Исана бихьа-рагӏаралъул хӏисаб гьабулаго, кинго кӏоларо рекӏелъа инабизе лъагӏалил байбихьуда лъаратӏисезул мугӏрузда хварал анцӏ-анцӏ бисал, дагьалъ цере, Каспиялъул рагӏаллъи цӏун карачалабаз къватӏире рехарал аза-азар тюленал, риидал Кидиро росдада гӏагарлъухъ чакъалалъ чӏварав микьго сон барав вас.
Гьел лъугьа-бахъинал цӏидасанги ракӏалде щвезаруна Дагъистаналъул Экологиялъул ва тӏабигӏиял сурсатазул министерствоялда гьоркьобе унеб ГКУ РД «ДИРЕКЦИЯ ООПТ, ОХРАНЫ ЖИВОТНОГО МИРА И ВОДНЫХ БИОРЕСУРСОВ» идараялъул нухмалъулев Расул Гӏумаровасулгун букӏараб гара-чӏвариялда.
Жакъасев гьобол, Чӏарада районалъул Гьочоса Расул Гӏумаров «Хӏакъикъаталъул» гьудуллъун нижеца рикӏкӏана гьес магӏарухъги шагьаралдаги гьабулеб жамгӏияб хӏалтӏи лъан, хӏаракатчилъи рагӏун. Гьесул лъикӏал ишазул хӏакъалъулъ нижеца цебеккун чанцӏулго бицун букӏана. Загьирал лъикӏал ишазухъ батила Расул «Дагъистаналъул халкъияв бахӏарчи» абураб жамгӏияб шапакъаталъеги мустахӏикълъарав.
— Расул, бисал цӏикӏкӏараб къадаралда хвеялъе гӏиллалъун гӏияде бахунеб тӏадерахъи (оспа) бугин чӏезабун буго. Мунго божанищ?
— Ракӏчӏун божула яги божуларин абизе мухӏканлъи дида лъаларо, гьелъул жаваб кьезе тарал хасал идараби ругелъул. Амма гьаб заман буго кинаб рахъалдасан зарал баккилебали лъалареб. Нилъер гӏорхъода ругел улкабазда Америкаялъул биолабораториял рукӏинги хӏакъикъат бугелъул. Гьеб лъугьа-бахъин ккана федералияб заказникалда. Аскӏобго бугеб, нижер тӏалабалде кколеб заказникалда бисазде гьеб унти бахинчӏолъиги гьечӏищха гӏажаиблъи. Гьединлъидал дида абизе кӏоларо бисазе кинаб бугониги загьру щвечӏин, гӏадамаз ургъунго гьабураб заралги гьеб гурилан.
— Мунго ваханищ бисал хвараб бакӏалде?
— Вахинарищха. Лъелго, накалде бахунеб гӏаздалъ, нартил канистралги раччун, рахана гьенире тӏаде. Лъарал, иццал ругеб бакӏаздаса рикӏкӏадегӏан росун, кӏудияб гвендги бухъун жанире ран рухӏана хварал бисал.
Гӏезегӏан гӏакъуба бихьана гӏолохъабазда гьеб иш гьабулаго. 500-гӏанасеб литр цӏатариялъул баччана гьенибе. Районазда вугев 70-гӏанасев нижер хӏалтӏухъан гӏахьаллъана гьеб ишалда.
— Расул, ралъдалъ тюленал холеб мехалда, ччугӏбузе зарал ккечӏолъи гӏажаиблъи гьечӏищ?
— Гьелъха тӏамулел ругел ургъизе, тюленал гочунеб цо мухъда, ралъдал тӏину кьватӏун, газ къватӏибе рехиялъ хун ратилин. Аслияблъун гьеб гӏиллаги бихьизабулеб буго. Тюленал цереги рачӏунаан Каспиялъ къватӏире рехун, исана цӏакъго цӏикӏкӏарал рукӏинчӏищха.
Каспий ралъад цоги чӏахӏиял ралъадазулгун жубай гьечӏолъиялъги батила, хъублъун буго. Шагьараздаса гьенибе жанибе чвахулеб чорокаб лъамалъи бацӏцӏунел хасал бакӏал, рукӏине кколеб даражаялда гьечӏолъиги нилъеда лъала. Гьелъие цӏакъ цӏикӏкӏарал харжалги хӏажалъулел ратиларищха.
— Магӏарухъ, росабалъе жанире гӏунтӏун гӏезе тун руго рохьал, гьенир шешкӏелел руго чакъалазул тӏелал. Къаси-къаси росабалъе жанирецин лъугьунел гьез инсанасе гьабулеб заралги камулеб гьечӏо. Мисаллъун буго Кидеро росдада гӏагарлъухъ ккараб талихӏкъосараб лъугьа-бахъин. Хӏакъикъаталдаги, Кидероса вас чӏвараб жанавар чакъалищ букӏараб яги бацӏищ?
— Чакъал букӏана. Дирго квералъ гьеб гӏалхул хӏайван чӏвани, рекӏее парахалъи щолеб гӏадин, вахана Цӏунтӏаве. Кӏиго сордо-къоялъ хъаравуллъиги ккун, чӏана гъов вас чӏвараб бакӏалда.
