Бакъназул устар, кочӏолаб искусствоялъул гӏелмуялъул профессор, Россиялъул мустахӏикъав артист. Пахруявин цо-цояз рикӏкӏунев, гьунар тӏокӏав вукӏиналъе киналго мукӏурлъарав, жинца квер бараб махщел камиллъизабулаго бащдаб гӏасру арав. Къурачевас гьаруралщинал ишазулги гьесие щванщинал шапакъатазулги бицани, цӏакъго халалъила. Гьесул репертуар лъалев, махщалил пикру гьабулев чиясда бихьула, бичӏчӏула Дагъистананалъул кочӏолаб дунялалда Къурачевасул хатӏалъул хаслъи, гӏицӏго жиндирго творчество цебетӏеялъул мурадалда гурев, аваразул кочӏолаб дунялалда хӏажатаб бутӏа лъолев устар гьев вукӏин.
— Тӏагьир, тӏоцебесеб иргаялда, баркула дагьалъ цебе дуе щвараб иргадулаб шапакъат — РФялъул Хӏурматалъул Орден. Хадубго, лъикӏав тохтурасе унтарасул гӏадаб гӏузрабазул суалги буго. Бихьизе сурукъаб, рагӏизе намусаб хӏалалде ккезабун буго кочӏол дунял. Дуца щиб абулеб гьелда?
— Битӏахъе, чорокаб гӏоралъ хъамун унеб гӏадаб хӏисаб буго. Лъицаниги пикру гьабулеб гьечӏо гӏор чороклъун бугин, гьениса къватӏире рахъине яги гьеб тӏокӏкӏинабизе ккелин абун. Ракӏалде щолеб гьечӏо рацӏцӏадал иццаздаса, мугӏрул лъараздаса гӏор гӏолеблъи. Магӏарухъ бижараб лъикӏабщинаб бакъан, кечӏ, гӏадат, къадруяб хьвада-чӏвади — гьеб цӏуничӏезул кечӏги хӏабургъараб букӏуна. Щивас жиндасаго байбихьани, лъикӏ буго квешаб тезеги лъикӏаб бекьизеги. Журналистазги цӏикӏкӏун бицине ккола гьел гӏузрабазул. Гьединго цӏикӏкӏинабе миллияб кечӏ-бакъаналъул, мацӏалъул берцинлъи ва пасихӏлъи цӏунарал гьунарчагӏазулгун гара-чӏвари. Щибаб газеталда, телевидениялда вукӏине ккола кечӏ-бакъаналъе битӏараб къимат кьун бажарулев чи, рагӏабазул магӏна босизе лъалел.
— Нижецани гӏемер бицуна, амма кин тарбия кьелеб цебе ккараб кечӏ-бакъангун цеве вахъунев кочӏохъанасе, «гӏивги» бачун гьев къабул гьавулеб халкъалъе? Захӏматаб суал буго…
— Суал захӏматаб гьечӏо, магӏна босуларого буго, нужеца хъварабги дица бицунебги бичӏчӏулел дагь руго. Магӏна босулез гурони цӏалуларелъулха казият. Магӏарул чиясул къадру бортулеб, къимат борхулеб бакӏ лъаларого буго гьанже. 30-40 соналъ цебе бичӏчӏулеб букӏана, лъикӏабщинаб цӏунулеб букӏана. Гьайгьай, гӏумру цебетӏун буго, гӏолохъанаб мехалъ дида лъаларел рукӏарал жал гьанже лъабго сон бараб лъимада лъалел руго. Гьадинаб заманалда зритель гьадигӏанго нахъе ккарав, бичӏчӏи гьечӏев щай вугеван бижулеб буго суал. Щайгурелъул жинцаго гьабулелда, рагъа-ракариялда тӏад ургъуларого рукӏун. Зрителал нахъккезарурал чагӏи щал? Ниж, кочӏохъаби! Кочӏохъанас милат гьабулеб гьечӏо цеве вахъун щолеб гъурщил гурони. Леее, йооо, кочӏохъаби, сценаялде вахъиналде цин пикру гьабизе ккола щиб ахӏизе бугеб, лъие ахӏизе бугеб, щиб магӏнаялъул ахӏизе бугебали. Пикру гьабизе ругьунлъизе чи цӏализе ккола. Дица абула кочӏохъабазда, унго-унгояв музыкантасул гьунар букӏине кколин цин, хадуб гъурущги.
