Чуре рекӏел ругънал рокьул мацӏ бицун.
Тӏагьир Къурачевас ахӏулеб гьаб кечӏ цебего къабул гьабун букӏана халкъалъ. Амма, дидаго гӏадин, гӏемеразда лъалеб букӏун батиларо «Гӏободе ваче» абун йокьулелда гьарулев шагӏир щивали. Араб анкьалъул хамиз къоялъ ахӏи бачӏана Мухӏамад Гӏободияв Шамхаловасул тӏехьалъул презентациялде рачӏине кколин. Щив гьев, Гӏободияв Шамхалов, щай гьеб Махӏачхъалаялда тӏобитӏичӏеб? Каспийскиялда бугеб тӏахьазул тукадаги кинаб презентация букӏунеб? Гьединал пикрабигун, Зульфия Хӏажиевагун цадахъ ана гьенире.
Гьеб тадбир букӏинцин рагӏичӏей Баху Мухӏидиноваги цӏана цадахъ. Нухда унаго лъана Шамхаловасул тӏехьалъе редакторлъиги Бахуца гьабун букӏин.
«Алифба» тӏахьазул тукадул батӏаго бицине бегьила, гьайбатаб, гӏатӏидаб бакӏ батана. Ниж дагьалъ кватӏана. Магӏарул миллияб хаслъиялда къачӏараб санагӏатаб бокӏоналда парахат гӏодов чӏун тадбир бачунев вугоан филологиял гӏелмабазул доктор Ахӏмад Муртазагӏалиев, гӏодорчӏаразул мухъилъги халлъана республикаялдаго лъалел магӏарулал.
Кочӏол роценалда чӏамучӏаб хабар гӏуцӏулелгицин жалго машгьурлъизаричӏого чӏоларо. Щайха магӏарулазда гӏатӏидго лъалев вукӏинчӏев Гӏободаса шагӏир Шамхалов? Тӏахьални киса гурин, гьесул гӏумруялъул баяналцин ратизе захӏмат буго Дагъистаналда. Шагӏирасул гӏагарав чи Махӏач Казиевас хӏаракат гьабун буго гьеб тӏехь бахъиялъеги. Презентациялда гӏахьаллъарав Казиевас бицана Мухӏамад Шамхаловасул хӏакъалъулъ, гьесул гьунаралъе гьудулгьалмагълъиялъ кьолеб букӏараб къиматалъул.
Кӏалъазе рахъараз бицунелдасаги бичӏчӏулеб букӏана Шамхалов шагӏир къеркьохъан, жиндиего захӏматаб, гӏемераздаги вичӏчӏизе бигьаяб гуреб хасияталъул чи вукӏараблъи. М. Шамхаловасулгун рукӏарал дандчӏваял, бахӏсал ракӏалде щвезаруна гьенир кӏалъазе рахъарал академик Шамил Гӏалиевас, гӏалимчи Гьарадерихъа Мухӏамад Мухӏамадовас, росуракьцояз, гӏагаожараз. Мухӏамад чӏаго вукӏаго Дагъистаналда гьесул тӏахьал рахъун рукӏаралани, цӏакъго лъикӏ букӏинаанин абуна кӏалъазе яхъарай Баху Мухӏидиновалъги.
Мухӏамад Шамхаловасул рокьул кучӏдузулъ Сергей Есенинил гӏадаб эркенлъи бихьулин жиндаян абуна, Шамхаловасулгун рукӏарал данчӏваязул бицунаго, Тӏагьир Къурачевас. Нилъерго республикаялда гьев гьанжелъизегӏан рагьичӏого хутӏиялъул ракӏбухӏиги загьир гьабуна гьес: «Мухӏамад чӏаго вугеб заманалда гьадинабго цо чанго тадбир тӏобитӏарабани гьесул гӏумру халалъилаанин ккола дида. Доб мехалъ гӏободисез, хундерица, дагъистанияз щибго тӏалабагъаз гьабичӏо гьесул тӏахьал рахъизеги, гьунар рагӏизабизеги».
Г
ьенибго, данделъаразул гьариялда рекъон, Тӏагьир Къурачевас ахӏана шагӏирасул машгьураб «Ваче дун, ваче дун» абураб кечӏги.«Хехго ана дунялалдаса шагӏир Мухӏамад Шамхалов. Гьев вукӏана рахӏат бихьичӏеб гӏумруялъул, гьелдаго цадахъ Бетӏергьанас бечедаб гьунарги хасаб пагьмуги кьурав рагӏул устар. Цо рахъалъ гьединаб гӏумруялъе гӏайибияв вукӏана гьев живгоги, цогияб рахъалъ – гьесда рачӏел, гьесухъа мукӏур гьарун бажаричӏел гӏумруялъул шартӏалги». Гьадин ахир лъолеб буго тӏехьалъе хъвараб цеберагӏиялъе филологиял гӏелмабазул доктор А. Муртазагӏалиевас. Гьенир лъурал «Балагьаб, рахӏат бихьичӏеб гӏумруялъул» абурал рагӏабазги тӏамулел руго цӏалдолел
2013 соналъ Аллагьасул къадаралде щварав Гӏободаса Мухӏамад Шамхаловасул шигӏрияб дунялалъул балъголъиялде раккизе.
Баян
Мухӏамад Шамхалов гьавуна 1943 соналъ Хунзахъ районалъул Гӏобода росулъ. Москваялда, Максим Горькиясул цӏаралда бугеб Литературияб институт лъугӏизабун хадуб, гӏумру
гьабун гьенивго чӏана. Араб гӏасруялъул 70-80-абилел соназ гӏурус мацӏалде руссинарурал Мухӏамад Шамхаловасул кучӏдул рахъана советияб заманалъул литературиял газетаздагун журналазда. Гьел асаразул цо-цоял ахӏана СССРалъул цӏар рагӏарал артистал Муслим Мухӏамаевас, Валентина Толкуновалъ, Ксения Георгиадица, Гия Бешиташвилица, «Верасы» ансамблялъул солистал Ядвига Поплавскаялъ ва Алексадр Тихоновичас.
Интернеталда руго 80-абилел соназ Арсений Тарковскияс ва Андрей Вознесенскияс Шамхаловасул гьунаралъе лъикӏаб къимат кьурал мухъал ва гӏурус мацӏалде руссинарурал гьесул цо-цо асарал. (Ободияв Шамхалов, «Орлы взлетают против ветра): книга стихотворений, перевод с аварского. Москва: Современник, 1988).1982 соналъ магӏарул мацӏалда бахъун букӏана гьесул, «Гьороде данде роржуна цӏумал» абураб гьитӏинабго тӏехь.
Гьанже къватӏибе бачӏун буго 760-ялдаса цӏикӏкӏун гьумер бугеб тӏехь. Шагӏирасул жанисеб дунял, рекӏел хӏал, хӏасрат рагьила цӏалдолезе, батӏи-батӏиял темабазда хъварал гӏемерал асарал жанире рачараб тӏехьалъ.