Кӏудияй яц ячӏун йикӏана магӏарухъа. Гьава-бакъ кин бугеб магӏарухъилан гьикъана инсуца, кидаго гӏадин. Цо лахӏзаталда интернеталдасан дунялалъул бокьараб бакӏалда гьава-бакъ лъазе кӏолел нилъее хасиятаб жо гуро гьеб. Гьедин нилъеда кинабго лъала. Эменин абуни, жиндирго тӏахьалгун, газеталгун, харбалгун доб гӏасруялдаго хутӏун вугоан.

— Магӏарухъ хинлъун буго, кидаго букӏинчӏеб гӏадин хинлъун буго. Боцӏиги буго жеги мучӏдузде гъолеб, рокъоб течӏого. Роцӏцӏарал бакъул къоялги руго, моцӏроца гвангъарал сардалги руго. Мех-мехалда гӏодорлъуда ралел цӏадалги, мугӏрул тӏогьиб гӏазуги — йилан бицунеб букӏана яцалъ.

— Декабралда цӏад расги лъикӏаб жо гуроха, риидал гӏазу базеги бегьула гьеб мехалъ. Гӏадада гуро умумуз абулеб букӏараб «хаселалъ хасалилаб гьабураб лъикӏилан». Эмен сихӏкъотӏун чӏана. Дида бичӏчӏичӏо, кинаб хурхен букӏине кколеб декабралда бараб цӏадалги рииялъулгияли.

— Гьениб бугеб хурхен щиб, щай декабралда бараб цӏадалъ риидал цӏорон букӏине кколеб? – илан лъугьана дун.

— Цо нухалъги букӏана гьедин… Нусгогӏан соналъ цебе. Санайил рукӏун руго гӏазу бачӏел хинал хаселал. Тохлъукьего гьава-бакъги хисун, сентябралъул бакьулъ бан буго гӏазу… росдал харабаздацин жеги гьединаб бихьун букӏинчӏеб гӏадаб.

Гьеб букӏана жеги тӏабигӏат тӏегьалеб гӏуж. Чуялгун гӏи-боцӏиги мугӏрузда бугеб, рехъабиги мучӏдузда ругеб заман. Цин рана хехал, халатрахъарал, цӏорорал цӏадал, хадуб тӏаде гӏазуги бан, цӏорона кинабго дунял. Тохлъукьего гьединаб гьава-бакъалде хӏадурун букӏинчӏо Анкьракь. Зобги ракьги батӏа бахъизе бажарулареб, гӏазул океаналъул бакьулъе ккарал чагӏи гӏадин, щиб гьабилебали лъаларого хутӏун рукӏана гӏадамал. Тӏун рачӏунел гӏансазул гьаркьаз гьоркьоб къинабулеб букӏана боцӏи-панзалъул гӏергӏедиги, чуязул хӏихӏидиги, чахъабазул гьаркьалги, гӏадамазул кумек гьарулеб ахӏиги.

Рагӏа-ракьан гьечӏого балебго балеб букӏана гӏазу. Мех-мехалда магӏардаса гӏурухъехун рачӏунел гӏадамал дандчӏвалаан, къаси-къаси росабалъ данделъун, гьеб ракӏалдаго гьечӏого бачӏараб балагьалдаса кин рорчӏилелали, дандбалеб букӏун буго гӏадамаца…

Анкьракьалъул мугӏруздаса гӏиял рехъабиги чуялги хасел тӏамизе Цӏоралде, Алазаналъул жаниблъиялде ине кколаан. Гьеб соналъ гӏазуца нухги къан, Кӏудияб Кавказалъул мугӏрул балалъан Чӏурмутӏ батӏа гьабуна дунялалдасаго. Чанго къоялдасан щуго жамагӏаталъул вакилзабиги данделъун хӏукму гьабуна Цӏоралде нух рагьизе, гурони кинабго гӏи-боцӏи, чуял ва гӏухьби гьенирго гӏунун хвеялда хӏинкъи букӏана.

