Ракӏалдаго гьечӏого ккана дун Гъуниб районалда «Аманат» медиахолдингалъ тӏобитӏараб нашидазул сордоялде. Гъунисаги цогидал росабалъаги нашидазухъ гӏенеккизе рачӏарал гьалбадерица занкӏан цӏун букӏана культураялъул кӏалгӏаялъул зал. Гьеб тадбиралда ятана районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулей Патӏимат Абакароваги.

— Патӏимат, бокьилаан гӏагараб заманалда жаниб нужер идараялъ гьабураб ва гьабизе ракӏалда бугеб хӏалтӏул бицани.

— Культураялъул хӏалтӏухъабазда церечӏарал масъалаби цӏакъго гӏемер руго. Гьел ккола лъималазе, гӏолилазе ва чӏахӏиязе гьарулел тадбирал, дандчӏваял. Масала, ноябрь

моцӏалъул ахиралда нижеца тӏобитӏана, школлъималги, гӏолилалги, бахӏарчиял улбулги гӏахьал гьарун, Эбелалъул къоялда хурхараб тадбир. 32 гӏолохъанчи ана дагьалъ цеве

мобилизациялъ. Гьелдаса цебеги 79 контрактникасги гӏахьаллъи гьабулеб букӏана хасаб рагъулаб операциялда. Хас гьабун гьезул улбузе сайгъат гьабун букӏанин абизе бегьула гьеб тадбир. Гьединго тӏобитӏана дунялалдаго машгьурав художник Мусаясул Халилбег гьавуралдаса 125 тӏубаялъул хӏурматалда мажлис.

Дагьалъ цере нижехъе рачӏун рукӏана Лак театралъул артистал. Р. Хӏамзатовасул асаразул кьучӏалда лъураб гьезул церерахъин гъунисез цӏакъ къабулги гьабуна. Зама-заманалдасан Авар театралъул коллективги бачӏуна гьоболлъухъе.

— Нужеца тӏоритӏулел тадбиразулъ гӏолохъанаб гӏелалъ гӏахьаллъи гьабулищ?

— Киса-кибго гӏадин, нижер гьанибги цебе гӏадаб жигараб гӏахьаллъи гӏолилазул гьечӏо. Амма гъираги бугел, кумекги гьабулел камуларо. Абизе бегьула, район бугин Дагъистаналда туризмалъул тахшагьар гӏадаб бакӏин. Гӏицӏго нижер гӏуцӏиялъ гьабураб хӏисаб-суалалда рекъон, исана районалде вачӏун вуго гӏага-шагарго 16255 турист. Гьезие нижеца тӏоритӏула экскурсиял, халкъиял махщалилазул мастерклассал рихьизарула.

— Гъуниб районалда тӏатана гӏемерал гьунарал: Гӏанхил Марин, Элдарилав, Халилбег, Муи, Мазалова, Гӏалихъараев, Къурачев ва цогидалги. Гьезул нухдасан ине бокьарал, творческияб нух тӏаса бищулел гӏолилалго гьечӏищ?

— Масала, дагьаб цебегӏан Башир Чимиловасе кьуна «ДРялъул мустахӏикъав артист» абураб цӏар. Гьебго цӏар щвана Мохӏоб росулъа машгьурай кочӏохъан Эльмира Аминовалъеги. Кечӏ-бакъаналъе гьунар бугел гӏолилал гӏезегӏан руго. Амма гӏемерисел улбуз гьезие гьеб махщел тӏаса бищизе изну кьолеб гьечӏо. Гьезулгунги нижеца кӏалъа-басаял гьарула. Районалда жакъа гьечӏо искусствоялъул школа. Цебе букӏараб къана. Районалъул нухмалъулев М. Къадировас рагӏи кьун буго гьединаб школа рагьизе. Гьеб гьечӏолъиялъ, букӏине кколеб куцалда гьунар бугел гӏолилалгун хӏалтӏизе рес кколеб гьечӏо. Тӏоцебесеб июналда, районалдасаго лъималги ракӏарун, нижеца тӏобитӏула «Гьунарал

тӏатинари» абураб тадбир. Ахирисеб гьеб тадбиралда нижеда халлъана анкьгьунаралин абизе бегьулел школлъимал. Гьезие сайгъаталги кьуна.

— Гьаб нашидазул сордоялда гӏахьаллъизе гӏемерав чи вачӏун вуго. Масала, спектаклял, концертал кин къабул гьарулел жакъа халкъалъ?

— Дица абиларо, нижер халкъалъе концерт-театр бокьуларин. Амма къаси гӏадин зал цӏураб тадбир гьаниб букӏинчӏо ахираб заманалда. Бихьулеб буго рухӏияб, динияб тайпаялъул тадбирал цӏикӏкӏун рокьулел рукӏин гӏадамазе. Хасго чӏахӏияб гӏелалъе.

— Киназдаго лъала, гъунисезулгун Расул Хӏамзатовасул щулияб гьудуллъи букӏараблъи. Гьев гьавуралдаса 100 сонилаб юбилеялде кинал тадбирал тӏоритӏизе ругел?

— Расулица жиндирго кочӏолъ гӏемер реццана Гъунибги гъуниселги. «Хъахӏал къункърабазе» тӏоцебесеб памятник нилъер республикаялда тӏоцебе Гъуниб бана 1986 соналъ. Москваялдаса вачӏарав Я. Франкелица хъвалеб роялалда гъоркь «Къункърабазул» кечӏ ахӏулеб лахӏзат жакъа гӏадин ракӏалда буго дида. 2022 соналъ 37-абилеб нухалъ тӏобитӏана нижеца «Хъахӏал къункърабазул» байрам.

Гӏемерал батӏи-батӏиял тадбирал тӏоритӏизе ракӏалда буго. Масала, литературиял вечерал, бахӏсал, кучӏдул ахӏиялъул ва пасихӏго цӏалиялъул, гьесул творчествоялда хурхун баянал ракӏариялъул къецал.

Гьабсагӏаталда «Хъахӏал къункърабазе» бараб памятник бугеб бакӏалда унеб буго капиталияб ремонт.