Гӏагараб росу. Лъидаха гьеб кӏоченеб. Гьелъул хӏикматаб тӏабигӏатги, лъикӏал гӏадамалги, гӏумруялъул лъикӏалги квешалги нухалги, эбел-инсул хинлъиги, кӏодо-кӏудил малъа-хъвайги, бухӏараб риидал иццдаса гьекъолеб бацӏцӏадаб иццул лъимги. Гьеб киналъго асар гьабуларел чагӏи рукӏунелго ратиларо. Лъида кӏочон толеб нилъер умумузул гъасда бицунеб рахьдал мацӏги. Щибаб росдал батула жинди-жиндир хаслъи. Жиндирго хасаб хаслъи буго дир гӏагараб Гӏоротӏа росдалги. Гьеб ккола Хунзахъ районалъул чӏахӏиял росабазул цояб. Гӏоротӏа шагьариланцин абула гьелде мугӏрул къаданир ругел гьарадерихъез, гӏочӏлосез ва тӏадколосез. Гьеб росдал буго цӏакъго некӏсияб тарихги. Гьениб жакъа къоялъги ясбер гӏадин цӏунун руго умумузул гӏадатал, гьез гьарулел рукӏарал ишалгун хӏалтӏаби.
Цо-цо росабалъа гӏолилал, шагьаразул гӏумруги берцин бихьун, гьенире гочун унел руго. Амма гӏарадерил гӏолилаз байбихьана жидерго росу берцин гьабизе, ай гьез росу рехун течӏо. Абула Инхоса Гӏалихӏажиясул дибирлъи гьеб росулъан байбихьаниланги.
Махӏмудил заманалъул кочӏохъабиги данделъулел рукӏун руго Идрис абурав чиясул бакӏалда. Бицен буго цо нухалъ Махӏмудги вачӏун вукӏанила кучӏдузул сордоялда гӏахьаллъизеян. Росу машгьураб букӏана ахихъанлъиялъул рахъалъ. Ахихъабаз пихъ бетӏизе цӏакъ рорхатал малал гьарулел рукӏун руго. Лъидаха рагӏичӏеб гӏарадерил бацӏцӏадаб гӏурччинаб цӏиниги бухӏун бежулеб беччунчедалъул хӏакъалъулъ.
Росу машгьураб букӏана къадахъабаздалъунги. Гьабсагӏатги росулъ ругезул къед гьабизе лъаларев чи цониги гьечӏо.
Росу берцин гьабиялъе гӏолилазе кумек гьабула бегавул Шайдулаев Сайгидахӏмадица. Рухӏияб тарбиялъул рахъалдасанги росу машгьураб буго сверухълъиялдаго. Къварилъи-гӏатӏилъи ккараб бакӏалда бищун цере щун ратула гӏоротӏисел. Дагьаб цебегӏан росулъ цӏа ккун букӏана. Кӏиго мина бухӏун лъугӏилаан росдал гӏолохъабаз къокъабго заманалда жаниб цӏа свинабун букӏинчӏебани.
Гьеб росулъа ккола Дагъистаналъул Бахӏарчи Расулов Абакар. Гьесулго гьунар такрар гьабуна щуабилеб классалъул цӏалдохъан
Батӏалица. Гьес хвасар гьавуна хӏоринив гъанкъулев вукӏарав гьитӏинав вас.
Сурат босана Мухтар Хӏажидадаевасул ТГ-каналалдаса