«КЪЕДИ ВА КЪЕДИСЕЛ» абураб тӏехьалдаса
— Гӏахьвахъ районалъул Цӏолодисезги (гьанже Герзели чӏарал) абула Къеди росу жидехъа арал гӏадамаз гӏуцӏараб бугин.
— Кӏкӏаратӏисезул буго бицен, цебе заманалъ Цӏунтӏа ва Цӏумада районалъул мугӏруздаса рачӏарал гӏадамаздаса лъугьарал ругин жал абун.
— 1884 соназ гӏурус хӏукуматалъ гьарурал цо хъвай-хъвагӏаязда
жаниб Гӏахьвахъ районалъул Цӏалкӏитӏа росдал гӏадамаз бихьизабун буго жидер росу бугеб бакӏалда тӏоцере рештӏарал гӏадамаз гьеб ракь босун бугин Къедиса амирзабазухъа.
— Тарихалда буго гьидалъез Ислам босанин гьижрияб 880 соналъ (1475 с). Гьеб босизе бокьичӏел гӏадамал гочун Тушалъеги анин. Гьел соназ рачӏун ратизеги бегьула Гьидалъел Къедире (авт.).
— Асир гьарурал ва лагълъиялда ругел тушал гӏемер рукӏун руго Ункъракьалъул росабалъ. Рукӏун руго гьединго гуржиялги гӏурусалги. Гьел нахъе риччаялъул багьаги 19 гӏасруялда 50-60 гъурущ букӏун буго. Гуржиялги гӏурусалги гьеб гӏарцухъ бигьаго эркен гьарулел рукӏун руго, амма тушал къанагӏат гурони риччалел рукӏун гьечӏо
— Къедир гӏадин Хъварширги рукӏун руго Хунзахъа рачӏарал нуцабазул чагӏи. Жидер би бацӏцӏадал, къадру бугел гӏадамал ругин абун, гьезул би хӏалтӏизабулеб букӏун буго тохтурзабаз, захӏматаб, жиндие цоги дару гьечӏеб унти сах гьабизе.
— Хунзахъа Ункъракьалде рачӏун руго (нуцабазул) анкьго вац. Кӏудияб Росулъ рештӏун вуго Нуцалхан (Алдам), Сасикь – Махӏмуд, Силдив – Арсланбег, Гьакъов – Гӏалихан.
— Цебе заманалъ гьакъосез ва цогидал Ункъракьалъул росабазул гӏадамаз Къеди росдада Кӏудияб росуян абулеб букӏун буго.
— Гьакъоб мажгит цӏи гьабулаго ракьулъ ратун руго тӏухьидул гьарурал ункъбокӏонал рогӏрал, цебе заманалъго мажгиталде лъим бачине лъун рукӏарал.
— Хунзахъа ханзабаз жидер ханлъиялда гъоркь ругел росабалъа магъало бахъулеб букӏун буго жаниб цӏа бакулеб щибаб гъансито рикӏкӏун. Цо рокъоб жаниб гьединаб гъансито чанго бугони ва щибалда жаниб рахъуги батани, гьеб жиб-жибалда тӏад магъало лъолеб букӏун буго.
— 2001 соналъ къватӏибе биччараб «Восстание» абураб тӏехьалда буго Гъоркьгьаквариб Шамилил заманалъго бараб мажгиталъул къадалъ гамачӏ бугин «Лъикӏлъигун вачӏарав силдисев нахъе чӏваге» — ян хъвараб. Гьелъие гӏиллаги бугин гьакварисезул гӏиги бахъун унел тушазде данде силдал лъугьин. Гӏараб мацӏ лъалел гӏолохъабигун гьелъул хӏакъикъат цӏехезе ниж щвана Гъоркьгьакварире. Гьеб хабар рагӏарав чиги нижеда гьенив данделъичӏо, гьезул мажгиталъул къадалъ гьедин хъвараб гамачӏги батичӏо. Чӏамалазул жамагӏатазде Хунзахъа ханасул кагъат: «Гуржиялъе давлаялде унел къокъабазе (нужер ракьалдасан) гьенире ине квал-квал гьабе ва гьукъе, гьелъухъ дица нужее лъикӏаб мухь кьела».
— Хундерица Къеди росдал хӏакъалъулъ абулеб букӏун буго: «Къадалъаги нах баккулеб Къеди росу» ва «Къеди – кӏиабилеб Хунзахъ».
