2012 соналъул ноябрь моцӏалда РГВК телеканалалдасан Гъазимухӏамад Гъалбацӏовас Фазу Гӏалиевалъулгун гьабун букӏараб гара-чӏвари

— Чӏужугӏаданалъ хъварабги бихьинас хъварабги бокьараб жанралъул асаралда гьоркьоб батӏалъи букӏунищ?

— Дица цо макъалаялда (гӏурус мацӏалда хъвараб) хъван букӏана, чӏужугӏаданалъ хъвараб бугин абун, цӏаличӏого добехун тӏехьги рехуларо, бихьинчиясул бугин абун, квешаб тӏехь цӏализеги цӏалуларо. Батӏалъи гьечӏо. Дие лъикӏал асарал ругелдаса нахъе, бихьинчияс хъван ратаниги, чӏужугӏаданалъ хъван ратаниги батӏалъи букӏунаро.

— Масала, дур хабаралда буго, нухдасан уней цо яс, цӏадукьеги ккун, гьелъие гъал бакӏлъанилан. Гьеб жо бихьинчиясда хъвазе кӏвелаандай? Масала, дир ботӏролъе бачӏинароанха, гъал бакӏлъанилан хъвазе.

— Мусаца гьелдасаги квешал хъвалаан (елъулаго). Батӏалъи буго лъикӏабги квешабги асаралда гьоркьоб. Щайха, гьедин батани, сордо борчӏун цӏалулел Цветаева, Ахматова? Гъозде данде щолел бихьинал –поэтал гӏемер гьечӏо.

— Фазу, дуца гӏемераб жамгӏиябги политикиябги хӏалтӏи гьабуна, политикал ругел бакӏазда кӏалъазе яхъана. Политикаялъги жамгӏияб хӏалтӏиялъги творчествоялъе кумекищ гьабулеб яги квалквалищ?

— Дун политик гуро. Дица кидаго абула, дун политик гурей, жамгӏияй хӏаракатчӏужу йигин. Политикаялъ руччаби ракъвазарула. Гъозул чорхолъ бугеб хӏеренлъиги хӏасралъаги, жидедаго лъачӏого, дагь-дагьккун гъозулъа тӏагӏуна. Гъол лъугьуна политикаллъун. Хъачӏлъи цӏикӏкӏуна. Дида ккола, жамгӏияб хӏалтӏиялъ хъвадарухъанлъиялъе кӏудияб кумек гьабунин. Дихъе гӏемер рачӏуна гӏадатал магӏарул руччаби. Гьезухъ гӏенеккараб мехалъ, дида ккола гьаздаса гӏакъилал руччаби кирниги ратиларин ва дун гьазулъеги киданиги яхъунарин. Цо-цояз бицараб жоялъ дие асар хъвазе хӏадурараб сюжет кьола. Гьагъадигӏанги жаниса рацӏцӏадал, ракӏрагьарал, щибниги жидеего тӏалаб гьабичӏого дуниял гьабулел ругел руччаби, нилъер гьанир цӏакъ гӏемер руго. Гьезул щивасул гӏакълу, цӏадул хӏенхӏал гӏадин уна дир рекӏелъе. Цинги, гьел хӏенхӏалги ракӏарун гьелъул гьабула кӏудияб цӏа — дирго асарал.

— Жакъасеб магӏарул литератураялда хадуб халкколеб батила дуца. Гӏолохъанал хъвадарухъаби сундулъ мекъи кколел ругел?