Гӏазу рехулел бугьнал, рахханалги кодор ккун рахъана гӏадамал тӏабигӏияб балагьалде данде. Гьез бацӏцӏад гьабураб, тӏеренабго сухъмахънухдасан цо-цоккун, галиги лъун – рукӏкӏада хадуб кунгӏадин — рачӏине лъугьана гӏиял, чуял ва гӏадамал Цӏоралъул рахъалдехун унел чӏедерал сухъмахънухал ккун. Парсаздаса тӏун, тӏино гьечӏеб гъварилъуде тӏерхьунел рукӏана цо-цо чуял, хутӏарал, жидерго нухда цере рилълъунел рукӏана. Киналниги Анкьракьалъул гӏиял рехъабазул бащдабгицин щвечӏо Цӏоралде, гьенир цӏорон хванщинал чахъаби Чӏурмутӏалъулги Цӏоралъулги ракъарал бацӏазухъе ва циязухъе щвана кваназе.

Дида гьеб бицун букӏана мунагьал чураяв Гӏали-вацица (Губур- Гӏали абулаан гьесда Чӏурмутӏалда -ресалда вугев, къадру-къимат бугев чи вукӏана), гьесие гьеб гӏазу бараб заманаялъ букӏун буго 30 сон. Гьеб букӏун буго 1920 абилеб сон — йиланги абун эмен лъалхъана.

Дир беразда цере паркъолел рукӏана гьитӏинаб мехалдасаго лъалел бакӏал. Дие захӏмалъулеб букӏана цебе чӏезабизе, кин гьел чӏедерал сухъмахънухаздасан, цояб рахъалда тӏаде ралагьун кьураби, цогидаб рахъалдасан тӏино гьечӏел кӏкӏалал, риидалгицин ине хӏинкъарал бакӏаздасан, гьеб кӏудияб гӏазулъан, гӏиял рехъабиги, чуялги, гӏадамалги аралали. Цо тарани – тӏино гьечӏеб гъварилъуде рортулел бакӏал руго гьенир.

— Щибха ккараб?… Кинаб рахъалдасан доз Цӏоралде нух бахъараб? — йилан гьикъана дица, гьебго харбиде эмен вуссинавизелъун.

— Бищун захӏматаб, Машкалкӏкӏал абураб мугӏрул габурлъиялдасан бахъана доз нух. Борхатаб бугониги, гьеб бищунго къокъаб нух букӏана. Гьеб хӏукмуни гьезул битӏараб букӏана, амма гӏемераб зарал ккечӏого гьенисанги рорчӏичӏоха гьел.

Губур Гӏалица бицунаан, Тӏасияб Колодаса Машкалгӏурухъе лъугьунаго, гӏи чӏанила, цо багъаричӏого. Бадибе пулеб буран, гьоркьосакъотӏи гьечӏого парсахъан тӏолел гӏансазул гьаракь… нахъасан рачӏунезда кинго бичӏчӏизе кӏолеб букӏинчӏо, щай чӏун ругелали. Ккун рукӏана цӏакъ захӏматаб, чара къосараб бакӏалде – цере рилълъинеги хӏинкъараб, нахъ руссинеги рес гьечӏеб, гьеб бакӏалдаго чӏани гӏунун хвезеги бегьулеб. Гьедин, гӏумруги хвелги къеркьолеб букӏана чанго сагӏаталъ ва рехъен дагь-дагьккун цебе билълъине лъугьана. Гьеб хехлъиялда рачӏунел ругони, габурлъи бахине жеги сордоги-къоги къваригӏине букӏана, жеги бащдаб нухги тун букӏинчӏо. Машкалгӏурухъе щолаго бичӏчӏана- щай добгощинаб заманаялъ чӏезе ккун рукӏаралали. Тӏеренаб сухъмахънухалъул рагӏаллъабазда хварал чахъабазул гохӏал рукӏана.

Маркӏачӏул бер рукӏкӏунеб букӏана. Рукӏкӏиналде, ахирисеб рухӏги кьун, рачӏинел рукӏана гӏадамалги, гӏиялги, чуялги, кьурукь лъугьараб цо нохъогӏадаб бакӏалда сордо базейилан. Гьеб букӏана бураналдасаги рахчун сордо базе бегьулеб бакӏ.

Рехъалъа борчӏараб чахъу битӏун ккезабизеян кьурул рагӏалде кӏиго гали тӏамурабго, Губур Гӏали тӏаде ккола цо гӏодов чӏарав чиясде. Бащдал рагьухъего бералгун, гӏунун хун вукӏуна гьев. Татухун гӏодов чӏарав цӏорон ватилаха. Церехун унезде гьаракь гьабула Гӏалица, гьанив цо чи хун вуго, лъалхъейилан.

