Росабалъ хӏалтӏи гьечӏин абурал багьанабиги рачун, росабалъа гӏолилал гочунел руго гӏатӏиракьазде. Чӏороголъулел руго росаби, чӏахӏкъулалъ кколел руго, гӏемераб къоги бихьун, умумуз гьарурал хурзал, гӏибоцӏи дагьлъун, рохьаз цӏолел руго мугӏрул. Амма росабалъа гӏолилал гочун иналда тӏад рекъолев гьечӏо, гӏатӏиракьалдаса нахъвуссун, жиндирго гӏагараб Шамил районалъул Мачӏада росулъе тӏадвуссарав Махӏмудов Мухӏамад. Гӏатӏиракьалде гочине бокьун бугел гӏолилазе мисаллъун букӏине, бокьун буго Мухӏамадил гӏадатияб гуреб къисматалъул ва «росулъ букӏун бугеб лъикӏ» абураб гьесул пикруялъул хӏакъалъулъ цӏалдолездаги бицине.
Росдал школа лъугӏидал, гьев цӏализе лъугьана Орджоникидзеялъул гӏаммаб аскаралъулаб училищеялде. Гьенибе унеб автобусалде вахунаго, «виччаларо, дур гӏурусав лъугьуна, мун нижее камула» абун, инсул вацгӏал Гӏабдулаев Мухӏамадица гьев цӏалуде виччачӏо, автостанциялдаса нахъе вачана. Заман иналде, ахӏана армиялде. Хъулухъ гьабуна Камчаткаялда. Армиялдаса вуссун хадув хӏалтӏана Махӏачхъалаялъул приборал гьарулеб заводалда сборщиклъун. Гьениб гьесие щвана анлъабилеб разрядалъул
слесарасул махщел. Хъизамги бачун, гьенисаги гочана Калмыкиялде, хӏалтӏана Икибуль районалъул «Манич» совхозалда управляющийлъун. Аслияб куцалда гьеб совхозалда гӏезабулаан наслу лъикӏлъизабизе тараб гӏи-боцӏи.
— Гьениб дирго букӏана гӏи-цӏцӏаназул 600-700 бетӏер ва 70 чӏегӏерхӏайван. КЭМЗалъул директор Ибрагьим Ахӏматӏовас ахӏун, гьениса ниж гочана Гъизляралде. 10 соналъ хӏалтӏана
КЭМЗалъул кумекалъулаб магӏишаталъул управляющийлъун. Азарго гектаралда хьихьулаан гӏи-боцӏи. Гьеб хъулухъ дица байбихьана 70 гӏиялъажоялдасан ва, анцӏго соналъ хӏалтӏун, гӏи-цӏцӏаназул къадар бахинабуна кӏиазаргоялде. КЭМЗалъул хӏухьбахъиялъул киналго базаби хьезарулаан гьанадалъун ва рахьдал нигӏматаздалъун. Гьенисаги гочана Гъизляр районалъул южная абураб поселокалде, дирго фермаялда гӏезабулаан нижерго гӏи-боцӏи. Сонал анагӏан ракӏалъ цӏалев вукӏана росулъе. Гьале щуго сон унеб буго росулъ вугелдаса, — ян бицана М. Махӏмудовас.
Мухӏамадил эмен Махӏмутӏил Мухӏамадил (гьидерица гьесда «Кӏумело» абулаан) рукӏана анкьго васги лъабго ясги. Кӏумело анкьгьунар: къебед, къадал, цӏулал ва маххул устар, зурмихъан, къолохъан, кочӏохъан, пандурчи… Гьес квегъулаан чуял, рахъулаан цаби, гьарулаан суннатал, хваразе – лахӏдуял. 55 сонил ригьалда Кӏумело хвей
гьидерие кӏудияб камилъун лъугьиналъе нугӏлъи гьабула гьесул зонода хъван ругел гьал рагӏабаз:
Пахьулги, маххулги, къадалги устар,
Зурма-кечӏ — камураб махщел букӏинчӏо.
Камуна халкъалъе, тӏуна духъ магӏу,
Нух битӏаги дуе доб алжаналде.
Махӏмудовас абуна, инсуца жал, васал, тӏадчӏун жиндирго махщелазе куцанин ва, хӏинкъичӏого, хӏалтӏуде квер бегьизе ругьун гьарунин абун. Ккани, жиндирги бугила бокьараб
устарлъиялъе махщел, ресукъав чиясул къваригӏел тӏубазе гӏураб. Гьеб гуребги, Мухӏамадил лъикӏаб гьунар буго байрамалъулал тадбиразда тамадалъи гьабизе, пула зурма, хъвала пандур, хъумуз, аккордеон, баян, бухула къали. Гьесул ният буго инсул къебелъи цӏигьабизеги. Гьес росулъ бана гьобоги.
