Казбек районалъул Дилим росдал культураялъул кӏалгӏаялда цебе бугеб майдан кьабун цӏун бугоан гӏадамаз. Ракӏалде кколеб букӏана гьениб концерт батилилан. Гьанже театр-концерт бугелъуре данделъулелъулха гӏадамал.
Амма гӏилла батана батӏияб, ай хӏалтӏухъан кӏодо гьавизе данделъун ратана гьел.
Исана 27 декабралда 85 сон тӏубалаан захӏматалъухъа хӏинкъичӏого гӏумру тӏамурав, гьединабго тӏабигӏаталда лъималги куцарав Гертмаялдаса Гӏабдулмуслимов Мухӏудин гьавуралдаса. Гьев ракӏалде щвезавиялъул мурадалда тӏобитӏулеб букӏана данделъиги. Райцентралда гьеб мажлис гӏуцӏиялъе гӏиллаги ккана Мухӏудин КПССалъул райкомалъул секретарьлъун, райисполкомалъул председательлъун хӏалтӏулаго район цебетӏезабиялда лъалеб лъалкӏ тарав чи вукӏин.
1937 соналъул 27 декабралда гьавурав М. Гӏабдулмуслимов нилъедаса ватӏалъана 2002 соналъул январалда, 65 сонил ригьалда.
Рухӏалда барахщичӏого хӏалтӏулев, захӏматалъул къимат гьабулев чиясдехун сахаватаб бербалагьи Дагъистаналда кидаго букӏана. Гьединлъидал «захӏмат бихьичӏого рахӏат бокьарас, бекьичӏого лъилъе нилъ гьечӏого хур», — ан хъвана Инхоса Гӏалихӏажияс.
Гьесул захӏматалъул нух кидаго бухьараб букӏана районалъул росдал магӏишат цебетӏезабиялда, гӏадамазе рукӏа- рахъиналъе лъикӏал шартӏал чӏезариялда. Бачӏинахъего абизе бегьула церелъурал масъалаби ракӏбацӏцӏадго тӏуразариялъе Мухӏудиница жиндирго сахлъиги лъайги тӏубанго назру гьабунилан. Гьев вукӏана со- ветияб школалда тарбия щварав, партиялъ куцарав, коммунистазул ритӏухълъи рекӏелъ цӏунарав, захӏматалъ лъадарарав хӏаракатчи.
Гӏадада гурелъулха Д. Кеннедица 1963 соналда Америкаялъул конгрессалде битӏараб жиндирго хитӏабалда бихьиза- бураб «космосалда кверщел гьабиялъе гӏоло букӏараб къецалъулъ СССРалъ бергьенлъи босана школалъул партаялда нахъа», — ян. Гьелдаса кӏудияб къимат нилъер букӏараб советияб лъай кьеялъе кинабха букӏинеб!
Гьеб заманалда студентлъун вукӏаго, цӏикӏкӏинабураб стипендия жиндие щолев вукӏарав Мухӏудин Гӏабдулмуслимовас бихьизабуна жив унго-унгояб интеллигенциялъул мустахӏикъав вакил вукӏин.
Мухӏудинил хӏалтӏудехун букӏараб жавабияб бербалагьиялъул бицун данделъиялда кӏалъазе рахъана анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун гьесул гӏелцоял, къайицадахъал, Росдал магӏишаталъул министерствоялъул вакилзаби, магӏарул гурел цогидал районазулги нухмалъулел. Дол захӏматал 90-абилел соназда М. Гӏабдулмуслимовасухъа бажарана районалъул магӏишатазда чӏегӏербоцӏул ва гӏи-цӏцӏаназул къадар дагьлъизе течӏого, гьан, рахь гӏезаби цӏикӏкӏинабизе ва пачалихъалъул планал тӏуразаризе.
