Гагаринил рорженалъ асар гьарурал азаазар советиял лъималазулго гӏадаб анищ букӏана Хӏасанханилги космонавтлъун вахъине.

Гьелъие гӏоло жив цин рагъулав летчиклъун цӏализе кколилан, Мясниковасул цӏаралда Волгоградалда бугеб рагъулаб училищеялде цӏализе лъугьине ракӏалде ккола гьесда.

Уна гьениве, кьола экзаменалги, гьабула медкомиссияги. Амма ахиралда, офтальмологасде ирга щведал, «пониженное цветоощущение» абураб гӏиллагун, Хӏасанхан нахъчӏвала гьес.

Гьедин, космонавтлъун вахъине букӏараб анищ- ги хӏорлъун, Махӏачхъалаялде тӏадвуссуна гьев.

Къисматалъ хъван букӏун буго, Адыгеялда пединститутги лъугӏизабун, Хӏасанхан цин Цӏуриб математикаялъулгун физкультураялъул учительлъун хӏалтӏизе, цинги гӏумруялъ КГБялда хӏалтӏизе.

Гьедин гьанже «Россиялъул разведчиказул меседилаб фондалда» хъван буго Чӏарада районалъул Гьачадаса Хӏасанхан Ибрагьимовасулги цӏар.

Гьеб системаялда хӏалтӏизе гьес байбихьана Болъихъа, хадуб Гъуниса, Махӏачхъалаялдаса. Гӏумрудул 34 сон барав чи витӏана махщел камил гьабизе Москваялдеги.

«Лъабго соналъин арав чи, 25 соналъ хутӏана дун Москваялда. КГБялъги партиялъул ЦКялъги гьабураб хӏукмуялдалъун миллиял республикабазе кадрал хӏадурулеб программа букӏана. Микьго къоялъ собеседованиеги гьабун, восана дун гьениве», — ян ракӏалде щвезабула гьанже Хӏасанхан Ибрагьимовас.

Эмен — Ибрагьим

— Жиндирго инсуца гӏараб цӏалиялъе хӏадурулев вукӏун вуго нижер эмен Ибрагьим. Ликбезалъул кӏиго класс гурони лъугӏичӏониги, гӏараб гӏелму камилаб куцалда лъалаан гьесда.

Цинги балугълъуде вахиндал, кӏудияв вацасул справкаги бикъун, шагьаралде лъутун вуго гьев. КОР (Канал им. Октябрьской Револиции) бахъулеб бакӏалда хӏалтӏун, хахол чакмабиги щун рукӏун руго инсуе. Хадув Роза Люксембургил цӏар лъураб совхозалда цӏа свинабулев чилъунги, Гъунив чотӏахъабазул милициялъул начальник- лъунги хӏалтӏун вуго.

Гӏемерал лъугьа-бахъинал ккарав чи

вуго эмен. Гьесул вацас бицунаан цо нухалъ къваригӏелалъ Унсоколове щварав жив витӏанила милициялде, Садулаев Мухтар Ибрагьимович абурав чиясухъе. Вагь, талихӏ кканин гьав жиндир гӏадаб цӏарги фамилияги бугев чи ватиян ракӏалдеги ккун, вилълъанила жаниве, вугилаха ватулев жиндирго гьитӏинав вац (доб мехалда гьесул справкаги босунлъидалха гьев росулъа къватӏиве ун вукӏун вугев, гьелдаса нахъе Ибрагьим вугеб бакӏ лъалев чи гӏагарлъиялда гьоркьовги вукӏун гьечӏо).

Хадув нижер эмен хӏалтӏана Чӏарада районалда заготовкабазул министерствоялъул вакиллъунги, районалъул нухмалъиялдаги, гьенисан витӏула Болъихъе. Гьенив гьавуна дун.

Хадув, 1945 соналда, эмен витӏана Чачанлъиялде ВКП(б)ялъул Рилъаб районалъул кӏиабилев секретарьлъун.

