Гьаб анкьил байбихьуда нижер редакциялде гьоболлъухъ рачӏун рукӏана Турциялъул тахшагьар Анкараялда гӏумру гьабун ругел яцал – 80 сониде яхарай Патӏимат ва гьелдаса кӏиго соналъ гьитӏинай Зекие.
Турциялъул магӏарулал – гӏажаибаб рекӏел бухӏи рещтӏуна рекӏелъ щибаб нухалъ гьелгун дандчӏвалаго. Умумузул аслу цӏехолел, Шамил имамасул заманалдаса нахъе чияр улкаялдаги рукӏун магӏарул мацӏ цӏунарал гьезде батӏиябго адабги бижула. Зекие цееги кӏицӏулниги ячӏун йикӏун йиго Дагъистаналде. Патӏимат тӏоцее щун йиго. Цересел нухаз, жидерго умумузул наслу цӏехон, гьей щун йикӏун йиго Гӏахьвахъ ва Хунзахъ районаздеги.
Умумузул аслу цӏехон
Зекие:
— Нижер эмен Сейфулагьил эбел-эмен Гӏахьвахъ районалъул Цӏолодаса ва Рацилъа руго. Гьениб гӏезегӏанго гӏагарлъиги батана. Эбелалъул умумул Хунзахъ районалъул Гьоцӏалъа рачӏарал ругин бицунеб батана. Амма жеги гьелъул мухӏканлъи лъачӏо, гьеб цӏехейги буго нижер мурад. Цебесеб нухалъ росгун цадахъ щун рукӏана Гьоцӏалъе, гьениб нижер гӏагарлъиялъул гӏуж батичӏо.
— Турциялдаги гьанирги руго Дагъистаналдаса доре рачӏарал умумузул цӏех-рех гьабулел магӏарулал. Гьезулгун бухьен бугищ?
— Гьечӏо. Бокьила гьезул кумек щвани нижер эбелалъул гӏагарлъи балагьизе.
— Анкараялдаги руго гӏезегӏанго магӏарулал, гьелгун дандчӏвалищ?
Патӏимат:
— Ругин бицуна, амма нижеда гьел лъаларо. Нижго гӏумруялъго лъималги рукъги тӏубан къватӏирего рахъичӏо, гӏадамазда гьоркьоре щолароан. Лъебергогӏан сон буго ниж рии-
риидал росулъе унаго. Гьениб нижерго ах-хуралде руссун лъабго-ункъо моцӏ бала. Дир бетӏергьанчи Тӏалхӏатги магӏарулав вуго. Гьесги бицуна магӏарул мацӏ. Росасул эбел
Жавгьарат ва эмен Мухӏамад гьев цӏакъ гьитӏинаб мехалъго хун руго. Эбел Цӏунтӏаса йикӏанин абулеб бати гурони, Тӏалхӏатидаги жиндирго умумузул кьучӏ кисан бачӏарабали
лъаларо. Лъималазда дагьабго гурони лъаларо нилъер мацӏ. Жидеда малъичӏогоян рукӏуна гьанже абулел. Сверухъ кирго туркал ругеб бакӏалда гьез къватӏиб рагӏулеб мацӏ хехго босана.
Эбелалъул гӏагарлъиялъул рахъалъ нижеда лъалеб жо буго, Турциялде гочарав гьелъул эмен Гӏумарил лъабго вац Дагъистаналдаго хутӏараллъи. Гьезда цӏаралги рукӏун руго Гӏали, Хӏасанбег ва Мухӏамад-Гъабит. Гьезулги наслаби гӏун ратиларищха гьанир. Эбел хвараб мехалъ Патӏи-матил букӏун буго 4 сон, Зекиял 2 сон. Цоги хъизанги гьабичӏого, жинцаго гӏезарун руго Сейфулагьица лъимал.