Росабалъа гочине хӏадурулел, гьединго гьениса гӏагарал росабалъе тӏадруссине бокьарал чагӏазде хитӏаб гьабун, Мухӏамадица абуна: «Лъикӏаб лъай-махщелги, жанире руссине мина-рукъги гьечӏого, шагьаразде гочарал гӏолилал ккола улбузул гарбазда кӏусарал тухьулаби. Лъикӏаб мухьги босун, тажиказузбеказ гьабизе течӏого, росабалъги рес буго бокьараб хӏалтӏи гьабизе. Росабалъ гӏолохъабазе хӏалтӏи гьечӏин абулеб жоялда тӏадрекъоларо дун. Буго, гуре рукьал, бище тӏаса. Масала, бегьула гӏи-боцӏи хьихьизе, наял гӏезаризе, ах-бахча хӏалтӏизабизе; гьабизе бегьула къадал, цӏулал, маххул устарлъи, хӏалтӏизе бегьула юк баччулеб машинаялда яги тракторалда… Амма жакъасел гӏолилазе къваригӏун буго, Инхоса Гӏалихӏажиясул малъа-хъвай дагьабго хисизабун абуни, «Захӏмат бихьичӏого, рахӏатги, бекьичӏого ва нилълъ гьечӏого лъилъизе хурги». Анищазул хурзал рекьани…Гьидалъ гуребги, нижер Мачӏада росу ккола районалъул росабазда гьоркьоб бищун бигьаго гӏумру-магӏишат гьабизе санагӏатаб ва гьелъие лъикӏал ресалги шартӏалги ругеб бакӏ. Авлахъ гӏадаб битӏараб бакӏалда бугеб росу, къватӏазда хъил, щибаб рокъоб лъим ва канализация, росдада аскӏоб кӏудияб махил ва накӏкӏил рохь, росдадаса километр гӏечӏеб манзилалда кулал, кигӏан бокьаниги, бекьизе
бокьараб жо тӏад бижулеб ракь, гӏибадат гьабизе чӏухӏараб мажгит, районалдаго лъикӏаб школа, медпункт, рохьазде, кулабазде ва магӏарде гӏатӏидал нухал…
Тӏокӏабги щиб къваригӏунеб гӏумру-магӏишат гӏуцӏиялъе?!
Машинабаз 10-15 километралъул манзилалда бачараб лъецаги лъалъан, гӏезабула лавашисез хъапустӏан; гьеб бичун, гьезие лъикӏаб хайирги щола. Мачӏада абуни, аскӏобго буго гьелъие къваригӏунеб кинабго: лъикӏ жо бижулеб ракьги, къваригӏанагӏан ракги, гӏунги тӏокӏаб къадаралда лъимги. Гӏезабе хъапустӏан, ламадур, пер, ражи, картошка… Жакъа гьел нигӏматазухъ щолеб буго лъикӏаб багьа: хӏалтӏе, кванай. Гьелъие камураб жо буго цо: хӏалтӏудаса хӏинкъуларел квералги нилъерго росу-жамагӏат бокьиги. Гьел шартӏалги ресалги гуребги, росулъ букӏуна, щиб кканиги, кверчӏваялъе гӏагарлъи, садакъа-вакъпуялда гӏахьаллъизе ва хваразухъе хабалазде зияраталъ ине рес. Аслияб жо, лъималазе магӏарул кьварараб тарбия кьезе, гьезулъ нилъер умумузул гӏадатал куцаялъе шартӏал, рахьдал мацӏ малъизе бугеб рес, наркотиказдаса ва такъсириял ишаздаса гьел цӏунизе букӏунеб санагӏалъи. Цебе гӏадин кьварун гьечӏониги, росабалъ лъималазе щола жамгӏияб тарбия. Гьел рукӏуна жамагӏаталъул кидагосеб бербалагьиялда гъоркь, тохаб жо гьабулеб бихьани, гӏадамаз гьезда бадибчӏвай гьабула, хъачӏаб рагӏи абула, улбузде гӏарз бахъула. Шагьаралда лъица гьабулеб нилъер лъималазул тӏалаб, лъие гьел къваригӏунел? Гьеле, шагьаразда гӏуразда дандеккун, росабалъ гӏурал лъимал магӏна-гӏин бугел, адаб-хъатир цӏунарал, гӏадат-гӏамал ва рахьдал мацӏ лъалел рукӏиналъе бугеб аслияб гӏилла. Кӏудияб бахӏарчилъи гьабулеб гӏадин, рес кканщинахъе, нилъеца абула: «Лъималазе гьабулеб буго дица гьаб магӏишат», — ан.
Магӏнаял, гӏадилал лъимал лъугьинчӏони ва улбуз гьабураб магӏишаталъул гьез къимат гьабичӏони, нилъер гӏумруялъул кинаб хӏасил кколеб? Гьеле нужее росулъ магӏишат гьабиялъе бугеб аслияб далил. Гара-чӏвариялъул ахиралда, аккордеоналда умумузул бакънал рачун, пандур бачун «Дир гӏагараб Гьидалъ» абулеб кечӏ ахӏун, Мухӏамадица нижее гьабуна саламатаб рекӏелгъейги. Нух битӏиялъе абун, гьес цӏалана «Гӏагараб росулъе» абулеб Гӏадалол кечӏалдаса гьал жугьаби:
Гӏагараб росулъе дун вуссун вуго,
Сверухъ хасалихълъи тӏибитӏун буго.
Гьидерил расалъи батана ахир,
Кивехун аниги, дуниялалъул.