Абизегӏан рагӏи – дур лагъ, абун хадуб – мун гьелъул лагъ.

***

Багъарараб хӏатӏида хӏарщ рекӏунеб

***

Ах сайигъат гьабурав инсуе васас цӏолбол кӏолкӏона кьечӏебила.

***

Билълъун унаго лълъар кквечӏони, лъутун унаго рачӏ кквезе щоларо.

***

Гӏабдаласулгун гьудуллъиги гьабуге, гьойдулгун махсароги гьабуге.

***

Дун хвелилан давлаялда хадув чи унарев, дун тӏадго кквелилан цӏогьор къватӏиве вахъунарев.

***

Кӏиябго бералда чияр лъимал рихьараб мехалъ, цояб бералданиги нилъерго лъималги рихьизе ккола.

***

Лъади чиярай лъикӏайлъун йихьулейила, чу нилъерабго цӏакъаблъун бихьулебила.

***

Росдал хабар гӏабдаласда гьикъе, рукъалъул хабар лъималазда гьикъе.

***

Хӏамие жиндирго гьагӏи берцинаб, хӏелкие жиндирго гӏегӏеди берцинаб.

***

Хӏарщуда хӏетӏе хъвазе теларилан лъугьарав магӏарулас хӏарщулъ дегӏен чӏезе ккарабила.