Патӏимат:
— Нижер инсул эбел Асиятида турк мацӏго лъалароан, магӏарул гурони. Гьитӏинаб мехалъ нижер рокъобги магӏарул гурони мацӏ букӏунароан. Кӏодоэбелалъ гӏодулаго бицунаан нижее Дагъистаналдаса Турциялде жалго гочиналъул. Мугӏрул къотӏун, рохьал чӏван, лъелго рачӏун руго гьел, лъабго моцӏ нухдаги бан. Къад рахчулел рукӏун руго, къаси нухда
унел рукӏун руго. Балъгоял сухъмахъал балагьун унев цевехъанасе гӏарац кьолеб букӏун буго. Росги хун хутӏарай гьезул эбел, гӏурусаз ясазе гӏакъуба кьелин, васалги гьез рагъде рачун инин хӏинкъиялъ, лъималгун Турциялде гочун йиго. Гьелгун цадахъ батӏи-батӏиял росабалъа гӏемерал магӏарулалги рукӏун руго. Гӏемерисел Сивас вилаяталда чӏун руго, нижер кӏодоэбелалъул хъизан Токъаталда рещтӏун руго. Гьеб вилаяталда кӏудияб кӏиго росу гӏун буго магӏарулазул. Токъат вилаяталда бугеб магӏарулазул Замаир росулъ чӏун руго гьел. Гьанже гьеб росдада цӏар Акбудай хисун буго. «Хъахӏаб ролъ» абураб магӏна буго гьелъул. Лъикӏаб бачӏин кьолел ракьал руго гьенир. Кӏудияб бакӏ кьун букӏун буго магӏарулазе росу гӏуцӏизе, яшав гьабизе. Гьеб дагь-дагьккун турказе бичун, гьанже рекьулел ракьал дагь руго. Нижер эбел Умижат Токъат вилаяталъул Манамах росулъ чӏарал магӏарулазул яс йикӏун йиго.
Бахъухъги белъуна, хинкӏалги рала
— Нилъер гӏадатазул хутӏелго бугищ гьанже нужер рукӏа-рахъиналда?
Зекие:
— Бахъухъги белъуна, хинкӏалги рала, каршги гьабула, магӏарул мацӏги бицуна — гьеб бугоха хутӏун. Цебе росулъ киназго хурзал рекьулаан. Лал тӏамулеб мехалъ балагьеназда
ан. Гьанже гьеб алатги музеялда лъун буго доба.
— Патӏимат, тӏоцее гьание щведал, мугӏрул рихьидал, щиб асар гьабураб ракӏалъе?
— Цо хӏикматаб рохелги пашманлъиги бачӏана гьулчун рекӏелъе. Магӏу кквезе кӏвечӏо мугӏрул рихьидал, гӏемер гӏодана. Гьал мугӏрузухъ балагьун гӏорцӏуларого, умумузул ракьал-
даса урхъиго буссунарого йиго дун, — ин абуна Патӏиматица шакъраххунаго. — Ахӏул Гохӏде щведалги чвахана магӏу. Цӏакъ лъикӏаб иш гьабун буго гьенибе тӏаде нух къайги. Гьеб ра-
гьун букӏарабаниги кӏвелароан дол биял тӏураб ракьалда хӏетӏе чӏезе. Дун цӏакъ разиго йиго гьаб сапар гьабизе Аллагьас дие къуват кьеялдаса, щукру гьабулей йиго. Лъеберго соналъ цебе дида макьилъ бихьана дунго Дагъистаналде щун. Сверухъ гӏурччинхариде щуб ккараб рогьалил гӏуж букӏана, цо борхалъудаса мугӏрузухъ балагьун йикӏана дун. Макьу тӏубана Ахӏул Гохӏде щведал. Ниж гьанире унел рукӏин лъайдал, дир яс йикӏана йоххиялъ гӏодулаго кӏалъалей. Дир гӏумруялъулго анищ букӏаралъулха умумузул ракьалде
щвезе. Жеги цӏикӏкӏараб чӏалгӏен букӏана гьанибе нижер чӏахӏиязул.
Патӏиматил щуго лъимер буго, Зекиел лъабго. Гьезулги наслаби гӏолел руго Турциялда, Германиялда, Индонезиялда.
Зекие:
— Гьитӏинаб мехалъ кидаго кӏодоэбелалъ бицунеб букӏиналъ батила, макьилъ бихьулаан дида Дагъистан. Макьу бицине нечолаан, гӏумруялъ бихьичӏеб бакӏ дуда макьилъ
кин бихьулеб абун дидаго тӏад релъанхъилин. Дол, макьабалъ рихьарал мугӏрул, гӏорал ратана дида гьанир хӏакъикъаталдаги.
Баркала Путиние, дин гьабизе эркенлъи кьуралъухъ
Исанасебги сапаралдаса гьаниб гьудулзабаз ва гӏагарлъиялъ гьабураб хӏурматалдаса кутакалда разиго ругоан Патӏиматги Зекиеги. Гьел щун руго Цӏолоде, Рацилъе, Ахӏул Гохӏде, Дербенталде. Гьоболлъи бан буго Кокрекалда, Цӏияб Цӏолода, Гъизилюрталда бугеб инсул гӏагарлъиялъухъ. Дагъистаналда гьезул щулияб гьудуллъи буго Казбек районалъул Гуниялдаса, Дагъистаналда машгьураб, Ильясовазул хъизаналъулгун. Турциялда цӏаларай жидерго ясалдаса лъан руго Ильясовазда Сейфулагьил ясал, гьезул хъизан-лъимал. 2004 соналдаса нахъе, божараб гӏагарлъи гӏадин, бухьеналда руго гьел.
