Мугӏрузул районазул ва гӏатӏиракьалда ругел росабазул гӏадамазул гӏарз буго чакъалал цӏакъго гӏемерлъун рукӏиналъул хӏакъалъулъ. Хӏатта гьел росабалъе жанирецин рачӏунел руго. Гьез чӏвалел руго рукъалъул гӏисинал хӏайванал ва хӏанчӏи. Гӏадамазукьаги хӏинкъулел гьечӏо. Хабар буго гьел гӏемерлъиялъе аслияб гӏилла бугин Украинаялда унеб бугеб рагъ. Гьениб кьвагьдей гӏемерлъиялъ, нилъер парахатаб ракьалде гочунел ругила чакъалал.

Гьеб масъалаялда тӏасан нижеца гара-чӏвари гьабуна ДРялъул чанахъабазул ва ччугӏихъабазул гӏуцӏиялъул председатель Мухӏамадсадир Ибрагьимовасулгун.

— Гӏалхул хӏайванал цӏуниялъул мурадалда, ижара хӏисабалда, нижеда хадуб щула гьабун буго Дагъистаналъул чанахъанлъиялъул 27 бакӏ. Гьел ракьазда нижеца низамалда рекъезабизе ккола гӏалхул хӏайваназул, ччугӏил ва хӏанчӏазул къадар, — ан бицана гьес. — Магӏишатазеги

тӏабигӏаталъеги цӏикӏкӏараб зарал гьабулел бацӏал, чакъалал, цурдул ва еноталда релълъарал гьаби гӏадал вахӏшиял жанаварал чӏвазеян, нижехъе лицензия кьуна ДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазул министерствоялъ. Амма чӏвазе кколел жанаваразул къадаралъул кьварараб гӏорхъичӏвай букӏунаро. Исана нижер егераз чӏвана 300 жанавар, гьездаго гьоркьоб — 150 чакъалги. Гӏилла лъаларо, амма бацӏазги чакъалазги зарал гьабулеб бугин абун, районаздаса нижехъе рачӏунел лъазабиял гӏемер гьечӏо. Цебе Росдал магӏишаталъул министерствоялъ жанавар чӏварав чанахъанасе кьолаан гӏарцулаб шапакъат, гьединго колхозалъ — куй. Жакъа гьеб къагӏида гьечӏелъул, чанахъабазул гъира кколеб гьечӏо гьел чӏвазе. Гьеб гуребги, патронал руго цӏакъго хиралъун. Гьезул цо гъутухъалъул багьа азарго гъурщидасаги тӏаде уна. Дица чара гьечӏеблъун рикӏкӏуна, бацӏазде ва чакъалазде чан гьабулел егеразул гъира базабиялъе, цебе букӏараб шапакъатал кьолеб къагӏида цӏигьаби. Гьелъ квербакъила магӏишатазе ва гӏалхул хӏайваназе зарал гьабулел жанаваразул къадар дагь гьабиялъе. Хӏисаб гьабе, цо нухалда рехъалъе кӏанцӏараб бацӏалъ чӏвазе ва лъукъизе бегьула 50-100 гӏиялъажо.

— Мухӏамадсадир, чакъал кинаб жанавар бугеб?

— Чакъал букӏуна гьойдасаги гьитӏинаб черхалъул. Куц-мухъалде балагьун, гьеб релълъуна гьитӏинабго бацӏида. Гьеб буго цӏодораб, амма хӏинкъараб жанавар. Жибго цохӏо чакъал хӏинкъула инсанасде гьужум гьабизе, гьаракь гьабуни, гьеб лъутун уна. Амма гӏисинал лъимал гьездаса цӏунизе ккола.

— Дагъистаналда чан бацӏ ва чакъал бугебали лъалищ нужеда?

— Лъаларо. Гъоркьиса лъугӏун букӏана Тӏабигӏиял сурсатазул министерствоялъулгун нижеца гьабун букӏараб ижараялъулаб къотӏи-къай, гьединлъидал рес ккечӏо нижер ракьазда ругел жанаварал рикӏкӏине. Маялъул ахиралда нижеца къотӏи-къай цӏи гьабуна ва чанахъанлъиялъул магӏишатал нахъеги нижер къайимлъиялде рачӏана. Бачӏунеб соналъул авалалда чара гьечӏого нижеца тӏобитӏизе буго

хӏайваназул хӏисаб-суал гьабиялъул тадбир.