Гьунар цӏубарабгӏан гъурущ цӏикӏкӏуна. Гьанжесеб сценаялда магӏна-гӏиналда кечӏ ахӏизе цеве вахъине бищун дагь щуго соналъ, лъикӏаб махщел щвезе жеги гӏемер соназ цӏализе ккола. Цӏаларав чияс магӏна гьечӏел жал гьаруларо.
— Лъай-цӏалиялда хадув лъугьарав кочӏохъан гӏемер ватилин кколаро…
— Гьечӏоха. Херлъиялде гӏагаригун цо-цоял рачӏуна, гьаракь хун бугила, щибгӏаги гьабизе бегьулеб жо букӏунарищила, гьаракь лъикӏлъизабизе къваригӏун бугилан. 40-50 соналъ эхебе-эхеде кьабун, цебе кковухъе кечӏ ахӏараб гьаракь анкьида жаниб хисизабизе кӏолищ? Кӏоларо. Цо-цо чагӏи руго тӏабигӏаталъго кечӏ ахӏизе гьунаргун рижарал. Гьединаздасан йикӏана Муи Хӏасанова. Соназ къуркьизабизе кӏвечӏеб, гучаб гьаракь букӏана Муил. Халкъалъе йокьулей кочӏохъан йикӏана Манаша Дибирова. Кечӏ цӏакъго хӏеренго, гӏедерго, недегьго ахӏани, гьаракь кьолел лугбузде хӏал ккола, гьаракь хехго къуна. Гьелгун цадахъал концертазда чанги гӏахьаллъулаан дунги. Доб заманалда цо кверзул килщазда рикӏкӏине гурони кочӏохъаби рукӏинчӏо. Гьанже нусго чиясул кверал гӏеларо кочӏохъаби рикӏкӏине.
— Музыкалияб искусство лъазабизе бокьарал гӏолилалго рачӏунищ гьанже цӏализе?
— Рачӏуна, амма дагьал руго. Дида цере цӏалун лъикӏаб махщел щварал руго батӏи-батӏияб миллаталъул гӏезегӏанго кочӏохъаби. Мисалалъе нилъералго рехсани, Хӏамзалав Хӏамзалов, Хӏадис Сабиев, Къурамухӏамад Бигачев, Абакар Гӏумархӏажиев. Магӏнаялда кечӏ ахӏулел, бокьаразе мисаллъун рехсезе бегьулел кочӏохъабаздаса
руго Мухӏамадтӏамир Синдикъов, Хадижат Жамалудинова, Гӏабдула Мухӏамадмирзоев. Гӏайшат Тажудиновалъулги букӏунаро магӏнаяб гурони, тӏадагьаб кечӏ. Гьей магӏарухъ йикӏаниги, дица халккола гьелъул творчествоялда хадуб. Тӏолабго кечӏ-бакъан хӏатӏазул даражаялде ккарал гӏемер руго. Гьединабги къваригӏунеб батила бертабалъ, банкетазда. Амма сценаялде вахунев чиясул букӏине ккола тарбия кьолеб, гӏадан ургъизе тӏамулеб, лъикӏаб рахъалде гьесизавулеб магӏнаялъул кечӏ-бакъан.
— Тӏагьир, хӏасилул калам, критика гьечӏо кечӏ хъвалезеги ахӏулезеги. Вехь гьечӏеб гӏи гӏадин, биччан тун буго адабиятгун маданият. Гьелъие мукӏурлъун, руцӏцӏухӏун чӏун ругоха…
— Ахӏулеб кечӏалъул анализ гьабун бажарулев, цӏалун вахъарав критик гьезего гьечӏо республикаялда. Критик гуро кидаго квешал рахъазул бицунев чи, битӏараб къиматалъ загӏипалги къуваталги рахъал тӏатинарула, тӏад хӏалтӏизе тӏамула. Москваялда цӏаларал музыкалиял критикал рукӏана цере нилъер. Доб мехалда Дагъистаналъул композиторазул гӏуцӏиги букӏана къуватаб. Халкъалъухъе кьолебщинаб кочӏода хадуб халкквейги букӏунаан. Чи гӏодизе тӏамулел некӏсиял бакънал, кучӏдул ахӏулел руччаби руго жеги магӏарухъ. Гьел лъида ракӏалде щолел ругел? Бугебги хвезе тей буго нилъер гӏайиб.
