Рукӏанила, рукӏинчӏила, цо нохъода гьалмагълъи-

ялда чӏун, бетӏербахъиялъе цо Гъалбацӏги, Циги,

Церги, Цакьуги, Гӏангурги, Гъедуги. Рукӏанила

гьел, щибаб къоялъ чанареги ун, кепалда бетӏербахъулел.

Цо къоялда гьезул нохъодул рагьтӏасан гӏебеде анила

варанабазул къокъа.

Гьездаса цояб, хӏетӏе унтун, билъ-

лъине кӏвечӏого, авлахъалда хутӏун букӏанила. Царада

бихьанила гъоб; гьеб бортун анила Гъалбацӏида бицине,

гьадин цо варани хутӏун бугин, билълъине кӏвечӏого абун.

Гьанже Гъалбацӏица гъолъухъе битӏун буго Цер: «Мун

гъолъухъе а, щибниги хиянатги гьабиларин, нилъер гьал-

магълъиялда чӏезе бачӏаян абе», – ян.

Цараца абунила Варанида:

– Нижер бетӏергьанас ахӏулеб буго мун, щибниги хия-

натги гьабиларин, цадахъ бетӏербахъиялъе чӏезе бачӏаян.

Рескъотӏараб бакӏалде ккун бугелъул, ун буго гьеб

нохъоде Гъалбацӏихъе.

Гъалбацӏица Варанида гӏемераб хабарги бицун буго:

– Мун хер кунеб жо буго, ниж гьан кунел жал руго,

кӏиязулго данде ккеларилан ккун батила дуда. Щибниги

хияналъи гьабизе гьечӏо, воре, мун щибго хӏинкъуге, – ян.

Гьедин цадахъ рукӏун руго гьал таманаб мехалъ. Цо

къоялъ Гъалбацӏ, чанабе араб мехалъ, Пилгун багъизе

ккун, цӏакъ квеш лъукъ-лъукъун бачӏун буго. Чан гьабизе

кӏоларого, босада бегун букӏанила.

Гьелъие квине гӏураб чан гьабизе гьездаги кӏоларого, хвезе дагьалъ хутӏун буго

Гъалбацӏ.

Гьанже Цараца абунила Гъалбацӏида:

– Нилъее гӏураб гьанги батила, гъоб Варанигӏаги чӏван

лъикӏ, – ян.

Гъалбацӏ кинго разилъун гьечӏо:

– Дица рагӏи кьуна, хиянат гьабизе гьечӏо, – ян.

Нахъеги ун буго Цер, нижеца дуде гӏайиб щвезе теларо

абун, кье нижее изну доб чӏвазе. Кинго кьун гьечӏо гьелъ

изну. Нахъеги, лъабабилеб нухалъги бачӏун буго Цер Гъал-

бацӏихъе, нижеца гьадинаб тадбир ургъун бугила дуде

щибго гӏайиб щолареб. Дица абилин долда, нилъ киналго

ракӏарараб бакӏалдеги ахӏун: нилъер бетӏергьан хвезехъин

бугин, нилъер умумузул гӏадат букӏанин, бо биххизабизе-гӏан,

нусгоги хвезе кьолеб, нусгояв хвезегӏан, анцӏго хвезе

кьолеб, анцӏго холев вукӏани, цояв хвезе кьолев, нилъеда

гьоркьоса цояв хвезе бегьилаян.

Гьелъие дир гӏураб хӏилла бугин, мун разилъеян гьарун

буго Цараца. Ахир Гъалбацӏица абун буго, гьеб жибго ра-

зилъани, дунги рази бугин, гурони гьечӏилан.

Гьанже цо къоялъ, киналго гьалмагъзабиги ракӏарун,

Цараца бицун буго жинцаго Гъалбацӏие бицараб умумузул

кици. Гьебмехалъ Цакьуялъ абун буго нужеца дун кунин,

дица дирго би хӏалал гьабилин нужейилан. Бацӏицаги абун

буго: «Мун кун, цонигияб гӏорцӏуларо, гьедигӏан гьитӏинаб

дур гьан чамалъе щолеб?» Дун кунилан абун лъугьун буго

Бацӏ. Бацӏил гьан квани, ниж киналго хвеларищан, цони-

гияб разилъичӏила. Дун кун, дун разияб бугоян бахъанила

Гӏангур. Белъине кӏолареб дур гьан лъица кунеб, гьеб белъ-

унаго, цӏул тӏагӏинабилин, рохьобе нухги гӏазуца къан

бугебин, тӏаде бортун, семизе лъугьун руго Бацӏги Циги.

Аскӏобе бачӏун, Вараница абун буго:

– Щай нуж рагъулел, гӏезегӏан кӏудияб къаркъалаги

буго дир, гьуинаб гьанги буго дир, киназего гӏезеги гӏела,

дица дир би хӏалал гьабула нужее, дун кун, – ан.

Битӏараб бугин абун, Цараца киналго тӏаде разарун,

гъоб Варани, цо лахӏзаталда жаниб тӏутӏу-хъухъун

реханила.