Ахираб кӏиго соналда жаниб Хунзахъ гӏумру гьабун вугев Тюменалдаса Жабрагӏилие (Евгений Плесовских) дора хутӏарал гьудулзабаз кьолеб рагӏула Дагъистаналда хурхун щуго суал — республикаялде рачӏине ккани, кинаб валюта къваригӏунеб, загранпаспорт хӏажалъулебищ, цо-цоккун рачӏиналъул хӏинкъи букӏунищ, бугебищ Дагъистаналда интернет, гьединго лагъзал гӏадин хӏалтӏизаризе кирпич къотӏулеб заводалде рикъун ине рес бугищ?

Кӏиго соналъ цеве турист хӏисабалда Дагъистаналде щварав Евгений Плесовских гӏумру гьабун гьабсагӏаталда Хунзахъ вуго. Исламги босун, Жабрагӏил абун цӏарги хисун буго гьес. Цӏияб соналда цересел къоязда гьес гьоболлъи бана «Хӏакъикъаталъул» редакциялда. Чанго сагӏаталъ халатбахъараб нижер гара-чӏвариялдаса цо-цо бакӏал кьолел руго гъоркьехун.

— Жабрагӏил, кин букӏаниги, дуца кӏудияб таваккал тӏамун бугоха дурго миллаталъул, халкъалъул диналдаса инкарги гьабун, ислам къабул гьабизе.

— Нижер эбел-эмен православная абулеб насранияб диналъул чагӏи ругониги, дун цо гьеб диналдехун гьетӏи бугев чи киданиги вукӏинчӏо. Амма дида кидаго лъалаан ракӏ-ракӏалъ абулеб дир гьари тӏубалеб цо Тӏадегӏанаб Къуват бугеблъи. Исламалъул хӏакъалъулъги дида гьедигӏан гӏемер жо лъалароан, гӏицӏго дунялалда бусурбаби рукӏинги гьел нахърилълъунеб Тӏехь — Къуръан букӏинги гурони. Кинабго байбихьана дун тӏоцеве Дагъистаналде – Хунзахъе — щведал. Гьеб букӏана 2020 соналъул июль. Пандемиялда бан къватӏисел улкабазде гӏорхъаби къан рукӏана доб мехалда. Дие кидаго тира-сверизе, батӏи-батӏиял миллатазул, халкъазул рукӏа-рахъин бихьизе, тӏабигӏат, ракь лъазе бокьула. Гьедин мугъзада нахъа рюкзакги бан, гостиницабазухъ гӏарац кьечӏого букӏинелъун, аэропортаздаги кьижун, Европа сверана дица.

Палхӏасил, арендаялъе машинаги босун, кӏиго гьалмагъгун цадахъ Дагъистаналде щвана дун. Аэропорталдасанго бичӏчӏулеб букӏана гьаб тӏубан батӏияб бакӏ букӏин – щиб къваригӏаниги кумекалъе ратулел гӏадамалги…

Дагъистаналда бищунго аслияб жо буго гӏадамазул лъикӏлъиги тӏабигӏаталъул берцинлъиги. Жидеего данде кколареб жо бугони, гьез ракӏ рагьун абула гьеб жидее къабуллъу-

ларилан. Дагъистаналде щун тӏоцебесеб къо букӏана. Къаси сордо базе бакӏ цӏехон, къад микьир бичун босарал чагӏазул кавуда кӏетӏана ниж. Кирениги инчӏого, жидехъ чӏаян лъугьана гьел.

Лъималазул лъималги цояб рокъорехун ритӏун, рукъги бихьизабуна нижеда. Кӏудияб ригьалде рахарал чагӏи ругоан гьел – рос-лъади. Цинги рохел бицун, Москваялда йигей жиндирго ясалъухъе кӏалъазе байбихьана гьей, бихьуларищин, ахир-къадги жидехъеги рачӏанин туристалилан. Дир къисматалъе бищунго асар гьабураб дандчӏвай ккана Хунзахъ – гьенив дида ватана дица ислам босиялъе сабаблъун ккарав Мухӏамад. Гьесухъе ниж ракӏалдаго гьечӏого ккана – гьалбал къабул гьарулеб рукъ балагьулаго. Тӏубараб сордо ни-

жер Дагъистаналъул гӏадатазул, диналъул бицунаго ана. Хадув дун Тюменалде тӏадвуссана. Амма Мухӏамадилгун нижер бухьен тӏечӏо. Гьесулгун гара-чӏвариялдаса хадуб щибаб нухалда хӏайранлъизе бачӏунаан Дагъистаналдасаги гьелъул гӏадамаздасаги. Мухӏамадида лъикӏ лъала динги, тарихги, гӏадаталги. Тӏадежоялъе, дида гьев дирго вацлъунги вихьула (цо эбелалъ гьарурал гьечӏониги). Гъосул гӏагарлъиялъги цӏехола дун.