Районалъул киналниги захӏматчагӏаз гьесие кидагосеб баркала кьола росабалъе газ бачине гьабураб жигарчилъиялъухъ. Гьесухъа бажарана Хасавюрталдаса Азербайжаналде унеб, щивго хъвазе толареб газалъул трубаялдаса пайдаги босун, Казбекалде гьеб халкъалъе цӏакъго хӏажатаб магӏдан бачине. Гьеб букӏана бюрократиялда тӏад босараб унго-унгояб бергьенлъи ва гӏадамазе кӏудияб рохел.
Гьеб гуребги, цогидал суалал гӏумруялде рахъинари мурадалда райисполкомалъул председатель Мухӏудиница партиялъул обкомалде, Министрзабазул советалде гьарурал гьариял, гьесул жигарчилъиялъул, къадру-къиматалъул хӏисабги гьабун, нахъчӏвачӏого тӏуразарулаан. Мухӏудинил гьунарлъун рикӏкӏуна райцентралда бараб гӏатӏидаб культураялъул кӏалгӏаги.
Гьесул хӏаракаталдалъун Дилим, Ленинаул, Калининаул росабазул къватӏазде хъил тӏу- ралдаса тӏубанго хисана гьезул сипат ва гӏумру гьабулезул санитариябгун культурияб даража.
Райисполкомалъул председателасул гӏадамазда цеве вацӏцӏадго хӏалтӏиялъул хӏакъалъулъ гӏемерал биценал руго районалда. Жакъа захӏматаб жо буго жиндиего давла босуларев хӏаким ватизе. Партиялъул ва советиял хӏалтӏабазда гӏумру аниги, Мухӏудиница жиндиего босичӏо я машина, я рукъ, я ракьул бутӏа. Гьес хӏаракат бахъулаан гӏадамазул мурадал тӏураялъе. Кӏудияб бутӏа лъолаан лъималазе букӏине кколеб захӏматалъулаб ва рухӏияб тарбия кьеялъулъ. Гьединлъидал гӏажаиблъизе ккараб жо гуро республикаялъул батӏи-батӏиял бутӏабазда хӏалтӏулев вукӏарав гьесул вас Гӏабдулмуслимица жакъа Дагъистаналъул хӏукуматалъе нухмалъи гьабулеб букӏин. Къокъабго заманалда республикаялъул экономика ва социалияб рахъ цебетӏеялъе гьесул нухмалъиялда гъоркь гьарулел хӏалтӏабазул лъикӏаб хӏасилги бихьулеб буго.
Гӏ. Гӏабдулмуслимов ккола Дагъистаналъе автономия кьураб 1921 соналдаса байбихьун, 105 соналда жаниб республикаялъул хӏукуматалъул 20-абилев председатель.
Мухӏудинил цӏар кьун буго райцентралъул цо къватӏалъе ва гьев учительлъун хӏалтӏулев вукӏараб Гертма росдал школалъе.
Данделъиялъул пайдаяб рахъ букӏана гьенир районалдаса рахъарал Россиялъул Бахӏарзал Юрий Салимханов, Арзулум Ильясов, Мухӏамадказим Гайирханов ва гьединго республикаялъул идарабазда хӏалтӏун жал лъикӏаб рахъалдасан рихьизарурал вакилзабазул хӏакъалъулъ бицен гьабиги. Гьел ккола Хӏаписат Хӏамзатова, Гӏабдулвагьид Муслимов, Батир Батиров, Сайгидпаша Гӏумаханов, Салман Хӏажимухӏамадов, Гунаш Набиев, Гӏабдулхӏаким Хӏажиев, Ахӏмаднаби Магьдихӏажиев, Руслан Гьитӏинов, Башир Байтемиров, Назирхан Мухӏамадов.
Гьезул ва нилъедаса ватӏалъун 20 сон тӏубарав М. Гӏабдулмуслимовасул гӏумруялъул мисалал руго гӏолеб гӏелалъ жидедаса пайда босизе рекъарал.