Сапаралдаса тӏадвуссун, рокъове вачӏунев вукӏа-

нила цо кӏудияв чи. Гьесда цадахъ кканила цӏалун

вачӏунев цо гӏолохъанчиги. Хабар-кӏалалда рилъ-

лъун рачӏунаго, гӏолохъанчияс кӏудияв чиясда абунила:

– Кӏудияв чи, нилъго свакачӏого рукӏине, цоцазда ре-

кӏун рилълъани, лъикӏ букӏинарищ? – ан.

– Мун гӏадаллъунищ, гӏадамал цоцазда рекӏун рилъ-лъунеб гӏадатищ

бугеб? – ан абунила кӏудияв чияс, васасул суалалда гӏажаиблъиги гьабун.

Васас щибго жаваб кьечӏилда. Гьедин лъикӏалан бакӏалде

рилълъараб мехалда, цӏакъ берцинго бижараб, лъилъизе мех

щвараб ролъул хурзабазда аскӏоре кканила гьел.

Кӏудияв чияс абунила:

– Огь, баркаман, лъикӏго бижун бугеб куц бихьулищ

гьаб ролъ! – ан.

Васас гьесда гьикъанила: Кӏудияв чи, гьаб тӏощел кварабдай буго, квинчӏебдай

бугеб? – ан.

– Мун гӏадаллъунищ вугев, жеги лъилъизего лъилъи —

чӏеб тӏорщел кин квараб букӏунеб? – ан жаваб кьунила кӏу-

дияв чияс.

Вас, щибго абичӏого, чӏанила. Гьедин таманалго рилъ-

лъараб мехалда, гьел щванила цо росурагӏалде. Гьениб ха-

балалъ хварав чи вукъулеб жамагӏат бугоанила. Кӏудияв

чияс абунила:

– Валлагь, цо хвел букъулел чагӏи рихьулаха гьанир, –

ан.

Васас кӏудияв чиясда гьикъанила:

– Хварав чидай вукъулев вугев, хвечӏев чидай?

– ан.

Херав чиясул ццин бахъанила, ва гьес гӏолохъанчиясда

абунила:

– Мун гӏадаллъунищ вугев? Хвечӏел чагӏи рукъулеб гӏа-

датищ бугеб? – ан.

Кватӏичӏого кӏудияв чиги гӏолохъанчиги щванила

кӏудияв чиясул росулъе. Кӏудияв чияс вас къаси жин-

дихъе сордо базе гьоболлъухъ ахӏанила. Васасги хӏукму

гьабунила къаси гьенив чӏезе. Жаниве лъугьунеб мехалъ,

кӏудияв чиясул рокъой цо берцинай яс ятанила. Гӏолохъ-

анчияс, гьелде ишанги гьабун, цин цо килищ, цинги

кӏиго килищ цебе ккунила. Ясалъ васасда цебе цо килищ

ккунила. Инсуда гьезул ишанал рихьанила. Кин буго-

ниги, гьоболги вугелъул, гьев васасдехун рагӏи абичӏого

танила.

Къаси гьенивги вукӏун, радал гьезулгун къо-мех лъикӏ —

ги гьабун, вас нухда вахъанила.

Гьев ун хадуб, инсуца ясалда абунила:

– Валлагь, тӏубан гӏакълу камилав чиясда релълъунаро

гьадав вас, – ан.

Ясалъ цӏеханила, щай дуца гьедин абулебан. Инсуца

гьелда бицанила васас нухда рачӏунаго жиндиего кьурал

суалал. Ясалъ инсуда абунила:

– Эмен, гьев чи дуда вичӏчӏун гьечӏо, амма гьев гӏакъи-

лав чи вукӏине ккола, – ян.