— Хашаевас хъвалеб буго, батӏиял мацӏазул гӏадамал багвалаздаги, тӏиндаздаги, чӏамалаздаги гьоркьор, Ункъракь абун магӏарул цӏар бугеб бакӏалда цадахъго магӏарулазул 8 росу щай ва кисаян цӏех-рех гьабулаго лъанин гьел гӏадамал хундерил росабалъа рачӏун гьенир чӏарал рукӏин ва гьел киназго жидеца пайда босулеб ракьалъул магъало Къедиса нуцабазе кьолеб букӏараблъиги. Абизе бегьулин гьеб ракь магӏарул ханзабаз лъихъан бугониги бахъун батилин ва гьенив чӏезе жидерго рукъалъул чиги витӏун вугин. — Гӏурус пачаясул гинарал Клюки Фон Клугенауяс 1839 соналъ гьарурал хъвай-хъвагӏаязда жаниб буго 1837 соналъ тушазул 3 росу хъамал гьабураб магӏарулазул боялъе бетӏерлъи гьабунин Ункъракьалъул кверщел жидехъ бугел нуцаби Амирхӏамзаца ва Малачица. Гьел росабаз гьезие магъало кьолеб букӏанин (Омало, Шенакӏо, Дикӏло).
«Сасикь, Къеди ва Силди росабиги гьез жал бетӏергьаналлъун рикӏкӏуна, щайгурелъул гьеб ракь гьезул букӏиналъ ва, гьединлъидал, гьел росабазул щибаб рукъалдаса гьез щибаб лъагӏалие цо-цо чахъуги, цо-цо къали тӏорщалилги, лъаб-лъаб къо хӏалтӏулги босула».
— «…Абумуслимил аскараз мутӏигӏ гьаруна гьезул росаби, рахъана шагьарал ва гӏадамазда босизабуна Ислам. Цинги гьел рахана мугӏрузде
– Авариялде (Хунзахъе). Аваразул хан Байар, Суракъатил вас, нуцалин жинда абулев, жиндирго богун, гӏагарлъи-хъизангун лъутана жиндир ханлъиялда гъоркь букӏараб Туш мухъалде».
— «Бугеб биценалда рекъон, хундерил хан Баяр, цо рагъулъ къун хадув, жиндирго хутӏараб аскаргун Ункъракьалде лъутула ва гӏумру гьабун Къедив чӏола. Аскар цадахъ букӏиналъ гьесда кӏола гьенир гъоркь рукӏарал гӏадамал мутӏигӏ гьаризе ва гьезул ракьазда тӏад кверщел гьабизе».
— «Цо заманалдаса гьев, жиндие нагӏана батаяв Суракъатил вас Байар Гӏаббасил вас Гӏамирсултӏаница, жинда нуцалин абулев ва Исламалдаса лъутун капурзабазухъе жив арав цинги гӏумру гьабун Тушалъги вукӏарав, жиндир боялда гьарана инсул бакӏалде тӏад вуссине кумек ва Цӏунтӏаса байбихьараб Гӏариштӏи щвезегӏан аскӏарги бакӏарун сардилъ балъго Хунзахъе вачӏана ва гьенир рукӏарал мунафикъзабазул кумекалдалъун (Абумуслимица гьенив амирлъун тун вукӏарав) Гӏамирахӏмад чӏвана. Гьединго гьез чӏвана гьенир рукӏарал цогидал бусурбабиги. Гьедин жиндир инсул ханлъиги бахъун гьев тахида рештӏана, цересел гьесул умумул рештӏун рукӏараб гӏадин».
— Тушаз абула жал Дагъистаналдасаги, Чачаналъаги, Гуржиялъаги рачӏарал гӏадамаздаса лъугьарал ругин.
— Дагъистаналда тӏад бищун ахиралда жидеца ислам босарал гӏадамал руго цӏунтӏал. (18 гӏасруялъул ахир — 19 гӏасруялъул байбихьи.
— 1844 соналъул цо хъвай-хъвагӏаялда жанив Къедиса Алдам вихьизавун вуго Дагъистаналъул Бакътӏерхьул рахъалда бугеб Гьаквари мухъалъул росабазул ва жидеда гьоркьор Кьохъ ва Силди росабиги ругеб цолъиялъул кӏудиявлъунги, Къиялъ ва Къеди росабазул бетӏергьанлъунги.
Мухӏамадил Гъазияв:
— Къеди, гьанже Сабигулал Темерсултанил рукъ бугеб бакӏалда цебе, къилбаялъул рахъалда, дида лъалеб заманалъги си букӏана. Бицен буго, гьелъул рагьоялда тӏад къадалъ лъун букӏанин гамчӏил гьабураб кӏудияб хъанч (крест). Гьеб хъанч гьенисаги бахъун бекараб хӏисаб буго нилъер росдал имамасул тӏалабалда рекъон. Асали Нуцалханил колода цебе майданалда ракьулъа баккунги букӏанин гьединаб хъанчин бицун букӏана дида Хӏанапица.
