29 ноябралда машгьурав гугарухъан, тохтур, гӏалимчи Гӏали Гӏалиевасул тӏубалаан 85 сон. Гьев гьавуна 1937 соналда Гъуниб районалъул Чӏохъ росулъ.
Гьитӏинго эменги хун, бесдал хутӏарав Гӏали эбелалда ракӏалда букӏана тохтурлъун цӏализавизе. Гьесин абуни гьитӏинаб къоялдаса нахъего абулаан жив спортсменлъун вахъине вугин. Эбелалъе рекӏее гӏолароан васасул хабар. Гьей хӏинкъун йикӏана пагьму бугев вас спорталде машгъуллъун цӏалиги гьабичӏого чӏелин. Амма Гӏалица эбелалъе рагӏи кьуна спорталда цадахъ цӏалиги букӏине бугин. Школалда цӏалулеб заманалда гьесги чанго гӏолиласги, авалмажгиталде рокъоса бусабиги раччун, жалго гугаризе ругьун гьаризе шартӏал гӏуцӏана. Гьесда тӏоцере гугариялъул приемал рихьизарун, малъун руго росуцоял Хӏамзат ва Къурбан Хӏамзатоваз.
Хехаб къагӏидаялда кӏудияб спорталда гъорлъе лъугьарав ва гьенир бачӏинахъего лъикӏал хӏасилал рихьизаризе байбихьарав Гӏалиевасул бергьенлъаби халкъалда ракӏалда руго жакъаги. 1959 соналда тӏоцебесеб разрядалъул гугарухъан Гӏали СССРалъул чемпионаталда бищунго къуватал речӏчӏухъабазда тӏад бергьенлъабиги росун вахана пьедесталалъул тӏогьиве. Финалияб къеркьеялда гьесдаса къурав цӏар рагӏарав спортсмен Мариам Цалкаламанидзеда свакаялъ эхетизе кӏолеб букӏинчӏо. Ургуялдаса гьев нахъе вачана кӏигояс ккун. Гьеб речӏчӏиялдаса хадуб СССРалъул мустахӏикъав тренер Сергей Преображенскияс абуна Гӏали Гӏалиевасул техникаялъги гьунаралъги жив асир гьавунилан. Къуватав, хӏалбихьи бугев Цалкаламанидзе Гӏалица тушеялда лъуравани, абизе букӏанила дагъистанияв тохлъукьего бергьанилан, битӏкканилан. Амма гьес Олимпиялъул чемпионасе ургуялда кьураб гӏакъуба бихьараб заманалда киналго мукӏурлъизе кколел ругила кутакалда къуватав ва гьунар бугев гугарухъан гӏун вачӏунев вукӏиналъе.
Заман инелдего Тегераналда Гӏали Гӏалиев вахъана эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионлъун. Гьединаб гучаб къагӏидаялда байбихьана машгьурав гугарухъанасул спортивияб карьера. Гьелдаса нахъе дагъистанияв гӏахьаллъана батӏи-батӏияб даражаялъул турниразда, чемпионатазда, къецазда. Гӏалиев вахъана Европаялъул, щуго нухалъ дунялалъул ва ичӏцӏул СССРалъул чемпионлъун. Гьоркьоса къотӏичӏого залалда ва ругьун гьариялъул тадбиразда лъадарарав чи вукӏуна жавабчилъи цӏикӏкӏарав, сабурав ва мухӏканав. Гьединав вукӏана Гӏали Гӏалиевги. Гугариялда цадахъ гьес бачана цӏалиги. Гӏалиевас гӏицӏго щуйил къиматазда лъугӏизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институт ва хадуб Москваялъул медицинаялъул университеталда цебе бугеб оперативияб хирургиялъул кафедраялда аспирантура. 33 сон барабго вахъана гьев медицинаялъул гӏелмабазул кандидатлъунги. Гьеб гӏужалде щваниги, Гӏалиевас спорталъулгун къо-мех лъикӏ гьабун букӏинчӏо. Ахирисеб, ичӏабилеб нухалъ СССРалъул чемпионлъун вахъана гьев гьеб заманалда. Гьесул гӏадинал хӏасилал ругев гугарухъан тӏадагьаб цӏайиялда жакъа къоялъгицин къанагӏат гурого ватиларо. Гӏицӏго Гӏалиевасе битӏккечӏо Олимпиялъул хӏаязда. Лъабго нухалъ гӏахьаллъана, амма цогӏаги нухалъ призалъулаб бакӏ щвечӏо. Гьединго Гӏали Гӏалиевас нухмалъи гьабуна Махӏачхъалаялъул больницаялъе ва Дагъистаналъул спорталъул комитеталъе.
Дагъистаналда гугариялъе кьучӏ лъурав чи Гӏали Гӏалиев вукӏанилан абуни, мекъи ккеларо. Гьесухъ балагьун гӏемерал гӏолилазулъ бижана спорталдехун рокьи, умумуз лъимал кьезе байбихьана эркенаб гугариялъул секциязде. Доб заманалда республикаялда Гӏали Гӏалиевасул цӏаралда рагьана гӏемерал спортивиял школал, залал. Спорталъул комитеталъе нухмалъи ва гьединго тренерлъи гьабулагоги эркенаб гугари цебетӏеялда сверухъ гӏемераб хӏалтӏи гьабуна гьес.
