укӏанила, вукӏинчӏила цо бечедав хан. Гьесул цо

гогьав васги вукӏанила. Чӏужу ячине гӏолев вас ву-

кӏаго, хан хванила. Цо заманалдасан эбел къачӏа-

данила васасе чӏужу ячине. Васги кинго разилъулев

вукӏинчӏила, ахиралдаги цо къоялъ тӏохде вахун вас ву-

кӏаго, гьесда лъадае уней цо берцинай яс йихьанила. Хана-

сул васасул гьелъухъ рокьи кканила. Васас эбелалда

абунила жиндие гьай пуланай яс ячеян. Ханзабазул гурей

яс ячине эбелалъе бокьун букӏинчӏила, кинниги вас тӏаса

вичӏичӏого, гьей яс ячине хӏукму кканила. Цо къоялъ

ясалъул эбел-инсухъе гьарун чагӏи ритӏанила. Ясалъ абун

бачӏанила гьадин: «Жиндие ханасул бечелъи къваригӏун

гьечӏо, гьесул щиб махщел бугебали лъазе бокьила», – ян.

Васасул щибниги махщел букӏинчӏила, амма ясалъ

цӏакъ берцинал халичаби рессулаанила. Ханасул васги ра-

зилъанила, гьей яс жиндие ячӏани, живги гьебго махще-

лалде ругьунлъизе. Гьеб къотӏи-къаялда яс ханасул васасе

ячанила. Кватӏичӏого васги, ясго гӏадин, берцинал ха-

личаби рессизе ругьунлъанила.

Цо заманалдасан ханасул вас вахъанила къватӏиве ва

щванила цо пуланаб шагьаралде. Вакъунги вукӏун, гьев

гьеб шагьаралда цо ашбазалде кваназе анила. Гьеб ашба-

залде жаниве вачӏаравщинав лага-черх бугев кьарияв чи,

гьенир хӏалтӏулел гӏадамаз вачун цо рокъовегун, чӏвалаа-

нила ва, гьеб гьанал квенги гьабун, бичу-лаанила. Гьедин хана-

сул васги гьевго гӏадинав цо-кӏиго кьарияв чиги ккун, цо бе-

цӏаб рокъор жанир тӏамунила. Гьенир гьел цӏакъ лъикӏ

хьихьулел рукӏанила: гьел чӏвазе кьара гьарулел рукӏанила.

Гье-дин моцӏгӏанасеб

заман банила. Ханасда аскӏоса хъвезе вачун цин цояв

анила, цо дагьаб мехалдасан кӏиабилевги анила. Гьанже

ирга ханасул васасде щванила.

Цо къоялда рачӏун жанирегун, ханасул васги вачун

унев вукӏанила. Гьесда бичӏчӏанила жив чӏвазе вачунев ву-

кӏин. Гьес гьезда цӏакъ гьаранила:

– Дун чӏвани, дидаса нужее гӏемер кӏудияб пайда щве-

ларо, амма нужеца дун чӏвачӏого тани, дица нужее щибаб

анкьие нус-нус кӏинус-нус туменалде ричун унел берцинал

халичаби рессила. Нужее гьелъул пайда цӏикӏкӏун бу-

кӏина, – ян.

Гьел разилъанила ва ханасул вас, къваригӏунеб къайиги

кьун, халичаби рессизе цо рокъове жаниве тӏамунила.

Лъикӏалан заман банила ханасул васас гьедин халичаби

рессулев. Гьел халичаби, батӏи-батӏиял шагьаразде ун,

ричулел рукӏанила гъол чагӏаз.

Цо нухалда ханасул васас жинцаго бессараб халичаялда

тӏад гьадин хъванила: «Дун вуго пуланаб шагьаралдаса ха-

насул вас, пуланав чи. Дун жанив тӏамун вуго. Дун хвасар

гьавурав чиясе гӏемераб боцӏи кьезе буго», – абун. Гьелда

тӏад хъвараб жо цӏакъ халгьабуни гурони, цӏализе лъала-

роанила.

Гьеб тӏад жо хъвараб халичаги цогидал халичабиги

ричизе росун анила цо пуланаб шагьаралде. Гьеб шагьар

букӏанила гъов ханасул васасул ватӏан. Гьеб бичун боса-

нила гъов ашбазалда жанив тӏамун вугев ханасул васасул

мадугьалас. Гьеб, тӏад жо хъвараб халича цогидаздаса

цӏакъго берцинабги букӏанила.

Мадугьалас босараб гьеб халичаялъул хабар рагӏун,

гъов ханасул васасул чӏужу анила гьеб бихьизе. Гьелъие

гьеб халича цӏакъ бокьанила, гьелъухъ битӏахъе ракӏ

бахъун анила. Гьелъ мадугьаласда гьаранила, жиндиеги

гьединаб халича бессизе бокьун бугин, гьелъухъ балагьизе

цо-кӏиго къоялъ жиндихъе кьеян. Мадугьаласги кьун

анила.

Мадугьаласул халичаялъухъги балагьун, гьелда релъ-

лъараб халича бессулей йикӏанила ханасул васасул чӏужу.

Цо заманалдасан ханасул нусалда лъанила гьеб халича-

ялда тӏад хъвай-хъвагӏай гьабун букӏин. Гьелъ гьел хӏар-

пал дандранила ва гьадин цӏаланила: «Дун вуго пуланаб

шагьаралдаса ханасул вас. Дун гьаб пуланаб шагьаралда

гьадинаб ашбазалда жанив тӏамун вуго. Дун хвасар гьаву-

рав чиясе дица гӏемераб боцӏи кьела», – ян.

Гьебсагӏаталъ ясалъ хӏадурлъи гьабунила росасда

хадуй ине. Кинабго аскар бакӏаранила, ва кире рачунел ру-

гелали гьездаги бицинчӏого, гьел гъоб шагьаралде ралагьун

къватӏире рахъанила. Чанго къоялдасан ясгьение щванила.

Цо азбаралъур чуял, гьакалги тун, гьел гъоб ашбазалде

анила. Ясалъ киналго богогьанал, цере хӏал-тӏулел чагӏи, ашба-

залъул бетӏергьан жиндихъего ахӏанила ва цоясда гьикъанила

гьадинав чи кив вугевилан. Гьес лъаларилан абунила.

Гьебсагӏат гьесул бетӏер къотӏанила, цогиясда цӏеханила,

гьесги лъаларилан абунила. Гьесулги бетӏер къотӏун реха-

нила. Лъабабизе цӏехарав ашбазалъул бетӏергьан вукӏа-

нила. Чӏваялдаса хӏинкъун, гьев гьардезе лъугьанила:

– Гьев нужеца абулев чи гьанив вуго, гьесие щибго

лъугьараб жоги гьечӏо, дун чӏваге, – ян. Гьес ханасул вас

вугеб бакӏ бихьизабунила.

Ханасул васги хвасар гьавун, ашбазалъул бетӏергьанги

чӏван, гьелги рокъоре тӏадруссанила.

Гьеб мехалда бичӏчӏанила ханасул васасда бищунго кӏу-

дияб бечелъи инсанасул жиндирго махщел букӏин.