(«Къеди ва къедисел» абураб тӏехьалдаса)
Будалаазул мегӏер
Цӏад гьарулеб мегӏералда цоги «Будалаазул мегӏер» абун цӏар буго. Гьенир будалаал рукӏунеблъиялде ишара гьабураб цо гьадинаб хабарги буго.
Дир эбелалъул инсуда ватун вуго цо чи гьеб магӏарда гъоркь бугеб Жалхъолеб иццда как балев. Рахъун гӏодор лъурал гьесул мачуялги берцин рихьун, гьес гьезул цояб кодобе босун буго. Гьелде балагьулев гьав вукӏаго, дов чи, цояб мачуги босун, цевеса тӏагӏун вуго. Жиндихъ хутӏарабги босун, гьевги росулъе вачӏун вуго. Багӏараб кьералъул, цӏакъ берцинго букъараб хьит букӏанила гьеб. Росулъ гьесде рагъун руго дуца гьеб кодобе
босизе кколеб букӏинчӏин, гьев будалаазул чи вукӏун ватулин, гьединлъидал гьеб досухъе щвезабизе кколин. Магӏардеги вахун гьес хьит доб иццда лъун буго ва лъабго къоялъ хъаравуллъи ккун чӏун вуго. Вачӏунев чи гьесда вихьун гьечӏо, амма лъабабилеб къоялъ гьеб гьениса тӏагӏун батун буго.
Гьеб магӏарде цӏад гьаризе гӏадамал иналъулги буго гьадинаб къагӏида. Жалхъолеб иццда хӏайванги хъун, (гӏемерисеб нухалъ чӏегӏераб чахъу), какиеги чурун, хӏатӏидагӏицӏго рахунаанила гьелъул тӏогьире. Гьениб дугӏа-алхӏамги гьабун, гъоркьеги рачӏунаанила. Насранияб дин бугеб ва гьелдасаги цебе цӏадуе лагълъи гьабулеб заманалдаги гӏадамал гьеб магӏарде цӏад гьаризе рахунел рукӏун ратилин тола дица. 1980-абилел соназ мацӏазул гӏалимчи Казбек Микагӏилов вукӏана дихъе вачӏун ва ниж Цӏад гьарулеб магӏарде ине къватӏире рахъана. Суратал рахъулел алатал, картаби ва цогидаб къайи букӏана гьес цадахъ босун. Хӏухьбахъизе гӏодор чӏедал, гьев гӏемер валагьулаан цо хъвай-хъвагӏаязде, картабазде, амма щиб гьениб бугебали дида бицинчӏо ва бихьизеги течӏо. Кьурда нахъа, Микагӏилил колодаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏеб бакӏалда, гьесде гӏанкӏиунти бачӏана ва гьеб сабаблъун ниж нахъруссине ккана.
Къедисезул обсерватория
Гъазимухӏамадил Амирхӏамзаца бицаралдаса:
— Гъалбацӏгӏалил Шапигӏил минаялъул кӏиабилеб тӏалаялда, дир рукъалъул хьибилалда букӏараб Кӏушкӏандилазул минаялъул Баходехун балагьараб рахъалда къадалъ букӏана цо натӏ гӏеблъиги, натӏ гӏечӏеб борхалъиги бугеб гордо. Гьеб гордухъанги балагьун, Бахо магӏарда нахъа щиб бакӏалдаса
бакъ тӏерхьунебали хӏисабги гьабун лъазабулеб букӏун буго цебе къедисез лъагӏалил ригьазул гӏурхъи: хасел чӏей, хасел бащалъи, их чӏей, рии чӏей ва цогидалги гӏужал. Риидал гьеб бакӏалдаса балагьани, кӏиго нухалъ тӏерхьунеб бихьула бакъанида бакъ. Цин тӏерхьун хадуб гьеб чанго минуталдасан баккула ва хадубги тӏерхьуна.
Ханзабазул дагӏба сабаблъун
Хунзахъ-Сивухъа Хъайтмазица
бицаралдаса:
— XVIII гӏасруялъул байбихьуда аваразул ханлъун вукӏана хундерил нуцабазул лъабго вацасда гьоркьоса цояв – Мухӏамаднуцал. Мухӏамаднуцалил васал рукӏинчӏо, гьесул вац Булачнуцалил вукӏана цо вас – Гӏумахан, цогидав вац Тӏурарасул вукӏана лъабго вас – Гьанкалав, Мухӏамадбег ва
Чупан (Чупалав). 1727 соналъ хан Мухӏамаднуцалица аваразул ханлъун лъазавуна Булачнуцалил вас Гӏумахан. Гьелда рази рукӏинчӏо Тӏурарасул васал. Гьелъие гӏиллалъун гьез бачунеб букӏана ункъавго вацгӏаласда гьоркьоса Тӏурарасул Гьанкалав бищунго гӏумруялъ кӏудияв вукӏин ва гьединлъидал гьев мустахӏикъав вукӏин ханлъиялъул тахида чӏезе. Мухӏамаднуцалица Гӏумахан тӏаса вищиялъе гӏилла букӏана гьесул рагъуе бугеб гьунар, ва гьесие гьев жиндирго вас гӏадин вокьулаан. 1729 соналъ Мухӏамаднуцал хвана.
