Гӏолилазулъ рухӏияб рахъ загӏиплъун бугин, искусствоялдеги, литератураялдеги, культураялдеги руссунел дагь ругин гӏемер абулеб рагӏула. Амма къо бахъанагӏан, гӏезегӏан дандчӏвалел руго творчествоялдехун гьетӏи бугелги.

Масала, гьединавлъун вуго гӏолохъанав шагӏир Мухӏамад Мусаев. Гьев ккола Цӏумада районалдаса, гӏуна Хасавюрт районалъул Муцалаул росулъ. Тӏолгороссиялъул «Мцыри» абураб гӏолохъанал шагӏирзабазул литературияб фестивалалда, дагьаб цебегӏан лъабабилеб бакӏги босун тӏадвуссана Мухӏамад.

Кӏиго соналъ цебе къватӏибе бачӏана гьесул «Скупая круговерть» абун гӏурус мацӏалда хъварал кучӏдузул мажмугӏги.

Жакъа нижеца кьолеб буго гӏолохъанав шагӏирасулгун гьабураб гара-чӏвари.

— Мухӏамад, баркула дуда бергьенлъи! Разиго хутӏанищ фестивалалъул хӏасилаздаса?

— Баркала. Узухъда, дун вохарав вуго Москваялъулгун гьоркьоблъи къо бахъанагӏан лъикӏлъулеб букӏиналдаса (велъулаго). Чанго нухалда гьенир тӏоритӏарал къецаздаса бергьенлъабигун тӏадвуссана дун.

Жибго фестивальги букӏана цӏакъ интересаб. Тӏоцебесеб къоялъ анцӏго литературияв критикас нижер асаразул анализ гьабуна, гӏолел-гӏоларел рахъазул бицана. Гьединлъидал, бергьенлъи боси гуребги, лъаялъул хулжалги цӏезаруна нижеца гьенир.

— Кида байбихьараб кучӏдул хъвазе?

— Битӏун бицани, хъвадаризеги тӏад чӏун художествиял тӏахьал цӏализеги цого заманалда байбихьанин абизе бегьула. Гьеб букӏана 17 сон бараб заман. Поэтасе гьеб кватӏун бугин рикӏкӏуна дица. Дица абиларо дие школалда гӏурус мацӏалъул ва адабияталъул дарсал рокьулаанинги.

Школалда цӏалулеб мехалъго хӏалбихьана дица тӏоцебе кечӏ хъвазе. Нижее кьун букӏана терроризмалъул хӏакъалъулъ сочинение хъвазе. Амма кинго дихъа гьеб хъван бачӏунеб букӏинчӏо. Гьеб мехалда пикру ккана гьеб кочӏодалъун загьир гьабизе.

Ичӏго классги лъугӏун Нижний Новгородалде, медколледжалде цӏализе лъугьине щведал, гьениб бищун цебе дица балагьана тӏахьал ричулеб тукен. Цӏакъ хӏасрат букӏана тӏехь цӏализе. Дица босараб цо чанго тӏехьалда гьоркьоб букӏана Мария Петровых абурай гӏурусазул шагӏиралъул кучӏдузул мажмугӏ. Гьей гьедигӏан машгьурай шагӏир гьечӏо, амма тӏоцере гьелъул кучӏдул цӏалидал, тӏамуна дунги ракӏалъ кечӏ хъвазе. Дир тӏоцебесеб кечӏ букӏана философияб магӏна бугеб. Гьениб дица гьадинаб суал борхун букӏана: «Щай нилъеца цоцазул ракӏ хвезабичӏого гӏумру гьабизе бегьулареб», — абураб.

— Магӏарул мацӏалда кечӏ хъвазе хӏалбихьанищ?

— Цо чанго кечӏ буго магӏарул мацӏалда хъварабги. Амма гьел загӏипал руго. Дие бокьун букӏана байбихьудасанго рифмаялда хъвазе. Мацӏ гъваридго, камилго лъангутӏиялъ захӏмалъулеб буго магӏарул мацӏалда кучӏдул хъвазе. Рифмаялда хъвазе байбихьидал, цӏакъго захӏмалъана.

Мухӏамад Ахӏмадовасги гӏемер абула дида магӏарул мацӏалда хъвазе хӏалбихьеян. Гьабсагӏат рагӏабазул нахърател бечед гьабиялда тӏад хӏалтӏулев вуго дун. Ракӏалда буго магӏарул мацӏалда хъвадаризеги хӏалбихьизе.

Гьединго бокьун буго нилъер гьанжесел хъвадарухъабазул асарал гӏурус мацӏалде руссинаризеги.

— Гӏурус мацӏалда пасихӏго хъварал асарал руго дур. Гьедин кучӏдул хъвазе гӏурус мацӏ кин дуда лъараб?

