«Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб данделъиялда бицана СВОялда гӏахьаллъулаго хваразул гӏагарлъиялъе «Киналго цадахъ» абураб гурхӏел-рахӏмуялъул фондалъ гьабулеб бугеб кумекалъул хӏакъалъулъ. Фонд гӏуцӏана ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасул гӏахьаллъиялдалъун, ва гьелъул учредительги ккола пачалихъ. Фондалъ гьабураб хӏалтӏул, гьелъие квербакъулел сахаватал гӏадамазул ва кӏвар бугел масъалабазул хӏакъалъулъ бицана фондалъул директор Селимхан Мерзихановасги захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министрасул заместитель Гӏабдулкерим Гӏабдулаевасги.

«Республикаялъул бетӏерасул бихьизабиялда рекъон, тӏоцебесеб иргаялда, Фонд гӏуцӏун букӏана СВОялда хварал аскариязул хъизамазе кумек гьа-бизе. Гьанже мобилизациялъ ахӏаразул захӏматаб хӏалалде ккарал хъизамазеги кумек гьабизе рес буго. Гьединго рес буго мобилизациялъ ахӏун ва жидеего бокьун СВОялда гӏахьаллъизе аразеги социалияб кумек гьабизе. Гьезул хъизамазе цо нухалда 100 000 гъурущ кьола. 16 ноябралде щвезегӏан гьеб кумек щвеялъе кьун буго 2600 гӏарза, гьезда гьоркьоса 2300 хъизамалъе гӏарцулаб кумекги щвана. Гьеб гуребги, СВОялда гӏагарав чи хварал хъизамазе социалияб хъулухъги гьабула.

СВОялда гӏахьаллъулаго хваразул эбел-эмен, кумекалъе чи гьечӏого хутӏун ратани, нижер хӏалтӏухъабаз рукъалъул хӏалтӏи гьабунги кумек гьабула гьезие. Захӏматалъул ва

социалияб цебетӏеялъул министерствоялда буго реабилитациялъулаб хъулухъги. Гьезул лъималазеги квербакъула цӏалул идарабазде лъугьунелъул.

СВОялда гӏахьаллъулаго хваразул лъималаз коммерциялъулал гӏуцӏабазда цӏалухъ кьезе кколеб гӏарцудаса 10 процент ДРялъул хӏукуматалъ кьола», — ян бицана

Гӏ. Гӏабдулаевас.

Щибаб хъизамалъе кумек гьабизе цо-цо социалияв хӏалтӏухъанасда тӏадкъан буго. Амма цохӏо гьелдалъунги лъугӏуларо Фондалъул кумек.

Министерствоялъул хӏалтӏухъабазул жигаралдалъун, Фондалъе квербакъулел меценаталги цӏехола. Масала, Дербент райадминистрациягун цадахъ министерствоялъул нухмалъиялда гъоркь ругел идарабаз бащдаб лъагӏалида жаниб бакӏарун буго 500 000 гъурущ.