— Цеесала магӏарухъе рахунаго нухал цӏакъ хӏинкъарал рукӏана. Машинаялда унаго кӏкӏалахъеги балагьун, дунго хваниги кӏваричӏин, цадахъ ругезе къварилъи ккогегиян гьару-
лей йикӏана, — ян ракӏалде щвезабуна Патӏиматица. — Гьанже санагӏатал, гӏатӏидал нухалги руго, гӏадамазул яшавги берцинлъун буго.
— Гьанирго чӏезе бокьилищ гӏумру гьабун?
Патӏимат:
— Бокьиларищха нилъерго ракьалда, нилъерго гӏадамазда аскӏоб. Амма лъимал-хъизанал дора ругелъул. Доба яшавги тун гьел гьанире рачӏинаро, амма бихьизе киназего бокьун буго. Гьаниб бугеб ахӏвал-хӏал бихьизегӏан нижеда кколаан Дагъистаналъул халкъ гӏакъубаялъулъ, мискинго, гӏурусаз къварид гьабун бугилан. Нижеда гьедин бицунаан мактабалдаги. Лъикӏаб магӏишаталда руго нилъер гӏадамал гьанир. Баркала Путиние, гьес халкъалъул тӏалаб гьабулеб буго. Дин гьабизе эркенлъи кьун букӏин бихьулеб буго, Шамил имамасул суратал, цӏар гьукъун гьечӏо. Гьелдаса йохана дун.
Наслабазда аслу кӏочене тоге
Зекие:
— Тӏубараб дунялго цо хъатиниб гьун бугелъул, кир ругониги рес буго кӏалъазеги рихьизеги. Нижер гӏелалда Дагъистан лъазе рес букӏинчӏо, чӏахӏиязул ракӏалдещвеязулъ,
макьилъ гурони. Гьанже рес буго магӏарул, гӏурус мацӏал лъазаризе, цоцахъе гьоболлъухъ хьвадизе.
Дагъистаналъул мугӏрузда, магӏарулазда салам бицеян абун букӏана Турциялда бугеб гӏагарлъиялъ. Нижеца гьаб газеталдаса киназдего салам битӏулеб буго. Магӏарулал сах-
саламат рукӏине бокьила, рагъ-кьалалдаса цӏунаги Дагъистан. Зодоса рахӏмат, кодоса баракат камугеги нилъер халкъалъул.
— Нужеца бицунеб магӏарул мацӏалда хӏайранлъун руго ниж. Рахьдал мацӏ лъаларел магӏарулазул гӏисинаб гӏелалда, гьезул эбел-инсуда щиб абилеб?
Патӏимат:
— Гӏурус мацӏ лъазеги бицинеги ккела. Гьаниб кӏудияб хӏукуматалъул хъвай-хъвагӏай гьеб мацӏалда бугелъул. Амма дир ракӏ къварилъана магӏарул мацӏго бичӏчӏуларел лъимал гьанир ратидал. Гьалгощинал чагӏи магӏарул мацӏалда кӏалъалеб бакӏалда, магӏарул халкъалда гъорлъ гӏолел лъималазда гӏурус гурони мацӏ лъалеб гьечӏо. Гьелдаса
пашманлъана дун. Наслабазда жидерго аслу кӏочене тогеян гьарилаан дица магӏарулазда. Берцинаб мацӏ буго нилъер, дунялалда гӏумру бугебгӏан мехалъ гьаб мацӏ цӏунун букӏине бокьила. Цоги, виза гьечӏого ине рачӏине рес бокьилаан. Гьаниса доре эркенго рачӏине рес буго, амма нижее визаялъул рахъалъ захӏмат буго. Турциялдаса гьанире рачӏине изну кьоларого букӏуна бокьараб мехалъ. Нижее, херал чагӏазегицин гӏемер мех бана виза кьоларого. Гьеб бигьа гьабуни бокьилаан Россиялъул хӏукуматалъ.
Иргадаз бицунеб гьезул харбихъ гӏенеккун чӏалгӏунеб хӏал букӏинчӏо кӏиго сагӏаталъ бицаниги. Нижецаги къокъго бицана гьезие магӏарул газеталъул тарихалъул. Газеталъе кьучӏ
Шамил имамасул васасул ясалъ лъейги цӏакъ рекӏее гӏуна гьезие.
Ахиралдаги. Нижехъа бегьанагӏан мухӏканго кьуна Цӏолода наслуялъул Сейфулагьил ясаздаса щварал гьезул наслуялъул баянал. Гьезие цӏакъ бокьун буго эбелалъул гӏагарлъи батизе. Турциялда яги Дагъистаналда гьезул хӏакъалъулъ щибниги лъалев чи ватани бокьилаан нижехъе редакциялде хъвани.