— Вабаъ унтиги баккун тӏагӏарал гьидалъезул Къедив лъабго чи хутӏун вуго. Гьеб унтиялъ хварав ахирав чиги хабалъ вукъун гьел нахъе ун руго росулъецин щвечӏого, Нахъамагъилъа эхере. Хелекьщобилъе щведал лъалхъун, росулъеги балагьун, гьез абун буго: «Гьениб букӏа гьанже тӏад гьуриги пун, пурчӏина гурого бижулареб ракь», — ан.
Гьедин вабаъ унти баккараб мехалъ нилъер мухъалда росабазда гьоркьоб хъаравуллъи толеб гӏадат букӏун буго, гӏадамал цоцахъе ин гьукъизе. Холел хун, рахъулел рахъун Къедиса нахъе буссиндал гьеб унти баккун буго Гьаквариб ва гьениса чи вачӏун вуго щиб дару-сабаб гьелда данде гьабураб абун цӏехезе. Хъаравулзабаз гьев росдал рагӏалда бугеб лъар бахизе тун гьечӏо — къваригӏел гьикъун буго ахӏун. Гьеб гьес бициндал, щиб дару ва кин гьеб гьабурабги хъван кагъат бухьун буго халатаб гӏералда ва гьеб лъарал добцояб рагӏалда вукӏарав гьакварисесухъе бегьун буго.
Гъазимухӏамадил Амирхӏамза:
— Чиги чӏван вахчизе ккарав хундерил нуцабазул цо вас, рецӏел босун чӏванин абун хабарги биччан, гьеб заманалъ хунзгун ракълида рукӏарал гьидерил кӏудиясухъе цӏунизе щвезавула гӏагарлъиялъ. Гьесги гьев байбихьуда гьеб мухъалъул цо росулъ вахчун вукӏуна ва хадув вачун жиндирго чагӏазухъе Къедиве щвезавула. Нилъер умумузул къагӏида букӏун буго Хунзахъги Къедибги гьоркьоб бухьен чӏезабизе гӏоло цереса-цере, цоялдаса балагьун цогидаб бихьулеб бакӏалда гохӏ-щобазда цӏаял ракулеб. Щибаб гьединаб бакӏалда сиялги ран, хъаравуллъи гьабун тарал цӏа бакулел гӏадамалги рукӏун руго гьезул. Гьедин лъазабулеб букӏун буго тушман гӏагарлъун вукӏиналъул яги цоги гьелда релълъараб кӏвар бугеб ишалъул хӏакъалъулъ хабар цоцада.
Кавуялъул бищун борхатаб гохӏда тӏад, гьанже телевизоралъул шурмалги рукъги бугеб бакӏалда дун гьитӏинаб мехалъги жеги биххун лъугӏичӏеб сиялъул къадал рукӏана. Росдал гӏадамаз гьелда «Аслаханил си» ян абулаан. Гьев Аслахан Амирхӏамзалазул чи вукӏанин ва гьесул цӏар лъурав вукӏанин немцазулгун букӏараб рагъда тӏагӏарав Сурхайил
Аслаханин букӏана нижер рокъоб кидаго бицен.
Гӏалихъиличил Мухӏамадкамил:
— Шамилил заманалдаса цебе Къедиса нуцабаз жидедаго гьоркьоб бикьун букӏун буго жал бетӏергьанаб Ункъракьалъул киналго мугӏрузда ва гӏалах-ракьалда тӏад хӏакимлъи. Сасикь чӏарал, гьанже «Даитилал» ва «Бацӏилал» ин жидеда абулел Къедиса гӏадамазул умумузул тӏалабалда гъоркь букӏун буго Асаликӏалдаса эхебе бугеб ракь. Чачаналъ жаниб ракь: Шаро-Аргуналде щун, Хонокь, Хашакь, Кӏесели, Сандакъори ва цогидал бакӏал Къедиса Сурхайил умумузул бетӏерлъиялда гъоркь рукӏун руго. Гьединго, жалго жакъасел сасикьезда лъалеб ва гьезухъги бицен бугеб жо буго, гьезул росдада тӏад «Басриял хабал» ва гьанже школа бугеб бакӏалдаса эхеде бакъда ругел хурзалги гьев Сурхай бетӏергьанал рукӏараблъи. Гьез гьеб майданалда Хӏарималъул ракьинги абула. Къедиб бугеб ракьалда бижулареб гьоло, хъабахъ, цӏоросаролъ хьалаанила гьес гьениб. Гьел киналго ракьазда тӏад балагьи гьедин бикьун букӏаниги, гьенир ругел гӏадамазухъа бакӏарараб магъало: щибаб кӏкӏуялдаса кӏи-кӏи сахӏ тӏорщалил, цо-цо гӏиялъажо ва лъаб-лъаб гулла-хер цо бакӏалде – Къедибе бачӏунеб букӏун буго. Гьединго гьезда тӏадаб букӏун буго лъагӏалил лъабго къоялъ гьел нуцабазе хӏалтӏизеги. Кидаго яргъид гӏуцӏун хӏадурарал
рагъухъабазул къокъаги букӏун буго Къедиб, гьел нуцабаз цебехъанлъи гьабулеб ва гьеб магъалоялъул цо бутӏаялдалъун жиб хьезабураб.