Дагьалъ чӏун — сентябралда — дун цӏидасан щвана гьаниве, туристалги рачун. Дие бокьана гьеб дида тӏоцебе бихьараб куцалда цогидаздаги бихьизабизе — берцинаблъун, гьобол-гьудул хирияблъун. Декабралда дун, Тюменалдаса кинабго къайиги бакӏарун, тӏуванго гочана Дагъистаналде. Лъицаниги тӏамун гуреб, дирго рекӏее бокьун вачӏана гьаниве, босана ислам динги. Хадуб пикру хисичӏого букӏине, киналго рахъал цӏадирабазда лъейин, дин босизе гӏедегӏугеян абулаан дида Мухӏамадицаги. Цевехун Турциялде щведал, гьенивги ун вукӏана дун мажгит бихьизеги ахӏулеб какихъ гӏенеккизеги. Амма ислам босизе ракӏалде ккана гӏицӏго Дагъистан бихьидал.

— Тюменалда хутӏарал дур гӏага-божараз, гьудулзабаз щиб абулеб гьелда?

— Байбихьуда гьел гӏажаиблъун рукӏана, кӏудияб шагьаралдаса Дагъистаналде, хасго магӏарухъ бугеб росулъе, гочине кин бокьараб абун рукӏунаан. Амма щибаб нухалда самолет

Махӏачхъалаялъул аэропорталда рещтӏиндал, гӏажаибаб парахалъи лъугьуна рекӏелъе, гьале гьаб бугин дир бакӏилан ккола. Гӏезегӏан хӏужаби руго дие асар гьабурал. Масала, туристал хӏисабалда тӏоцере Хунзахъе щведал, нижеца цо кӏудияв чиясда гьикъана гьаб бакӏалда хъарпуз къотӏизе бегьилебищилан. Бегьулин, амма нужедаго хадуб бакӏаризеги бакӏарехаян абуна гьес. Гьебмехалда нижеца гьесда баркалаян абуна. Жиндиени щибин, нужее бугин баркалаян жаваб кьуна гьес. Нижее сундухъин гьикъидал, гьанире щвезегӏан рачӏаралъухъилан. Гьедин кӏиго соналъ цеве Хунзахъе, Мухӏамадихъе, гочана дун. Исламги босун, гьанив чӏараб кӏиябго сон бищунго талихӏаб заманлъун рикӏкӏуна дица. Гьаб жониги щайдай дица гьабураб абун ракӏбухӏиги ккечӏо. Церехун ричӏчӏулел рукӏинчӏелщинал суалазе жаваб щвана дие ислам босун хадуб нагагь гъалатӏал кканиян,

мажгиталдеги инчӏого какал дица тӏоцере рокъор ралаан. Гьанже Мухӏамадги дунги щибаб къо-ялъ какде, мажгиталде уна. Гьаб кӏиябго соналда жаниб гьоркьоб хутӏараб цониги какги гьечӏо дир. Аллагьас гьел киналго къабул гьарун ратиялде хьулги буго. Гьединго устарасухъеги ун, босараб вирдги буго дир.

— Гӏумруялъул нухда нилъеда данде ккарал гӏадамазда барабги букӏунелъулха гӏемерисеб жо. Гьедин дуе сабабалъе Мухӏамад тӏамун вугоха Аллагьас.

— У, Аллагьас ниж хас гьабун гьесул нуцӏида кӏетӏезе тӏамун рихьуларищха. Гьедин букӏинчӏебани, рикӏкӏен гӏемерал дир суалазе жавабалги кьун, дида тӏад жиндирго заманги чӏвалаанищха гьес. Мухӏамад (Шапиюлал вас) Хунзахъ районалъул администрациялда хӏалтӏулев вукӏана. Байбихьуда досул рокъов дун вихьидал, киназго гьикъулеб букӏун буго гьесда гьав щив, гьев кида нахъвуссун уневилан. Иргадулаб нухалда Дагъистаналде ине хӏадурулелъул, мун гьанже исламги босун тӏадвуссинчӏонихаян абуна дида