Гьениса тӏадвуссиндал, нижерго районалда тӏоцевесев секретарьлъун тӏамуна.

Жив Чӏараде колхозалъул председательлъун витӏеян Данияловасда аскӏове индал, дос инкар гьабун буго гьесие. Райкомазул секретаралги лъикӏал хъулухъазда ругел цогидал гӏадамалги колхозазул председателаллъун ритӏулеб гӏадат букӏана 1950 абилел соназда – «поход 25-тысячников» абулаан гьелда.

Гьедин, Данияловас инкарги гьабун, къватӏиве вачӏунев нижер инсуда данде ккун вуго Расул Хӏамзатов. Хъваш-башги гьабун, ккараб жо бицун бугоха гьесги. Гьеб мехалда Расулица абун буго, чӏайин, жив гьабсагӏаталда инин Данияловасухъе. Гьедин, Расулица мукӏурги гьавун, витӏана ахирги Гӏабдурахӏманица эмен колхозалъул председательлъун.

Дица гьеб киналъулго хъван буго «Контрразведчикасул хъвай-хъвагӏаязда».

Беручил тухум

Гьеб тӏехь гуребги, нижерго тухумалъул хӏакъалъулъ тӏехь хъвазеги ракӏалде ккана дида.

Инсул вац Мухтарица бицун лъала дида нижер тухумалъул гӏемерисеб тарих.

Гьес абулаан кьолбол кӏудиясда цӏар букӏун бугин Беруч – Берцинав чиха. Гьединго Надиршагьида данде рагъизе арал къаралазул бодул цевехъан Мухӏамаднурги вукӏун вуго нижер кьолбол чи.

Палхӏасил, дагь-дагьккун дида бичӏчӏана гӏицӏго дихъаго гьеб тӏехь хъван бажаризе гьечӏолъи.

Гьеб мехалда вацгӏал Мухтарил Мухӏамадида (Дербенталъул чогърол заводалъул генералияв директор – авт.) дандги бан, нижеца къотӏи-къай гьабуна тарихалъулгун археологиялъул рахъалъ РАНалъул ДФИЦалда цебе рагьараб институталъулгун. Гьедин тарихчагӏи Шагӏбан Хӏапизовасги Мухӏамад Шейхмухӏамадовасги лъабго соналъ тӏад хӏалтӏун хъвана Къарахъ обществоялъул хӏакъалъулъ гьеб тӏехь.

Пачалихъалда жаниб пачалихъ гӏадаб бакӏ букӏун буго гьеб Къаралазул бо – жидерго аскаралги, гӏорхъабиги, администрацияги, мактабалги, цогидабги ругеб.

Дов Беручил зонол бекараб кесекги батана Шагӏбанида. Гьенисан цӏалараб хъвай-хъваялда рекъон, Беруч хун вуго 1471 соналда. Гьелде тӏадеги жеги гӏажамалъ хъвараб кагъатги батана Беручидасагун Мухӏамаднуридаса байбихьун хъизан-кулпат рехсараб. Гьеб кагъат, рамкаялда жанибги лъун, Мухтарил Мухӏамадил рокъоб къеда бан буго.

Гьевгун цадахъ цойги тӏехь буго нижеца хӏадурулеб (кӏиго том). Некӏогоялдаса нахъе чӏарадисезул гӏемер рукӏана гӏелму бугел, церетӏурал чагӏи.

Масала, Гъарабагъалъул ханлъун йикӏана хундерил ханасул яс. Гьочоса Муртазагӏали абун цӏаларав чиясухъе гьелъ битӏараб кагъат батана – духъе витӏулев вугев гьав чиясда Къуръан малъеян хъвалеб буго гьелда.

Бокьун буго гьел гӏалимзабиги, рагъулгун захӏматалъул бахӏарзалги, спортсменалги, цогидалги — киналго цо тӏехьалде руссинаризе.