Гӏалил тӏоцересел учениказул цоявлъун ккола эркенаб гугариялъул рахъалъ Олимпиялъул хӏаязул гӏарцул призер, дунялалъул чемпион, чанго нухалъ СССРалъул чемпион ва призер Мухӏамадхан Гӏарациловги. Гӏали Зуркъанаевич вукӏанила захӏмат, ритӏухълъи бокьулев ва кутакалда Ватӏан хирияв инсанилан бицана гьес нижее.
— Гьев жиндирго бажари-гьунаралдаса, пагьмуялдаса, машгьурлъиялдаса чӏухӏулароан, яхӏ-намусалъе хилиплъулароан. Абуларищха цо ишалъе гьунар бугев чиясухъа кинабго гьабун бажарулин. Гӏали Гӏалиев вукӏана гьединав. Гугаризего гӏадин, бакӏаб атлетикаялъе, гимнастикаялъе, векеризе, кӏанцӏизеги цӏакъав вукӏана гьев. Гьебго заманалда рехун течӏо цӏали, вахъана медицинаялъул гӏелмабазул кандидатлъун. Дир пикруялда, гьесул гӏумруялъулъ рукӏарал бергьенлъаби руго хӏалтӏулъги рокъобги, киса-кибего гӏадлу-низам цӏуниялъул хӏасил. Гьесда цере ругьун гьарулел рукӏарал нижееги щванин тола дица Гӏалил гӏамал-хасияталъул цо къатӏра. Захӏмат бихьичӏого рахӏат букӏунарилан гурхӏел-рахӏму тун тӏамулаан гьес ниж залалда ругьун гьаризе, лъадаризе. Щибаб къоялъ радал сагӏат анлъгоялда хьвадулаан ралъдал рагӏалдеги. Доб заманалда машгьурал спортсменал къанагӏат гурого рукӏинчӏелъул, гьев гӏемер батӏи-батӏиял тадбиразде ахӏулаан, дандчӏваял рукӏунаан. Амма кигӏан хӏалуцараб графикалда хӏалтӏулев вукӏаниги, тренировкабазде Гӏали Зуркъанаевич цо секундалъ кватӏулароан. Ралъдал рагӏалдеги щолаан жиндир заманалда. Гьесие аслияблъун букӏана жинда цере ругьун гьарулел гӏолилаз, спорталдаго гӏадин, цӏалулъги тӏокӏлъи бихьизаби. Магӏарул, гӏурус ва дунялалъулго адабияталдаса захӏмат бокьизе, намус-яхӏ цӏунизе ахӏулел цо-цо мисалалги рачунаан нижее гьес ругьун гьарулелъул. Залалда гӏадлу-низам цӏунуларев чиги гьесие данде кколароан. Цо-цо мехалъ ингилисазул тренерлъиялъул къагӏидаги хӏалтӏизабулаан Гӏали Зуркъанаевичас. Цӏакъго тӏасан ккарасда щвезабизе тӏилгицин букӏунаан кодоб.
Гӏали Гӏалиевасул цого цо вугев вас Зуркъанайида инсул бицунелъул магӏу кквезе кӏвечӏо.
— Кьварараб гӏамал-хасияталъул ва лъиего рокьи кьоларев чи хӏисабалда лъалаан эмен гӏемерисезда. Амма гьев вукӏана кутакалда хӏеренав, ракӏ тӏеренав инсан. Гьеб бичӏчӏана дида дир лъималаздехун гьесул бугеб бербалагьиялъухъ, рокьиялъухъ балагьун. Жив вугеб бакӏалда киса-кибего гӏадлу-низам чӏезабулаан гьес. Гьеб цӏунизе ва захӏмат бокьиялде куцана инсуца нижги.
— Инсул нухдасан ине хӏалбихьичӏищ дуца?
— Къанагӏат гурого рагӏичӏо гьунар бугел эбел-инсул лъимал гьездаго релълъарал рахъанилан. Махщел инсудаса щвезе бегьула, амма гьунар Аллагьас кьола. Эркенаб гугариялде дун хьвадана, цеве вахъана батӏи-батӏиял турниразда. Амма черхалъе гӏемер гӏузраби кколел рукӏиналъ халатккун спорталъулъ хутӏичӏо. Инсул гӏадинаб гьунарги, битӏараб бицани, букӏинчӏо.
— Инсул цӏаралъ гӏумруялда гӏемер кумек гьабун батила…
— Тӏоцебесеб иргаялда, гьесул вас вукӏин букӏана дие жавабчилъи цӏикӏкӏараб ишлъун. Инсуда релълъаравлъун вукӏине, гьесул масабалда рекъон хьвадизе хӏаракат бахъана дица кидаго. Киназего мисаллъун вукӏарав инсул васлъун ватиялъ гӏемерал суалал, масъалаби тӏураларищха. Гӏумруялъул нухда кидаго хӏалае ратана гьесда цере ругьун гьарурал спортсменал ва гьалмагъзаби. Мисалалъе, Мухӏамадхан Гӏарациловас, Ихаку Хӏайдарбековас гьабуна гӏемераб кумек.
Сурат босана гьаниса: https://bujnaksk-gid.ru/news/sport/20-let-bez-ali-alieva.htm