цо нухалда эбелалъ. Гьаниб бугеб ахӏвал-хӏалги гӏадамазул цоцаздехун бугеб бербалагьиги щибха долда лъалеб, гьединлъидал цодагьабго рахӏатхвей загьирлъулеб букӏана гьелъул харбилъ. Гьедин ислам босун Тюменалде щун хадуб, бицана дица гьелда ккараб жо. Эбел гӏодана. Жинца мун килисаялде вачунев вукӏаравани, Библия цӏализе тӏамулев вукӏаравани, босилароанин дуца исламилан, жиндего гӏайибал гьаризе лъугьана гьей. Цо заманалдасан гьей йиго абулей, Тюменалде вачӏараб мехалда, бусурбанчилъун вукӏунгейила мун (велъулаго).

Гьебмехалда дида бичӏчӏана эбел Дагъистаналде ахӏизе кколейлъи. Гьедин, араб риидал гьание ячӏун йикӏана гьей, дир гьитӏинав вацги вачун (лъималазул лъималги рукӏана

цадахъ). Гьанже гӏодое йиччан йикӏине бегьулин жийин абуна гьелъ. Эбелалда рихьана гьанир ругел гӏадамалги гьезул рукӏа-рахъинги. Байбихьуда гьанибги гӏемерисезда лъалароан дица ислам босараблъи. Лъан хадуб, къвалал ран, баркулеб букӏана гьез. Цо-цоязул бадиб магӏуцин хулулеб букӏана. Жалго Дагъистаналде рачӏунел туристазе хӏатталдаса ун хинаб асар гьабула гьаниб цоцаздехун гӏадамазул бугеб бербалагьиялъ, гьитӏиназ кӏудиязул гьабулеб хӏурматалъ. Масала, гьелъ хӏайран гьавун вугоан дагьалъ цеве Хунзахъе рачӏарал туристазда гьоркьов вукӏарав Подмосковьеялдаса чи – кашиш. Масала, наслабаз наслабазухъе кьун лъалеб бугила гьезда диналъул тарихги магӏнаги, улкаялъул цогидал регионазда абуни жидерго дин цӏакъ мукъсанго лъалеб бугила. Гьединго вотсапазда рукӏунел росабазул чатазда лъазабиял рихьула лъидаялиго кибали батун бугила кигӏанасебалиго гӏарац. Гьелъул бетӏергьан жидехъе вачӏайилан. Дагъистан тун къватӏир ругел гӏадамазе гьелъ асар гьабичӏого толаро.

— Магӏарул мацӏ лъазабулеб бугищ?

— Цо-цо рагӏаби лъала, къ, кь, хӏ гӏадал гьаркьалги кӏола рахъизе. Къуркъбузул хӏакъалъулъ бицинеги лъала (гьеб мехалда бахъун чвантиниса телефонгун, 8848 къверкь къвакъвадана кьода гъоркь абун цӏалана гьелдасан Жабрагӏилица — авт.). Амма дие къваригӏун руго расги лъаларел дун гӏадал чагӏазда кьучӏдасанго мацӏ малъулел мугӏалимзаби.

— Дур бетӏербахъи сундасан бугеб?

— Туризмалдасан. Гьале дагьалъ цевегӏанги 2,5 моцӏги Латиназул Америкаялда (Аргентина, Бразилия, Чили, Колумбия) бан вачӏана дун. Гьениса тӏадвуссун вачӏунаго, гӏумраялде,

Сагӏудиязул Гӏарабиялдеги ана.

— Аллагьас къабул гьабун батаги! Кин гьеб ккараб?

— Амин! Ракӏалдаго гьечӏого ккана. Колумбиялда вукӏана дун. Гьениса рокъове (Дагъистаналде – авт.) вачӏине бищунго къокъаб нух кисандай бугеб абун ургъулаго, тӏаса бищана Турция. Гьенисан щвана Сагӏудиялдеги. Дора дир гьудулзаби руго – гӏарабал. Гьез малъана хӏеж борхизеги.

— Кинаб асарха дуе гьелъ гьабураб?

— Байбихьуда цо цӏоро-гъорораб хӏал букӏана. Гӏицӏго Кагӏба сверун тӏавап гьабулелъул ункъабилеб свериялда бичӏчӏана дицаго гьабулеб жо. Гьеб мехалда дирго гӏага-божаразе, лъале-хъвалезе дугӏа гьабуна. Гӏадада гурин Аллагьас хас гьабун гьаб заманалда гьаб хирияб ракьалде дун ахӏаравиланги ккана.