— Республикаялъул маданияталъул гӏемерал рахъазда батӏи-батӏияб бутӏа лъолев чи вуго мун. Композитор, дирижер, мугӏалим, кочӏол искусствоялъул профессор… Кив бищун свакалев, киб ракӏ бохулеб?
— Ракӏ бохулареб ишалда квер базецин бокьуларо. Сценаялде вахунев щивав чиясул жинди-жиндир вукӏуна зритель. Дие гьез кечӏ ахӏизе хӏасрат кьола, гъозда дун вичӏчӏула. Дир гьунаралдаса чӏухӏуларо, гъоздаса воххула. Дир творчество бокьулел зрителал, гьезулъ бугеб магӏна, гъварилъи, гӏодоре риччай. Цо мисалал рехсела нужеего. Дирго юбилеялъулаб концерталда ахӏизе бакъанги хъван хӏадурун букӏана Фазу Гӏалиевалъул рагӏабазда «Эбел» абураб кечӏ. Дунго дидаго чӏун гьеб ахӏулаго чвахун унеб буго магӏу. Вахӏ, киданиги, щиб кечӏ ахӏаниги, дун гьедин гӏодизе тӏамичӏо. Концерталъул къоялъ ирга щвана гьеб кечӏалде, бачӏана биччан гьелъул бакъан, добго асаралъул карачелги бачӏун къан ккуна ракӏ. Кӏал рагьани, магӏу чвахун бачӏунеб хӏал лъугьана. Кӏолеб гьечӏо ахӏизе. Гӏодизе бегьилищ бихьинчи сценаялдеги вахун, халкъалда цеве? Магӏарулав гурищ дун? Гӏодизеги бегьулеб гьечӏо, кечӏ ахӏизеги кӏолеб гьечӏо, унеб бакъанги буго, вуцӏухӏун чӏун сценаялда эхетун дунги вуго. Сихӏкъотӏи буго залалда. Цо минутгӏанасеб заман ана гьедин. Ячӏана цее, концерт бачуней йикӏарай Фаина Графченко. Зрителазда рагӏун гьелъ гьикъулеб буго щиб лъугьарабилан. Эбелги ракӏалде щун кӏолеб гьечӏо ахӏизеян кьуна жаваб. Гъоб букӏана дир гъалатӏ, дун цеве вахъине бегьулароан тӏуван хӏадуричӏого. Амма гьеб гъалатӏ дир зрителас гӏунгутӏи хӏисабалда къабул гьабичӏо. Гьезда бичӏчӏана дир рекӏел хӏал.
— Дурго репертуаралде цӏияб кечӏ босулелъул, лъида бугониги дандбалищ?
— Мунагьал чураяв Расул Хӏамзатовасда дандбалаан. Щибаб цӏияб кечӏалъе гӏумру кьолаго цин гъосие ахӏулаан. Расулида бичӏчӏулаан кинал рагӏабазе щиб бакъан рекъолебали,
гӏакълуги кьолаан, гъалатӏалги ритӏизарулаан.
— Тӏагьир, лъалеб жо буго магӏарул кочӏол эстрадаялъул жанр, къагӏида дуца гӏуцӏараблъи. Гӏумруялъго гитараялде цӏикӏкӏун ракӏцӏай букӏинги бихьана. Тӏамуралъулгун гьудуллъи бугищ?
— Дун лъарагӏлъиялда гӏурав магӏарулав вуго, тӏармил сверулъеги гӏемер ккун вукӏинчӏо. Махӏачхъалаялъул Буйнакскиясул къотӏноб букӏана «Мелодия» абун музыкалиял алатазул тукен. Дун, гьитӏинав чи, аскӏосан унаго гордухъан бихьулаан гитара, багьаги букӏана 7 гъурущгун 20 капек. Гьеб бокьун холев вукӏана дун. Босеян эбелалда гьарана.
Кинаб гитара, щиб гитара, гьеб магӏарулазул алат гурин малъиего гьабичӏо эбелалъ. Хадуб, цӏакъго дие бокьун букӏин бихьун, босана гьеб. Гьелдаса байбихьана. Миллаталъе хасиятаб гуреб рахъалде буссараб букӏана дир творчествоялъул байбихьи. Эстрадаялде машгъуллъун, гьеб берцин бихьулаан, гьеб гурони цогидаб ботӏролъ букӏинчӏо. Цо къоялъ Аллагьас кантӏизавуна, дун магӏарулав вукӏиналда рекӏеда ватизавуна. 1980 соналда Избербашалда вукӏана гӏумру гьабун, музыкалияб училищеялда дарсалги кьо-
лаан. Жеги хъизанги гьабичӏеб мех букӏана. Хӏалтӏудаса хадуб рокъоб чӏамучӏлъунги вукӏунаан. Цо сордоялъ дицаго дидасаго сурав босулел гӏадал пикраби рачӏана ботӏролъе.