— Дагъистаналдаги Россиялъул цоги шагьараздаги бицунеб гӏурус мацӏалъулъ батӏалъи буго. Дида гьеб я телевизоралдасан, я фильмабаздасан лъараб жо гуро. Жакъа дида лъалеб, дирго асаразулъ хӏалтӏизабулеб гӏурус мацӏ буго гӏурусазул классиказул асараздасан лъараб мацӏ. Гьанжесел хъвадарухъабазул асаралги дица гӏемер цӏалуларо. Гьединлъидал дир кучӏдузулъ гӏемер дандчӏвала жакъа гӏадамаз, хасго гӏолохъанаб гӏелалъ, гӏемер хӏалтӏизаруларел рагӏаби.

— Кинал поэтазул асарал бищунго рокьулел?

— Лермонтовасул, Есенинил. Хадур — Маяковский, Блок. Жакъа дие рекӏее гӏола И. Бродскиясул асарал. Амма цо ккурав поэт вокьулин аби битӏун букӏинаро. Щивав хъвадарухъанасул руго рокьулел асарал.

Магӏарул литератураялдаса рекӏее гӏола Хъахӏабросулъа Махӏмудил творчество. Гӏицӏго магӏарул мацӏалда хъварал асарал. Гьединго Хӏамзатил, Расулил асаралги. Таржамабиги шагӏирас хъваралги асарал дандеккведал, узухъда, кӏудияб батӏалъи буго. Дир пикруялда,

батӏияб мацӏалде руссинарураб мехалъ, кучӏдузул тӏагӏам хола.

— Жакъа гӏолилазул литератураялдехун кинаб бербалагьи бугеб, гӏолилал-шагӏирзабазул церетӏеялъе шартӏал кинал ругел?

— Хъвадарулелги тӏахьал цӏалулелги гӏолилал кидаго дагь рукӏуна. Чӏахӏияб гӏелалъ гӏайибги чӏвала гьезул гьелдехун интерес гьечӏин абун.

Амма, дида ккола, жакъа тӏахьал цӏалулелги хъвадариялдехун интерес бугелги гӏолилал гӏезегӏан ругин. Тӏехь бахъизе санагӏалъи гьечӏониги, социалиял гьиназдасангӏаги жидерго асарал тӏиритӏизаризе рес буго гьанже. Тӏоритӏула гӏолохъанал шагӏирзабазул семинарал, съездал. Масала, риидал дун ун вукӏана

З. Прилепиница жиндирго хуторалда тӏобитӏулеб «Мастерская Прилепина» абулеб данделъиялде. Улкаялдаса гӏемерал гӏолохъанал хъвадарухъаби рачӏун рукӏана гьенире. Гьениб бараб чанго къоялда жаниб щивасул асаразул анализги гьабуна, гӏемераб цӏияб-лъикӏабги лъана.

Дирго гӏакълучилъун, мугӏалимлъун дица рикӏкӏуна Мухӏамад Ахӏмадов. Гӏезегӏан лъикӏал дарсал щвана литературовед Муса Асельдаровичасухъанги.

— Лъикӏал асарал хъвазе ккани, гӏумрудул хӏалбихьи къваригӏунин толищ дуца?

— Гӏицӏго бечедаб гӏумрудул хӏалбихьиялъул кумекги гӏоларо асарал хъвазе. Къваригӏуна лъайги. Хъвадарухъанасда лъазе ккола щиб хъвазе кколебалиги ва кин хъвазе кколебалиги. Гьеб кӏиябго гьечӏони, асар букӏуна щвалде щвечӏеб.

— Аслияб къагӏидаялъ, сундул хӏакъалъулъ дуца хъвалеб?

— Дир творчествоялда кӏудияб бакӏ ккола рокьул темаялда хъварал кучӏдуз. Хӏалбихьула цо-цо батӏи-батӏиял темабаздаги хъвадаризе. Буго «Хасалихълъиялъул макьу» абураб хабарги. Кин бугониги, дие цӏикӏкӏун поэзия гӏагараб буго.

Дица асарал гӏадамазда лъикӏаб-квешаб малъун гуро хъвалел. Дица хъвала хъвачӏого чӏезе кӏвечӏеб жоялъул хӏакъалъулъ. Рекӏел ахӏиялдалъун.

— Кучӏдул хъваялдалъун бетӏербахъи гьабизе бегьулин рикӏкӏунищ дуца?

— Дун хӏалтӏулев вуго копирайтерлъун. Дица даран-базаралъул гӏуцӏабазе (гьабсагӏаталда — рестораналъе ва заводалъе) текстал хъвала. Дида чангояз гьарулеб букӏана гӏарцухъ, ай заказалда рекъон, кучӏдул хъваларищан. Амма гьелъие мукӏурлъизе дида кӏвечӏо. Дирго рекӏелъан биччачӏеб жоялъул хӏакъалъулъ хъвазе бажаруларо. Кив вугониги, щивгун дандчӏваниги, дица абула дун поэт вугилан. Гьеб буго бищунго дир рекӏее гӏагараб пиша.