Хириял миллатцоял!

Киналго басмабазе подписка гьабулеб заман тӏаде щвеялъ, бокьун буго гьабсагӏаталда хас гьабун гьеб суалалда тӏадчӏей гьабизе.

Нилъер жакъасеб гӏумруги, миллаталъул политикиябгун социалияб цебетӏеялъулъ кколел ругел хиса-басиялги, гӏун бачӏунеб гӏелалда нилъер умумузул тарихгун маданиятги бихьизабиялъулъ хасаб бутӏа лъола «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъги.

Цогидал газетаздаса батӏияб жо щиб гьелъ гьабулеб бугебин ракӏалде кканиги, буго цо хаслъи «Хӏакъикъаталъул» хӏалтӏулъ. Щибаб анкьалъ цӏалдолезда гьеб кӏалъала гӏицӏго рахьдал мацӏалда – рекъав Тимурги Ираналъул шагьги Дагъистаналдаса къватӏире гъурал умумузул мацӏалда, Кӏудияв Гӏумаханги, имам Шамилги, наиб Хӏажимурадги, Хӏамзатил Расулги, Фазу Гӏалиеваги, Мусаясул Халилбегги ва дунял тун къватӏибги магӏарулазул къадру борхизабурал жеги аза-азар миллатцоял кӏалъалел рукӏараб мацӏалда.

Гьезул ирсилал рукӏиналдаса чӏухӏуларел чагӏи къанагӏат ратила нилъеда гьоркьор. Аллагьас хъван батани, гьеб асар нилъелъ хутӏила жеги гӏезегӏан гӏасрабаз. Амма гьелъие гӏоло нилъеца цӏунизе ккола нилъерго хаслъи. Гьелъие чара гьечӏого къваригӏуна нилъерго мацӏ букӏин. Мацӏ бугогӏан мехалъ миллатги букӏуна. Гурони нилъ сверула кидаяли киргизазул хъвадарухъан Чингиз Айтматовас хъварал гӏадал манкуртазде – жалго раккараб, рачӏараб бакӏ жидедаго лъаларел къавмазде.

Гьединал пикрабаз рахӏатхвезабизе байбихьана 15 декабралда Шамилхъалаялъул почтамталдаса щварал тарихазухъ балагьидал. Гьезда рекъон, жакъа къоялде УФПСалдасан «Хӏакъикъат» газета хъван буго I 398 чияс.

Цо талихӏалъ, жеги «Дагпечаталдасан» гьабулеб подпискаги буго, жеги редакциялдасан бащдаб багьаялде хъвалел газеталги руго.

Палхӏасил, подписка лъугӏизе жеги къоял ругониги, жеги цониги газета хъвачӏел росабиги руго Шамилхъалаялъул почтамталдаса бачӏараб сияхӏалда. Масала, Болъихъ районалъул Щодрода, Зило, Гӏалахъ. Гъуниб районалъул микьго росулъ хъван гьечӏо жеги цониги «Хӏакъикъат». Гьел ккола – Сугъралъ, Щулани, Бацӏада, Къорода, Кудали Гьонода, Коммуна, Хӏоточӏ.

15 декабралдехун бищун гӏемер нилъер газета хъван буго Хунзахъ районалда – 255, хадуб – Шамил районалда.

Амма 25-30 соналъ цебе букӏараб къадаралъухъ балагьун, гьебги мукъсанаб буго. Щайин абуни, бищун хӏабургъарал 1990 соназул байбихьуда Хунзахъги Шамилги районазда букӏунаан 2 500 азарго газета. Бичӏчӏула, гьелъие батӏи-батӏиял гӏиллабиги руго. Цин бугони, доб мехалда цохӏо гьеб газета гурони букӏунароан цӏализе. Гьанже интернеталъ нахъе цулел руго газет-журналалги тӏахьалги. Кӏиабизе бугони, къо бахъанагӏан рахьдал мацӏаздаса рикӏкӏалъулел руго. Лъабабизе, почалъул цо-цо хӏалтӏухъаби хашго хӏалтӏулел ругин абурал гӏайибалги рагӏула. Ункъабизе, нижги цӏалдолезе бокьараб куцалда, тӏад магӏ чӏвазе бакӏ гьечӏеб къагӏидаялда хӏалтӏулел ратиларо.

Нижерго рахъалдаса абуни, нижеца яхӏ бахъила газета нужее бокьараб куцалда гьабизе. Нужецаги ниж рехун тоге!

Цо млн магӏарулав вугеб миллаталъе 5 000 экземпляр ралъдалъе тӏинкӏараб къатӏра гӏадаб жо кколаребищ? (5 000 экз. ккола пачалихъалъ бихьизабураб план).

Гьединлъидал хьул буго нилъер миллаталъул чапарлъун, вакиллъун, миллат цолъиялъе аслулъун кколеб магӏарул цого-цо бугеб республикаялъулаб басма — «Хӏакъикъат» газеталъе 2023 соналъе подпискаги гьабун, декабралъул ахиралде ахӏвал-хӏал хисилилан.

Газеталъул рахъалдасан хадубккунги нужее кумекалъе нижги хӏадурал руго.

P. S.

Лъагӏалие газеталъул багьа ккола 1 290 гъурущ. Бащдаб лъагӏалие – 645 гъ. «Дагпечаталъул» киосказдасан босизелъун хъвалеб бугони, лъагӏалие газеталъул багьа бахуна 408 гъурщиде. Нужеца абураб бакӏалде газета щвезабизе редакциялъухъаги бажарула (самовывоз). Гьеб мехалда гьелъул багьа бахуна 600 гъурщиде.

Адабгун – редактор