Щвана дихъе гьеб чӏвазе. Цогидаздаса кьер-мухъалъги батӏияб, жибгоги кӏудияб, тӏанчӏи хахулеб чакъал бугоан. Сурат бихьараб мехалъ, дов чӏварав васасул вацас тасдикъ гьабуна гьеб букӏанин. Доб лъугьа-бахъиналдаса хадуб нижеца кӏвар кьолеб буго чакъалал, бацӏал чӏваялде, гьезул къадар цӏакъго цӏикӏкӏунги гьечӏищха ахирал соназ. Цере гӏадин гӏемер гӏиги гьабиги гьечӏо магӏарда, росабалъги гьаби хьихьулел гьечӏо. Гьабзаздасаги хӏинкъулелъулха чакъалал. Хасго риидал гӏисинлъимал рукӏуна тӏабигӏаталда расандулел, чӏахӏиязул тӏалаб гьечӏого гӏалхуда гьел тезе бегьуларо.
— Гӏи-цӏцӏани, бачал чӏваялъулги хӏужаби гӏемер рукӏуна росабалъ. Циялгицин росабазде гӏагарлъулел руго, рукъалда цере ахикье рачӏун гьез гӏечул гъутӏби рек-рекун, найил тӏулби талавур гьариялъулги рагӏана бицунеб. Бокьарав чиясе изну бугищ гьединаб зарал гьабулеб гӏалхул хӏайван чӏвазе?
— Узухъда, бокьарав чияс чӏалгӏадего кинабгӏаги гӏалхул хӏайван чӏвазе бегьуларо. Бугеб заралалъул бицун чияс нижер идараялде гӏарза хъвазе ккола. Росабалъ яшав гьабулел гӏадамазда дица абулеб буго, хӏинкъи цӏикӏкӏунеб батани, нужее гьел чӏвазе изну бугин. Яги хехго хабар лъазабе нижер хӏалтӏухъабазда.
Амма гӏемераз гуроха росдае гӏоло гьединаб хӏалтӏи гьабулеб бугеб. Нижехъе гӏарз бачӏараб бакӏалда щибаб къойил чӏвалел руго чакъа- лалги бацӏалги, магӏарухълъи, гӏатӏиракь батӏа гьабичӏого. Гьезул зарал бугебщинаб бакӏ кидаго гуро нижеда лъалеб. Мисалалъе, Бабаюрт районалдаса бачӏана кумек гьабеян гӏи-боцӏухъабазул ахӏи. Цо къоялъ къого чакъал чӏвана гьениб нижер хӏалтӏухъабаз. Жеги гьеб хӏалтӏи унебги буго.
Росабазул бутӏруз тӏалаб гьабуни лъикӏ букӏинаан жиде-жидер ракьалда бугеб ахӏвал-хӏалалъул. Хасало рукӏуна, изну бугебги гьечӏебги багъарулебщиналде кьвагьдолел чанахъаби, жидер росдаего зарал гьабулел гӏалхул хӏайванал рикӏкӏад гьаризейин абуни гьезул гъира балеб гьечӏо.
— Нужер изну гьечӏониги, чундул ва цогидал хӏайванал копое чӏвалелги дагьал ратиларо?
— Иш лъугӏарал чагӏи руго гьел, рекӏелгъеялъе бокьараб заманалъ, изнуги гьечӏого чан чӏвалел чагӏи. Тӏатарал бакӏазда нижеца гьезде гӏакӏа къотӏула, тамихӏалде цӏала. Гьединал хъачагъал ругеб бакӏалдаса яхӏ-намус бугел гӏадамаз нижеда хабар лъазабула. Баркала гьезиеги.
Дун гьаб хъулухъалде вачӏаралдаса нахъе законалда рекъон чан гьабизе, ччугӏа ккве- зе изну босизе рачӏунезул къадар цӏикӏкӏана. Гьеб хӏужаялъги бихьизабула нижер хӏалтӏул низам кьваризабун букӏин.
— Нилъер гӏурул мухъазда цӏакъго гӏемерлъун букӏана рищни-къул, хӏалтӏизабун гӏодобе бараб пластикалъул цӏарагӏалъул лъугьарал рощнол чӏинкӏиллъаби киннигин рукӏана ГЭСазул хӏорал. Гьеб рахъалъ гьабулеб хӏалтӏи бугищ?
— Нижер министерствоялда буго рищни-къулалъул масъалаялда данде къеркьеялъе гӏуцӏараб хасаб отдел. Министр Ибрагьим Ибрагьимовги вуго кутакалда тӏабигӏаталъухъ ракӏунтарав, гӏамал бацӏцӏадав чи, живго цеве лъугьун, сахлъиялда барахщичӏого гӏемераб хӏалтӏиги гьабула гьес. Гьесдаса мисал босун хӏалтӏизе хӏаракат бахъула нижецаги.
Щивав чияс жинда сверухъ рацӏцӏалъи цӏунулеб бугони, кибго букӏунаро чороклъи.
Хӏалихьатал чагӏи кидаго рукӏана, биччанте гьаб дир пикру рагӏизе гьел, тӏабигӏаталъул бечелъи чӏвалел, рацӏцӏалъи цӏунуларел хъачагъазда. Жалго гӏадал рахъина гьезул лъималги.