Дирго суалазе жаваб кьезе тӏамуна Аллагьас дунго:
— Ле, мун магӏарулавищ?
-У, магӏарулав вуго!
— Дуда тӏамур бачине лъалищ?
— Лъаларо.
— Мун бакъназул гӏелму малъулев мугӏалим гурищ?
— У.
— Кинав магӏарулавха мун тӏамур бачине лъаларев? Дур халкъалъул гуреб гитара бачун вукӏине бегьилищ?
— Бегьиларо, руго халкъал жидерго музыкалияб алат гьечӏелги!
— Дуца кечӏ ахӏулищ?
— Ахӏула.
-Дуда магӏарул мацӏ лъалищ?
— Лъала.
— Магӏарул мацӏалъ кӏалъазе лъараб гӏолищ? Дуда магӏарул халкъиял бакъналги кучӏдулги лъалищ, гьел ахӏулищ?
— Ахӏуларо, лъаларо.
— Бакъналги ургъулев, кечӏги ахӏулев, дурго миллаталъул маданияб ирсги лъаларев кинав махщелчиха мун?!
Кӏудияб гьикъул ва ахӏул ишараби ботӏролъгун вахана бусаде.
Нахъисеб къоялъго байбихьана тӏамур балагьизе. Анкьида жаниб, нижерго районалъул устарзабазухъа тӏалаб гьабуна, гьеб хъвазе ругьунлъулаго чвахун рачӏана рекӏелъги ботӏролъги бусен лъурал нилъерго бакъналги кучӏдулги. Гьединаб хӏикмат буго нилъер гьаналъ бессараб миллияб хаслъиялъул. Нилъ гьелдаса тӏуни, чи миллаталъеги жиндиегоги тӏуван виларавлъун хутӏула. Цоги кучӏдузда релълъинчӏеб, ахӏизеги бигьаяб гуреб некӏсияб бакъан буго чӏохъдерил, нижеца гьелда «кӏудаб бакъан» абула. Дица гьеб
бакъан данде алат бачинчӏого ахӏула. Гьебцин батана ботӏролъ цӏунун. Кинабго, дилъ кьижанщинаб борчӏизабуна тӏамур бачине ругьунлъидал. Гӏажаибаб, цоги алаталъ гьабулареб къуватаб асар гьабула тӏамуралъул сасалъ.
Цебесеб гьечӏони, цӏияб букӏунаро. Халкъияб кечӏ ахӏулаго, гьелъ рахӏат кьола ракӏалъе. Жиндир миллаталъул бакъанал, фольклор лъалев, гьеб бокьулев ва бичӏчӏулев чи — гьев
талихӏав вукӏин бичӏчӏулеб буго сонал аралгӏан. Гара-чӏвариялъул ахиралда, тӏадеги вахъун, редакцияго кверде босулеб хӏалалъ, биччана Тӏагьирица жиндир умумузул некӏсияб «кӏудаб бакъан». Ахӏичӏого хутӏарал кучӏдул гӏемер ругинги абун, хасгьабун тӏармида ахӏизе хъвараб бакъаналда, жеги кибниги ахӏичӏеб кечӏги сайгъат гьабуна гьес нижее. Гьеб кинабго кватӏичӏого нужеда батила нижер телеграм-каналалда.
Къо-лъикӏ гьабулаго, Къурачевас абуна:
— Щивав миллатцоясе суал кьезе бокьун буго газеталдасан:
«Мун магӏарулав вугищ?» — абун. Ватани, дур столалда тӏад щибаб анкьие цӏияб «Хӏакъикъат» букӏине кколин абила дица гьезда. Дир миллатцоял, кье нужеего суал, нуж магӏарулал ругищ?
Миллионалде гӏагарун ругел магӏарулазул чан вугев «Хӏакъикъат» хъвалев, гьебги цӏалун магӏна босулев чи? Гьелдаго цадахъ билулеб буго магӏарул миллаталъул чӏухӏи. Гьеб буго нилъер лъавукълъи, намуслъизе ккараб иш.