— Гьезул гъалатӏ буго, гъварид гьабичӏого, жидедасаго цере рукӏарал, кӏуди-кӏудиял хъвадарухъабазул асаралги расги лъаларого, цӏализеги цӏаличӏого, цоцазда релълъарал асарал хъвазе лъугьунел руго гьел. Эбелила, кетуйила, гӏакайила, чуйила… Дихъе гӏемер рачӏуна гӏолохъанал шагӏирзабаз жидерго асарал. Гьел цӏалидал, дида ккола дица гьеб цӏалун букӏанилан. Гъварилъи гьечӏо, гӏумру гьечӏо. Дица гӏолохъанал шагӏирзабаздехун, хасго ясаздехун юссун. Кӏиго кваркьи букӏине ккола шагӏирасда: цо кваркьи — бихьинчилъи, живгоги, жиндирго цӏарги цӏунизе бахӏарчилъи, цоги кваркьи — Ватӏаналде, магӏаруллъиялде, хъизан-лъималазде бугеб рокьи. Гӏадамалги гӏумруги лъачӏого, валлагь, дица хъвалилан хъвараб жо цоцазда релълъинчӏого хутӏулеб гьечӏо. Гьеб гӏадамазеги къваригӏун гьечӏо. Кинабго цӏакъго релълъараб бугинги абизе бегьиларо, амма гъозда батулеб гьечӏо гӏадамазе бокьулеб хӏалалъ хъвазе жо. Масала, гӏадамазул къисмат, цоязда бихьараб, цогиязда бихьичӏеб къо…Нилъер гӏумруялда ккечӏеб жо жидерго творчествоялде рачараб мехалъ, гӏадамазе гьеб къваригӏун букӏунаро. Гӏадамазе къваригӏуна, нилъеца хъвараб жоялдасан, жидерго къварилъиги дагь гьабизе, гӏатӏилъиги цӏикӏкӏинабизе.

— Гьебни дида абулеб гӏадаб жо бугин ккола дуца…

— Гьечӏо. Дур дурго нух буго, дуца проза цӏакъ лъикӏ хъвала.

— Литератураялда жаниб дуца хӏалтӏизабичӏеб жанр хутӏичӏо. Драматургиялъулги дурги щиб ккараб?

— Дида кутакалда лъикӏ лъала руччабазул хасиятал. Дир лъимерлъи ана росулъ. Дир кӏодо йикӏана тӏалъиялда цӏар рагӏарай маслихӏатчӏужу. Гьелдасан дида цӏакъ гӏемераб жо лъана. Эбел 26 сон бараб мехалъ, къороллъуда хутӏана. Гьелде аскӏоре рачӏунаан, рагъда росал чӏварал гьейго гӏадал къоролзаби. Гьез цоцазда бицунеб толеб жоги, гьезул щиялъул хасияталги дир рекӏелъ кидаго хутӏана. Дида кӏолаан драматургиялъул даража кутакалда борхизабизе. Тӏоцебесеб курсалда хъвана дица кӏиго пьеса ва битӏана нилъер культураялъул министерствоялде. Кӏиябго лъуна батӏи-батӏиял миллатазул театраз. Дир кӏиабилеб пьесаялъул кӏудияб успех букӏана. Гьеб бихьараб мехалъ, дун чӏезаюна. Дун чӏезайизе кӏолел чагӏи рукӏана дора. Гьебмехалъ дицаги гьеб жибго тана, гӏурус мацӏалдаги магӏарул мацӏалдаги проза хъвалеб мехалъ, дие гьеб щайилан.

— Мунагьал чураяв Расул нилъедаса ватӏалъидал, дуе щиб камураб? Гьесул творчествойищ, гӏадан хӏисабалдайищ, ракьцояв ялъуни нилъер литератураялъул лидер хӏисабалдайищ?

— Дирги Расулилги кинаб гьоркьоблъи букӏарабали гӏемеразда лъала. Цодагьалъ цебегӏан, къватӏисан уней дида рихьана гъала-гъважа балеб кӏуниялда аскӏоре ран гӏемерал тӏахьал. Дида гьениб бихьана дие бищунго бокьулеб гьесул «Чаша жизни» абураб тӏехь, тӏад ккалги чӏван, биччун. Дица рокъобеги босун, бацӏцӏа-бакун, бакъвазеги гьабун, гьаниб буго гьеб тӏехь. Дие Расулил кучӏдулги кутакалда рокьула, амма киналго гуро. Гьел киналго дида рекӏехъеги лъала. Расул вукӏана пагьмуги гьунарги кьун вижарав кӏудияв шагӏир. Гӏакълуги, гъварилъиги, борхалъиги кинабго букӏана гьесул гӏисиналги чӏахӏиялги кучӏдузулъ. Амма дица гьесда жиндагоги абун букӏана, кӏудиял поэмаби дур гӏемер лъикӏал лъугьунарилан. Цо нухалъ, дару босизе аптекаялде щварай дида шкафалда тӏад лъун бихьана Хӏажи Махӏачевасул суратги тӏад бугеб «Чӏегӏераб ящик» абураб Расулил поэма. Дица гьеб рокъобеги босун цӏалана. Дидаги Расулидаги гьоркьоб гьогьен ккун гӏемерал сонал ун рукӏана, амма гьеб поэмаги цӏалун, Расулихъе кӏалъана дун. Дида кӏвечӏо кӏалъачӏого чӏезе. Патӏиматица абуна, тӏуртӏудулел квераз хъванин гьес гьеб поэмайилан ва гьесухъе кьуна телефон.