Гьев хун хадуб, Гӏумаханил ханлъиялда дагӏба бугел Тӏурарасул васазул гьесдехун кьал цӏикӏкӏана ва гӏемер кватӏичӏого гьевги ханлъиялдаса хъуштӏизавун, гьенив Гьанкалав щула гьавуна. Гӏумаханица ахӏи бан, гьесул рахъ кквезе Хунзахъе ракӏарана бакӏ-бакӏалдаса гӏадамал: багвалал, чӏамалал, тӏиндал, Ункъракьалъулал ва гьездаго цадахъ Къедиса гӏагарлъиги. Дагӏба цо хъизамалда жаниб букӏиналъ рагьун рагъ лъицаниги лъазабичӏо, амма гьоркьоблъи цӏакъ хӏалуцун букӏана.
1730 соналъ жидерго лагъзадерил балугълъарал лъимал рикьа-къотӏизе абун, Кӏахъ данделъана лъабавго вацги жиндие кколеб бутӏа босизе вачӏарав Гӏумаханги. Гьеб бакӏалда гьезул нукарзабазда, чукъбузда гьоркьоб дагӏба ккана ва гьеб ярагъ бахъараб рагъалде сверана. Гьеб рагъулъ лъукъана Гӏумаханги, Гьанкалавги, Мухӏамадбегги. Щварал ругъназдасан Гӏумахан сахлъана, амма Гьанкалавги Мухӏамадбегги хвана. Гьедин эркенлъараб ханасул тахиде цӏидасан Гӏумаханги вахана. Гьеб ханлъигун цадахъ кӏиявго вацгӏал хвеялъул гӏайибги жиндие щварав гьес боцӏи бикьун, ракьал кьун гӏагарлъиялда жаниб рекъел-маслихӏат гьабуна, амма вацгӏал Чупаницаги Гьанкаласул вас Амирхӏамзацаги гьелдаса инкар гьабуна, жидеца вацазулги инсулги би бичуларин абун.
Гьеб хӏалалда Хунзахъ хутӏани, жеги биял гӏодоре тӏеялде рачине бегьулин абун, гӏагарлъиялъ гьара-цӏалун гьел мукӏур гьаруна гьениса нахъе гочине. Гьелъие гьез тӏаса бищана Къеди росу. Жидер гӏагарлъиги, ракьги, сверухъ ругел халкъаздаса бакӏарулеб магъалоги бугеб бакӏ бугин гьеб абун. Гьеб ракьалдаса бакӏарараб магъалоялъул Хунзахъе бачӏунеб букӏараб бутӏаги гьенибго гьезие тезе къотӏи гьабуна.
Гьедин, 1730 соналъ жиндир кӏияйго яц Сунтӏазадайгун ва Ханзадайгун Амирхӏамзаги, цадахъ гьесул имгӏал Чупанги Къедире ана ва гӏумру гьабун гьенир чӏана. Баянаб жо буго гьей кӏияйго яц Амирхӏамзацаги Чупаницаги Алдамил чагӏазе гурони цоги бакӏалда кьечӏеблъиги. Амирхӏамзацаги гьезулго гӏадан ячун ятилаха. Жидеда ращадазулгун гурони ригьин гьабулареб къагӏидалъидал гьел гӏадамазул цебе букӏараб.
ХӀX гӏасруялъул байбихьуда Хунзахъа Чупанил Хъарагишицаги кьун йикӏун йиго Къедие яс. Гьединго Къедиса Хунзахъеги, Къедиса Сивухъеги рачу-
нел рукӏун руго ясал. Гьедин ригьнал гьариялъги, гӏагарлъи-гьудуллъи букӏиналъги бижараб батила, Хунзахъ аби буго «Къадалъаги нах баккулеб Къеди» абун.
Тарихчи Айтберов Тимургун Къедире щведал, нижеда гьениб хабалалъ гьей Ханзадалги Сунтӏазадалги занал ратана. Цӏакъ гъира букӏана Тимурил
Къедиве щвезе. Тарихалда цӏакъго цӏар рагӏараб бакӏ бугин, гьединлъидал гьенир гӏемерал хӏужаби, баянал, хъвай-хъвагӏаял ратизе кколин абун цоцалъ кверал лъулъалев, яхӏ хун вукӏана гьев. Амма гьеб жо гьениб батичӏеб мехалъ хӏикмалъизеги хӏикмалъана. Хӏисаб гьабидал, бихьулеб
буго Къеди росдал хобал чанго нухалъ ччукӏун рукӏин. Гьедин тӏаде бачӏараб ракьалъ рахчун рукӏине ккола басриял хобал. Гуребани, щаклъи гьечӏеб жо буго гьенир 400-500 сон баралги занал ратизе рукӏараблъи.