Математик хисун — чекистлъи

— Хӏасанхан, халкъияб магӏишат гӏуцӏулев вукӏарав инсул вас, мун, КГБялде кин ккарав чи?

— Цохӏо химиялъе гурони ункъилги ккечӏого, цӏакъ лъикӏ школаги лъугӏизабун, чекистлъун вахъине ракӏалде ккана дида. Доб мехалда гӏемер рукӏана чекистазул хӏакъалъулъ хъварал тӏахьал, рахъарал киноял. Пропагандаялъул хӏалтӏиги букӏана лъикӏ гӏуцӏун. Гьелдаго цадахъ школалда цӏалулеб мехалда дунгоги вукӏана пионеразул отрядалъул командир, дружинаялъул нухмалъулев, учкомалъул секретарь, армиялдаги вукӏана комсомолалъул организациялъул секретарасул заместительлъун. Армиялда ругел гӏолохъаби куцаралъухъ 1966 соналдаго ВЛКСМалъул грамотаги щун букӏана дие. Институталда цӏалулеб мехалда комсомолалъул комитеталъул членлъунги вахъун вукӏана.

Палхӏасил, советияб заманалда лъикӏаб гӏадат букӏана бажари бугел лъималазе, гӏолохъабазе хадурккунги церехун ине квербакъулеб. Гьединго унев вукӏана дунги. Гьединлъидал ункъабилеб курсалда цӏалулев дихъе районалъул тӏоцевесев секретарас чи витӏун вачӏун вукӏана, заочноги цӏалун, райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун хӏалтӏизе вилълъинарищан гьикъизе. Амма партиялъул хӏалтӏи гьабизе ракӏалда букӏинчӏо дида, щайгурелъул гьедин гьабурабани, тӏуванго гьенивго хутӏулаан дун. Армиялда вукӏагоги абулаан дида партиялде лъугьайин.

Хадуб дица Адыгеялда лъугӏизабуна педагогикияб институт. Доб мехалда Совет Союзалъул программа букӏана гьединаб – улкаялъул гӏадамал данде гьариялъул магӏнаялда гӏуцӏараб. Масала, дагъистаниязе кьураб квота букӏана Москваялда, Ленинградалда,

Ростовалда, Армавиралда, Майкопалда ва цогидал шагьаразда ругел вузазде лъугьине.

Гьедин математикаялъул факультет лъугӏизабунаха дица Майкопалда. Хӏисабалъе лъикӏав вукӏана кидаго.

— Хадубккун КГБялда хӏалтӏулаго щиб квербакъиха дуе математикаялъ гьабураб?

— Математикаги къватӏиса улкабазул мацӏалги лъалел чагӏи росулаан гьенире бищун цере. Математика лъалев чиясул гӏакълу-лъайги букӏуна сундулго анализ гьабизе лъалеб. Амма учительлъун хӏалтӏизе бокьиларилан, кӏиабилеб курсалдасанго армиялде ана дун. Лъабго сон бана гьениб. Рагъул соназда гьарурал лъималги дагьал рукӏун, улкаялда гӏезегӏан чи камунги вукӏун, цере армиялде студенталги рачунаан. Ясалгицин ахӏулаан гьенире – командирзабазул хъулухъал тӏадкъачӏониги, богогьабилъун, хъвай-хъвагӏай гьабулел чагӏилъун толаан гьел. Доб мехалда армияги букӏана кӏудияб — щуго миллион чи вугеб.

Хадув росулъ къокъабго заманаялъ математикаялъул учительлъунги хӏалтӏун, анаха дун КГБялде хӏалтӏизе.

— Гьеб заманалда бищунго сунда данде нуж къеркьезе кколел рукӏарал?

— Батӏаго Совет хӏукуматалда данде рахъ- унел чагӏи доб мехалда (1970-абилел соназул байбихьуда) рукӏинчӏо, амма ракьуда хурхун гӏезегӏан тунка-гӏусиялги дагӏба-рагӏиги ккечӏого хутӏуларо.