— Мун нижеда хадув вилълъа, гьесда хадур нилъ метер тӏадруссина, гурони, нилъ рехъенгун цадахъ гӏунула гьанир къаси, — йилан жаваб кьола гьесие Кьанада жамагӏаталъул чияс. Гьев битӏаравги вукӏуна, щиб кумек гьабилеб хварасе, чӏагоялгицин хӏалица рагъарулел ругеб мехалъ?

Доб сордоялъ киналниги Анкьракьалъул тӏасияб мухъалъул жамагӏатазул вакилзаби – Анцӏросдал, Богьнодисезул, Лъебелазул, Кьанадисезул, Чӏурмутӏалъул – киналго ракӏарула гьеб кьуруда гъоркье бураналдасаги рахчун сордо рогьине. Гӏи рикӏкӏиналъул ва лъил кинабали халгьабиялъул я магӏна букӏинчӏо, я гьелъие рухӏ букӏинчӏо. Цӏоралде щваралго гӏужазухъ ралагьун ратӏа гьаризе хӏукму гьабуна. Батаразул батун букӏина, ратичӏони – хӏукму Аллагьасул.

Радал гӏиялги, цо бутӏа гӏадамазулги Цӏоралдехун ралагьун рилълъана, цогидал хварасухъе тӏадруссана, гьев вукъизе. Кьанадисезул жамагӏаталъул чи гьев вукӏин лъана.

Гьеб къоялъ габурлъи бахана. Ракъарал ва свакарал чахъаби, накабаздаги кколаго — таргьиниса бараб пиринчӏгӏадин, рухӏ лъугӏун, хъуршун унел рукӏуна мугӏрул гъулдулъа гъоркье, гӏазулъ рахчун ругел гъаларал, чӏахӏиял Цӏоралъул рохьазда жанире. Гъотӏода батараб гӏурччинлъи, тӏамхал хъантӏун кваналел рукӏуна гьез, рухӏ хвасарлъиялъе.

Кин гӏадамаз гӏи бикьараб, кин жидералго тӏаса рищаралали дида лъаларо, — йилан абулеб буго инсуца, — амма дида лъалаха доб заманаялъ гӏадамал Аллагьасукьа хӏинкъулел рукӏараллъи ва чияралде хьул лъолеб букӏинчӏолъи — ян тӏадеги жубана.

— Къуръаналда гьедизе тӏамун ратилаха, чияр жо бачинчӏилан, — абун, дирго пикру загьир гьабуна дица, — гуронани ал рагъуларищ? Цохӏо Къуръаналдалъун ва гьедиялдалъун гурони тӏубалареб суал бугилан ккола гьеб.

— Лъаларо дида, Гӏали-вацица щибго бицинчӏо гьелъур рахъалъ, цойгидаб бакӏалдасанги дида гьениб ккараб дагӏба-рагӏиялъул щибго рагӏичӏо, — йилан абуна инсуца, — амма гьеб балагьаб соналъул чӏахӏиял чагӏаца жеги-жеги бицуна цо-цо, гӏадамазул бахӏарчилъиялъул, къохӏехьеялъул ва цолъиялъул мисаллъун бачунеб буго.

Щай херлъунги, унтунги вугев инсуца гьадинаб халатаб хабар дие бицарабали дида лъаларо. Цо ракӏалдаго гьечӏого абураб рагӏиялъ, яги бицараб хабаралъ ракӏалде щвезабун батизеги бегьула. Ургъунго, гьанже заман щванин диеги гьаб лъазейилан бицун батизеги бегьула. Хӏакъикъат Аллагьасда лъала. Гьеб букӏана хвелалде чанго моцӏалъ цебе инсулгун букӏараб ахирисел гара-чӏвариязул цояб. Февралъул анцӏабилелъ эмен Бетӏергьанас жиндихъего вачун ана. Нахъе хутӏана гьесул рагӏаби, ракӏалдещвеял, гьес рицарал жиндир гӏумруялъулги, некӏсияб Чӏурмутӏалъулги гӏажаибал лъугьа-бахъинал, къисаби, харбал, биценал.