— Вахӏшиял жанаварал, хасго чакъалал, гӏемерлъиялъе гӏилла щиб?

— Росабазул, кулабазул ва хъутабазул гӏадамаз кьищни-къул рехула цебе ккарал бакӏазде, гьелда гъорлъ рукӏуна кванил нигӏматазул хутӏелал, ракьа-макъар, чед… Гьезул махӏаз рачуна чакъалал росабалъе, гӏадамал ругел бакӏазде. Инсанасда гӏагарда буго чакъалазул кванил база. Чакъалалъ цебе батараб жо кванала. Хӏатта пихъ, борхьал, кьинчал, гӏункӏкӏал, цӏадал хӏамул, хӏанчӏи, амма бищунго гьелъие бокьула балка-

налъул гьан.

— Бокьарав чиясул ихтияр букӏунищ чакъалал чӏвазе?

— Букӏунаро. Лицензия гьечӏого чан гьабизе гьукъараб буго. Амма къанагӏатги букӏунаро бацӏал ва чакъалал чӏваялдалъун гӏадлу гьабиги гӏакӏа къотӏиги.

Хӏалбихьи бугел чанахъабаз абуна, бацӏазде ва цурдузде дандеккун, чакъалазде чан гьаби ва гьел кквей бугила цӏакъ захӏматаб масъала.

— Росабалъе рачӏунел чакъалаздаса гӏадамазе хӏинкъи букӏунищ?

— Чакъалазда тӏубан божизе бегьуларо. Хасало хӏинкъи букӏуна ракъарал чакъалазул тӏел гӏурав чиясде тӏаделъиялда. Цоги, чакъал букӏине бегьула тӏури щвараб, ай ццидалаб, жинцаго гьабулеб жо лъалареб. Гьеб тӏаделъизе бегьула бокьарав

чиясде.

— Нагагь гьелъ хӏанчӏани, щиб гьабизе кколеб?

— Тӏоцебесеб иргаялда, ругъун бацӏцӏине ккола, хадуб, сапунги бахун, чвахулеб лъеца чуризе ккола. Хӏанчӏараб бакӏ къачӏазе ккола спирталъ яги йодалъ. Гьебго къоялъ ина травматологияб пункталде. Чара гьечӏого гьенир гьаризе ккола собоялда ва тӏурищвеялда данде чӏолел прививкаби.

— Цо-кӏиго чиясде чакъалал тӏаделъани, гьез щиб гьабизе бегьулеб?

— Аслияб жо — мугъ цӏуни. Гьединлъидал кӏванагӏан гьаракь биччан, «кумек гьабеян» ахӏдолаго, чӏезе ккола цоцаде мугъалги кьун. Хьвагӏизе ккола кверал ва кодобе щвараб жо, ай чакъалазда бихьизабизе ккола нуж гьездаса тӏадегӏанлъиялда ругеблъи. Аскӏор тӏилал, ганчӏал ратани, гьезул кумекалдалъун чакъалал рачахъила.

— Абулеб буго, республикаялъул хӏукуматалъ жанаваразул къадар низамалда чӏезабиялъе 1,8 миллион гъурущ биччан бугилан…

— Гӏарац биччаниги щиб, тендер абун, хӏакимзаби-хӏиллачагӏаз ургъун буго бигьаго жидеего гӏарац гьабулеб къагӏида. «Лъицаялиго» тӏалаб гьабула аукционалдасан жанаварал чӏвазе тендер, гьелъие биччараб гӏарцул «гъалбацӏилаб» бутӏа уна хӏакимзабазул чунтбухъе, чанахъабазухъе щолеб жо букӏуна цӏакъго мукъсанаб. Амма хӏиллачагӏазул макру гьелдалъун лъугӏуларо. Гьез, жидецаго «гьабулеб хӏалтӏи»

бихьизабизе, учузго росула жанаваразул цӏакал, хадур гьел ричула хираго. Къокъго абуни, гьеб гӏарцул цӏикӏкӏарасеб бутӏа уна кибеялиго, лъиеялиго. Гьединал хӏаязе нухалги къан, гьеб гӏарац нижер счеталде бачӏунеб къагӏида гьабуни, гьайгьай, рес букӏина заралиял хӏайваназда

данде жигараб рагъ баялъул мурадалда егеразул гъира базабизе ва гӏемерал пайдаял хӏалтӏаби гьаризе.