Мугӏрул тун, рахъ-рахъалъ рехъенги биххун,

Хутӏарав вехь гӏадин вуго дун жакъа.

Мун- хадув вачӏунев, дуда дандчӏвачӏищ,

Дир соназул рехъен рахъ-рахъалъ араб?

Самолет бухӏарав, парашют гьечӏев,

Пилот гӏадин вуго гӏодов унев дун.

Гӏолохъанав гьудул, дуда батичӏищ,

Дир чӏаголъиялъул чӏегӏераб ящик?

Доб мехалъ Наби цӏакъ унтун вукӏана. Гьесухъеги кӏалъан, гьениса мухъал дица гьесие рекӏехъе цӏалана. Набица абуна, кӏиго сагӏаталдасан поэма гьанибе щвезабейилан. Хадуб, гьебги цӏалун гьевги гӏодана.

Расулица ахирияб поэмаялъ бихьизабуна, жинда гӏадин поэма хъвазе Дагъистаналда лъиданиги лъалареблъи. Дие гьеб кутакалда бокьула, гьеб гӏурус мацӏалде буссинабунги бажарунаро.

— СССРалъул заманалда кӏудияб кӏвар кьолаан идеологиялде. Тӏехь бахъаралъухъ гонорар кьолаан хъвадарухъанасе. Жакъа гӏадин букӏунеб бугони, нилъер магӏарул литератураялъе мукъсанлъи ккелебдай?

— Хъвалел чагӏи дагьлъиларо, лъикӏаб литератураги букӏинаро. Дудаго бихьулеб гьечӏищ, кигӏан гӏемер гӏала-гъважа къватӏибе бачӏунеб бугебали. Тӏаделъун, гӏемераб заманги хвезабун, лъикӏал тӏахьал хъвазе дол пакъирзабазул рес букӏунаро, гьел кир ругониги хӏалтӏизе ккола. Доб заманаялъ гӏадин миллияб литература киданиги тӏегьан букӏинчӏо. Нилъехъе щолаан цӏализе цогидал республикабаздаса хъвадарухъабазул тӏахьал, съездазде араб мехалъ цоцазда баркулаан. Доб мехалъ кутакалда рес букӏана хъвадарухъанлъун вахъине. Гьабсагӏаталда, мун лъикӏав шагӏир вугинги абун, гьесие гьабулеб щибго кумек-квербакъи бихьулеб гьечӏо дида. Дагьлъила лъикӏаб литература, гӏемерлъила къватӏул литература.

— Советияб заманалдаги, улка биххун хадубги дуда гӏемерал политикал дандчӏвана. Гьезда гьоркьов унго-унголъунги литератураги бокьулев, гьебги бичӏчӏулев чи ватанищ дуда?

