Ия, Рамазанги лъаларев, гьес рицунел кепал харбалги рагӏичӏев чи къанагӏатги ватиларо. Амма гьев гӏемерисезда вихьун лъаларо, «Ия, Рамазан» абун бицадулъ гурони. Гӏемерисезда ккола гьесул цӏар гьеб бугилан. Гуро. Гьесда цӏар буго Мухӏамадгӏазиз. Бертаби, мажлисал камераялде рахъулев оператор. Иманги бугев, сабурав, гӏамалги берцинав, исламияб нухда вугев инсан ккола гьев. Руго Мухӏамадгӏазизил Телеграм-каналалда, Инстаграм, ВКонтакте сайтазда цоцахъе рехулел кепал харбал. Цо чангояз дихъе ватсапалдасан хъванги бачӏана «Ия, Рамазанил» цӏиял харбал гьечӏищилан. Дицаги гьесул Телеграм-каналалъул адрес битӏула гьезухъе. Гьал къоязда «Ия, Рамазан» гьоболлъухъ вукӏана «Хӏакъикъат» казияталда.

— Тӏоцебесеб иргаялда, бокьилаан дурго росу-ракьалъул, хӏалтӏи-ишалъул хӏакъалъулъ бицани.

— Дун гьавуна ва гӏуна Казбек районалъул Дилим росулъ. Гьенибго школаги лъугӏизабуна. 1998 соналдаса нахъе вуго районалъул росабалъ ва район тун къватӏирги бертаби камераялде рахъулев операторлъун. Гьеб хӏалтӏи дие щвана инсудасан. Эменги вукӏана дир киназдаго лъалев оператор. Анлъго соналъ хӏалтӏана Салатавиялъул студиялда оператор хӏисабалдаги.

— «Ия, Рамазан» абун тӏиритӏизарулел дур кепал харбаз асар гьабулеб буго гӏезегӏан чиясе. Хасго 1980-1990-абилел соназул лъугьа-бахъиназулги, гьеб мехалда гӏадамазул букӏараб гӏумрудулги бицине цӏакъго бажарулеб буго духъа. Кин гьелде вачӏарав?

— «Ия, Рамазан» харбал ракки дицаго ургъарал жал гуро. Киназулго ватсапалда группаби рукӏунелъул, мунагьал чураяв Темирбулатов Хӏабибица группаги гӏуцӏун, гьенив жанив вукӏана нижерги 15 гьалмагъ. Гьениб бицен кколаан дол соназ гьадинал бертаби рукӏунаанин, гьадин гьабулаанин абун. Гьедин цояс абун, цогидас бицун, тӏатӏалаги лъун рицунел харбал руго гьел. Нижер гьеб къокъаялда вуго органазда хӏалтӏулев Султанбеков Рамазан абурав чи. Цогидал кьижун ругеб мехалда, гьев дежурствоялда вукӏуна ва гьесдехун гьабураб буго доб лъазабиги. Ия, Рамазаниланги абун ургъунго гуребха, гьадинго гьесдехун бицараб хабар буго цоцазухъе битӏун, тӏибитӏун ун. Цинги цо-цояз гьарана цогидазулги щай бицунаребин абун. Гьединал жал гӏадамазе рекӏее гӏолел рукӏин бичӏчӏана дида. Чангояс ахӏунцин бачӏана, дуца бицараб жо дир гӏумруялда ккараб бугинги абун. Гьеб кинабго буго дидаго бихьараб, 22 соналъ камерагун гӏадамазда гьоркьов вугелъул, бертабалъги цогидал мажлисаздаги чанги батӏибатӏиял жал рихьула ва рагӏула. Гьедин ккараб буго гьеб.

— Дуца рицунел жалазул гӏемерисел ургъун рахъаралищ яги цогидаз бицунел рагӏаралищ?

— Нилъер магӏарулазул жиде-жидер росабазул хасаб юмор букӏуна. Цинги гьезда аскӏов гӏодов чӏедал рагӏула батӏи-батӏиял лъугьа-бахъинал, ккаратараб ва дидаго бихьарабгиха. Чангияв вачӏуна аскӏове, кидаялиго жиндир ккараб щай бицунаребин абун. Дос бицараб хабар батула я магӏна гуреб, я пайда гуреб жо. Чанги чи кӏалъан вачӏуна, цоясда тункизабизе, гьадинаб жоялда хурхун цо «голосовой» щай биччаларебин абун. Гьединаб жо бегьилищха, дие рокьуларо гӏадамасул ракӏ хварал жал гьаризеги бицинеги. Чанги жо бицана пуланал чагӏазул цӏаралги рехсечӏого, амма гьезухъа изнуги босун.

— Жакъа, ай гьаб заманалда ккарал лъугьа-бахъинал ругищ дур «голосовоязда» гьоркьор?

— Араб гӏасруялъул 90-абилел соназул бициналъул магӏна буго, доб заман, гӏурусаз абухъе, «насыщенный» букӏин. Доб мехалъ рукӏарал бертабиги, лъугьа-бахъиналги, доб халкъги, цоцазулъ букӏараб щулияб гьоркьоблъиги жакъа гьечӏо. Кодор ккун телефоналгун ругезул щиб бицинеб? Гьезул бицинейин лъугьаниги, бицине жо батуларо, гьанжесеб гӏел буго «виртуалияб» гӏумруялда ругел чагӏи. Доб нилъер заман… доб букӏана ле, чӏагояб. Гӏемерал гӏажаибал лъугьа-бахъинал кколаан. Захӏматал соналги рукӏана. Нилъер халкъалъ гӏемераб къо хӏехьараб заманги букӏана доб.

