Малла Насрудинидаги цо пуланав чиясдаги

гьоркьоб цо щибго гуреб жоялдасан дагӏба-рагӏи

кканила. Ахиралдаги дагӏбадулас Малла Насру-

динида зар кьабунила. Гьебсагӏаталдаго гьоркьоре масли-

гӏаталъе чагӏиги речӏчӏун, Малла Насрудинихъе кьабизеги

щвечӏого, гьел ратӏа гьарунила.

Жинда кьабураб зарги цӏакъ захӏмалъун, Малла Насру-

диница гъов дандияв диваналде кьунила.

Цо пуланаб къоялъ диванбегас гьел кӏиялго ахӏанила

ва гьезда гьоркьоб ккараб жо цӏеханила.

Малла Насрудиница абунила:

– Гьас дир магӏарзукъалазулъ зар кьабуна. Гьединлъи-

дал гьасдаса кколеб мухь дие бахъун кьеян гьарула дица

дуда, – ян.

Гъов Малла Насрудинида зар кьабурав чи диванбегил

гьудул вукӏанила, гьединлъидал диванбегие бокьанила

гъов хвасар гьавизе. Гьес абунила цохӏо нухалда кьабураб

заруда тӏасалъугьун тезе бегьуларищан. Малла Насрудин

разилъичӏила. Гьебмехалъ диванбегица абунила:

– Гьедин батани, гьасдасан дуе цо гӏабаси гӏарац ккола,

– ян.

Гъов чияс жиндихъ гӏарац гьечӏин, гьеб босизе, рокъове

виччаян абунила.

Диванбегицаги гьев рокъове виччанила ва тӏокӏав гьа-

нивеги вачӏунгеян абураб жо бичӏчӏизабунила.

Гӏарац босизе арав чи вачӏинегӏан Малла Насрудин ба-

лагьанила цо сагӏаталъ, кӏиго сагӏаталъ. Ахиралдаги

гьесда бичӏчӏанила дов чи гьениве тӏадвуссун тӏокӏав вачӏу-

наревлъи. Диванбегица жиндие гьабураб жоги бичӏчӏун,

Малла Насрудиница гьесда гьикъанила:

– Бетӏерчӏахъаяв диванбег, къануналда рекъон, магӏар —

зукъалазулъ зар кьабурав чиясдаса цо гӏабасийищха кко-

леб? – ан.

– У, – ян жаваб кьунила диванбегица.

Лъикӏго сверизеги гьабун, диванбегил магӏарзукъала-

зулъ зар щвезабунила Малла Насрудиница ва цинги гьесда

абунила:

– Дов, гӏабаси босизе рокъове арав чи вачӏинегӏан гьа-

нив чӏезе дир заман гьечӏо. Дов вачӏараб мехалда, доб дие

кколеб гӏабаси дуего босе, – ян.