— Бичӏчӏулиш бичӏчӏуларищали дида абизе кӏоларо. Амма дида лъала, нилъехъе кьолел Хъвадарухъабазул союзалъул членлъиялъул билетал хисана Брежневасе тӏоцебесеб номер кьезе гӏоло. Гьес хъвачӏищха трилогия. Дида бицана, гьес рекӏехъе цӏалулаанин Симоновасулги цогидазулги кучӏдул. Гьаб заманаялъул бицани, дие кутакалда вокьула Путин. Ельциница тӏад малалги чӏун босун кӏкӏалахъе рехана нилъер пачалихъ, цинги, вачӏун Путиница абуна, Россия букӏанила, бугила, букӏинеги бугила. Гьес гьел рагӏаби абулеб рагӏараб мехалъ, асда литература лъалеб бугилан кутакалда йохана дун. Дида лъала, Мухӏамадгӏалие кутакалда Пушкин вокьулеблъи, рекӏехъеги лъала. Дица гьесул юбилеялде сайигъат гьабуна «Пушкин в одном томе» тӏехь. Гьединго, Мухӏу Гьиматовичги вуго гӏемер литератураги цӏалулев, гӏемераб жоги лъалев чи.

— Жамгӏияб хӏалтӏи гьабулаго, духъе чанги чи вачӏун ватила кумек гьарун. Дуца гьабураб кумек лъачӏел, баркалайилан абичӏел гӏадамал гӏемер дандчӏванищ дуда?

— Дица гьезул баркалаялъухъ щибниги гьабуларо. Дир мурад букӏуна, щиб гьабунги, рескъотӏарал руччабазе кумек гьаби. Нижеца лъиданиги гӏарац гьаруларо. Хӏамзат Мухӏамадовичас босана нижее кӏиго компьютер, Хӏажи Махӏачевасги босун лъуна нижее цоги компьютер. Гьеб буго гьез жидеего бокьун гьабураб кумек. Дица кидаго абула, гӏарцул цӏар бахъун дида аскӏове чи вачӏунгейилан. Нижехъ гӏарац букӏунаро, дунги гьардезе унаро. Масала, бачӏуна гӏарза. Гьениб бугеб гӏузру тӏубазе кумек гьабизе кколеб идараялде кӏалъала дун гьеб суал тӏубаян. Гьедин, гӏемерав чиясе кумек гьабуна дица.

Гьезда гьеб бичӏчӏараб-бичӏчӏичӏеб дида лъаларо, амма дора-гьанисан баркалаялъул ругьелал гӏемер щола.

— Пушкиница, Толстояс, Чеховас, Достоевскияс кьураб къиматищ дуе бокьилеб яги халкъалъ кьурабищ?

— Гьел дуца рикӏкӏанщинал кӏудиял шагӏирзаби дир творчествоялъе къимат кьезе хабалъа рахъинаро. Рахъаниги, бищун цебе дие бокьила, дирго рукъалъ дун кӏодо гьайизе. Нилъер кици буго «Гъанситудахъ хан гьечӏо», — ян абураб. Гъанситухъан байбихьизе ккола ханлъи. Хъизан-лъималаз кӏодо гьаюни, гъолдасан уна хадуб. Дие бокьила эбелалъул рахьдада цадахъ дие бачӏараб, дие хирияб, дида лъикӏ лъалеб, дица жинда кучӏдул хъвараб, дирго магӏарулаца къимат кьезе. Дун гӏемерал шагьаразде щвана, чанги бакӏалда кӏалъазе яхъана. Амма кие аниги, тӏадеги рахъун, халатбахъараб хъатчӏваялдалъун къабул гьаюла гьез дун. Гьез гьединаб къимат кьезеги, узухъда, бокьила дие. Амма тӏоцебесеб къимат кьезе бокьила диего хириял магӏарулаз.

— Дуца цо бакӏалда хъван буго лъарал лъикӏлъи щвезе, гӏор къулчӏизе кканин жинцаян. Дуца дурго гӏумруялъе кинаб къимат кьелеб букӏараб?

— Тӏоцебе абуни, дун йиго гӏемераб къварилъи бихьарай чӏужу. Щуго сон барай чӏужу дун йигеб мехалъ, хвана дир эмен. Дун рокъой ясазда гъорлъ бищунго кӏудияй йикӏана. Кинабго гьабулеб гӏайибги эбелалъул диде букӏунаан, кьабгӏулеб зарги диде букӏунаан, дидасан цӏикӏкӏун тӏалабги гьабулаан щибго. Тӏоцебесеб классалдаго дида бихьана дилъго балеб бугеб жахӏда. Лъикӏ цӏалун, гӏемер еццун, Хӏамзатил гӏемер цӏалун. Дица доб мехалъ декломировать гьабичӏеб кечӏ хутӏун букӏинчӏо Хӏамзатил. Дир учитель вуго гьев.

