1963 соналъ, 205 га ракьулги ччукӏун, лъаралда цебе гьебги чӏун, лъугьана Мочӏохъ хӏор. Гьелъул халалъи бащалъула 1600 метралда, гӏеблъи 600 метралда. Хӏор лъугьун нахъисеб соналъ гьенибе Гӏанди хӏорихъа биччан букӏана форель ччугӏа. Форель кутакалда рекъон ккана гьениб, ункъо-щуго соналдасан гьеб цӏакъго гӏемерлъана ва цо-цо форелалъул цӏайи 45 килограммалдегицин бахунаан. 1975 соналда ккун букӏана форель жиндир цӏайи 8 килограммгун 300 грамм бугебги.
Сонал анагӏан, гьоркьогьоркьоб гӏадамаз балъго ккуниги (гьеб колхозалъ хъаравулги тун цӏунун букӏана) ччугӏа кутакалда гӏемерлъулеб букӏана. Амма, араб гӏасруялъул 80абилел соназул байбихьуда, ччугӏа тӏубанго хвезе лъугьана. Гьелъие гӏилла заманалдасан лъана. Хӏоралда тӏадехун рахъалда букӏана колхозалъул ферма ва гьеб соналъ гӏиял рехъен чурараб креолиналъул лъамалъи хӏоринибе биччан буго. Гьелъул хӏасилалда форельги тӏубанго тӏагӏана. Гьелдаса хадуб 45 сон индал хӏориниб херги баккун, хӏор тӏубанго хьуцӏалде сверулеб букӏана. Доб мехалъ колхозалъул председательлъун вукӏарав муна
гьал чураяв Мухӏамадов Исламица Тарумовка районалъул Юрковка росдал ччугӏил колхозалдасаги босун гьенибе биччана сазан, карп, толстолобик, хъахӏаб амур, карась. Биччан лъабабилеб соналдего ччугӏбуз лъелъ бижун букӏараб хер кванан, хӏор бацӏцӏад гьабуна.
Биххана улка, колхоз, хӏорил тӏалаб гьабулев чиги вахъинчӏо. 1992 соналдаса хадуб байбихьана жигаралда хӏориниса ччугӏа кквезе. Гьабичӏо гӏадамаз гьелдаги гӏей, байбихьана ччугӏа кьвагьизе, амма бищунго аслияб тушман — «Электроудочка» хӏалтӏизабизе байбихьана Мочӏохъ хӏорихъ 2000 соналдаса хадуб хӏухьбахъи гьабизеян рачӏаразул цо-цояз. Гьабсагӏаталда хӏоралъул буго балагьидал ракӏ унтулеб хӏал. Ччугӏа дагьлъун букӏиналъул хӏасилалда
хӏор хьуцӏалде сверизе рес буго. Абула мачӏхъадерил хӏор бугила цо-цо чиновниказул чванта понцӏозабулеб хазина. Ахираб 7-8 соналда жаниб гьенир батӏи-батӏиял хӏалтӏаби гьаризеян миллионал риччан ругилан. Кепкил багьаяб хӏалтӏи киданиги гьабичӏо ва гьабизе бугищалиги лъаларо. Бищунго пайдаяб хӏалтӏи букӏинаан гьанибе 15-20 азарго форелалъул гӏиссинаб ччугӏа биччани. Щвечӏо гьелъие спонсорги. 2010 соналъул маялда Мочӏохъ росдал тӏабигӏат ва рухӏчӏаголъаби лъазаризе, Москваялъул Северцевасул институталъул ва Махӏачхъалаялъул биоресурсалъул институталъул экспедициягун цадахъ вачӏарав Германиялъул гӏалимчи Питер Фрицшеца хӏорил хӏакъикъат бициндал, гьаричӏониги, жинцаго рагӏи кьун букӏана форель биччаялъе кумек хӏисабалда 100 000 гъурущ кьезе. Гьелдаса хадуб Дагъистаналда хӏалуцараб ахӏвал-хӏал бугинги абун, Питер Фрицшее изну кьечӏо республикаялде вачӏине. Росдал магӏишаталъул министрлъун вукӏарав Амиров Сатмарицаги рагӏи кьун букӏана хӏоринибе ччугӏа биччаялъе квербакъи
гьабилин абун. Амма гьебги гӏумруялде бахъинчӏо.
Гьанже щиб хӏалха бугеб?
Гьале ахирияб 3-4 соналъ Мочӏохъ хӏорихъе хӏухьбахъи гьабизе ва тӏабигӏаталъул берцинлъи бихьизе рачӏине лъугьана Россиялъул батӏи-батӏиял бакӏаздаса ва къватӏисел улкабаздаса туристал. Гьел рачӏиналъе аслияб гӏиллалъун лъугьана росуцояз гьел къабул гьаризе шартӏал гӏуцӏиги ва социалиял гьиназда хӏорилги гьениб гьабулеб хӏухьбахъиялъулги гӏемерал баянал лъейги. Араб соналъ росдал гӏадамазе администрациялъ кьуна хӏорил рагӏалда ракьал. Кинабниги 50-гӏанасев чияс гьенир разе байбихьана, цо-цояз ранги руго, туристазе хӏажатал шартӏал чӏезарулел бакӏал. Руго гьенир кваналел, кофе гьекъолел бакӏал. Бачана хӏорил рагӏалде ток, лъим, бан лъугӏулеб буго какал ралеб рукъ. Росана катамаранал, конькаби, квадроциклал. Гьединго рачӏаразул машинаби чӏезе нижерго ракьалда гьарун руго майданал, рищни-къул жанибе базе лъун
руго къалал. Чӏезабун буго хасаб машина гьеб рищни-къул нахъе баччизеги. Гьеб киналъего росдал гӏадамаз харж гьабуна 40-45 миллион гъурущ. Щвечӏо хӏукуматалдаса цо гъурущ, щвезеги гьеб захӏмат буго. Гьелда хадуб гӏемер чиясул кӏал-бер букӏуна. Цохӏо дирго хӏакъалъулъ абуни, дица тури-
стал къабул гьаризе байбихьана лъабго соналъ цебе. Гьезие шартӏал гӏуцӏиялъе харж гьабуна лъабго миллион гъурущ, босизе ккана кредит. Бакӏ-бакӏалда хъван букӏуна хӏукуматалъул кумекалдалъун Дагъистаналда кибалиго цех яги завод рагьанилан ва 25-30 чиясе хӏалтӏизе бакӏ щванин. Нижеца, мачӏхъадерил жамагӏаталъ, нижерго къуваталдалъун рагьун буго хӏорил рагӏалда 50 чиясе хӏалтӏизе бакӏ, хӏукуматалдаги хъвачӏого. Бокьилаан нижее квекӏенал гьаричӏого тезе.