— Пуланаб хабар гьадин щай бицинчӏебилан абун критика гьабулел чагӏиго кколищ?

— Критика букӏунаро. Щайин абуни, дица бицунаро лъида бугониги квеш бихьулеб, чи сансикъ гьавулеб хабар. Дица рицунел харбазул ахиралда, дунго дибир гурониги, насихӏат гӏадаб жоги гьабизе байбихьун букӏана. Щайгурелъул рекӏелгъеялъе рицунел харбазухъ гӏенеккаразеги гьитӏинабго бугониги пайда щвелародайин абун.

— Духъ гӏенеккидал, ракӏалде ккола, дуца гьеб хабар маххул кроваталъул цояб рахъалда мун, цогидаб рахъалда Рамазанги регун, ботӏрода гъоркь квералги лъун, бохалда бохги базабун, хъахӏаб ракьалъ жужараб мокърукьеги валагьун бицунеб бугилан…

— Гьелде тӏадеги, доб рокъоб печалъул тӏала букӏараб бакӏалда чӏван букӏунаан картон-кагъат, ункъбокӏонги къотӏун, магӏалги чӏван. Вегизе вахиндал, мокърукьеги валагьун, дол магӏалги рикӏкӏунаго кьижун ккун ватулаан.

— Мухӏамадгӏазиз, дида ккола дур лъикӏав журналист вахъинаанин, хъвадаризе байбихьани. Бокьиларищ «Хӏакъикъат» казияталъе цо-цо гьединал лъугьабахъинал хъвазе?

— Исана лъагӏел тӏубала районалъул «Чапар» казияталда хӏалтӏулев вугелдаса. Гьениса бачӏунеб гӏарац къваригӏун гуро, магӏарул мацӏ хиралъиялъ вуго гьенив хӏалтӏулев. Дица хъвала Украинаялда ругел гӏолохъабазул хӏакъалъулъ макъалаби, гьениб бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ. Гьезулгун бухьенги гьабула. Творческияб хӏалтӏи бокьула дие. Жакъа интернеталда хъвараб ток ссун ани, тӏагӏанин абизе бегьула. Интернеталда бугеб информацияги буго цо чиясда сагӏаталда жаниб тӏагӏинабизе кӏолеб жо. Амма казият-журналалда бахъараб макъала буго лъималазе ва гьезулги лъималазе ракӏалдещвей. Гьединлъидал диего казият бокьула цебеги ккун цӏализе. Битӏараб бицани, дида лъалароан «Хӏакъикъаталде» макъалаби ритӏизе бегьулеблъи. Гьанже лъанаха. Нилъеца нилъерго чиги, казиятги, мацӏги, ватӏанги цӏунизе ккола.

— Дур гӏумруялъулъ букӏанищ рахӏат хвезабураб жого?

— Студиялда хӏалтӏулеб мехалда гӏемерисеб заман дибирзабазда цадахъ унеб букӏиналъ рахӏатхун вукӏунаан. Бищунго рахӏат хвараб жо букӏана Сагӏидафанди (къудиса сиру) къадаралде щвей, гьевги гьевго гӏадал гӏалимзабиги чӏвай. Киса-кирго гьарулел мажлисазда щивав гӏалимчигун дандчӏван, гьезул кверал рачун, гьезда цадахъ гӏодов чӏун, гьезул вагӏзабазухъ гӏенеккун вукӏарав дие, гьелдаса захӏматаб жо щиб тӏокӏабги букӏинеб.

— Мунго цохӏо хутӏидал рачӏунел ратила батӏи-батӏиял пикраби?

— Дир ботӏролъе щибаб пикру бачӏуна, квешезего гӏадин, нухда, гӏадамазул цӏураб машинаялда рекӏун вукӏаго. Сапаразда вугев дир кинаб санагӏалъиха букӏинеб ботӏролъе бачӏараб пикру хъвазе. Гӏодов чӏун хъвазейин жувайдал, ботӏролъ рукӏанщинал жал ун ратула, кигӏан ургъаниги, ракӏалдеги щоларо. Гьанже, нужеда дунго веццулевилан ккоге, дица назмабиги хъвала. Доб фонарик-телефон кодоб бугеб мехалъ, сообщениял гӏадин хъвалев вукӏунаан дун назмаби. Амма хъвазейин абун гӏодов чӏедал, цо жугьацин бачӏунаро ботӏролъе.

— Ия, Рамазан, щибха абилеб магӏарулазда дунялалда лъугьабахъунелда бан? Кинаб гьоркьоблъи бугеб «Хӏакъикъат» казияталъулгун?

— Жакъасеб гӏелалъ казият сан гьабулеб гьечӏо. Доб цебе заманалда хӏакимчиясул хӏакъалъулъ казияталда хъван батани, дов чи я хӏалтӏудаса нахъе рехулаан, яги бадибчӏвай щолаан. Гьедигӏанги къуват бугеб жо букӏана казият. Амма гьанжесеб гӏелалда гьеб бичӏчӏулеб гьечӏо. Дир кутакалда ракӏ унтун букӏуна магӏарул мацӏ тӏагӏунеб букӏиналъ. Гьеб тӏагӏани, нилъер тарихги букӏунарелъулха. Гӏисинал росабалъцин лъимал руго гӏурус мацӏалда кӏалъалел. Гьезул лъималаздайин абуни, магӏарулалъ кӏалъазецин лъазе гьечӏо. Дица гьарула магӏарул мацӏалда рахъулел казияталги, журналалги, магӏарул мацӏалда хурхун гьарулел тадбиралги гӏемерлъагиян.