Кӏиго лъимерги тун росасдаса ятӏалъана. Чияр лъималги рачун цоги чиясе инги бигьаяб иш гуро. Гьеб кинабго бихьичӏин телаан дица. Хадуб, бищун дие вокьулев вас дихъа Аллагьас вачун ана. Альхӏамадуллилагь, гьедин хъван букӏун батила. Хадуб, дир кодов, гьагъадигӏан дун хирияв рос хвана. Гьеб кинабго дица къулчӏизе ккана. Тӏаде бачӏараб къо лъимлъун къулчӏулин магӏарулазин гьечӏищха Расулил кочӏолъги.

Дун диего кутакалда йокьула. Дунго йокьиялъ кьола дие дирго цӏар цӏунизе бихьинчилъи, доз-гьаз гьабунщинаб жо дицаго гьабизе бегьунгутӏи бичӏчӏи, дун киназулго берзукь йикӏунелъул, дагьазда рихарай ятаниги, гӏемеразе йокьулелъул Дагъистаналда.

Дица бакӏ ккун букӏаго абила, Фазу Гӏалиева Дагъистаналъе кутакалда камизе йиго. Дидасаги лъикӏ асарал хъвалелги рахъаги руччаби, амма дица гӏадин ракӏ-ракӏалъ руччабазе кумек гьабулей, гӏадамаздаги гурхӏулей, дица гӏадин ракӏбацӏцӏадго руччабазе кумек гьабулей чӏужугӏадан гӏемер ятизе гьечӏо. Дун камизе йиго нужее кидаго.

— Дур пикруялда, сунца инсанасул гӏумру бечед гьабулеб-релъиялъищ гӏодиялъищ?

— Гьакӏкӏан кӏалгун, кидаго релъанхъулел рукӏунел чагӏи тӏубарал рукӏунаро. Бечед гьабуларо магӏуялъги гӏумру, амма гъваридго ургъизе тӏамула гӏодиялъе. Щибниги бихьилареб гӏадин нилъ ругеб мехалъ, цо жо бихьидал, нахъа ругездаги хӏинӏкъизе бачӏуна, гъваридго бичӏчӏула, нилъедаги гьеб хъвалеблъи. Дир бералда цебе, бищун дагьалдасан 50 чиясда бихьана бадибчӏвай. Дица кидаго лъималазда абула, киназдаго гъорлъ лъикӏ рукӏаян. Нилъерго гӏадаб ракӏ букӏуна гӏадамазулги. Лъилниги рекӏелъ ругъун лъезе бегьуларо. Дуда цониги нухалъ йихьанищ дун лъилниги асар какулей. Дие бокьараб жо дица беццула, бокьичӏеб жоялъе юцӏцӏун чӏола. Щивас жиндирго гьунаралда рекъон хъвала.

— Дур гӏумруялда жаниб, гьабизе бокьунги букӏун, гьабичӏого хутӏарабищ гӏемер бугеб яги гьабизе кӏварабищ?

— Дунго унтараб, гьаб ахирияб заманаялъ дида ракӏалде ккана, хъвадарухъанасе кӏиго гӏумру кьезе кколеб букӏун бугин. Цо гӏумру-гьесда кинабго бичӏчӏизе, цоги- хъвадаризе.

Дир кӏудияб анищ букӏана яс щвезе. Дие ясги щвечӏо, амма ясалъухъ урхъун дун васазги течӏо.

— Нусазул ясал лъугьинчӏищ?

— Кутакалда лъикӏал нусалги руго дир, лъиданиги абизе рагӏиги гьечӏо. Амма нусалги ясал кколаро. Гӏапица (дир эбелалъ) абулаан кигӏан лъикӏила дур яс гьечӏей, дуда гьей росасе кьезего кӏвелароанин.

Гьеб анищ тӏубачӏо дир, амма дица анищалъ ургъун букӏаралдаса гӏемер жо гьабуна дица хъвадарухъанлъиялъухъ.