Гьедин цо нухалда хабар бачӏана дун Болъихъ хӏалтӏулелъул Гӏахьвахъ районалъул Тӏарада Инхелоги Цӏолодаги – кӏиябго росу данде унеб бугилан. Гьекъолеб лъеда хурхун кӏудияб дагӏба ккун бугоан гьезул. Цӏолодисезул магӏардаса бачӏун Инхелобе унеб лъим жидеего бачине рогӏразе рахъал рахъулел ратана инхелосел.

Гьелъие гӏоло жидер мегӏер щайин нужеца бухъа-хъвазе кколеб, тӏадежоялъе жидехъа изнуги босичӏогоян, гьезда данде рахъун цӏолодиселги ратана.

Гьелдаго цадахъ районалъул нухмалъиялдаса разилъи гьечӏолъиги букӏана гьезул (жал рехун тун ругила – бащдал гӏадамал Чачаналъ хутӏун ругила жидер).

Талихӏалъ, хасаб комиссияги гӏуцӏун, кӏиябго росу рекъезабизе бажарана.

Гьединго доб заманалда рукӏунаан гӏакълу гьечӏолъиялъищ яги жидерго гӏамалалъул гӏан-чӏлъиялъищали кӏалдире рачӏарал цере ккарал цӏаралги лъун, батӏи-батӏиял горсвераби гӏуцӏулел гӏолохъабиги. Цо-цо чагӏаз гьел националисталлъунгицин рикӏкӏунаан. Амма букӏинчӏо гьезулъ миллатчилъиялда хурхараб щибниги хӏужа. ДГУялдаги пединституталдаги тӏатинабун букӏана гьединаб кӏиго къокъа.

Палхӏасил, гӏиси-бикъинал жал гурони, пачалихъалде данде рахъун гьабин абун, цебе рехизе бегьулеб хӏужа букӏинчӏо доб мехалда.

— КГБгун ФСБялда дандеккун, НКВДялъул рахъалъ беццилеб пикру гьечӏо гӏадамазулъ, гьелъул хӏалтӏухъабаз жиндир заманалда халкъалда квешго кьаби щвезабиялъгӏаги ба- тила.

— Буго гьединаб пикру, щайгурелъул гӏезегӏан гӏорхъолъа рорчӏарал жал, масала, репрессиялги рукӏиндалха 1937-1938 соназда. Амма бицунебгӏан кӏудияб къадаралда рукӏинчӏо гьел. Репрессиязде цо миллионалдаса цӏикӏкӏун чи кканин бицен букӏана. Хӏакъикъаталда 600 азарго чи ккана.

Гьелъин Хрущевас цо миллионгун 200 азарго чиясдалъун дагьлъизабун букӏараб армияги. Гьезда гьоркьор бащдалдасаниги цӏикӏкӏун чекистал рукӏана.

Цинги Андропов тӏалъиялде ккедал, дагь- дагьккун байбихьана чекистазул даражаялдеги къадаралдеги кӏвар кьезе. 1980-абилел соназда КГБ лъугьана къуватаб, чӏара-хьараб гӏуцӏилъун.

Штирлицгун Берия

— Штирлицил заманалда баккараб цо анекдот буго советиял шпионал тӏатунаанила чайдул стаканалда жаниб гъудалъ чакар багъарулаго гьез гьаракь бахъинабулеб букӏиналдалъун. Немцазул разведчиказ абуни, культура цӏикӏкӏараб букӏиналъ, рагӏун-рагӏулареб куцалда багъарулаанила стаканалъуб гьеб чакар.

— Гьадингосел гӏахьучӏал руго гьел. Совет Союзалъул гӏадаб разведка лъилниги букӏинчӏо я техникаялъул, яги агентураялъул рахъалъ. СССРалдехун симпатия букӏиналъ, чӏорогоцин хӏалтӏулаан къватӏиса улкабазул цо-цо гӏадамал.