Гӏалихъиличил Мухӏамадкамил:
— Нилъер росдал гӏадамал рикьула чанго тухумалде. Гьездаса цоял ва бищунго гӏемерал ккола «Малалал» абулеб тухум. Рачӏараб бакӏги гьезул гӏемерисезул Къиялъа буго. Малалалин жидеда абулелщинал гӏадамалги киналго Малалалги гуро рукӏун ругел. Гьезул цо тайпа буго мухь кьун гьез гьоркьоре риччарал. Цоцазул рахъ кквезе, цояз-цоязде мугъчӏвай гьабизе, чи гӏемер вукӏине ва гьелдалъун къуватги цӏикӏун букӏине гӏоло данделъулел рукӏун руго цере гӏадамал. Гьелъул мисалги буго чачаназул тейпалъул мисал.
Руго нилъехъ хундерил Гьамушиса рачӏарал чагӏиги. Хӏинцасул ва Пайзулал гӏадамал Цӏелмесалдаса рачӏарал ругинги абула.
Руго нилъехъ «Уздензабиян» жидеда абулеб тухумги. Руго гьединго Тӏехӏнуцабиги. Гьел ккола нуцабазулгун ригьнал гьарурал, гьез жидеда аскӏоре риччарал гӏадамал. «Лолонисал» абунги руго цо чагӏи. Рикъун яги мухь кьун росун рачӏарал цо-цо бихьиналги руччабиги рукӏун руго цере нилъер гьанир. Эбелалъ бицунаан жинда лъалеб заманалъги дир мина бугеб авалалда вукӏанин Мамука абун цӏар бугев херав гуржияв. Цо-цо иш тӏад къазе къватӏиве ахӏарав гьес, рокъоса вахъине кватӏун жинда рагъидал, халат бахъун абулаанин: «Лъуу-гӏизегӏан чӏаа-ха, лее!» — ян. Гьединго нилъеца бицун букӏана Шамилиеги гьесул муридзабазеги хъулухъалъе кьун йикӏарай гуржияй Тамарал
хӏакъалъулъги. Жеги гьитӏинай яс йикӏадго Гуржиялъа йикъун ячӏарай гьей, дир кӏудияв инсулги инсул эмен, Шамилихъе унаго гьесул рагьдухъ чӏварав Ханбулатгун цадахъ цо рокъой гӏурай, гьесулгун гӏел бащадай йикӏун йиго. Гьедин рачӏарал лъималги нилъехъ доб заманалъ чанго рукӏун руго. Хасало квачараб бакӏ букӏиналъ хундерил ханзабазги,
гьездаса цереккун рукӏаразги Къедире ва Акнаде тамихӏ гьабун ритӏулел рукӏун руго жидеда гӏайиб ккарал цо-цо гӏадамал. Цо биценалда рекъон гьедин рачӏарал гьидалъезулги букӏун буго нилъер гьаниб чанго хъизан. Нижер тухумалъул гӏадамал рачӏараб бакӏ буго Хунзахъ районалъул Байикь ва Чӏондокь росаби. Рачӏараб заманги кколеб буго тӏоцебе нилъер мухъалда Ислам дин тӏибитӏизабизе Хунзахъаги, Гьидалъа ва Гъазигъумекисаги бусурбаби щвараб мех. Гъоркь рукӏарал гӏадамазда динги босизабун, гьеб щула
гьабизе ва гьел гӏадамаз гьеб рехун течӏого букӏине гӏоло балагьизе гьанир тарал чагӏазул ругин нижин бицен батана дида нижер рокъоб. Дир инсул вац Батагӏалида лъалаан Хунзахъ букӏараб гӏагарлъи. Гьенир ругел ва Къедире рачӏарал цересел нижер умумул цоцаде гъоркье-тӏадеги гӏемер щолел рукӏун руго. Шамилил наибзабазги гьездаса хадур балшевикӏазги гьел росабазул гӏадамазе кӏудияб къварилъи гьабун буго, чӏван ва жанир тӏамун анцӏ-анцӏ сахав чиги тӏагӏинавун вуго.