Рахӏат хвезабулеб масъала
Гьанже Мочӏохъ хӏорихъе туристал рачӏине лъугьараб мехалъ, цо-цо бизнесменазги батӏи-батӏиял идарабазги чан къан буго нижер хӏоралде. Хасго рахӏат хвезабула гьеб хӏор жидер къайимлъиялда бугин абун Тӏабигӏат цӏуниялъул ва экологиялъул министерство чӏеялъ. Хӏор лъугьана 1963 соналда. Гьелдаса нахъе хӏорил сипат цӏуниялъе гьеб министерствоялъ щибго гьабичӏо. Кагътида гьабун батизеги бегьула. Хӏор лъугьаралдаса нахъе росдал школалъул лъималаз щибаб ихдалги хасалихъеги бакӏарана хӏоралда сверун букӏараб рищни-къул. 1984 соналда хӏорихъ форель хвараб мехалда,
цониги чи гьениса, гьелъул ургъел гьабун ваккичӏо Мочӏохъе. Амма гъоркьиса декабралда рехсараб министерствоялдасайинги абун, кӏигояв вачӏана жидеца щивав туристасухъа 100 гъурущ бакӏаризе бугин лъазабизе. Щай? Сундуе гӏоло? Гьеб сурараб иш гьабиялъе гьел рес къотӏиялъдай тӏамурал?
Дагъистаналде вачӏарав гьоболасухъа гӏарац боси рекъечӏеб жо ккеларищ? 2000 соналда Росдал магӏишаталъул министерствоялъул сайталда лъун букӏараб программаялда хъван букӏана гӏадамаз хӏухьбахъи гьабулел хӏоразухъе ччугӏа биччазе бугилан. Дица хъвана гьенибе ва гьелдаса хадуб жакъа къоялде щвезегӏанги хъвалебги буго Дагъистаналъул Бетӏерасухъе, хӏукуматалде, хӏатта Путинихъегицин, Мочӏохъ хӏорихъе форель ччугӏил тӏанчӏи
риччаялъе квербакъи гьабеян. Пайда щиб, хӏасил кколеб гьечӏо. Амма жеги хьул буго Дагъистаналъул хӏукуматалъ, ресги батун, Мочӏохъ хӏорихъе 15-20 азарго форелалъул тӏинчӏ биччаялъе квербакъи гьабилин абураб.
ДРялъул хӏукуматалъул бетӏерлъун вукӏарав Гӏамирханов Гӏабдулпатахӏ Мочӏохъ хӏорихъе вачӏиндал, дун гьевгун дандчӏвана. Бицана бугеб хӏакъикъат. Кутакалда кӏвар кьун дихъги гӏенеккун, гьес рагӏи кьун букӏана гьеб иш рагӏалде бахъинабизе. Амма гьелдаса хадуб мехго иналде, гьев батӏияб хӏалтӏуде ана. Мачӏхъадерил жамагӏаталъ кӏудияб жигар бахъулеб буго туристал берцинго къабул гьаризе. Гӏицӏго гьари буго бизнесменалилан абулел чванта бицатаздеги, нижер хӏоралде чан къан ругел чиновниказдеги — гьаруге нижее квекӏенал. Те нижер умумузул ракь нижецаго хӏалтӏизабизе, законалда кин батаниги нилъ бусурбабилъидал.
Ахиралдаги, Мочӏохъ росдал школалда 45 соналъ учительлъун хӏалтӏарав мунагьал чураяв Мажидов Хӏасанхӏосенил, гьаб хӏор лъугьиндал хъварал кочӏол мухъал рехсезе бокьун буго.
Дунго жанив гӏураб гӏумрудул гьулак
Гӏажаибго берцин бихьула Мочӏохъ.
Иццул лъим гьуинаб, гьава бацӏцӏадаб,
Сверухълъи бахилаб росу буго дир.
Тӏабигӏатги ургъун, Аллагьас кьураб,
Форелал лъедолеб хӏор буго Мочӏохъ.
Сапаралъ рахъарал хӏанчӏазул тӏелаз,
Хӏалхьи гьабичӏого толаро гьаниб.
Нижер умумузул аби батана
Гьанир гӏехьелдерил кулал рукӏанин.
Анкьго цӏаракиялъ гӏумру гьабулеб,
Росдалго кӏудиял рукӏанин гьанир.
Чадий ролъ гьуинаб, гьанги кьарияб
Бечелъи цӏикӏкӏараб ракь буго Мочӏохъ.
Дир рекӏел анищал жанир тӏегьараб,
Тӏогьол квацӏи гӏадаб росу буго дир.
Сурат — Мухтар Хӏажидадаевасул