Махӏачхъала шагьаралъул №1 больницаялъул бетӏерав тохтур, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, Чӏарада районалъул Кьорош росулъа Хӏажимурад Маллаев лъаларев чи къанагӏатги ватиларо.

Арбагӏ къоялъ нижехъе, ай, 16 ноябралда редакциялде гьоболлъухъ вачӏун вукӏана Хӏ. Маллаев. Газеталъул коллективалъулгун лъай-хъвайги гьабизе, магӏарул басмаялъул тарихги цӏехезе, нужги рихьизе вачӏанин бицана гьес. Нижеда Хӏажимурад ватана, тохтурлъиялъул рахъалъ махщалилав гуревги, гӏадан хӏисабалда кутакалда гӏадатиявги, рухӏияб

рахъалъ цеветӏуравги инсан.

— Жакъа дир бищунго рахӏат хвезабулеб жо ккола рухӏияб рахъалъ нилъ мискинлъун рукӏин. Гӏолеб гӏелалъул гъираго гьечӏо жидерго росдал, умумузул тарих лъазабизе. Гьез сундулго пикру гьабулеб гьечӏо, — ян байбихьана Хӏажимурадица нижергун накъит. — Дун гӏемер щола дирго ватӏаналде, Чӏарада районалде. Цӏуриса бахъараб, нух-нухазда чӏван руго районалдаса рахъарал машгьурал гӏадамазул суратал. Амма гьезда гьоркьов цониги гьечӏо я хирург, я мугӏалим, яги гӏалимчи, ялъуни хурухъан. Гьенир руго гӏицӏал спортсменал. Дица, яхӏго гьабизе кӏвечӏого, абуна районалъул нухмалъулесда, щай цогӏаги дица рикӏкӏарал гӏадамазул цонигиясул сурат гьениб гьечӏебин абун? Цохӏо спортсменалищха ккарал жакъа гӏолилас мисал босизе бегьулел чагӏи?

Дун спорталде данде чӏарав чи гуро. Киналго гӏадин вохула ва чӏухӏула нилъер речӏчӏухъабаздаса, боксераздаса. Амма цохӏо спортсменазда сверухъ гурелъулха кинабго дунял сверулеб бугеб. Интеллект, роцӏараб гӏакълу, тӏабигӏаталъ дуда жаниб лъураб пагьму ва гьунар — гьел цӏакъ къимат кӏудиял, гӏажаибаб къуват жидеда гъорлъ бугел рахъал руго Аллагьас инсанасе кьун. Гьел тӏабигӏатал гъорлъ ругев чи гьаб ракьалда гӏадада хутӏуларо, гьесул чи вахъуна. Амма щаялиго гьединав чиясул къимат гьабулеб гьечӏо.

Дандчӏваялда нижеца ракӏалде щезабуна кӏиго соналъ цебе пандемия тӏадбан бугеб заманалда гьес нухмалъи гьабулеб больницаялда букӏараб хӏалуцараб ахӏвал-хӏалги.

Бицана Маллаевас бетӏерав тохтурлъун гьениве тӏамулаго жинца разилъи кьолеб букӏинчӏолъиялъулги.

— Бокьун букӏинчӏо гьеб захӏматаб хӏалтӏи тӏаде босизе. Щайгурелъул лъалеб букӏана щиб дирго бетӏералде босулеб бугебали. Амма хадуб дица дидаго гьикъана: «Кинаб жаваб

дица метер Аллагьасда цеве вахъиндал кьезе бугеб, «Мун щай хӏинкъарав дудаго тӏадаб налъи тӏубазе», — ян цӏехон хадуб? Гьелъ яхӏ гъуна, — ян бицана Хӏажимурадица.

Хӏ. Маллаевасул нухмалъиялда гъоркь къокъабго заманалда жаниб цӏилъун бачӏана больница, гъункана коллектив ва гьенире сах гьаризе ине бокьаразул битӏахъе иргаби гӏуна. Къокъабго заманалда жаниб гьесда кӏвана больница церетӏурал технологияздалъун хьезарун, улкаялъул батӏи-батӏиял регионазда хӏалтӏулел цо-цоял ахӏана гьенире. Масала, жакъа рехсараб больницаялда хӏалтӏулел руго улкаялдаго машгьурлъи щварал тохтурзаби. Гьединазул цояв ккола Гъуниб районалдаса Мухӏамад Катибов. Россиялда бищун

лъикӏав урологлъун рикӏкӏуна гьев.

Маллаев ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатги кколелъул, политикаялда хурхарал суалалги камичӏо. Палхӏасил, гӏемераб бакӏалде щвана пикру ва киналъулго рагӏа-ракьанде щун бицине жакъа бакӏги гӏеларо. Кин батаниги, «Хӏакъикъаталъулгун» бухьен къотӏизе теларин абураб щулияб рагӏиги кьун гьевги ана, гьесул махщалилги,

гӏуцӏарухъанлъиялъе бугеб гьунаралъулги, гӏадатлъиялъулги бицунел нижги хутӏана.