Кутакалда Совет Союзалъул разведчиклъун дандчӏвазе бокьун бугиланги абун, фашисталгун рагъулеб заманалда КГБялъул цо хӏалтӏухъанасухъе вачӏун вугоан гӏолохъанав ингилисав, физик-атомщик. Цӏехон буго щиб махщалие мун цӏаларавилан. Къватӏиса улкабазул мацӏал лъазарулеб факультет лъугӏанин жаваб кьун буго КГБялъул вакилас. Гьедин батани, жинца дуе бицинехъин бугеб тема дагьа-макъабниги лъазе букӏине, гьаниб аскӏоб бугеб цо тукадаса босун брошюрагун, атомалъул физикаялъул хӏакъалъулъ цӏалеян гьарун буго гьесда ингилисас.

Гьедин гьабунги буго КГБялъул вакилас. Цинги анкьидасан ингилисавгун дандчӏвайдал, гьес досда бицун буго немцал атомалъул бомба гьабулел ругилан.

Гьединаб баяналъухъ, баркала хӏисабалда, гьесие гӏарац кьезе лъугьун вуго КГБялъул хӏалтӏухъан. «Чӏа, чӏа, чӏа!» — ян абун буго ингилисас, нужер улка жеги рагъда букӏаго, батанщинал камиял кколел ругебги гӏечӏого, дуца жеги дие гӏарацгийищ кьезе кколебан.

Гьеб балагь чӏезабизе бажарулеб улка дунялалда тӏад СССР гурони гьечӏилан тӏадеги жубан буго ингилисав-физикас.

Унголъунги доб заманалда нилъер улкаялъ билълъанхъизабулеб букӏараб политикаялъулъ кутакалда кӏудияб хӏаракат Лаврентий Берияцаги бахъана.

— ???

— Гьесул хӏакъалъулъ рицунел жал кьучӏ гьечӏел харбал руго. Гьесда цадахъ хӏалтӏулел рукӏарал чагӏи рихьана дида. Добе-анибе цӏачӏого, чиясда бадибе рагӏиги абулев, лъидаго вачӏев, цебетӏураб пикруялъул чи вукӏун вуго гьев. Цӏакъ берцинал сураталги рахъулел рукӏун руго. Йокьун ячарай лъадиги йикӏун йиго, гьединлъидал руччабазулгун гьесул рукӏарал бухьеналги гьерсал руго.

Резидентасе гъураб къор

— Мун Дагъистаналде генераласул хъулухъалде вачӏун вукӏана (УФСБялъул директорасул за- меститель – авт.). Амма дуе гьеб цӏар кьун гьечӏоха.

— Чӏванкъотӏун кьезе кколин абураб жо букӏинчӏо гьениб, бокьани кьун, бокьани кьечӏого тун гурони.

Амма хӏалтӏул хӏасилазухъ балагьун, лъикӏаб биография букӏана дир. Гьадал оперативиял хӏаял гурелги, масала, дица ккуна къватӏиса улкабазул хасал хъулухъазул резидентги. Бакъбаккул Европаялъул цо улкаялъул цевехъан чӏвазе винторез босулев ватана гьев. Тулаялда тӏобитӏана гьеб операция. Нижеда байбихьуда гӏадатияв бизнесменин ккун вукӏарав гьев чи хӏакъикъаталда хасал хъулухъазул генерал ватана.

Цохӏо гьев чи кквезелъун Тулаялда маххул нухлул вокзалалдаса нахъе ритӏун рукӏана уборщицаялде гӏунтӏун киналго хӏалтӏухъабиги пассажиралги.

Абухъего, «дица тӏобитӏана хасаб операцияйин» абулеб рагӏула цо-цо чагӏаз. Цо чияс гьабулеб жо букӏунаро гьеб. Гьелда тӏад хӏалтӏула тӏубарал институтал, тӏадегӏанаб даражаялъул профессионалазул къокъаби.